ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

МухIамад Хуршилов «Сулахъалъ нугIлъи гьабула» (романалъул бутIаби) "Кьода нус".

АВАР АДАБИЯТ 8 КЛАСС

ТЕМА: 

МухIамад Хуршилов

«Сулахъалъ нугIлъи гьабула»

(романалъул бутIаби)

Кьода нус.

  • Адабияталъул теория: 
  • Художествияб литератураялъул – адабияталъул лъабго рикьи буго, баянго абуни киналго асарал хъван ратула лъабго батIияб тайпа батIа бахъизе лъаледухъ. Гьеб лъабго тайпа (род) ккола адабияталъ инсанасул гIумру ва хIакъикъат бихьизабулеб къагIида: эпос, лирика, драма.
  • Эпос ккола аслияб куцалда сверухъ бугеб хIакъикъат, гIумру, инсанасул хьвада-чIвади бихьизабулеб къагIида. Эпосалъул руго гьадинал жанрал: роман, поэма, къиса, хабар, очерк, басня.
  •  
  • Асаралъул тарих:
  • 1943 соналъ МахIачхъалаялда тIоцебе басмаялда бахъана «Сулахъалъ нугIлъи гьабула» абураб роман. ЦIалдохъабаз къиса разиго, рохун къабул гьабуна, живго хъвадарухъан гьелда разияв вукIинчIо, жиндие рекIехъе бокьухъе асар хъван бажаричIого, Хуршиловас гьеб цIидасан къачIала ва 1955 соналъ камилаб дурусаб тIехь къватIибе биччала. 
  • Тема: хъвадарухъанас цIалдолезда цебе чIезабун буго магIарул росдал  революциялда цебесеб гIумру, росабалъ революционнияб бичIчIи бижун бачIин, халкъалъул гIамал, миллияб хасият бихьизаби.
  • Идея: церетIурал пикрабазул кумекалдалъун гIадатияв мискинав магIарулав (ГIумар) политикияб къеркьеялде лъугьин.
  •  
  • ЦIализе 1-2-4 бутIа (116 – 130 гьумер).
  •  
  • Тетрадазда гьал суалазе жаваб хъвазе:
  • Юсупилги  Аргъутилги гьудуллъи кин ккараб?
  • Доб сордоялъ кьода тIад Юсупида щиб батараб?
  • Кинаб къабихIаб ишалъул нугIлъун карав вехь АхIмад?
  • Нафисатилги Камилиги къотIи лъица тIатинабураб?
  • Нафисатги Камилги чIваялъе гIилла щиб ккараб?
  •  
  • РичIчIуларел рагIабазе баян: 
  • къагIида – способ,
  • ХIакъикъат – истина,
  • Кьо  - мост,     
  • КъотIи – договор,
  • НугI (нугIлъун) – свидетель
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби