ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

16 апр 10:47Лъималазе

Сарат МухIумаева Дир лъималазул асарал "ГIисинал шагIирал"

         «Дир баба»                                                                           

ХIасановГIабдуллагь 2 «3»класс

Дир гIадинай баба лъилниги гьечIо

Бищунго берцинай,бищунго лъикIай,

Бищунго хIеренай,бищун хирияй,

Дарманай дир баба ,дий мун йокьула! 

«Дир къо унеб куц»

Школалдаса щвана,ретIел хисана,

Кваназеги кванан ,къватIиве ана,

Дица футбол хIана гьудулзабигун,

ХIан свакаравго дун рокъове щвана.

Кверал чурун хадуб дарсал гьаруна,

Хадув мультиказухъ дун валагьана.

Бабаца абуна ичIго тIубанин,

Кьижизе вахине бусен  тIамуна.

«Дир яцако»

Яцако ячIуна екерун данде

Дун школалдаса рокъове щвейгун,

«ГIабува,ГIабува,ГIабува»-йилан

Йохуца холаго хадуй йикIуна.

Гьелъий цIакъ бокьула къватIие ине

КъачIа-кIатIан цIияб ретIелги ретIун,

Велосипедалда рекIине гьаюн.

Дица гьей ячуна тира-сверизе

 «Бум,бум,бубай»-илан квер ккун вачуна,

Жиндие бокьараб бакIалде гьелъ дун,

Бабаца абула сагIат арабго

Рокъоре рачIаян, кватIичIого ниж,

«Йилълъа рокъой»-илан дица абигун,

Яцако гIодула «у-уна»-йилан,

Бабаца малъараб гьабизе ккола,

ГIоданиги дица рокъой ячуна.

ГьитIинай яцако дий ц1акъ йокьула

Гьелъие бокьараб дица гьабула.

2012 сон 2 класс

« Эбелалда 8 март барки»

Дир хирияй эбел,

Берцинай эбел,

ТIаде щвараб байрам,

Баркула дуда,

Дир недегьай баба,

Гьадинаб къоялъ,

Дуй сайгъат гьарила,

Гьайбатал тIугьдул,

Дица дуй гьарула,

Халатаб гIумру,

ГIурхъи гьечIеб талихI,

ГIемераб рохел!

Дур адаб гьабулев,

ХIурмат гьабулев,

Дунги дур гьитIинав,

Дур хирияв вас.

2013 сон

«Дир г1агараб Ват1ан» Х1АСАНОВ Г1АБДУЛЛАГЬ 3 "3"  класс

Шагьаралъул  50 сон т1убаялде  муг1алимгун цадахъ гьабураб(2013 сон)

Дир г1агараб Ват1ан, т1егьалеб шагьар,

Кисандай бач1ана дур берцинаб ц1ар?

Сундасан г1уц1арал меседил х1арпал,

Х1айранго рек1елъе рортун рач1унел?

                  Роржун унел х1анч1аз  ах1ула дур ц1ар,

                 Чвахулеб ц1адаца бицуна дур  ц1ар,

                 Х1еренаб гьуриялъ гъот1ол т1анхазда

                  Щурула, бицуна берцинаб дур ц1ар!

Муг1рузул рац1ц1адал ц1орорал иццаз

Сулахъалъе кьурал лъел къат1рабазулъ

Гъорлъ бессун батила намусги ях1ги

Маг1арул халкъалъул, муг1рузда г1урал.

                   Дур каранда ч1валел бакъул ч1ораца

                   Кьун батила дуе хинлъигин ч1ух1и,

                 Дуда нахъа ругел керчал рохьазул

                    Щун батила дуе хасаб берцинлъи.

Амма Ват1аналъе бищун к1удияб

Ч1ух1илъун лъугьуна жиндирго лъимал

Рижараб ракьалъе гьезул бажари

Ва гьезул гьунарал руго ч1ух1илъун.

                   Шагьаралъул гъот1ол гьит1инаб т1амах

                     Дудаса т1еларо ,г1агараб Ват1ан

                     Дир халкъги дир мац1ги дур аслу буго

                    Дир аслияб мурад-мун т1егьай буго!

   «ЦIияб сон»              

   ГIамирхIамзаева ГIайшат  4 «1» класс

Щолеб буго цIияб сон,

                               ВачIина ЦIорол Дада,

ЦIоролдадай рикIкIине

                             Руго нижеца кучIдул,

Ёлка сверун кьурдила,

                             Расандаби  гьарила ,

Рохалида данчIвала

                         Исанаги цIияб сон!

                              «Эбел»                             

    ХIажиясулова Аминат 4«1» класс

Эбелан абураб рагIул берцинлъи!

Эбелан абураб рагIул хIеренлъи!

Дир рекIел хазина- хирияй эбел!

Дир чорхол рухI йиго хIасратай эбел!

Нусго сонил гIумру гьарула дуе,

Щулияб сахлъиги гьарула дуе!

Эбелалъул гьурмалъ гьими бихьидал

Гвангъун уна дие чIегIераб сордо!

Эбелалъул гьаракь гIинда рагIидал,

РоцIун уна дие кьерхараб къоги!

           «Дагъистан»        

ХIажиясулова Аминат  4  «1»  класс

Берцинаб Дагъистан

 МугIрузул улка,                                                

Дунялалда жиндир

ЦIар тIибитIараб,

Устарзабазул ракь,

  ГIазизаб ВатIан,

ГIемерал бахIарзал

 Жанир рахъараб.

Маккаялде щварав,

Гьенив вукъарав

Имамасул ВатIан

 Буго Дагъистан,

Дунялалда лъарав,

 ЦIада гьавурав,

Расулидасаги

ЧIухIе Дагъистан

              «Дир кету»      

 Шемеева Шаина   4«1» класс

Дир буго хIеренаб,недегьаб кету

ГIамалги берцинаб,расги тамахаб,

Дица дир катие хъулухъ гьабула,

Кваназе гьабула,къватIиб бачуна,

Дир гьеб катида цIар Марзигат буго,

Киназго Маргоян ахIула гьелде,

АхIигун бачIуна бекерун данде,

Бохдузда лъурлъудун,гъургъур бачуна,

Маргьаби рицуна,ракI гъезабула,

Дир гIадинаб кету лъилго бугодай?

Бокьулеб куц дие дирго Марзигат!

 «Хасел»                                            

  Мансурова   Минаханум 4 «3» класс

Дуниял квачана

Хасел рещтIана,

ХIанчIазул чIирчIиди

ТIубан къотIана,                                           

Рорхатал мугIруца

ТIингъгъал ретIана,

ХъахIаб гормендо къан

Авлахъал чIана.

 «ГIазу бана»                    

 Нурмух1амадов      ГIабдулмажид 4 «5» класс

 ЦIияб моцI тIаде щвана

                                            ГIемераб гIазу бана,

ХIордозда тIад цIер чIвана,

                                          Чангъал росун хъещтIезе

Лъимал къватIире ана,

                                            Сваказег1ан хъещтIана,

ГIазуречIчIиги хIана,

                                          ГIазул дада гьавуна

Лъималазе лъикI ккана.

ГьитIинова ПатIимат  4 «3» класс

                               « Ёлка»

Жиб-жиб соналъ ,къо щведал

                                                    КъачIала мун нижеца

Берцинал чирахъал ран

                                                    Гьабула мун гвангъизе

ТIаде щвана цияб сон,

                                                    ЛъугIана басриябги,

Рохелгун ва талихIгун

                                                  ТIаде щвараб батаги!(2012 сон)

«Дагъистан»                                  

Дие бокьилаан Дагъистаналда

Кидаго букIине рекъел ва рахIат,

Лъималазул релъи,хIанчIазул бакънал,

КъотIичIого гьанир дида рагIизе.

Дие бокьилаан гьаб дир ракьалда

Киналго гIадамал рекъон рукIине,

Гьудуллъи,гьуинлъи щулалъун чIезе,

Рагъул гьаракь гьаниб рагIунгутIизе!

Дагъистан,мун буго мугIрузул улка,

МугIрулгIан борхатаб талихI кьеги дуй!

РоцIараб гьаваги,цIорораб лъимги-

Дагъистан гIадинаб бакIго бугодай!

«Гьал берцинал тугьдул»                           

Исубова Залмо 4 «6» класс

Дун радал яхъиндал ,рагьана горду,

Гордухъан рихьана гьайбатал тIугьдул,

Гьезул махIалъ дун цIакъ хIайран гьаюна,

Эбелалъул гьими  ракIалде щвана,                                      

Рорхатал мугIрузул гьарзаяб гьогьен,

Дун гьаюрай росдал гьайбатаб сурат,

Гьал тIугьдул рихьигун,тIамуна цебе

Дир инсул гIагараб Мелъелт1а росу.

«Дир дада»

Дир вуго лъикIав дада

ЛъикIаб –квешаб малъулев

Гьес малъанщинаб дида

Кидаго кIоченаро,

Гьев рокъов вугев мехалъ

Дун цIакъ йохун йикIуна,

КъватIиве унев мехалъ

Дица гьесда абула:

«Нух битIаги ,дада!»-ян.

«Баба»

Баба хIеренай йиго

Баба берцинай йиго,

Дир баба лъикIай йиго

Дие гьей цIакъ йокьула.

Баба аскIой йикIаго

Рохелалъ цIола дир ракI,

Пашманлъиги лъаларо,

Къварилъиги лъаларо.

«Хирияй баба»  

  Шигьабудинова ГIашура  4  «1» класс

              

Хирияй  дир баба ,дий мун йокьула,

РекIел хазиналъун йиго мун дие,

Зодиб бугеб моцIлъун  йиго мун дие,

ЦIвабзазул кунчIилъун йиго мун дие!                           

«Вацако»

КIарчамав вацако,вокьулев куц мун!

Рокъой ячарайго дида хурхуна,

Дир расал цIацIала,лъикI велъанхъула,

Диде къикъидула,агъу бачуна,

Дун кие аниги хадув хъурщула,

Дунгун васандизе дуе бокьула,

Щибдай гьабилаан дица гьабсагIат

Мун вукIинчевани дир, гьитIич вацако?

   «Эбелалде»                                          

  Мусаева ПатIимат  4 «1» класс

Дие гIумру кьурай,дун гIезаюрай,

Дир хирияй эбел,дий мун йокьула!

Бищунго берцинай йиго дие мун,

ХIеренай,гIакъилай,гIамал берцинай,

Дир рекIел тIегьги мун,тIогьол квацIиги,

Гьеб тIегь киданиги бечIазе гьечIо,

Дир гIумру гвангъараб цIваги мун йиго,

 

     Дицаги хIаракат бахъизе буго

                     

Мун  дидаса йохун,рази йикIине,

Школа лъугIизегIан дун лъикI  цIализе,

Цойги лъималазе мисаллъун чIезе!

       «Эбелалде кечI»   

  Сайпулаева Джамиля  4  «1» класс

Дир хирияй эбел,

ГIагарай эбел,

Бокьула дур гьаракь

Къойил рагIизе.

Къваридаб заманалъ                                                       

Духъе ячIани,

РакI батараб рагIи

Батулей эбел.

БачIанщинаб къоялъ

Дица гьарула

Аваданлъи,сахлъи

Ва рохел дуе!

«Дир ракь Дагъистан»

Рорхатал мугIруца чIухIизабураб

Гьайбатаб ,берцинаб дир ракь Дагъистан,

Гьава лъикIаб,лъим гьуинаб,

Гьалбадерил хIурмат бугеб,

КъвакIарал бахIарзал ругеб,

ЧIухIараб дир ракь Дагъистан!

«ЦIияб сон»

Салам дуе,ЦIияб сон,

ЦIияб анищгун щолеб,

Рохалил къвачIаги цIун

Щибаб соналъ бачIунеб!

Цадахъ ГIазулдадагун,

ГIисинал-чIахIиязе                                                           

ХIикматал сайгъаталгун!

Салам дуе,ЦIияб сон!

Уцумиева Зайнаб 4 «1» класс СОШ №7

«Дий бищун бокьулеб лъагIалил заман»

Гьале исанаги щвана хаслихълъи-

Бищун дий бокьулеб лъаг1алил заман,

Берцинал кьераца рохьал къачIалеб,

Гьуралги цIадалги цIикIкIараб заман.

ЦIороялъ къвал бана сверухълъиялда,

Ракь бахчулеб буго рортулел тIанхаз.

ХIанчIазул бакъналги къанагIатлъана.

ТIубанго тIабигIат гьанже хисана.

Шабанова Рукъият 4-1 класс СОШ №7

     «Рии щвана»

Чвахун балеб цIад буго

Бохулеб дунял буго,

ГIурччинлъулеб хер буго,

Къалъ-къалъун тIугьдул руго!

МугIрул боцIул цIун руго,

ГIурччинаб хер кваналел,

Къаси рокъор руссингун

Ведраби  рахьдал кьезе!

МугIрул гьаваги цIузе

Иццул лъимги гьекъезе

Шагьараздаса лъимал

Росабалъе щун руго.

ГIакдал рахьги гьекъезе,

ГIиял гьанги кваназе

КIудиял умумухъе

Гьоболлъухъ рачIун руго.

Лъарахъе чвердезе ун,

МагIарде боцIуде ун,

КIодол  нису-хIанги  кун,

Кепалда нижги руго.

Х1избулаева Пат1имат  3 «4» класс

 «Дир ясик1о».

Дун гьаюрай къо баркун

Дадаца тукадаса

К1алъазе гьунар бугей

Ясик1о йосана дий.

Кьур-кьурараб расалъул

Ч1урканаб лагаялъул

Зодикьерал беразул

Меседо йиго дир гьей.

Дибирова Хадижат 3 «4» класс 

«Дир расанк1о».

Халатал г1ундузул

Хехал х1ат1азул,

Ламадур бокьулеб,

Капуста кунеб,

Риидал хасало

Т1имугъ хисулеб

Дир гьудулалъул ц1ар

Лъалищ нужеда?

Ах1мадова Зарема 3 «5» класс СОШ № 7

«Дир дах1абаба»

 

Дир йиго  дах1абаба

Дие бищун йокьулей

Бищунго х1еренайги

Х1алимайги йиго гьей.

Дун гьит1инай йик1индал

Дир кини к1ибик1арай,

Кинидахъ куч1дул ах1ун

Дун  юц1ц1ине гьаюрай.

Гьанже к1удияй г1едал

Дицаги дах1абабай

Азбар лъухьун, рукъ бац1ц1ун,

К1вараб кумек гьабула.

Дица гьелъий гьарула

Сахлъиялда  хут1изе.

Дах1ададагун цадахъ

Талих1аллъун  рук1ине.

«Дунги Зарема йиго»

Дир  ц1одорай  лъик1ай ц1алдохъан 

Ах1мадова Заремае  сайгъат гьабураб  

Сарат МухIумаева

Дунги муг1рул яс йиго

Дунги Зарема йиго,

Диеги бокьун буго

Гьаб ракьалда берцинлъи,!

 Г1адамазулъ гьуинлъи,

Гьудуллъи,рекъел,вацлъи,

Рагъ-кьал гьеч1еб бац1ц1адаб

Доб зобалъул хъах1иллъи!

Диеги бокьун буго

Киналго лъималазе

Баг1араб бакъул канлъи

Гьаб ракьалда гвангъизе.

Бац1ц1адаб ц1орораб лъим

Г1орц1изег1ан гьекъезе

Мах1берцинаб ролъул чед

Чехь ц1езег1ан кваназе!

Г1адамал, дихъ г1енекке,

Воре, г1одоре риччай!

Т1оге ч1алг1аде биял!

Бухуге рагъуй къали!

Г1енекке лъималазул

Релъулеб гьаракьалъухъ!

Гьелдаса лъик1аб гьаракь

Гьаб ракьалдаго гьеч1о!

Балагье лъималазул

Разияб гьимиялъухъ

Гьелдаса гьайбатаб жо

Нужеда бихьиларо!

Мух1амадова Фатима 3 «3» класс

«Дир хъизан»

Дир буго к1удияб

Щулияб хъизан

Дир руго к1удиги

К1одоэбелги

К1удаб Ват1анияб

Рагъда рук1арал.

Къоло щуго соналъ

Лъимал куцарал

Муг1алимал  руго

Дада- бабаги.

Дун ч1ух1арай йиго

Хъизаналдаса

Х1урмат-хъатир бугел

Умумуздаса!

Дие бокьун буго

Гьаб дунялалда

Рагъ ккеч1ого  даим

Рекъел  ц1унизе.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби