Шамеседо Нурмагомедова - Авар мацIалъул дарс "Малъе , эбел,рахьдал мацI"
2 класс. Авар мацIалъул гIадатияб гуреб дарс.
Тема :Малъе, эбел, рахьдал мацI!
Дарсил мурадал:
битIараб литературияб мацIалда кIалъазе лъимал ругьун гьари;
авар мацIалъе хасиятал хасал гьаркьал битIун рахъизе, рагIабазулъ гьел абизе бажари; рагIабазул батIи-батIиял грамматикиял формабаздаса пайда босизе лъай, гIадатал предложениязда жанир гьел рекъезаризе бажари; рахьдал мацIалде, эбел-инсуде, ВатIаналде рокьи, адаб-хIурмат бижизаби.
Дарсил алатал: компьютер,слайдал, карточкаби.
Дарсил ин:
Дарсиде хIадурлъи.
МагIарул гIагараб бакъаналда гъоркь цIалила кечI «ГIагараб мацI»
Слайд I (бакъан)
ГIагараб мацI
Кинида эбелалъ дида малъараб
Лъим гIадин гIедераб, дица бицунеб
Берцинлъигун цадахъ цодагьаб хъачIаб,
ЧIухIун кIалъала дун магIарул мацIалъ.
Ургъелги, пикруги, рекIел анищги
Щурщудула дида магIарул мацIалъ
Рохелги хиялги, цадахъ пашманлъи
Баянлъула дие магIарул мацIалъ.
Шамилица бодуй буюрухъ кьураб,
МахIмудица рокьул асарал хъвараб,
ХIамзатил насихIат, Расулил угьи
ЦIалила авар мацI гIадамаздаян.
Рокьулез цоцазе урхъун бицунеб
Берталъ гIолохъабаз рохун ахIулеб,
ХIайранал шагIираз берцин сокIкIунеб,
Сунареб нур буго дир магIарул мацI.
3.КечI “Асаламу гIалайкум»
Асаламу гIалайкум,
Аваразул миллат-мацI,
Адаб кьочIое лъураб,
Ахиррокьуе гьечIеб.
Асаламу гIалайкум,
Аваданаб авар халкъ;
Африкаялъул хIанчIаз
Август тIамулел тIохал.
Армяназул пашманлъи
Арарат мегIер буго.
Аваразул пашманлъи-
Авар мацI лъачIел лъимал.
4.Сценка «Малъе, эбел, рахьдал мацI!»
Вас гIодулев вуго:
-- Диеги бокьун буго нужеда гIадин магIарул мацI лъазе.
Дида лъалел гьечIо киналго хIарпал, дида гьел къосунел руго, гI—ялъул бакIалда гъ хъвала, хI—ялъул бакIалда хъ хъвала. Рокъоб эбелалъги малъулеб гьечIо, дуе гьеб мацI къваригIун гьечIин абула. Гьабе дие кумек!
--Вай, мун щай гIодулев? Нижеца дуе кумек гьабила, учительницаялъ дуда хъвазеги цIализеги малъила. Гьанив гIодовги чIун нижехъ гIенекке!
Жиб-жиб хIарпалъул батIи-батIияб хасият буго:
Гъ хIарп гъварараб буго
Гъулгъудула, багъула,
Гъенола, гъаримлъула,
Гъарула, гъапуллъула
Гъурула, гъиргъидула,
Гъалула, гъугъадула,
Гъаргъар щола, гъанцIула,
Гъуни,гъалбацI,магъало,
Гъаран, рагъи, гъалмагъир
Гьал рагIабазулъ гъ хIарп
Гъварунабизе кола.
Хъ хIарп хъачIаб жо буго,
Хъирхъидула,хъетIола,
ХъвагIадула, хъарсола,
Бехъерхъула, хъурула,
Хъибихъула, бухъула,
Хъухъадула, хъудула.
Хъаз,хъарахъ,хъабахъ, хъазан
Хъал, хъалахъ, хъизан, хъутан,
ХъачIго, хъирхъидилаго
Хънужецаабила.
Хь хIарп цIакъ хьирхьидула,
Хьимхьидула, хьурула,
Хьулхьудула, хьандола,
Бахьинлъула, бухьуна,
Бихьинлъула, хьухьала,
гIахьаллъула, гьахьула,
хьадарлъула, бахьула,
хьаг хьитал, борохь, рихьал,
хьами, хьон, махьа, хьонал,
борхьал гIадин хьирхьиде
хь хIарп абулаго нуж.
Къ хIарп –Саратил “Звуковая азбука». Слайд 2
Гьединал берцинал, лъикIал хIарпал дица гьанже лъазаричIого теларо. Дица эбелалъеги бицина гьезул.
5. Нужер ругищ ,лъимал, эбелгун цадахъ ургъарал кучIдул, харбал, маргьаби?
Лъималазул жавабал. 3-4 ц1алдохъан.
6.КечI «Малъе, эбел, рахьдал мацI». 4 ц1алдохъан.
Дир умумуз бицараб
Улбуцаги бицунеб
Урхъула духъ авар мацI,
Малъе, эбел, рахьдал мацI.
ГъазимухIамад, ХIамзат,
ХIикматав Имам Шамил
Аваралъ кIалъалаан
Малъе, эбел, рахьдал мацI.
МахIмуд, ЦIадаса ХIамзат-
ЦIар арал назмучагIи,
Нилъер мацIалъ цIализе
Малъе, эбел, рахьдал мацI.
Дида тарихги лъазе,
Дагъистанги бокьизе,
Кьолбол васлъун вукIине,
Малъе, эбел, рахьдал мацI!
7. Учителасул цIали (бакъан) Слайд 3
Малъе лъималазда гьезул рахьдал мацI,
Бице гьеб мацIалда гьезие маргьа
АхIе гьезий кучIдул, мугIрузул бицун
ГIагараб Дагъистан гьезий бокьизе.
Гьедин гьабичIони, гьечIо Дагъистан,
ГьечIо гьелъул къуват, гьелъул къиматлъи
Гьедин гурищ къоло щуябго соналъ
Щулаго цIунараб Шамилица гьеб.
Гьедин гурищ нилъер Расулица гьеб
ТIолго дунялалда рагIизабураб
ЦIуне Дагъистанин, бокьа гьебилан,
БацIцIадаб магIарул мацIалъ ахIараб.
8. Физминутка (Слайд 4)
9. ХIай –КВН:
Слайд 5
I.ГъалатI биччачIого кечIалъул мухъал цIале:
I къокъа
Дир мацI букIинароан
Дир цIар букIинароан
РикIкIада сапаразда
Дида нух къосинаан
Дида рокьи гьадигIан
Ракьалда лъалароан
Эбелалъ дир кинидахъ
КучIдул ахIичIелани.
2 къокъа
ХIанчIаз рачунел бакънал
Чвахулеб цIадал гьаркьал
ЦIадукь чедалъул тIагIам
ТIанхазул кьерал, махIал
Гьадин лъазе рукIинчIо
Гьадин ричIчIилароан
Эбелалъ дир кинидахъ
КучIдул ахIичIелани.
I0. Капитаназул конкурс.
I. Авар мацIалъул алфавиталда чан хIарп бугеб?
2. Щал колел геминатал?
3. Кинал гьаркьазда лабиалиял абулел?
4. Кинаб каламалъул бутIаялъ предмет бихьизабулеб?
5. Предметалъул гIаламат кинаб каламалъул бутIаялъ бихьизабулеб?
6. Предметалъ гьабулеб иш кинаб каламалъул бут!аялъ бихьизабулеб?
Мисалал раче.
II. Гьал рагIабазе суалал кье, магIна бице: слайд 6
Курак кIутIби
Кумек кIиликI
Кици кьегIер
Кьурди кьвагьи
КIалгIа къункъра
I-2 рагIигун предложениял гIуцIе.
I2. Абундач(скороговорка)
I.Гъамас босе, Сакинат
Саргъас босе, СаихIат.
2.БетIер буго, тIагъур гьечIо
ТIагъур буго, бетIер гьечIо.
I3. «ГIаксаб мацI» слайд 7
Еид рава цIам алукьоб.
Адид рава цIам алалъ.
Дие авар мацI бокьула.
Дида авар мацI лъала.
I4. Цо рагIудасан цIиял рагIаби лъугьинаре:
Салимат 2) Хазина
Салим на
сали нах
салат хан
мисал ниха
Ислам ах
Асма зани
салам их
I5. Музыкалияб конкурс.
I6. « Авар мацI»--Р.ХI. (4-5 куплет)
17. Дарсил х1асил гьаби.
I8. Рокъобе хIалтIи: «Дие рахьдал мац1 бокьула»- сочинение хъвазе.