ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Пачалихъалъул лъайкьеялъул стадартазда (ФГОС) рекъон авар мац1алъул дарсазда ц1иял педагогикиял технологиял х1алт1изари.

Пачалихъалъул лъайкьеялъул стадартазда (ФГОС) рекъон авар мац1алъул дарсазда ц1иял педагогикиял технологиял х1алт1изари.

     Пачалихъалъул лъайкьеялъул  ахирал соназул школалда хурхарал «Концепция общего среднего образования», Закон Российской Федерации «Об образовании», т1ахьал, статьяби, гьанжесеб школалъул исследованиял г1адинал аслиял документаздаги  гьанже заманалъул лъайкьеялъул т1алабаздаги рекъон, нилъеда г1емер раг1улебги буго, нилъеца г1емер бицунебги буго  ц1иял къаг1идабазда рекъон дарсал кьезе ккеялъул, ц1иял педагогикиял технологиял дарсазда х1алт1изаризе ккеялъул. Бищун цебе дие бокьилаан  «педагогикияб технология» абураб раг1ул маг1на нужеда кин бич1ч1улебали лъазе. Щиб жо кколеб  «технология»? Масала, Саг1ит Г1алихановасул редакциялда гъокь 2003 абилеб соналъ къват1ибе биччараб г1урус – авар словаралде  раккарал мехалъ, нилъеда гьениб батула  «технология» абураб раг1иялъе  гьадинаб баян кьун:

  • «кинал рук1аниги производственниял процессазул, гьезие х1ажалъулел материалал, алатал х1алт1изариялъул х1акъалъулъ къвариг1унеб лъай»;
  • «хасаб къаг1идаялъ ва иргаялда материалаздаса, алатаздаса производствоялда пайда боси».

Гьанже гьеб производствоялда хурхараб маг1наялда кьураб баян нилъеца х1албихьила  лъайкьеялъул (образовательный) прооцессалда хурхинабизе. Производствоян абураб раг1ул бак1алда лъайкьеян абураб раг1и хисун лъуни щиб лъугьунеб  бугеб?

  • «кинал рук1аниги лъайкьеялъул процессазул, гьезие х1ажалъулел материалал, алатал х1алт1изариялъул х1акъалъулъ къвариг1унеб лъай»;
  • «лъайкьеялъул процессалда хасаб къаг1идаялъ ва иргаялда материалаздаса, алатаздаса пайда боси».

Дида кколаха, гьеле гьединаб баян кьезе бегьулин  «педагогикиял технологиял» абураб раг1уейилан.

Масала, нилъеца т1аса рищулел руго цо кинал рук1аниги дарсал кьеялъул къаг1идаби (методикаби). Педагогикияб технология буго учителас жиндиего лъурал масъалаби т1уразариялъе тартибалда , цебеккунго ургъараб, х1адурараб дарсал  рачиналъул, дарсал кьеялъул къаг1ида.  Гьел технологиял х1алт1изариялдалъун муг1алим дарсил мурадалде щвей буго гьезул аслияб роль. Раг1а-ракьанде щун гьеб раг1ул маг1наялде балагьани, к1вар кьезе бегьула гьал хадур рехсарал  къимат кьеялъул роцабазде,  педагогикияб технологиялъул маг1на бихьизабулел:

 1.Лъайкьеялъул мурадал ч1ванкъот1арал рук1ине ккола: щай, сундуе г1олон;

 2.Щиб гьел мурадалде щвеялъе т1аса бищулеб бугеб;

3.Кин г1уц1улеб бугеб лъай кьеялъул х1алт1и (процесс) ва сундул кумекалдалъун гьеб г1уц1улеб бугеб? (т1аса рищарал методал, къаг1идаби);

4.Лъица кьолеб бугеб лъималазе лъай? (муг1алимасул лъаялде  ва бажариялде балагьи);

5. Лъайкьеялъул х1асилазе къимат кьолел х1акъикъиял методал (х1акъикъаталдаги  гьедин бугищ гьеб?);

 Гьединаб къаг1идаялда  педагогикиял технологиязул г1аламаталлъун кколел руго:

- ч1ванкъот1арал мурадал лъеялдалъун ва  ч1ванкъот1арал х1асилал рихьизариялдалъун  нилъее рес кьолеб буго гьел мурадазде нилъ щвей ва гьабураб х1алт1ул лъик1ал х1асилал кьей; гьединго хасаб  заман  бихьизабиялъ рес кьолеб буго  къокъаб  заманалда гьел х1асилал кьей.

Гьединго  дарсида  бат1и-бат1ияб  алат (наглядность) х1алт1изабизе г1ат1идаб  рес кьолеб буго гьел технологияз. Гьезда гьоркьобе унеб буго нилъецаго х1адурараб, г1уц1араб бат1и-бат1ияб дидактикияб материалги (тестал, карточкаби, таблицаби ва ц.).

Гьанже баян кьезин нилъеца «инновационные педагогические технологии» абураб раг1уе. «Инновация»  абураб раг1уе авар – г1урус словаралда баян кьун гьеч1о. Амма кьун буго «нововведение»,  «новшество» ва «новаторство» абурал раг1абазе  маг1на. Гьел раг1аби г1ага - шагараб  маг1наялъул раг1аби ругелъул  гьеб раг1уе г1ахьал гьабизе бегьила гьал баянал:

Новшество - гьабураб, х1алт1изабулеб, къабул гьабураб ц1илъи,

Нововведение – ц1ияб низам, ц1идасан ч1езабураб къаг1ида, г1адлу;

Новатор – ц1ияб жо ургъулев, ц1ияб къаг1идаялъ х1алт1улев чи;

Новаторство – ц1ияб жо бижизаби, ц1ияб жо ургъун бахъи, ц1ияб къаг1идаялъ х1алт1и.

Внедрение – гьел ц1илъаби т1орит1изари,  г1ат1идго х1алт1изари,

Инновация – гьеб  кколеб буго цо кинаб бук1аниги сундулъ бук1аниги ургъараб, ч1езабураб ц1илъи, цебе бук1инч1еб, бат1ияб къаг1ида, ц1ияб низам, г1адлу.

Педагогикияб инновация – гьеб кколеб буго педагогикаялда ургъараб ц1ияб низам, ц1ияб къаг1ида, лъайкьеялъулъ ва тарбия кьеялъулъ лъик1ал х1асилал кьеялъул мурадалда  ккарал хиса – басиял.

 Лъайкьеялъул процессалда инновациязул т1оцебесел рехсеял гьарун руго XX г1асруялъул 80 абилел соназ.  Жакъасеб къоялда жаниб педагогикиял лъайкьеялъул технологиязул россиялъулги къват1исел пачалихъазулги педагогикаялда х1алт1изабулеб цо ккураб классификация гьеч1о.  Бат1и-бат1иял автораз бат1а-бат1айиса бихьизабулеб буго гьеб. Амма  аслияб к1вар кьолеб жо буго жибго лъимералъул личность. Гьеб лъимералъул напсалда хурхун  бегьула  г1ахьал гьабун бихьизабизе   цо чанго аслияб к1вар бугеб (приоритетная) технология:

 г1адатиял технологиял (традиционные технологии), х1аялъулал технологиял (игровые технологии), тестал х1алт1изариялъул  технологиял, сахлъи ц1униялъул технологиял, проблемиял технологиял, проекталъулал технологиял, информационно-коммуникативиял технологиял, ц1алдохъабазул лъаялда ва бажариялда рекъон зах1малъиялъул рахъалъ бат1и-бат1ияб даражаялъул т1адкъаял  х1алт1изариялъул технологиял, компьютериял технологиял;

Россиялъул лъайкьеялъул г1уц1иялда рекъон гьанже рес буго муг1алимасе лъайкьеялъул бат1и-бат1иял къаг1идаби т1аса рищизе ва бокьараб куцалда (моделалда) г1уц1изе. Гьезда гьоркьоре уна авторасулал моделалги, гьединал ругони. К1вар буго ц1иял формабазул х1албихьиялъул, бат1и-бат1иял технологиял ва г1уц1иял  цадахъ рекъон х1алт1изаризе бажариялъул. Жакъа уго-унгояв лъик1ав махщел бугев специалистлъун лъугьине рес гьеч1о киналго лъайкьеялъул технологиял лъазарич1ев учитель. Ц1иял педагогикиял технологиял х1алт1изаризе рес буго г1иц1го ц1ияб къаг1идаялъ х1алт1улеб школалда. Гьел х1алт1изариялъулъ г1езег1ан х1албихьи буго россиялъул школазда, амма нилъер рахьдал мац1алъул дарсал кьолел муг1алимзабазул гьеб х1албихьи жеги  ц1акъго заг1ипаб буго. Ц1иял педагогикиял технологиял х1алт1изарияз лъик1ал х1асилал кьей бараб буго школазда билълъанхъун  ругьун бугеб къаг1идаялдаги жалго муг1алимзабаз гьел къабул гьариялдаги.

Щивав ц1алдохъанасул напсалда, хаслъиялда рекъезариялъул технологиял. Гьел технологиязда рекъон лъайкьеялъулъ аслияб аслияб бак1 ккола лъимералъ. Лъималазул хаслъиялда  рекъезабун г1уц1изе ккола кинабго школалда гьабулеб х1алт1и ва ц1алдохъанасе ч1езаризе т1алъула киналго х1ажаталщинал т1алабал.  Мониторинг. Тестазул, графикал г1уц1иязул кумекалдалъун щибаб лъимералъул лъаялъул даражаялъул халкквей ва къимат кьей (диагностика, подробный анализ).

Тарбия кьеялъул  технологиял. К1удияб к1вар буго тарбия кьеялъул, рахьдал мац1алде ва жидерго Ват1аналде рокьи куцаялъул класстун къват1ибехун гьарулел ишазул. Масала: бат1и-бат1иял къецал ва  байрамал т1орит1иялъулъ лъимал г1ахьаллъи. 

Дидактикиял технологиял. Масала: жалго жидедаго ч1ун х1алт1и, проектал х1адури, гьезул защита гьаби, дарс малъиялъулъ г1енеккулел ва ралагьизе бегьулел алатал х1алт1изари, къокъабиккун гьарулел халт1аби т1орит1и, дифференцированиял  лъайкьеялъул къаг1идаби ва ц.

Сахлъи ц1униялъул технологиял. Ц1акъго к1вар кьун  буго дарсида х1ухьбахъиялъул лах1затал т1орит1и, релаксация, фонетикиял разминкаби гьари, беразе х1алхьиялъе минута т1обит1и ва цогидалги, компьютергун гьабулеб х1алт1и зарал ккеларедухъ гьаби, классалда т1угьдул, г1урччинлъи г1емер ч1езаби г1адинал ва цогидалги сахлъи ц1униялъул технологиязе.

  • Жакъасеб школалъ нилъедасан тIалаб гьабулеб буго дарсазда гьал цIиял лъайкьеялъулал технологиял хIалтIизаризе.
  • Дица кутакалда кIвар кьола дарсида темаялда хурхун  гара-чIвари гIуцIиялде, лъималаз дарсил тема  ва мурадал жидецаго рициналде, ребусалдалъун букIа, рагIикъотI цIезе кьеялдалъун букIа, бицанкIо чIвазе кьеялдалдалъун яги цогидаб жоялдалъун букIа.
  • ПалхIасил, цIиял  къагIидабаз  дарсал  кьеялдалъун дида кIвана лъималазул магIарул мацIалъул дарсазде рокьи цIикIкIинабизе; гьезул цIалуде гъира базабизе, магIарул мацIалъул дарсазул даража борхизабизе; лъималазул жидерго ВатIаналде, миллаталде ва рахьдал  мацIалде рокьи цIикIкIинабизе; авар мацIалъул дарсазде лъималазул гъира бачIинабизе; лъималазул творческияб къагIидаялъ хIалтIиялъул бажари цебетIезабизе; цIалул ва хъвавул калам  цебетIезабизе, хIатта, авар мацIалъул хасал захIматал хIарпал лъаялъул даража борхизабизецин.
  •      Дир пикруялда рекъон, гьанжесел технологиял хIалтIизариги, цIиял къагIидабаз дарсал кьейги буго жидерго хIалтIиги  бокьулел, цIиял ресаздаса пайда босизеги бокьарал, пайда босизеги  хIалтIизеги   бажариги  бугел, жидерго халкъалдеги мац1алдеги рокьиги бугел рахьдал мац1алъул  мугIалимзабазул  нух.
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби