ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

ХIажи Гъазимирзаев

 

Нилъер улкаялда хъвадарухъан ккола г1уц1арухъан, ц1ияб г1умру бихьизаби гуребги, гьес г1ахьаллъи гьабула инсанасе тарбия кьеялъулъ, гьесул хасият-г1амал лъик1лъизабиялъулъ, куцаялъулъ. «Литература бахараб даражаялда, гьелъул къуваталда г1емерго бараб буго обществоялъул рух1ияб рахъ, моралияб сахлъи,»— ян абуна КПССалъул XXVII съездалда гьабураб ЦКялъул Политикияб докладалда. Ц1алдолел рази гьари, гьел рух1ияб рахъалъ бечед гьари, кант1изари ва лъик1алде гьесизари, квешал хьулаздаса «рац1цц1ад гьари», берцинлъи, гьайбатлъи бокьизе ругьун гьари, чороклъи-квешлъиялдаса рак1 гъанц1изаби — гьеб ккола хъвадарухъанасул масъала. Гьеб т1убазе ккани гьев живгоги гъваридав, рак1 бац1ц1адав инсан вук1ине ккола.

Нилъер адабияталъ жиндирго масъалаби г1умруялде рахъинаруна т1адег1анаб да­ражаялда. Нилъер талих1 буго халкъалъ адабирталъул къимат гьаби, гьелда адабияб раг1ул маг!на бич1ч1и, унго-унгояб асар ч1обогояб ч1андаялдаса бат1а гьабизе лъай. Халкъалъул къисматалдаса т1урав хъвадарухъан нилъер вук1инч1о ва гьеч1о. Раг1ул устарзаби х1алт1улел руго жидерго гьунаралда, махщалида рекъон.

Аваразул хъвадарухъабазда гьоркьоб хасаб бак1 ккола поэт Х1ажи Гъазимирзаевас. Гьанжелъизег1ан критикаялъ гьесул асаразул рахъалъ кинабг1аги к1алъа-басай гьабич1оииги, гьеб гьабизе гьев цевего мустах1икъав вук1ана. Дагъистаналъул т1ахьазул издательствабаз къват1ире риччана гьесул анц1ила к1игоялдасаги ц1ик1к1арал т1ахьал, поэт лъугьун  вуго  жиндирго халкъалъе кутакалда машгьуравлъун  ва вокьулевлъун.

Жиндир заманалда т1адег1анаб лъай щвезе ва босизе рее рекъеч1ониги Х1ажи Гъазимирзаев вуго жиндир жанисеб рух1ияб культура ц1ик1к1арав, лъик1аб тарбия щварав, адаб-хъатиралъул къимат гьабизе лъалев, маг1арулазул хасият-г1амал, г1умру бич1ч1улев, намус, ях1, г1адат ц1унарав чи. Гьев гьединав вук1ин нилъеда бихьула гьесул асараздасанги. Гьел гьес т!аса-масаго хъваларо, лъик1 ургъун, гъорлъе ваккун, щибаб раг1и къач1ан, бук1ине кколеб бак1алда рекъезабун, ц1иял сипатал ратизе жигар бахъун, сок1к1уна. Гьесул творчествоялъулъ нилъеда вихьула г1езег1ан зах1матаб нух нахъа тарав, г1емераб лъик1абги квешабги, ракъити-къварилъиги, аваданлъиги-рохелги, рокьиги-хиянатлъиги бихьарав инсан — лирикияв герой.

Куч1дул гьаризе жеги г1олохъанлъудаго, 18 сон бараб мехалъ, байбихьаниги, Х1ажил т1оцебесеб т1ехьлъун рик1к1ине бегьулеб «Дир муг1рул» абураб куч1дузул цикл (26 шиг1ру жанибе бачараб, басмаялда бахъана «Лъаразул гаргар» абураб г1аммаб т1ехьалда 1965 соналда- Х1ажида лъалаан жинда цебе ч1араб масъала зах1матаб бук1ин — жиндир росулъа гьунар т1ок1ав поэт Ч1анк1а, мадугьалихъ росулъа Х1амзат, Расул, гьединалго Хундерил т1алъиялда г1урал Заид Х1ажиев, Фазу Палиева, Мух1амад Сулиманов г1адал раг1ул устарзабазда гьоркьове вач1ине хьул т1ами бигьаяб жо гуреблъи. Маг1арул пандрида к1иго ч1ва бук1уна, амма макънал бат1и-бат1иял рачине бегьула, авар мац1 цо буго, амма гьунаралда рекъон х1алт1изабизе бегьила, адабият-г1урхъи гьеч1еб х1икмат буго,— гьедин х1укму гьабула г1олохъанав поэтас. Х1ажида к1вана макъан батизе, жиндирго къисмат куч1дузулъ ах1изе, гьев мух1канго, ургъун вач1ана авар адабияталде. Гьесул хьул, нух, хаслъи ва къасдал рихьулел рук1ана т1ахьазда лъурал ц1аразулъ: «Дир муг1рул» «Чундузул сухъмахъ», «К1иго ч1ва», «Вехьасул макънал», «Вехьасул рокьи» г1адал.

Т1оцебесеб т1ехь байбихьулеб буго «Дир муг1рул» абураб, ват1аналде рокьи загьир гьабулеб кеч1алдалъун. Муг1рузде нилъер поэтаз г1емерал куч1дул гьаруниги, Х1ажида ратун руго гьезие хасал сипатал; «Роржун унел ц1умал ц1вабзазда хъвалел, моц1рода даг1нил лълъар лъуранин кколел», гьенирго руго: «Г1анса гочунаго, чабах бортани, т1инде гъугьан унел гъваридал к1к1алал, чи т1аде вахани, чехь г1орда цулел, кварил гьулак г1адал гьелчолел кьерал».

Нилъеда бихьулеб буго байбихьудасанго Х1ажи къеркьолев вук1ин ч1обогояб, пасих1лъи гьеч!еб, сипат камураб калам жиндир кеч1алда гъорлъе биччангут1иялъе гloло. Т1ад калам гьеч1еб буго гьесул «Т1оцебесеб гали» абураб кеч1. Гьениб поэтас живго релълъинавулев вуго т1оцебе пархине палхан лъугьараб кьурулъ бусен лъураб ц1удул т1инч1алда,  т1оцересел галабазулъ  буго  щакдари, ц1алдолезда божиги-

Дунги г1олохъанав маг1арул поэт

Рик1к1аде воржине х1инкъун вук1ана.

Х1ал лъалареб барти лъалхъилин х1инкъун,

Х1алихьатав гьудул велъилин абун,

 Бокьулеб муг1рул халкъ, нужер боржелгун

Дун коч1ол ралъдалъе гъорлъе лъугьина.

Байбихьараб иш раг1алде бахъинабизе Х1ажи к1вах1 тун, жигаралда, щавкъалда х1алт1ана, зах1малъаби нухда рук1аниги, борхалъуде вахине бугеб гъира гьесулъ свинч1о. 1984 соналъ тГехьалда бахъараб «Борхалъи» абураб кеч1алдасан нилъеда бихьула поэзия Гъазимирзаевас т1адег1анаб ишлъун рик1к1унеб бук1ин, росарал бергьенлъабаздаса гьев жеги рази гьеч1олъи.

Гьадаб кьурул борхалъи

Лъана дида гьит1инго.

Гьанжеги х1инкъула дун

Долъул раг1алде къазе.

Дида лъач1о жеги дур

Борхалъи, поэзия.

Сардал рорч1ун, макьу тун-

Вуго т1аде харулев

Х1ажи г1емерал соназ колхозалда вехьлъун х1алт1ана, вук1ана завфермалъунги. Гьесда лъана т1абиг1ат, муг1рул, гьезул мац1, г1орал, рохьал, гьезул балъголъаби, г1умруялъул маг1на, киналъго гьесда малъана кеч1, кибго бихьана гьайбатлъи, рек1ее асар гьабулебщинаб жо; гьес абуна: «Вугодай гьаб ракьалда дун г1адииав г1алимчи, г1орал данде к1алъалев, лъараз куч1дул ах1улев»,— ан.

Поэтасул т1оцересел куч1дузулъ нилъеда бихьула т1адег1анаб романтика, амма гьел г1уц1арал рук1ана рит1ухъаб реализмалъул кьуч1алда:

Дир г1ангис буртинадул тириял куркьби руго,

Муг1рул т1огьазде вахун, т1авап гьабун вуссуна.

                            Т1илида рарал г1ужал г1умруялъул нухал дир,

                            Т1агъиги хъах1аб хонжрол намусалъул налъи дир.

Гьедин сипат сипаталде жубан, берцинго чвахун бачинедухъ, рек1елъе бортиледухъ маг1наялда ва пасих1лъиялда г1уц1араб буго «Вехьасул кеч1 абураб гьитт1инабго лирикияб поэма. Бит1ахъе къечарасул к1ут1буз лъел къат1раби г1адин, къабул гьарула гьал раг1аби рак1алъ:

Бец1ал нак1к1алги къанц1ун,

Гьекъола ц1орораб лъим,

Ц1орол г1унсбиги рухъун,

Бахъула г1ияй г1идра...

Дир партал чурун кьола

Чвахун балеб ц1адаца,

Гьелда иту кьабула

Гьорол тамахал квераз-

Раг1аби гурел, гьанир руго сипатал, суратал. Гьединаб т1адег1анаб даражаялде вехь, гьесул г1умру1 ва зах1мат коч1олъ бихьизабизе к1вей — гьеб гьунар ккола, гьит1инабго бугониги, гьеб буго вехьасе хъвараб гимн, ода, гьев к1одо гьави, гьесул зах1мат, рек1ел х1ал поэзиялде гъорлъе бачин.

Х1ажил т1оцебесеб т1ехьалдаго нилъеда бихьула бат1и-бат1иял темаби рагьизе гьарулел къасдал, вехьасул зах1мат, рагъ ва рекъел, Ват1аналде бугеб рокьи, 6ax1apчилъи, гьудуллъи ва рокьи, тарих ва гьанжесеб къо, т1абиг1ат ва дунял, г1адамасул г1амал-хасият, лъик1ал ва квешал рахъал ва гь. ц. Гьел темаби шаг1ирас рик1к1уна аслияллъун, нахъеги гьезда т1ад к1вар кьун х1алт1ула. Х1ажил цо-цо куч1дул коч1охъабаз ах1улел халкъиял куч1дуллъун лъугьана. Гьединаблъун ккола «Гуржаниса яс», махсаро-хоч1, юмор гъорлъ бессизабун сок1к1араб гуржи ясалде гьабураб рокьул кеч1. Гьеб г1уц1араб буго васасул ва ясалъул диалогалда сверухъ. Гьезул халатаб гьеч1еб калам буго, амма нилъеда бихьула т1убараб драма: вас мук1урлъула гуржи ясалъе, амма гьей абун йик1уна вокьулев васасе, гьединлъидал жаваб кьола:

— Дур рек1араб ц1аялъ Ц1ор бух1аниги,

    Гьудул рехун тезе таваккал гьеч1о-

    Кьог1аб туснахъалда дун к1век1аниги,

     К1веларо хисизе бицараб раг1и.

Нилъеда цебе ч1ола parlye хисуларей, хилиплъи биччаларей, г1амал щулияй ясалъул сипат—хасият. Амма шаг1ирасда абич1ого ч1езе к1оларо, цебе заманги гьанжесеб заманги данде ккун, бат1алъи бихьизелъун: «Дол арал векаца киса гьедин мун, Дида ч1орги реч1ч1ун йорч1илароан».

Рокьул х1акъалъулъ тема нилъер советияб литератураялъе зах1матаздасан цояблъун ккола. Мах1мудица ва Ч1аик1аца гьеб тема гъваридго, бугеб бечелъиялда рух1ияб г1умру бихьизабун, талих1 къараб, илагьи бегараб куцалда бихьизабуна. Советиял поэтаз рокьи бихьизабуна талих1 бугеблъун, анищ т1убараблъун. Х1ажи, куч1дузухъ балагьун, рокьулъ талих1 батарав шаг1ир гуро — талих1аб рокьиялъ куч1дул гьаризе инсан къанаг1атги т1амуларо — амма рокьул асар гьесул куч1дузуяъ гьайбатаб, аваданаб, рак1бац1ц1адаб буго. Рак1 къварилъула, хияналъи бихьун: «Квер бачун гьабураб къот1и биххизе, Цо дур къадарлъиян къварилъула рак1»- Амма рокьи хут1ула:

Г1алам цебе ч1аниги, рокьи ккарав васасул

Рек1ел г1ищкъу унаро гьудулалде гурони.

Т1оцебесеб т1ехьалда нилъеда ратула цо-цо г1оларел бак1алги, г1аммаб куцалда кьурал сипатал, цого тайпаялъул глаголал, ургъич1ого, т1ад х1алт1ич1ого риччарал мухъал: «Меседил хат1 хъвараб дур хабал зани», «Ват1ан ц1унулаго, ц1ар босун, хварав», «Месед т1ад бекьараб берцинаб г1анса»— гьел халатал эпитетал ц1иял гьеч1ел, нилъеда киралиго раг1арал руго. Цойги босани, гьадинаб мисал: нилъер авар мац1алда гла­голал ва гьезул формаби ц1акъ бечедал руго, т1оцересел куч1дузулъ Х1ажица гьеб ресалдаса дагьго пайда босулеб бук1ана, берцинго хъвараб «Лермонтов» абураб коч1олъ rleмер х1алт1изарун руго цого глаголал, гьедин бук1ине бегьула, гьеб синтаксисалъул къаг1ида, ай такрарлъаби: эпифора, анафора ва гь. ц. шаг1ирзабаз х1алт1изеги гьарула, амма «вук1инч1о» абураб глаголияб форма, гьединго «мун» абураб раг1и ункъо нухалъ цо куплеталда такрарлъиялъ берцинго г1уц1араб коч1ол къуват хвезабулеб буго; гьениб рекъон ккараб антитеза бук1аниги:

Мун асир вук1инч1о дир Кавказалъул,

Мун тушман вук1инч1о нижер муг1рузул.

Мун тушман вук1аиа дов пачаясул,

Мун гьудул вук1ана нижер васазул.

Такрарлъи биччазе бегьила, интонация бечед гьабизе, чорхол асар ц1акъго х1алуцараб мехалъ, амма шаг1ирасе баян гьабизе бокьараб пикру цебего нилъее якъинаб, щакльи гьеч1еб буго, гьединлъидал г1емер т1адч1ей гьабизе кколеб жо гуро. Гьелда хурхун рехсезе бегьула Англиялъул машгьурав хъвадарухъан Олдос Хакслица абураб жо, гьеб дарслъун бук1ине цойгидал поэтазеги: «Улбузе жидерго лъималги лъималазе улбулги рокьулеблъи якъинаб жо буго. Амма гьеб баянаб, к1удияб пикру гьедун коч1олъ ах1улеб бугони, ц1алдохъан божуларо, гьев щакдаризе т1амула».

 Нилъер маг1арул поэтаз цо-цо мехалъ гьадинги лъалеб пикру, якъинаб жо гьедун, ах1ун бицуна, гъваридго, сипат бахъун гьабич1ого. Г1емераб гьа бала Дагъистан, муг1рул, маг1арулал, эбел, эмен, ват1ан, рижараб росу бокьулин.

Х1ажил к1иабилеб т1ехь къват1ибе биччана 1968 соналъ, «Чундузул сухъмахъ» абун ц1арги лъун. Гьенибги нилъеда бихьула миллияб авар поззиялда живго «Къосунареб сухъмахъ рагьизе», «Х1алалаб нухдасан гали т1амизе» шаг!ирасул бугеб гъира. Гъира бук1ин гуребги, раг1иялда хадуб бач1унеб ч1ван къот1араб иш, х1асил, х!акъикъатги цебе ч1ола ц1иял куч1дуздасан. Цо къосарав г1арзачиясде вуссун, хит1абги гьабун, поэтас абулеб буго:

Дуца наг1ана кьун, г1арзал хъваниги,

Дица баркала кьун, куч1дул ах1ила-

Дир кеч1 т1алъиялда т1ибит1ун ина,

Дур кьуч1 гьеч1ел гьерсал гьородахъ ина.

«Г1арзачи» абураб гьеб коч1олъ махщалида х1алт1изабун буго антитеза, сундасаго ра­зи гьеч1ев мац1ихъан къват1ив ч1вазавун вуго бег1ераб раг1удалъун. ШагГирас нилъехъе кьолеб буго бакъалъул бицараб кеч1 гуреб, нилъеде рещт1инабулеб буго бакъ щун роц1араб къоялъ чорхое лъугьунеб г1адаб асар, х1акъикъатги, х1икматги жиндилъ бессараб. Гьале поэтас ах1улеб «Маг1аруласул кеч1»:

Хвалчен х1адураб буго,

Чот1а тирияв вуго.

Тушманасе г1умруялъ

Г1одой къулун х1елич1о...

Гьудуллъи, вацлъи ц1унун,

Ц1адай ине къаларо-

Дун гьит1инав чийилан,

Чармида зар кьабуге.

Х1ажил г1емерисел куч1дузулъ нилъеда бихьула ват1аналдаса ч1ух1и, жиндир г1елалъул, наслуялъул ц1ар арал ишал к1одо гьарун, гьездаса бугеб разилъи: («Кав­каз», «Дагъистан», «Сулахъ» г1адал куч1дузулъ) «Чундузул сухъмахъ» т1ехьалъул бакьулъ лъун буго шаг1ирасул гьунар загьир гьабулеб, гьес рек1ел кинабго х1асрат, чорхол къуват кьун щавкъалда хъвараб лирикияб поэма «Хасел ун их щвела, щобазул мокъокъ». Гьес гьениб х1албихьулеб буго Мах1мудил ирс кодобе босун, гьевгун къецалде лъугьун, гьесул творчествоялъул мотивал кьоч1ое росун, жиндирго пасих1лъи рагьун, сипатал ратун, художествоялъулаб асар-къасидат г1уц1изе. Гьеб гьесухъан бажарунги буго. Х1ажица г1уц1улел руго Мах1мудил ва гьесул йокьулей Муил образал, гьелъие поэтикияб интересаб къаг1ида батун, ч1агоял чаг1и г1адин гьел цере ч1езарун, рек1ел хьулал рагьун. Х1ажилъ балъгояб, раг1ун къват1ибе рехулареб анищ буго жиндирго кеч1 Мах1мудил коч1ол даражаялде бахинабизе, гьесул традиция ц1унизе. Гьеб тавакалаб къасд реццалъе мустах1икъаб бугин тола дица, рек1ее бокьухъе мурадал т1урач1ониги.

Поэмаялда реалиялги, шарт1иялги г1аламатал ва ишараби цоцалъ журан кьун руго. Ч1агоял чаг1и г1адин, Мах1мудги Муиги рокьул гара-ч1вариялда, Хъах1аб росдал санул раг1алда цоцазе г1ищкъу рагьулел цере ч1ола нилъеда. Поэмаялъул буго лирикияб сюжет, гьеб цебе бачуна диалогалъул формаялда;

— Муи, ресукълъиян, къадру-ассилан,

     Дун восунгут1изе сабаб ккеладай?

     Мискинав инсуца бух1араб т1орччол

  — Инсул къадруялда къвал балеб гьеч1ин,

       Дир чара бух1изе х1алал рихьуге,

      Меседил гъонолъ лъун, дун хьихьаниги,

     Дур т1армил бечелъи т1аса бищила.

Мах1мудил коч1ол г1адаб гучги чвахиги гьеч1ониги, Х1ажил куч1дузулъги тамашаяб гугьар, рак1 беэдулеб музыка, гъира базабулеб асар бихьула, нилъеда ккола живго Мах1мудил шиг1раби раг1улел руги|н. Муил ах1вал-х1ал, рее къот1араб куцалде ккараб сурат рагьула монологазулъ:

Барщун бугеб кьибил, кьаллъараб росу,

Кьуралъуй ч1айилан, ч1ун вугев эмен,

Дуниял кьуниги, ц1ар т1амуларев,

Ц1ар къанда хъвадида хъатикь йигей дун...

Вокьуларин, теян ах1и баниги,

Боц1уда pyxl лъурав иях1 гьеч1ев рос.

Боц1уда pyxl лъей сабабалъе ккун, данделъич1ого хут1ана нилъер маг1арул росабалъ чанги цоцазе рокьарал.

Х1ажил к1иабилеб т1ехьалдаги руго цо-цо гьац1улъ xle, х1анилъ рас г1адин ратулел рек1ее г1оларел, г1аммал бак1ал: «Мун гьеч1они, дие г1умру к1варич!о, г1умру гьеч1еб дунял ч1обогояб т1анк1», «Мун дие бакъ йиго, къаси моц1 йиго», «Лугбал чергес», «берзул нур». Нилъер киназулго квешаб г1адат буго араб заманалъулъ,— историялъулъ, нек1сияб яшавалъулъ квешаб жо к1одо-к1одо гьабун бихьизаби, кеч1алда гъорлъе Мах1мудица, Ч1анк1аца, яги Х1амзатица, Расулица киданиги рачинч1о, масала, гьадинал мухъал: «Ц1оралъул ясазул халатал гъалал, ц1алай кьабун руго нек1о маг1арухъ». Гьединаб цш историялдаги бук1араб жо батиларо. Эрменияй Шуг1айнат.

Шамилица жиндирго йокьулей лъадилъун гьаюна, гьез цоцазул къадру ц1унана, рокьуе хилиплъич1о. Т1адеги квеш буго Х1ажил нилъеца рехсарал мухъал ругеб «Валета» кеч1 коч1охъабаз ах1улеб бук1инги.

60. абилел соназда хъварал Х1ажил куч1дузулъе риторика бач1иналда х1инкъи бук1ана, «ч1ахъаги» «буго-вуго», «т1егьалеб» дагьаб ц1ик1к1ун абизе лъугьун рук1а1на шаг1ирал. Ц1акъ бигьаяб жолъун бихьизабулеб бук1ана ралъад лъугьин, rlop къай: «Жакъа совет чияе квер иебе ккуни, киг1ан гьалагабги rlop нахъ буссуна».

Лъабкъоялда анц1абилел соназда нилъер поэзиялъулъ публицистикияб чвахи ц1ик1к1уна- Поэтаз нахъойги рак1алде щвезабула умумузул лъик1аб г1адат, хьвада-ч1вади, этика, мораль, г1умруялъул философия. Басряб наккдалъа ц1ияб буг1а бахъизе лъугьинч!ого, араб къоялдаги жакъасеб къоялдаги гьоркьоб бухьен балагьула, Шамильги Х1ажимурадги, Мах1мудги, Х1амзатги цох1ого тарих-история гуребги жакъасеб къоялъул бут1а кколеблъи бихьизабула. Гьединаб бук1ана Гъазимирзаевасул жиндирго пикру, берзул балагьи, поэзия.

1974 соналъ Дагъистаналъул т1ахьазул издательствоялда бахъараб «К1иго ч1ва» абураб т1ехьалда аслияб тема буго история ва жакъасеб къо, маг1арулазул къисмат, Ленин ва партия, рагъ ва рекъел, социалистияб зах1мат. Гьел темабазда махщалида хъварал асараллъун ккола «Ленинил мавзолей», «Дир Дагъистан», «К1иго ч1ва», «Нуж рагъарал окопал», «Х1ажимурад», «Гьобол», «Кьерхараб сордо», «Ц1уне, маг1арулал», «Ясалъул макьу» ва гь. ц.

Ленинил мавзолеялъухъе ургъелги рохелги бикьизе г1емерал поэтал, советиял
г1адамал рач1уна, к1удияв вождасде бугеб рокьи загьир гьабун, куч1дулги гьарула.
Гьединал руго Х1амзатил, Расулил, Фазул, Пумар-Х1ажиясул. Х1ажицаги абулеб
буго жиндирго раг1и:                                                                               \

'              Цо дун гуро жакъа, бет1ерги   къулун,

Дуе салам кьезе кьерд;а ч1ун ругел.

Гьаб ракьул шаралъул миллионазул

Аза-азар вакил вуго дир хьолбохъ.

Щибав инсанасул анищги щавкъги —»

Дуниял мук1урав дуда берк1ут1и.

Инсанасул зах1мат к1одо гьаби — гьеб ккола социалистияб реализмалъул литератураялда аслияб, бет1ераб тема. Амма нилъер Дагъистаналъул литератураялда гьеб тема жеги аслияблъун лъугьун гьечГин абизе бегьула. 3. Х1ажиевас, Ц1. Х!амзатица г1езег1ан хъвана зах1мат к1одо гьабурал асарал, хасго нилъеда рек1елъ ч1ола «Вехьасул къиса», гьеб тема бихьизабизе квербакъи гьабуна Расулица заманалъул xlaкъалъулъ куч1дузул циклалда, «Доярка», «Ралъдалъ шагьар» ва гь. ц. асаразулъ, Шахтамановас—«Ц1вабзазул аманат» т1ехьалда, зах1мат-бах1арчилъи Фазу Г1алиева-ъул аслияб тема буго.

Х1ажи Гъазимирзаевасдаги батун буго зах1мат к1одо гьабизе жиндирго макъан ва поэтикияб къаг1ида. Зах1мат гьесие бухьараб буго бах1арчилъиялда, рохелалда, талих1алда ва гуманизмалда.

Гьанжесеб авар литератураялда Гъазимирзаевасгг1ан камилго зах1маталъул xlaкъалъулъ раг1и абурав поэт цониги гьеч1о. Гьесда зах1маталъул, х1алт1ул къимат лъана ва, образал г1уц1ун, гьеб жиндирго творчествоялда бихьизеги гьабуна. Вехьасул сипат бат1и-бат1иял ресал ратизарун, киналго рахъаздасан цебе ч1ола: зах1малъабакьа х1инкъуларев, рак1 аваданав, хияналъи чорхолъ гьеч1ев, ц1адакьги, гьоролъги, рохьаздаги, муг1руздаги, квачайги баг1ариги х1ехьон, бихьинчияб намус бац1ц1адго ц1унун, халкъалъе, улкаялъе хъулухъ гьабулев:

Риччарал буртаби, рец1ц1улел т1аргъал,

Махил хат1ихалда дализаруна.

Ц1адут1е т1инк1араб т1ат1ул нахалъул

Т1аг1амаб мах1 бахъун хъощниб бессана.

Т1олго дунялалъул скульпторазда

Гьав вехьасул зах1мат бич1ч1улебани,

Киндай рекъелаан, къвалакь т1илги ккун,

Мармарул сиялде т1аде вахун вехь.

(«Кьерхараб сордо»).

Гъазимирзаевасул аслияб лъик1аб рахъ ва хаслъи буго гьес рек1елъ босич1еб жоялде кеч1 гьабунгут1и.

Гьесул кеч1 чвахун бач1уна, жибго лъарал чилчили г1адин, пикруги асарги гъорлъ жубан. Гьале «Вехьасул гьеди» кеч1алдасан росарал мухъал;

Т1инк1ун бач1унеб моц1, ц1вабзазул кунч1и,

Керен гьогьомулеб недегьаб гьури,

Эбел бат1алъараб лъимадул г1адин,

Гъоба ахалъуда лъарал чилчили,

Лъалхъе хералда т1ад, т1огьол къуч1бузухъ

Ц1вабилъун кенч1елеб г1арац г1адаб щуб,

Г1орц1ун бегараб г1и, paг1 балел дуг1би...

Гьанйб маг1арул коч1ол роцен, г1уц1иялъул закон, аллитерация, жанисеб риф­ма, интонация ц1уни гуребги маг1арул поэзия бечед гьарулел сипаталги руго, коч1ол мац1 буго т1ад раг1и абизе рее гьеч1еб, куч1дул херхун руго музыкалияб формаялда цо сипаталъ цойги, сипат цебе бачГинабун. «Керен гьогьомулеб недегьаб гьу­ри», «ц1вабилъун кенч1олеб г1арац г1адаб щуб»— гьел руго маг1арухъ г1иял сага-базда рогьел рехулеб г1ужалъул г1аламатал. Нилъеда бихьулеб буго Х1ажи авар коч1ол къимат г1одобе ккезе теларин къеркьолев вук1ин.

Коч1ол къимат гьабиялдаса байбихьулеб буго Х1ажил «Вехьасул бакънал» абу1раб 1981 соналъ бахъараб т1ехь:

 Ч1амуч1аб дур рек1ей асар гьабич1ищ,

 Бихъун рехе дир кеч1, дун рази вуго.

Унтулеб дур рек1ей дару гьабич1ищ,

Абе дида раг1и, дун рази вуго-

Соналдаса соналде жанразул ва темабазущ рахъалдасан бечелъун гуребги, гье­сул   куч1дул  художестваялъулаб  формаялъул  рахъалъги камиллъана.   Масала, лирикияб асаралъул аслияб г1аламатлъун ккола къокълъи-бицалъи, гьениб цо тохлъукьего бач1араб чорхол асар, рек1ел х1ал бихьизабун бук1уна, халатаб кеч1алъ ц1алдохъан сваказавун, гьелде интерес хвезабула. Х1ажил г1емерисел куч1дул rlyц1арал руго 5—6 куплеталдасан.

Юмор адабияталда — кванда т1аг1ам бач1инабулеб ц1амул цо мискъал г1адаб жо ккола, Х1ажил ахирисел асаразулъ юморалъ ц1ик1к1араб бак1 кколеб буго.  Цо-цо мехалъ юмор буссунеб буго кьварараб сатираялдецин. Бег1ераб сатира кидаго къуватаб ярагълъун бук1ана маг1арул шаг1ирзабазул. Ахириял соназ литератураялда гьелъул к1вар ц1ик1к1ин г1умруялда дандч1валел г1емерал г1унгут1абазда бараблъун лъугьана. «Вехьасул рокьи» абураб т1ехь Гъазимирзаевасул творчествоялда аслияблъун кколелъул, гьеб мустах1икъаб буго гъваридаб гара-ч1вариялъе ва гъорлъе раккун къимат кьеялъе. Х1ажица жигар бахъулеб буго г1умруялъул т1олго бечелъи, киналго кьерал ва рахъал поэзиялде гъорлъе рачине, рух1ияб г1умру къеркьеялъулъ бук1ин бихьизабизе. Хасаб бак1 кколеб буго рагъул темаялъ, пасих1го хъван руго «Г1у­рус ракь», «Мамаев Курган», «Дида ккола», «Нилъер гьужум» ва цойгидалги К1удияб Ват1анияб рагъул соназул бицарал куч1дул:

Дун гьаб г1ypyc ракьалда х1ет1е ч1езе х1инкъула,

Вацасул хобалда т1ад х1ет1е лъолеб батилин.

Поэтасда бич1ч1улеб буго нилъер г1елалъул бук1инеселда цебе бугеб жавабчилъи, ц1одорго, рек1елъе бортиледухъ, хъвалебги буго гьелъул х1акъалъулъ. Т1адег1анал идеалал рихьизарун руго х1еренго хьварал «Лъалхъуге, дир барти», «Эбел», «Г1адатлъи», «Ханжар», «Брест», «Дицани абила» г!адал куч1дузулъ, философиял пикраби кьолел руго «Палугьан», «Ицц», «Сон т1ок1к1ун бук1араб лъар», «Гьалаглъуге, гьури...» «Хехаб раг1и», «Х1акъ» ва цойгидалги куч1дузулъ. Шаг1ирас инсанасе къи­мат кьола ишалъухъ, хьвада-ч1вадиялъухъ балагьун, намус, ях1 ц1уни гьес рик1к1уна инсанасе бищун аслияблъун.

Вит1арав, бах1арчияв ва инсанлъи бугевлъун вук1иналъе Х1ажие руго мисаллъун умумул, гьезул поэзия, гьунар. Гьелъ батила бищунго х1айранал мухъалги ц1ик1к1арав устарасе, учителасе сайгъат гьарурал ругел:

 Расул, дур г1адатлъиялъ,

 Г1адамазул хъант1иялъ,

 Духъа рахъулел ругел

 Къиматал саг1тал лъалшц?

-    Дун х1икмалъун вук1уна

     Мун х1алт1улел саг1газда,

     Г1алам х1айранал мухъал

      Дуца хъвалел минтазда-

г1алам х1айранал мухъал... Гьединаб мурадалде вахин щивав шаг1ирасул анищ ккола. Нилъеда рак1ч1ун абизе к1ола, х1айранлъи ва недегьаб балъголъи жиделъ бугел мухъал Х1ажил ахирисеб т1ехьалдаги г1езег1ан ругин.

«Поэзия ккола киназего г1аммаб ва гьебго заманалда хас гьабун щивасул пи­ша,— ян абуна РСФСРалъул Хъвадарухъабазул VIII съездалда гьабураб к1алъаялда Дагъистаналъул халкъияв Поэт Р. Х1амзатовас.— Гьениб щивасул бук1ине ккола цойгидал т1асан хьвадич1еб жиндирго сухъмахъ, нух, амма гьебго заманалда бук1ине ккола цо киназего.»

Гъазимирзаевги, рак1ч1ун абизе к1ола, жиндирго сухъмахъалдасан поэзиялъул г1ат1идаб нухде вач1унев вуго, вацлъиялъул, интернационалиял пикраби гьесул шиг1рабалъ т1адеялдаса т1аде ц1ик1унел руго, тематика бечелъулеб, коч1ол г1уц1и — ком­позиция камиллъулеб буго.

Рак1ч1ола, Х1ажил поэзиялъул барти, лъалхъи гьеч1ого, цебе къокъине бук1иналда, гьесул поэзиялъул их кидаго г1урччинаб харица, хириял т1угьдуца берцин гьабиялда, маг1наги пасих1лъиги гьесул поэзиялда дагьабги цоцалъ гъункиялда.

Мухамад-Расул   УСАХВ.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби