ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Хизгил Авшалумов-биография. Мух1амадова Гулишат, Мах1ачхъала шагьаралъул 35 школа

Скачать файл: hizgil-avshalumov.docx [133,17 Kb] (cкачиваний: 43)
Посмотреть онлайн файл: hizgil-avshalumov.docx


АВАР АДАБИЯТ 9 КЛАСС

ТЕМА: ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ ХАЛКЪАЗУЛ АДАБИЯТАЛДАСА.

ХИЗГИЛ АВШАЛУМОВ

(I913 - 2001)

 Татазул хъвадарухъан Хизгил Авшалумов гьавуна 1913 соналъ Дербент районалъул Нюгди абулеб росулъ. ГIумру гьесул цIакъ захIматаб букIана. Лъабго сон балелде эбелги хун, гьев бесдал эбелалъул цIобалде ккана. АнцIила лъабго сон гьес бараб заманалда эменги хола, ва гьев жамагIаталъ хьихьула.

ГьитIинго Хизгил хIалтIизе лъугьана. Росулъ анцIго классги лъугIизабун, гьев «ЗахIматкеш» (ЗахIматчи) абулеб газеталде хIалтIизе лъугьана. Гьениб бижун бачIуна литератураялде рокьи.  Гьеб заманалъ Авшалумовас жигар бахъула халкъиял кIалзул творчествоялъул асарал лъазаризе, гьел данде ракIаризе. Гьеб хIалтIул хIасилалда Авшалумовас къватIибе биччала халкъияб творчествоялъул асаразул тIехь.

КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьидал, Авшалумов жиндиего бокьун армиялде уна ва рагъ лъугIизегIан рекIаразул эскадроналъул командирасул заместительлъун хъулухъ гьабула.

1955 соналъ армиялдасаги вуссун гьев хIалтIизе лъугьуна «Дагестанская правда» газеталде.

Хъвадаризе Авшалумовас байбихьана 30 абилел соназда ва тIоцересел харбал къватIире риччана «ЗахIматкеш» газеталъул гьурмазда. Дагъистаналъул литератураялда жаниб Авшалумовасул творчествоялъ хасаб бакI ккола, гьесул аслияб ярагълъун буго литератураялда жаниб къанагIатаб жанр – сатира. ГьитIинаб къоялдаса нахъего гьев вукIана махсара-хочI, ихтилат-кеп бокьулев чи, ва гьес тIаса бищана сатира: махсараялъул яги ццидалаб  релъиялъул кумекалдалъун гIумруялда жанир ругел, гIадамасул хасиятазда гъорлъ ругел хашал, гIоларел рахъал, къабихIал гIамалал тIагIинаризе. Аслияб къагIидаялда хъвадарухъанас хъвала кепал харбал, фельетонал. Амма Авшалумовас хъвана цо чанго кIудияб прозаялъул асарги. Гьезда гьоркьор кIвар бугел руго «РецIел» ва «Имамасул тилмач» абурал къисаби. Авшалумовас хъвалаан пьесабиги.

1967 соналъ къватIибе биччана Авшалумовасул кепал харбазул «Невеста с сюрпризом» абураб тIехь. Гьеб тIехь мустахIикълъана Сулейман Стальскиясул цIаралда бугеб республикаялъулаб премиялъе.

2001 соналъ 17 сентябралда Хизгил Авшалумов нилъедаса ватIалъана. Вукъунги вуго гьев МахIачхъалаялда бугеб ягьудиязул хабалалъ. Гьесул цIар кьун буго Дербенталда бугеб къватIалъе, ва гIагараб росулъ рагьун буго гьесул музей.

РичIчIуларел рагIабазе баян:

хIасил (хIасилалда) – итог,

Хъулухъ – служба, работа,

хашал – неважный, некачественный,

къабихIал – скверный, дурной,

мустахIикълъана – заслужил. 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби