ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Рагьараб дарс. ЦIадаса ХIамзат "Гьудуллъи лъилгун кквелеб?" Мирзоева Хатиматица хIадурараб

Тема: Цlадаса Хlамзат «Гьудуллъи лъилгун кквелеб?»

    Мурад: 

  1. Кечl пасихlго цlализе ругьун гьари.

  2. Тlехь рухlияб бечелъи букlин, ва гьелъулгун гьудуллъи кквеялъул пайда цlалдохъабазда бичlчlизаби.

  3. Хlамзатил гlакълуялда хадур гъезари, эпитетазул ва метафоразул кlвар рагьи.

Дарсил алатал: тlахьазул выставка, проектор, суратал.

    Дарсил алатал: компьютер, проектор, т1ахьал

Дарсил ин.

Дарсил байбихьи

- Рорчlами, лъимал! Гlодор чlа!

     2 .Дарсил эпиграф: 

Гьитlинго гьабураб цlали - ганчlида бикlараб накъищ.

 Херлъидал босараб лъай - лъеда хъвараб накъищ.

(Эпиграфалъе баян кьела)

- Жакъа нилъехъе бит1ун бач1ун буго г1ажаибаб т1ехь.

Щибг1агидай аниб жаниб бугеб?

Гьанир дида рихьулел руго цо х1икматал т1адкъаял.

 

  • Араб материал такрар гьаби

1 т1адкъай.

Нилъеца дарс байбихьила кроссвордалдасан.

Кроссворд

 

цl

а

л

д

о

хъ

а

н

лъ

а

й

д

а

р

с

а

д

а

б

1.Школалда цlалулев вугев васасде яги ясалде кин абулеб?

2.Тlехьалъ щиб кьолеб?

3.Цlумур кьабигун щиб байбихьулеб?

4.Кlудияздехун гьабизе кколеб бербалагьи?

- Тlаса гlодобе кинаб рагlи лъугьараб (Цlада).

- Кин нужеда гьеб бичlчlулеб? Ц1ада абураб раг1иялъ щиб рак1алде бач1араб?

             2 т1адкъай

Тестал

1.Цlадаса Хlамзат кив гьавурав?

А) Хунзахъ

Б )Цlада

В) Гъунив

2.Чан сон барав чи гьев цlализе арав?

А. 6

Б. 8

В. 10

3. Цlадаса Хlамзатил хъизамалда чан лъимал рукlарал?

А) 2

Б) 7

В) 5

4.Цl.Хlамзатил кинаб кочlол мухъал гьал кколел?

Гьеб ракьалда кверщел гьабун,

Кутакаб гъалбацl букlараб,

Кодор щварал хlайванал чlван,

Хlал-зулмуялда хьвадулеб?

 

А) «Маймалакги цlулал устарги»

Б) «Гъалбацlги гlанкlги»

В) «Хlамаги бацlги».

5. Гьаб кочlолъ рагlаби битlун лъезе

Воре цlале,цlале,цlале……

…..тlегьазабе берзул нур

Бецlлъиялда данде рагъ бай….

Ракlги-мацlги бацlцlад цlуне….

(Цlияб Ватlан, дир цlодор, цlалдохъан, багьадур)

- Гьаб кочlолъ Цlадаса Хlамзатица щиб малъулеб бугеб?

         4. Ц1ияб тема

- Жакъасеб нилъер дарсил темаги ккола «Гьудуллъи лъилгун кквелеб?»

- Лъилгун кквезе бегьулеб гьудуллъи?

- Лъимал,нужер ругищ гьудулзаби?

- Кинал рукlине кколел гьудулзаби?

- Гьудуллъи цойги лъилгун кквезе бегьулеб?

    Дарсил мурадги буго: 

1. Кеч1алъулгун лъай-хъвайги гьабун, гьелъул анализ гьаби

2. Тlехь рухlияб бечелъи букlин, ва гьелъулгун гьудуллъи кквеялъул пайда бичlчlизаби,

3.Т1ахьазулгун хурхен гьабизе, гьел ц1ализе гъира бижизаби

5 .Словарияб хlалтlи:

Рек1к1ал – подлые

Мигьлъун т1аг1ине – постепенно исчезать

Бахча – огород

Гьурщизе – трясти

6. Учителасул мисалияб ц1али

-  Щай Х1амзатица  кеч1алъе гьединаб ц1ар кьун бугеб?

-  Коч1ол тема кинаб бугеб?

-  Гьаб коч1одалъун авторасе нужеда щиб бич1ч1изабизе бокьун бугеб?

- Кинаб сипатияб калам гьаниб бугеб «квер г1ат1идаб т1ехь», эпитетищ метафорайищ?

Тlехь ккола гlакълу-лъаялъул гъамас. Гьеб рагьизеги гьелдаса пайда босизеги лъарав чи вахуна гlелмуялъул борхалъуде.

7. Дарсил тема гъварид гьаби.

Х1ухьбахъиялъул минута.

Бицанкlаби

Къвакlараб тlомалда гъоркь

Тlанчlи гlемераб щунгъар,

Щибаб гьурмада гlунун,

Гlакълу батулеб алат?

Циндаго лъан бахъунареб, лъан тун хадуб кlочонареб

,+ й

,+ хь

Доскаялде рахъинарун, иргадал кеч1 ц1ализе т1амила. 

Кицаби рицина

 

    8. Дарсил х1асил гьаби

- Жакъа щиб ц1ияб жо нужеда лъараб?

- Дарсидасан щиб нужее бокьараб?

- Лъилгун гьудуллъи кквезе кколеб?

Гьанже нилъеца сапар бухьина Ц1. Х1амзатил музеялде т1ехь нахъе щвезабизе.

    9. Рокъобе х1алт1и: 

Кеч1 пасих1го ц1ализе.

Гьудуллъиялъул кицаби ралагьизе ва тетрадазда хъвазе

Асаралда т1асан сурат бахъизе.

Скачать файл: gamzat-cad.docx [24 Kb] (cкачиваний: 182)
Посмотреть онлайн файл: gamzat-cad.docx
  1. "ХIадурана Мирзоева Хатиматица" абун хъвани битIун букIина.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби