ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

ХIамзат ГIизудинов "МагIарул мац1алде"

Наркотик сунт1арав, сунт1лъун мехтарав

Вач1ана рокъове къаси г1олилав.

Гьасул чохьол эбел, богол какги бан,

Какикьжоялда  т1адго лъалхъун ятана.

Буго авар мац1алъ дуг1а гьабулеб

Гьай херай эбелалъ: «Дир вас ц1уне!»-ян.

Суждаялдаги ч1ун, буго гьарулеб:

«Гьардарав Бет1ергьан, вас лъик1 хьихье!»- ян.

Наркотик сунт1арав, сунт1лъун мехтарав

Вач1ана рокъове къаси г1олилав.

Гьас цебе батараб щущазабуна,

Х1арщул ц1урал хьитаз х1ужра мерхьана.

Чохьол эбелалъул какикьжоялде

Инжит тударана г1оркьилав т1аде,

Дуг1адуй рит1арал кверал къот1ана,

Вас ц1уни гьарулеб к1ал бидул ц1уна.

Васас эбел ч1вараб рукълъун бихьула

Рахьдал мац1 к1очараб Дагъистан дида.

Чохьол эбел к1очарав васлъун бихьула

Инсул мац1 лъалареб ц1ияб г1ел дида.

Х1амзат Г1изудинов

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби