ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

САРАТ МУХУМАЕВА Авар мацIалъул гIадатияб гуреб рагьараб дарс.(ФГОС)

Дарсил тема:Предметияб цIар.Прилагательное.Такрар гьаби.

Дарсил тайпа: гIахьал гьабиялъул

Дарсил мурадал:                                                                                                    

1.Лъай кьеялъулаб:каламалъул бутIабазул  лъималазда лъалеб такрар гьаби ва  щула гьаби,

2.Лъай цебетезабиялъул:цIалдохъабазда авар грамматика лъаялъул рахъ цебетIезаби,цIалул ва хъвавул каламалъулъ кколел гъалатIал дагьлъи.КIалзул калам пасихIго гIуцIизе ва пикраби загьир гьаризе цIалдохъаби ругьун гьари.ГъалатIал ккеялда хIинкъичIого,цIалдохъаби жавабал кьеялда тIад хIалтIизе куцай,

3.Тарбия кьеялъул:литературияб каламалъул кумекалдалъун цIалдохъаби авар мацI цIунизе ва гьеб бокьизе ругьун гьари.Цоцаздехун адаб-хIурмат куцай,цоцалъ рекъон хIалтIизе ругьун гьари,гьелдалъун лъималазул гьудуллъи щула гьаби ,гьоркьоблъи гьуин гьаби.Рахьдал мацIалде ва ВатIаналде гьезул ракIазулъ чIухIи ва  рокьи бижизаби.

Дарсил алатал : 

Презентациял-тIадкъаял 

«Горянка» сурат Хайрулагь  Къурбановас бахъараб

Гимн  и флаг Дагестана  Ширвани Чалаев 

  Дагъистаналъул  гимн :  рагIаби Расул ХIамзатовасул,бакъан  ГIабдулгъапур МухIамадовасул

Карточкаби –къокъабазе тIадкъаялгун. 

Столазда тIад лъезе табличкаби,каламалъул бутIабазул цIарал хъварал

Дарсил ин: 

I. Авалияб гIуцIи.Класс дарсиде хIадури. (1 слайд)Ассаламу гIалайкум!Дида цIар буго Сарат МухIамадовна.Дун ячIана нужехъе Гъизилюрт шагьаралдасан.Дида рагIана нужер школалда магIарул мацIги бокьулел,гIамал-хасиятги берцинал  лъимал цIалулел  ругилан.Гьединлъидалин дун нужехъе ячIарай.

II.Лъималазда дарсил тема ва мурад бицин.

(2слайд)Нилъ жакъасеб дарсида гIадатияб гуреб сапаралъ рахъине руго .Щай гьеб сапар гIадатияб гуреб кколеб?Щайгурелъул гьеб буго унго-унгояб гуреб,виртуалияб сапар.Щиб жо кколеб виртуалияб сапарали нужеда-гьанжесеб гIелалда,гIезегIан лъикI лъала .Кодоб босулеб къайиги тIад рекIунеб жоги –гьебги гIадатияб гуреб буго гьаб сапаралде рахъунезул.Нилъее нилъер ВатIанги ,магIарул мацIги кигIан цIакъ бокьулеб батаниги,гьеб рокьул къадаралда  чуялги кьолон,нилъеда рахьдал мацI кигIан лъикI лъалеб батаниги,гьеб лъай жаниб лъураб бечелъиялъул  гъамасги кодоб босун рахъина нилъ къватIире.

Щайгурелъул, сапар буго нилъер Каламалъул улкаялде,гьединаб гIажаибаб цо улка буго,нужги чанги щун рукIун ратила магIарул мацIалъул дарсазда гьенире. Нилъер сапаралъул мурадги буго нужеда каламалъул бутIаби лъикI лъай, авар каламалъул берцинлъиги камиллъиги цойги нухалъ нилъедаго бихьи.

(3 слайд)Гьеб виртуалияб хIаялда цIар буго «Каламалъул бутIаби хвасар гьаре!». Гьеб хIай байбихьизе ккани,нилъеда лъикI лъазе ккола каламалъул бутIаби.Гьел лъикI лъалел гьечIони нилъеда каламалъул бутIаби хвасар гьаризе кIвелищха,кIоларо.Жакъасеб дарсида нилъеца хвасар гьабизе буго кIиго каламалъул бутIа.

(4 слайд)ХIаялъул буго чанго нахъа тезе кколеб захIмалъи-уровень,болъодухъан тIаде рахунел киниги,цоялда хадуб цояб захIмалъи нахъаги тун,рахина нилъ гьаб хIаялъул борхалъиялде.Гьеб щибалъул тIадкъай тIубан гурого хадусеб хIокIиде рахине рес букIунаро.ТIадкъаял тIуразе бихьизабураб заманги буго нилъее.Гьединлъидал,заман гIадада хвечIого букIине нилъ рикьила кIиго къокъаялде.Щибаб къокъаялъ тIаде босила   цо-цо каламалъул бутIа хвасар гьаби.Жибго хIай байбихьизе кканиги,пароль лъазе ккола нилъеда гьелъул.

III.Проблемияб ситуация.(5слайд)          

1.Нужеца гьал тIанкIазул  бакIалда каламалъул бутIаялъул  цIар битIун хъвазе ккола.Гьал ишарабазул магIнаги лъазе ккола.Цинги цо-кIиго мисал бачине тIамила.

                    

               

2.КIиго къокъа гьабила.Лъималаз хъвала

Предметияб цIар.Прилагатаельное.Слайд  бачIина гьаркьилаб

 «Сапар байбихьана.Нух битIаги!СагIат лъикIаб батаги!»

Нухда рахъине кканани,цин нилъеца хъвазе ккола тетрадазда къо-моцI, анкьил къо ва дарсил тема.

IV.Такрар гьаби.Киназего гIахьалаб  цIех-рех гьаби.

1.ТIоцебесеб болъо.Схемабазда рекъон, квер битIарал рахъинарила бицине.

1 къокъа.

1.Предметияб цIаралъул грамматикаял гIаламатал .Гьелъие гIаммаб баян кьей.

 

2 къокъа

Прилагательноязе гIаммаб баян кьей.

 

V.Дарсил темаялда тIад хIалтIи.

-ЛъикI бугоха,лъимал.Нилъеца цебе лъараб такрар гьабуна. Лъималаз   бицаралде тIаде жубала ва гIахьал гьабун бицина дицаго.Гьанже нужеца бицарабщинаб мухIкан гьабизе щибаб къокъаялъ цо-цо каламалъул бутIаялъул разбор гьабизе ккола.

Чанги ахIмакъ вахъараб  панаяб гьаб дуниял…(И.ГI.-ХI.)

Панаяб щибилан абулеб жо,лъимал?Нужеда лъалищ  гьеб рагIул магIна?(СЛАЙД)

Бренный  мир, в котором возродилось немало глупцов.

Гьаб предложениялъулъа «панаяб дунял»рагIабазул дандрай босе ва :

1.Гьеб рагIабазул дандрай гIадатал падежазде сверизабе

2.Гьел рагIабазул разбор гьабе

    1   къокъаялъ: предметияб цIаралъул

    2   къокъаялъ: прилагательноялъул

Панаяб дуниял.

1 къокъаялъе:дуниял

2 къокъаялъе: панаяб

Гьаже кIиябго къокъаялъ панаяб дуниял гIадатал падежазде сверизабизе ккола цо минуталда жаниб.Цебе лъугIаразе щола цо бонус-меседил гъурущ.

2.Хадусеб уровеналда нилъ рахине ккола  магIарул тIалъиялде, цIар рагIараб росулъе. Гьеб буго Хунзахъ районалъул ЦIада росу.Сундалъун гьеб росдал цIар ун бугеб? Гьеб росдаца нилъее кьуна кIиго машгьурав  шагIир: эменги васги. Лъица гьезул цIарал рицинел?

ЦIадаса ХIамзатги  Расул ХIамзатовги. Лъица картаялда бихьизабилеб гьеб росу.Хунзахъа цIалдохъан вугищ гьанив цониги?Цойги кинал машгьурал хъвадарухъаби яги кочIохъаби рахъарал ,лъимал ,Хунзахъ районалда.ГIабасил МухIаммад,Залму Батирова,МухIамад Сулиманов,Фазу ГIалиева.БакьайчIиса ЧIанкIаГьел цIарал рикIкIун хIалкIоларо.

Гьеб росулъ нилъеца хвасар гьабизе ккола авар адабият.Аздагьоялъ нилъер адабияталъул канлъун ругел камилаб рагIул устарзабазул асаразда гьоркьоса цо-цо рагIаби нахъе росун руго .Гьел рагIаби рукIаралъур лъезе кIвезе ккола нилъеда.

  Кьела лъималазухъе  кIиго  кочIолъа  къотIелал.Амма гьел мухъалъа цо-цо рагIаби камун руго.

 Гьединго гьел рагIабазул автор  ва кечIалда цIар лъани,тIаде бонусал  щола. Лъималазухъе кучIдул кьела.КIиго минуталда жаниб тIубазабизе ккола гьеб тIадкъай.

1 къокъа.

ЦIада росулъе лъим бахъи.

МугIрул __________гIелмуялъ гаргар гьабунин,

ГIертIил__________риче гьанже,руччаби.

Росдал кIкIалалдасан____________лъунин,

Лъим кколел ___________къайи тезабе.

Уяб_____________буго,халкъалъул газа,

КIвар кьун кьабун хадуб,____________рекIунеб.

КьучIаб кици нужей,-цолъарал квераз

Гучал мугIрул-щобал щущазарулел(ЦI.ХI.)

РагIаби:

А)хабар

Х)лъим

М)турбаби

Т)кьурда

З)къалазда

А)къвалал

(словарияб хIалтIи)

2 къокъа. 

МагIарухъе унел ____________накIкIал,

Хъван битIани кагъат тIобитIиларищ?

Хунзахъе щолелъул ,шамалъул гьури,

_____________сайигъат боссе квеларищ?(ЧIанка)

(хъахIилал ,гьитIинаб)

 

Компьютералъ хадусеб уровеналде нух кьела.

«БитIун буго!Нух рагьана!»

Гьаб уровеналда  хIаялъулъ йигей хъарталъ журазарун руго падежазул суалал.Гьел суалал жиде-жидер падежалде данде ккезарун лъечIони авар каламалъулъ квешаб гъала-гъважа ккола.Гьеб тIадкъай тIубазабизе буго тIоцебесеб къокъаялъ,компьютералда нахъа гIодорги чIун.

1 къокъаялъ хIалтIи карточкабазда гьабила.

къокъаялъ гьебго  заманалда  цо-цоккун доскаялдеги рахъун ,  кумек гьабизе  ккола халкъиял кицабазул берцинлъиги цIодорлъиги,магIнаялъул гъварилъиги  хвасар гьабизе.

а.Доскаялде бачIина кици.

Цояв гIадалав вугони,дандиявгIаги цIодорав вукIине ккола.(магIарулазул аби)

Качествиял прилагательноязда гъоркь хIучч цIай.Гьел качествиял рукIин чIезабе.

ГIадалав(цакъго гIадалав)цIодорав(дагьавги цIодорав)

Гьаб предложениялда гьоркьоблъиялъул прилагательноял рате.Гъоркь хIучч цIай.Гьел гьоркьоблъиялъул рукIин чIезабе.

БагIарараб  роолил къоялъ ралъдалаб гьава цIузе вахъана АхIмад-хIажи.

Гьаб предложениялда бетIергьанлъиялъулал прилагательное  бате ва гъоркь  хIучч  цIай . Гьеб  бетIергьанлъиялъул букIин чIезабе.

Борхьилаб гIамалалъул гIадамал рокьуларо дие.

VI. ХIалхьиялъул лахIзат. «Музыкалияб  хIокI»

Гьанже нуж  свакаралгIадин  рихьула, рачIа цодагьабго хIухьбахъи гьабизе.

Рахъана киналго тIаде

Биччала гимн

Сундухъха нилъ гIенеккарал гьабсагIат?Дагъистаналъул гимналъухъ.Лъица хъвараб тIоцебесеб гимналъе бакъан?Ширвани Чалаевас.КIиабилеб гимналъе бакъан хъварав композитор лъалищ нужеда? ГIабдулгъапур МухIаммадов.КъачIан рекъезабун буго Абусупьян Аликараевас.Гьеб гимн хъваялъул гьадинаб …буго.ГIумархIажи Шахтамановас…(бицина )РагIаби?Расул ХIамзатовасул.

Кинаб асар гьабураб ,лъимал,нужее гьелъухъ гIенеккидал?Сундул хIакъалъулъ ахIулеб бугеб гьениб?Кинал прилагательноял  хIалтIизарун ругел  Дагъистаналдаса чIухIи  загьир гьабизе авторас?Щиб бихьараб нужеда?Дагъистаналъул байрахъ.Кинал кьерал ругел гьеб байрахъалъул?ГIурччинаб,хъахIилаб,багIараб.Гьел кьералги кинаб каламалъул бутIаялъ рихьизарулел ?Прилагательнояз.Щиб гьабизеха нилъее каламалъулъ къваригунел прилагательноял?Прилагательнояз нилъер калам берцинлъизабула,пасихлъизабула,нилъер пикраби загьир гьаризе кумек гьабула.

VII.Щула гьаби.

Гьанже нилъеца гьаб кIиябго каламалъул бутIаялъул хIакъалъулъ лъалебщинаб  щула гьабила.(интерактивияб доскаялда)

Предметияб цIар

Прилагательное

къо 

къадар 

къимат 

къиматал 

рекъел 

къор 

кIудияв 

къадараб 

къиматал 

кIудияв 

кьварараб 

тIуцаб 

гьайбатай 

разияй 

-Кин лъараб нужеда каламалъул бутIа?

-Суалги лъун.

Дифференцированнияб тIадкъай(цIалдохъабазул лъаялда ва бажариялда рекъон)).

-Лъимал,гьанжелъизегIан нуж хIалтIана цоцалъ рекъон,цоцазе кумекги гьабулаго.Дун йоххарай йиго нуж гьединал гъорлъ росарал,цоцалъ рекъон хIалтIизе лъалел лъимал рукIиналдаса.Амма хIаялъул тIалаб буго гьанже нужер щивасул лъаялъул хIалбихьизе.Нужеда цере руго захIмалъиялъул рахъалъ 3 батIияб къагIидаялъул тIадкъаял.Нужер лъаялда ва бажариялда рекъон,гьабизе хIалкIолеб цо-цо тIадкъай бище тIаса щивас.(слайд)

-БитIун буго.ХIалчIахъаги ,меседал,нужер.

Цо жакъасеб хIаялъулъ кинго хIалкIолароан нилъеда киналго каламалъул бутIаби  хвасар гьарун.Гьеб хIаялъул буго чанго этап.Жакъасеб дарсида нилъ рергьана.Хадусел этапаздаги нилъ бергьиналда дир щаклъи гьечIо.

 Слайд бачIина лъималазе каламалъул бутIабаз баркала кьолеб.

VIII.Творческияб тIадкъай ва рокъобе хIалтIи.

Гьаб буго дагъистаналъул художник Къурбанов Хайрулагь МухIаммадовичас бахъараб магIарулалъул сурат «Горянка».

Дие цIакъ бокьилаан нужеца гьалъие гьитIинабго къимат кьезе,кумекалъе кIванагIан прилагательноялги хIалтIизарун.

Суалал кьела:

-Щий йихьулей йигей нужеда сураталда?

-Щиб гьелда тIад ретIун бугеб?

-Кинаб кIаз чIван бугеб?

КIазида гъоркьан щиб къан бугеб?

-Гьелъул чIеялъулъ,къадруяб балаялъулъ  нилъеда бихьула магIарулалъул унго-унгояб сипат,магIарул чIужугIаданалъе ва бусурманчIужуялъе хасиятаб къадруги,сабруги гъорлъ бугеб…Дирго пикру бицина цин.

-Гьей сундул пикрабаздадай ,лъимал,йигей?Дида ккола гьей гьаб хинкъараб заманалда жиндирго лъималазул ургъалида йигилан.Гьелъул рахIатхвараб балаялъ бицунеб бугилан кколеб буго магIарулалъул рекIелъ бугеб хIинкъиги  ахIиги: «Аллагь!ЦIуне дуца дир лъимал гьаб нахъзаманалъул балагьазукьа!ЦIуне рагъалдаса!ЦIуне ракъи-къечалдаса!ЦIуне тIабигIиял балагьаздаса!ЦIуне умумузул мацIги ,гIамал-хасиятги,берцинал гIадаталги кIоченалдаса!ГурхIел,рахIму ,цIоб гIатIидав БетIергьан,цIуне дуца тIолабго Дагъистан!

-Кинал рагIабаз кумек гьабураб нилъее магIарулалъул сурататалъе къимат кьезе?

  Гьел кинал каламалъул бутIаби кколел?

-Сундуеха нилъее къваригIунел каламалъул бутIаби.

-Калам гIуцIизе,гьеб пасихI  гьабизе,берцин,камил гьабизе.

Гьаб буго нужее рокъобе хIалтIи.Дица хIадурарал тIанчIазда нужее калам гIуцIизе кумекалъе хъварал каламалъул бутIабиги хIалтIизарун,гьел тIанчIазда бугеб магIарулалъул суратги кьочIое босун,рокъоб гьитIинабго мини-сочинение хъвай нужеца.Гьунар бугел ратани,кочIодалъунги хъвазе бегьила.Амма унго-унгояб сураталъул берцинлъи бихьизе дица нужеда абилаан,рикIкIадги гьечIеб мехалъ,музеялде (изобр.искусств) айилан,нужерго авар мацIалъул мугIалималда цадахъ.Гьеб бихьараз сочинение цIакъго берцинаб,магIнаяб,чIагояб хъвалин ккола дида.Музеялда гьеб гуребги гIемер руго дагъистаналъул художниказул суратал.Лъай-хъвай гьабе,дир магIарулал,унго-унгояб берцинлъигун.Гуккизе рукIунге гьаб заманалъул квешлъабаз,Берцинаб бералдаги бихьани,гIиналдаги рагIани,гьелъ нужер тIабигIатги берцинлъула.Гьеб буго нилъее къваригIараб жо.МагIарулазул анкьумумулъан бачIараб гIамал-хасият хиси гьечIого нужелъги куцазе,нужги гьеб цIаралъе мустахIикъал рукIине.Баркала нужее магIарул мацI хвасар гьабизе жакъасеб дарсида дие гьабураб кумекалъухъ.Аллагьас тавпикъ кьеги магIарул мац IцIер гIадин роцIцIун ва бацIцIадго лъазе киналго гIисинал магIарулазе.Къо-мех лъикI!Нух битIаги нужее!СагIат лъикIаб батаги!

IY. Дарсил хIасил гьабила

-Бокьанищ дарс?

-Щиб бокьараб бищунго?

-Щиб лъараб цIияб жо?

-Нилъеца кинаб масъала тIубазабураб жакъасеб дарсида ?

-Бищунго щиб захIмалъараб?

-Гьаб хIаялъулъ гIадин,гIумруялъулъ бугищ,лъимал,хIинкъи нилъер авар каламалъе?Кинаб?

-ГIисинаб гIелалда рахьдал мацI кIоченалда буго хIинкъи.

-Щиб гьабизе кколеб нилъеца нилъерго рахьдал мацI кIоченчIого букIине?

Лъималазул жавабазухъ гIенеккила.Дицаго хасил гьабила.

Дарсихъ къиматал лъела.


Автор:Сарат Мухумаева

  

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби