Джамалова Эльмира Насрудиновна. Театралияб церерахъин "Дагъистан! Гьайбатал мугlрузул Ватlан!"
Городской конкурс,
посвященный республиканскому Дню дагестанской культуры и языков
МБОУ "Лицей №8" г. Махачкала
Дагъистан! Гьайбатал мугlрузул Ватlан!
Кечl рикlкlуна «Дир Дагъистан» Р.Хlамзатов.
Багьадур: Вахъун лъикl дун къватlиве хулжалги росун. Гьалги росун гурищ дир кlудада бахlараб мехалъ, бертада цебе, бахlаралъе сайгъат балагьизе ун вукlарав? Гьаниса бихьулеб росу щиб росугlагидай ккола?
Вехь: Кин? Дуда лъачlогойищ цlар рагlараб росу Мугlрузул улка?
Багьадур: Гьединлъидал гьикъулеб бугеб..?
Вехь: Дуда цебе бугеб росу Кубачи кола! Меседил тlагlелал гьарулеб Кубачи росдал цебего цlар ун буго. Гьезул устарзабазда кlола тlагlелал гьаризе гуребги, виун т1ун гlадан гьавизеги.
Багьадур: Гьединищха гьеб букlараб? Кин дида кlолеб цlар рагlараб росуги тун ине? Дун гьабсагlатго гьениве щвезе ккола!
Дир чlухlарал мугlрул, гlурдада тlугьдул,
Нужгун дандчlвазе дун чlалгlун вукlана.
Салам, щобил гlидра, гlухьбузул цlаял
Нужехъ хинлъичlого арабщинаб мех.
Кьурди.
Нахъасан гьаракьалъ бицунеб буго.
Багьадур: Сверухъ бугеб берцинлъи! Доба рикlкlада мугlрул тlогьилъи бихьула. Зоб гьелда цун бугилан кколеб буго. Ракlалде ккола, кlиго хlасратаб ракl цолъун бугилан: зобазул ва мугlрузул.
Ургъалилъ вачlунаго кlодоэбелги ясги рихьула
Ясалъул яс: Кlодоэбел, зобазулги мугlрузулги ракlал ругиланищ дуца абулеб?
Кlодо: Кинха, дир яс, дуда ракlалде кколеб? Гьедин гуребани, кlвелаандай зобалда нилъее гьабгощинаб цlадги, накlкlалги, канлъиги, хинлъиги кьезе?! Зобалъул буго хlасратаб, хlеренаб, хlалимаб ракl.
Багьадур: Кинаб ракlха мугlрузул бугеб?
Кlодо: Мугlрул ккола мугlрул. Мугlрул руцlцlун чlун рукlуна, зоб абуни, ракl рагьун букlуна. Согlаб гlамал буго мугlрузул. Гьез лъидаго цебе бетlер къулуларо. Гlазул тlагъурги тlад лъун, чlухlадго хьвадула.
Багьадур: Гьедин батила нилъер бихьинал, мугlрул гlадин, чlухlарал ва сохlал ругилан абулеб. Мугlрул, багьадурзаби гlадин, кирего гьетlуларо, лъиего къулуларо.
Кlодо. Амма нилъер берцинал мугlрузул ясаз берцинлъиги, хlеренлъиги, хlалимлъиги зодил босун буго.
Багьадур: Мугlрул – гьеб ккола тlолго дуниял, бацlцlадаб гьава, роцlараб зоб.
Мугlрул – гьел ккола жидерго гlадаталги тарихги цlунараб бакl.
Кlодо: Киве вахъарав, лъикlав инсан?
Багьадур: Дирго бахlарай Серминазие, сайгъаталги росун, росулъе ине вуго.
Кlодо: Нух битlаги, дир вас! Бихьулеб буго мун ракl рагьарав вас вукlин. Ракlалъул берцинлъи – гьеб аслияб жо. Талихlгун рохелгун щваги рокъове!
Багьадур: Баркала лъикlал рагlабазухъ, кlодоэбел. Къо-мех лъикl!
Багьадур уна жиндирго пикрабигун. Кечl ахlула.
Нахъасан гьаракьалъ рикlкlуна.
1 кlудияв чи:
Рорхатал мугlрузда руго гlадамал
Жидерго гlадатаб чlаголъиялда;
Жидерго чlухlигун, жидерго яхlгун,
Жидедаго хасаб къасдгун, гlакълугун
Кlудияв чи:
Дун борхатаб мугlрул тlогьив вахуна,
Тамахаб гьороде керен чучула
Дица жаваб кьола дуе, Дагъистан,
Гьаб ракьалда бищун мун бокьилилан.
1 кlудияв чи: Нилъер кьалбал цоцалъ журан руго, гьел ратlа гьаризе бигьаго букlинаро
2 кlудияв чи: Ватlаналде бугеб рокьи щулияб буго. Нилъеца нилъерго кьалбал къотlун бажарилищха.
1 кlудияв чи: Нилъ ккола бахlарчилъиги, къвакlиги, гlакълуги, чlухlиги жиндилъ бессараб Дагъистаналъул халкъ.
Багьадур: Нужер гlакъилал рагlабаз кlодо гьабуна бахlаралъе босараб сайгъат.
2 кlудияв чи: мун вуссина росулъе къиматаб сайгъатгун.
1 кlудияв чи: Лъикlха, Багьадур. Рихье дурго сайгъатал.
Багьадур: Гьанир руго сайгъатал. Гьал гlуцlун руго халкъалъул гlакълуялдасан. Гьеб цlакъ бокьила Серминазие.
Ясалъ кечl ахlула.
Лъималаз кеч1 рик1к1уна.
Джамалова Эльмира
Хунзахъ район, Харахьи росу