ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Авар мац1алъул 3-леб классалда рагьараб дарс. Тема "Прилагательное жинсалде хиси"

 

Тема: Прилагательное жинсалде хиси.

Мурадал: -малъизе ва щула гьабизе прилагательное жинсалде хиси;

- цебет1езабизе прилагательное каламалъулъ, предложениязулъ бати, гьелъул жинс бати;

- рокьи бижизабизе Ват1аналде ва сверухъ бугеб дунялалде.

Дарсил ин:

  • Организациялъулаб момент.
  • – Рорч1ами, лъимал! Жакъа нилъехъе рач1ун руго гьалбал. Русса гьездехун, кье гьезие рорч1ами.
  • – Балагье цоцазде, гьиме цоцазе. Гьедин, гьимулаго, ине бокьун буго дие нужер дарс.
  • – Жакъа нилъер буго г1адатияб гуреб дарс. Нилъ рахъине руго тира-сверизе, бахчараб цо гъамас балагьизе. Сундаги рек1ун нилъ ине ругеб нужеда лъала, цо бицанк1о ч1вани.
  • Бицанк1о: Карачелазда ина буго цо хъала, т1ад руго г1адамал. Щиб хъала гьеб бугеб?
  • - Кинал рук1унел гамул нилъее бицине буго Хатиматица.
  • Киналго гамул рикьула лъабго бут1аялде: г1адамал раччулел, къаййи баччулел, рагъул. Рук1уна универсальный гамулги, кинабго цадахъ гьабулел. Гьез баччула рохь, генералияб къай.
  • - Щал гьенир х1алт1улеб бицине буго Г1айшатица.
  • Гама бачуна капитанас, квен х1адурула кокас. Гамида х1алт1ула, яги Ват1аналъе хъулухъ гьабула рук1уна матросал.
  • Жакъа нилъ ине руго гьаб гамида рек1ун (слайд). Нух бит1аги нилъее!
  •  
  • 2. Бац1ц1адхъваялъул минутка.
  • - Гамил капитанас нилъее кьола буго, нухда рак1гъеялъе, х1алт1и: бац1ц1адго ва берцин хъвай.
  • - Жакъа кинаб къо-моц1 буго? Щиб нужеда рак1алде щолеб МАРТ абураб раг1и раг1индал?
  • -Щиб нилъее капитанас кьураб лъазе бокьани, балагье гьал суратазухъ. (Слайд) 
  • -Арбуз кинаб? Яс кинай?
  • -Кинаб каламалъул бут1а нужеца абуна? Щиб жо ккола прилагательное? Щиб нужеда гьелъул х1акъалъулъ лъалеб? Прилагательноялъул жинс сунда бухьараб бук1уна?
  • Бб / Баку Баху берцинай Болъихъ
  • -Кинаб раг1и бугеб гьаниб къвариг1унареб?Щай?
  • - Щиб жо кколеб прилагательное? Суалал?
  • - Берцинай абураб раг1иялъул х1акъалъулъ щиб абизе к1олеб нужеда?
  • 3.Раг1абазул диктант.
  • -Матрос (слайд) вач1ун вуго нилъее г1ечги босун. Гьеб кьезе бугила нилъеца хадусеб х1алт1и гьабуни.
  •  
  • Раг1абазул диктант: Ч1ег1ераб нак1к1, кутакав чи, х1еренай эбел, бац1ц1адаб гурде,  лебалал васал ,г1урччинаб курак .
  • - Нужеца бицине ккола гьениб кинаб раг1и прилагательное бугеб, гьелъул кинаб жинс бугеб.
  • -Ц1але бераз. Кинаб раг1и т1ок1аб бугеб?
  •  
  • 4. Дарсил темаялде жанире рачин
  • -Сундул х1акъалъулъ нилъеца жакъа бицине бугеб? Кинаб тема, нужер х1исабалда , нилъер жакъа бугеб? Щибдай нилъеда жакъа лъазе кколеб?
  • Слайд: Тема. – Бит1араб , лъимал!
  • - Гьале кьуна нилъее матросас г1ечги, кваналого гьебгун, лъедела нилъ хадур.
  • 5. Темаялда т1ад х1алт1и
  • а)-Слайд 7
  • б)-Х1асил : (Слайд 8)
  • в)  Слайд Маргьа «Нечарал гьарулел»
  •  
  • 6. Т1ехьгун х1алт1и
  • (учитель прислушивается к доске)
  • - Лъимал, капитан вуго абулев цебехун цо берцинаб ч1инк1иллъи бугила. Гьенире рахине ккани, нилъ т1ехьгун х1алт1изе кколила
  • СЛАЙД Х1алт1и 241, гьумер 112.
  • - Условие ц1але. (иргадал доскаялда гьабила)
  • 6. Физминутка.
  • -Гьаниб буго (СЛАЙД) цо берцинаб майдан. Рач1а нилъеца, г1одорч1ун гьениргун, кеч1 ах1изе.
  • ( «Маг1арулазул гимн»)
  • 7. Малъараб щула гьаби.
  • а)- Рахана нилъ гамиде. Лъедела нахъойги нилъерго гъансида хадур.
  • - Нилъехъе вач1ун вуго кок, босун къадеквенгун. Гьеб нилъее кьезе бугила, цоги х1алт1и гьабуни.
  • СЛАЙД  Х1алт1и 242, гьумер 113
  • -Условие ц1але. К1ирекъон гьабе (работа в парах)
  • -Кванана нилъерго къадеквенги, лъедела нилъерго гъансида хадур.
  •  
  • б) Группаялда х1алт1и
  • -Вай, лъимал! Нилъер гамиде боржун бач1ун буго микки (СЛАЙД) Группаялда х1алт1иги босун.
  • 8. Дарсил х1асил гьаби
  • -Гьанже дие бокьун буго балагьизе нужеда кин жакъасеб тема бич1ч1араб куцалъухъ.
  • -Гьале нужее тестал. Щивас жинцаго бище бит1араб жаваб.
  • - Гьанже хисе щивас цоцалгун. Доскаялде балагьун, хал гьабе ва къимат лъе.
  • СЛАЙД  Тест
  • (взаимопроверка)
  • 9. Рефлексия 
  • -Гьалеха , лъимал, щвана нилъее (СЛАЙД) Гъамас.
  • - (СЛАЙД) Гьанже балагье гьал смайликазухъ, бище жакъасеб дарсие нужеего смайлик.
  •  
  • 10. Рокъобе х1алт1и.
  • - Гамидаса гъоркье рещт1иналде, нилъеца босизе ккола рокъоб гьабизе х1алт1иги.
  • СЛАЙД Х1алт1и 244, гьумер 113.
  •  
  • 11. Лъималазе къимат кьей.
  • - Щивха, нужер х1исабалда, дарсида бищунго лъик1 х1алт1арав?
  •  
  • 12. СЛАЙД.  – Дарс лъ1уг1ана. Къо-мех лъик1!
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби