ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

МухIамадмирза Мавраев

Литературияб Дагъистан. 1989. № 3. Гь. 78–84

А. А. ГIИСАЕВ,

СССРалъул ГIелмабазул академиялъул

Дагьфилиалалъул Историялъул, мацIалъул ва

литератураялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан.

МухIамадмирза Мавраев ва гьесул басмахана

Дагъистаналда цIакъ некIо заманалдасаго бижун бачIана ва цебет.уна бечедаб ва жиндиего хасиятаб культура. Цогидал улкабазулгун дармилал, политикиял ва культуриял бухьеназ квербакъиги гьабун, дунялалъулго культураялъул гIемерал бергьенлъаби лъугьана Дагъистаналъул халкъазеги гIаммаллъун. ГIелмиял цIех-рехаз нугIлъи гьабулеб букIахъе, гIараб мацIалда Дагъистаналъул литература бижизе байбихьана Х-ХI гIасрабазда ва, абухъего, тIегьараб завалалде бахана XVIII – XIX гIасрабазда.

XIII – XV гIасрабаздаса байбихьана гIараб алфавит Дагъистаналъул халкъазул мацIазул фонетикиял хаслъабазда рекъезабизе ва гIараб хъвай-хъвагIаялъул кьучIалда бижун бачIана «гIажам» абун цIар лъураб бакIалъулаб хъвай-хъвагIай.

Дагъистаналъул халкъазул вакилзабаз гIараб ва рахьдал мацIазда гIуцIана гIезегIанго кIудияб культурияб ирс. Гьелъ гъорлъе рачана, динияб гIелму гуребги, линг­вистика, риторика, этика философия, медицина, астрономия, история ва цогидалги гьоркьохъел гIасрабазул гIелмуялъул бутIаби, гьединго художественнияб литература-ялъул асарал. Гьеб гуребги гIараб, перс, азербайжан, татар ва цогидалги мацIаздаса Дагъистаналъул халкъазул мацIазде руссинаруна гIемерал художественниял ва цоги­далги асарал.

XIX гIасруялъул бащалъуде щвезегIан Дагъистаналда букIинчIо цониги типо­графия (басмахана), Дагъистаналъул ва цогидалги асарал халкъалда гьоркьор т1иритIизарулел рукIана квералъ тIаса хъван ва кIалалъ рицун. Гьеб букIана цIакъ захIматаб ва нахъе ккараб къагIида. Типографияби гьечIолъиялъ рачунел рукIана, кве­ралъ хъварал тIахьал цIакъ хираго чIеялде гурелги, хъвараб литература халкъалда гьоркюб тIибитIизаби хIинцлъиялдеги, гьединго квалквал гьабулеб букIана хъвай-хъва-гIай ва тIолабго рухIияб культура цебетIеялъе.

XIX гIасруялъул 70 – 80 абилел соназда Порт-Петровскиялда. Темир-Хан-Шураб, Дербенталда, Хасавюрталда рагьун букIана чанго типография. 1901 соналда Дагъис­таналда официалияб къагIидаялъ хIалтIулеб букIана 10 типография. Гьенир цо-цо хиса-басиял гьарураб гIурус алфавиталъул (кириллицаялъул) кумекалдалъун печаталъ кьабулел рукIана пачаясул администрациялъул документал, гьединго цIалул пособияби, тIахьал, газетал, журналал.

XX гIасруялъул авалалда Дагъистан лъугьана Северияб Бакъбаккул Кавказалда гIараб хъвай-хъвагIаялъул тIахьал басмаялда рахъиялъул центрлъун.

Гьеб цIакъ лъикIаб ишалъул гIуцIарухъанлъун ва цевехъанлъун лъугьана МухIамадмирза Мавраев.

Гьев гьавуна 1878 соналда Гъуниб округалъул ЧIохъ росулъ, Дагъистаналда машгьурав гIараб гIелму цIаларав чи МухIамадгIалил хъизаналда

МухIамадмирзае байбихьуда лъай кьуна жиндирго инсуца, цинги гьев цIалана доб заманалда тIолабго Дагъистаналда машгьураб Сугъралъ мадрасалда. Гьенив цIалулеб мехалда ккана МухIамадмирзал хадубккунисеб гIумруялъул нухлул къисмат тIубазабураб гьадинаб лъугьа-бахъин, Гьенив М. Мавраев дандчIвана Гъоркьа­гъазанищаса Абусупян Акаевгун. КIиялго цадахъ цIала.на мадрасалда. Гьадин абулеб буго 1925 соналда А. Акаевас хъвараб жиндирго автобиографиялда жаниб: «Дун Сугъралъ мадрасалда цIалулеб ме-халда. Гьенив цIалулев вукIана ЧIохъа МухIамадмирза Мавраевги. Гьев дидаса гьитIинав вукIана цо сональ. Щулияб гьудуллъи ккана нижер. Гьсв вукIана цIакъ жигарав ва ; гIезегIанго ресалда вугев чи. Гьеб кинабгоги бихьун, дица Мавраевасда лъикIаблъун бихьизабуна Дагъистаналда типография рагьизе. Гьев разилъана ва жигаралда тIаделъана ракIалде бачIараб пикру гIумруялде бахъинабиялде. Доб соналъул ахиралде ниж инженер ГIадилгерей Даитбековасул кумекалдалъун Казаналде ана школазда лъимал цIализариялъул цIиял къагIидаби лъазаризелъун ва типографиялъулал станокал росизелъун. Гьеб букIана 1900 соналда». Казаналда, Оренбургалда, Гъараагъачалда гьел дандчIвана бакIалъулал учительзабигун, лъай-хъвай гьабуна цIализариялъул цIиял къагIидабазулгун, амма гьезие щвечIо типографиялъулаб оборудование.

Дагъистаналда типографияби гIуцIизе лъикIаб къасдалъ гъира базабурал М. Мавраев, А. Акаев ва Щуланиса ИсмагIил Абакаров 1902 соналда ана Бахчисарай шагьаралде ва хIалтIизе лъугьана ИсмагIил Гаспринскиясул типографиялде. Мавраевасе бокьун букIана гьениб типографиялъулаб оборудование бичун босизе, амма пачаясул хIукуматалъул изну букIинчIо. Гьединлъидал гьес И. Гаспринскиясул цIаралда бичун босана типографиялъул гьитIинабго станок. И. Гаспринскиясул типографиялда хIалтIулеб заманалда дагъистанияз лъазабуна тIахьал басмаялда рахъиялъул иш ва 1902 – 1904 соназда Бахчисараялдаги Симферополалдаги гIараб ва лъарагI мацIазда къватIибе биччана къогогIан тIехь. Гьел тIахьазул тIоцересел гьурмазда гьарурал хьвай-хъвагIаяздасан бихьулеб буго гьел къватIире риччарав чилъун М. Мавраев, литографированиялъе квералъ хъван хIадур гьарурал гIадамаллъунин абуни А. Ака­ев ва И. Абакаров рукIин.

Гьезул цо-цоязда буго басмачи хIисабалда М. Мавраевасул цIакъ берцинаб хасаб гIаламатги. Гьелъул тIасияб бутIаялда гIараб мацIалъ хъван буго «нашираху» («басмачи») абураб рагIи, бакьулъ  –  «МухIамад-Мирза», гъоркьияб рахъалда  –  «Мавраюф» абун.

Бахчисараялда И. Гаспринскиясул ва Симферополалда В. И. Якубовичи. типсграфиязда хIалтIун М. Мавраевас, А. Акаевас ва И. Абакаровас тIахьал басмаялда рахъиялъул махщел лъазаби ва гIезегIанго гIемерал тIахьал къватIире риччай бу-кIана Дагъистаналда бакIалъулал ва гIараб мацIазда тIахьал рахъи гIуцIиялъул рахъалъ гьел жигарчагIазул захIматаб хIаракатчилъиялъул байбихьилъун.

М. Мавраевасул ва гьесул гьудулзабазул аслияб масъалайин абуни букIана Да­гъистаналда типография ва гьенир цIикГкIараб къадаралда тIахьал басмаялда рахъи гIуцIи. Амма гьелъие хIажалъулаан пачаясул хIукуматалъул бакIалъулал хIакимза-базул хасаб изну. Мавраевасул васал Анварихъ ва Ниязбекихъ ругел баяназда рекъон, МухIамадмирзал имгIал Ризван Мавраев Тифлисалде, Кавказалда пачаясул сардарасухъе ана ва гьесухъа хъван кьураб изну босана Темир-Хан-Шураб  –  Дагъистан областалъул тахшагьаралда типография рагьизе. 

Гьанже хIажат букIана типографиялъе алат-къайи босизе гIарац. М. Мавраева­сул гьеб букIинчIо. Кумек гьабуна ресалда ругел гIагарал гIадамаз. Гьез бичана 400 гIиялъажо ва щвараб гIарац кьуна Мавраевасе. Гьес А. Акаевасул ва цогидал гьу­дулзабазул кумекалдалъун Турциялда ричун росана литографиялъул станокал, Шу-раб  –  типографиялъе мина ва 1903 соналда байбихьана тIахьал къватIире риччай гIуцIизе,

ТIоцебесеб соналда типография хIалтIана М. Мавраевасе зарал кколедухъ. Зах1-матаб хIалалда вукIана МухIамадмирза. ЦIидасан кумек гьабуна гIагарал гIадамаз ва гьудулзабаз. Хадусел соназда типографиялъ кьуна хайир, рецIана гьелда тIад гьарурал харжал ва дагь-дагьккун Мавраев лъугьана Дагъистаналъул бищунго бечедал гIадамазул цоявлъун. Гьесул рукIана цIолбол ахал, консервазул заводал, хунжрузул завод, лакай-тIом гьабулеб фабрика, складал, тIахьазул тукен, жиндирго хъизаналъ, гьединго типографиялъул, заводазул, фабрикалъул хIалтIухъабаз жаниб гIумру гьа­булеб анцIгоялдаса цIикIкIун мина.

Типография рагьиялъул мурадазул хIакъалъулъ гьадин хъван буго гьес 1909 ва 1914 соназда къватIире риччарал «ТIахьазул сияхI» абулел дармилал каталогазул цеберагIиялда жаниб: «Лъай ккола бокьараб халкъалъул бищунго къиматаб хази-налъун, лъай босиялда тIад хIалтIи  –  бищунго хIурматияб ишлъун, тIехьин абуни  –  лъаялъул иццлъун. Дица типография рагьи ва тIахьал басмаялда рахъи гIуцIун буго гIадамазул лъай цIикIкIинабизелъун, дунял тIахьаздалъун бечед гьабизелъун ва гьел халкъалда гьоркьор тIиритIизаризелъун... Темир-Хан-Шураб дица рагьана «Исламалъулаб типография». Гьенир дица къватIире риччана Дагъистаналда ва цо-гидал областазда машгьурал гIемерал тIахьал. ГIараб мацI лъаларел гIадамазе ку­мек гьабиялъул мурадазда дица гIуцIана бакIалъулал мацIазда тIахьал къватIире риччай...»

ГIага-шагарго 1905 соналда М. Мавраевас типо-литографиялда къватIибе биччана жиндирго васият «Мавлид манзур». Гьеб байбихьулеб буго гьадин: «Дун, ЧIохъ росулъа Нахибашевазул тухумалдаса Маврал вас, ХIажигIалил вас, МухIамадгIалил вас, гIалимчи МухIамадмирзал вас, гIалимчи МухIамадгIалил вас МухIамадмирза тIахьал басмаялда рахъиялъул иш лъазабиялъул ва типографиялъул алат-къайи би­чун босиялъул мурадалда Бахчисарай шагьаралде араб мехалда тIуван кодове во-сун вукIана Дагъистаналда тIахьал басмаялда рахъи гIуцIиялъул пикруялъ. Доб мехалъ дица диего бана гьадинаб гьа: типография рагьизе ва тIахьал басмаялда ра­хъи гIуцIизе дихъа бажарани, дица тIоцебесеб иргаялда къватIибе биччазе буго 1000 «Мавлид манзур» ва мухь босичIого кьезе буго халкъалъе. Дун мурадалде щвараб ва киналго захIмалъаби къезарураб мехалда дица тIубазабуна дирго гьа».

Доб мехалъ Дагъистаналъул типо-литографиябазда гIараб ва бакIалъулал хал­къазул мацIазда тIахьал аслияб куцалъ литографиялъулаб къагIидаялъ къватIире риччалел рукIана. Гьединлъидал тIахьазул качество ва берцинлъи бараб букIана катибазул (тIахьал квералъ тIаса хъвалезул) махщалида. Дагъистаналъул катибаз жидерго махщел кидаго камиллъизабулеб букIана Казаналда, Бахчисараялда ва ул-каялъул цогидалги шагьаразда.

М. Мавраевас жиндирго типографиялда гьеб захIматаб хIалтIи гьабизе рачунел рукIана Дагъистаналъул бищунго лъикIал катибал. Масала, МухIамадмирзада лъана ГIуриб росулъа Амирханил МухIамадгIалил ГъазимухIамадил цIакъ берцинаб хатI букIин. Живго ана ГъазимухIамад валагьизе, гьесда бицана жиндирго планазул ва мурадазул хIакъалъулъ, вачана цадахъ ва типографиялъул азбаралда кIиго рукъалъул квартирагн кьун, катиблъун хIалтIизе восана типографиялде. Гьанже ГIуриб росулъ гIумру гьабулей йигей ГъазимухIамадил кIудияй яс Умукусумица бицана жиндир эмен гьеб квартираялъув 12 соналъ вукIанилан ва Мавраевасул типографиялда хIалтIанилан.

М. Мавраевасул предприятиялда хIалтIана гьединго Дагъистаналъул гьунар тIокIал катибал НакIкIикьа НурмухIамадил вас ГIабдулатIип, Гъоркьагъазанищиса Ака­ев Абусупян, Ибрагьимил вас ХIасан, Гьамушиса МухIамадил вас Асадула, Урариялдаса МухIамадил вас ДавудхIажи, Куласа МухIамадмирзал вас ГIиса, Щуланиса Абакарил вас ИсмагIил, Хважалмахьиялдаса ГIабдулгIазизил вас Нурислам ва цо­гидалги.

Гьез Мавраевасул тIадкъаялда рекъон цIакъ берцинго тIаса хъвалел ва сурат-накъищаздалъун къачIалел рукIана Дагъистаналдаса ва цогидалги автораз рахьдал яги цогидаб мацIалда хъварал тIахьал. Цинги гьел басмаялда рахъулел рукIана литографиялъулаб къагIидаялъ.

М. Мавраев вукIана тIахьал къватIире риччай гIуцIизе кIудияб бажари бугев чи. Гьес хIалтIул качество лъикIлъизабизелъун бажарун пайда босулаан хIалтIухъабазул гъира базабиялъул къагIидабаздаса. Масала, МухIамадгIалил ГъазимухIамадица цIакъго лъикI тIубазабулаан тIахьал тIаса хъваялъул ва къачIаялъул иш. Гьел гIадамазе цIакъ рокьулаан ва хехго ричун унаан. Гьединлъидал Мавраевас ГъазимухIамадие кьолаан, гьабураб хIалтIул къадаралъухъ кколеб мухь гуребги, гьес хъван ва къачIан басмаялда рахъарал тIолалго тIахьазул 10 процентги. Гьел тIахьал ричизе гьитIинабго тукен рагьун букIана ГъазимухIамадица Темир-Хан-Шураб.

ЛъикIаб хIалтIухъ сайгъат хIисабалда тIахьазул цо бутIа кьолеб букIана Гъор­кьагъазанищиса ХIасание ва Абусупяниеги. Гьез гьел ричулаан жидерго ва цогидал росабалъ, базаразда.

М. Мавраевас цIакъ мухIканго ва махщалида тIуразарулаан типографиялъул бе-тIергьанасул, тIахьал къватIире риччалев ва гьел тIиритIизарулев чиясул киналго ишал. Гьес жиндирго хIалтIи гIуцIулеб букIана халкъалъул хIажалъаби лъазария-лъул кьучIалда.

ГIараб мацIалда хъвараб дагъистаналъулаб литератураялда гъорлъ машгьураб букIана, Шамилил хIаракатчилъиялдалъун ва гьевги гIахьаллъун, гьесул секретарь ва магIарулаз жидерго эркенлъиялъе гIоло гIемерал саназ гьабураб бахIарчияб къер-кьеялъул гIахьалчи Къарахъа МухIамадтIагьирица 1852 – 1882 соназда хъвараб «Ша­милил цо-цо рагъазда Дагъистаналъул хвалчабазул паркъи» абураб хроника. Гьеб тIехь гIадамаз квералъ тIаса хъвалеб ва тIибитIизабулеб букIана Дагъистана­лъул ва чанго цогидаб улкаялъул халкъазда гьоркьоб. Гьеб гIараб мацIалдаса буссинабуна турк мацIалде, 1909 ва 1914 соназда гьелъул цо бутIа басмаялда бахъана Турциялда. Гьелъул цо-цо бутIабазул хIакъалъулъ лъана Кавказалда пачаясул хIукуматалъул вакилзабаздаги. Гьезда гъорлъа цо-цояз къасд гьабун букIана гьеб асар гIурус мацIалде буссинабизе ва басмаялда бахъизе.

Гьеб тIехь гIемерал гIадамазе хIажат букIин лъарав М. Мавраевасги жигар ба-хъулеб букIана гьеб къватIибе биччазе. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго 1904 соналъул 25 июналда МухIамадмирзаца Къарахъа МухIамадтIагьирил вас ХIабибулагьихъе хъвараб кагътицаги (гьеб цIунун буго СССРалъул ГIелмабазул академиялъул Дагъфилиалалъул ИИЯЛалъул бакъбаккулал хъвай-хъвагIаязул фондалда). Гьадин хъван буго М. Мавраевас: «Дихъе щвана дур инсуца хъвараб асар басмаялда бахъиялъул хIакъалъулъ дур кIиабилеб кагъат. Дица жаваб кьуна дур тIоцебесеб кагътие, жаваб кьолеб буго кIиабилелъеги. Нилъеца къотIи-къай гьабун букIараб куцалъ дур инсул асар пачаясул хIукуматалда ва гьелъул офицерзабазда семияздаса бацIцIад гьа­бун лъугIун батани, босун вачIа, дица басмаялда бахъила гьеб...»

Амма пачаясул хIукуматалъ гьеб асар басмаялда бахъизе гьукъана, ХIабибулагьица ва МухIамадмирзаца пачаясулал хIакимзабазул мурадазда рекъон, гьелда гIемерал хиса-басиял гьаруниги. ГIицIго Советияб власталъул соназда къватIибе биччана гьеб гIараб мацIалда ва гIурус мацIалде буссинабун «Лъабго имам» абураб цIаралда гьоркь.

Дагъистаналда гIемер батIи-батIиял мацIазда кIалъалел гIадамал рукIинги хIисабалде босун, М. Мавраевас бакIалъулал гIалимзабазул, переводчагIазул ва кати-базул кумекалдалъун гIуцIана авар, дарги, лъарагI, лак, адигей, азербайжан, гIараб, балкар, кабарда, гъарачай, асатIин, чачан, гIурус мацIазда тIахьал басмаялда рахъи. КъанагIат гуро цо тIехь чанго батIи-батIияб мацIалда къватIибе биччалеб букIараб. Гьезда гъорлъ рукIана 4 – 7 мацIалде руссинарун къватIире риччараал гIараб, авар, дарги, лъарагI, лак, гIурус ва чачан мацIазул словарал.

Гьединал словаразул тIоцебесеблъун букIана, «Суллам ал-Лисан» («МацIазул мали») абулеб, ункъо мацIалъул  –  гIараб, лъарагI, авар, гIурус  –  словарь. Гьеб хIадур гьабуна Абусупян Акаевас, къватIибе биччана М. Мавраевас 1908 соналда. 13x17 см. роценалъул гьеб словарь хъван буго, алфавиталъулаб низамалда гуреб, грамматикаялъулгун тематикияб къагIидаялъ. Гьелда буго щибаб мацIалъул кIалъа-басаялда бищунго гIемер хIалтIизабулеб 1500 рагIи ва калам. Дагъистаналъул мил-латазда гьоркьосеб бухьеналъе кIудияб кумек гьабуна гьеб словаралъ, гьединлъидал кутакалда машгьурлъана магIарулазда гьоркьоб, М. Мавраевас къватIибе биччана чанго нухалъ.

Экспедициябазул, командировкабазул заманалда, жалго гIадамал бетIергьанал библиотекабазда, Москвалъул, Ленинградалъул ва цогидал шагьаразул хранилищабазда гьарурал цIех-рехазул хIасилалда дида батана, гIараб хъвай-хъвагIаялдаса пайдаги босун, 1917 соналде щвезегIан Дагъистаналъул ва Северияб Кавказалъул халкъазул мацIазда къватIибе биччараб 365 тIехь. Гьезда гъорлъа 307 тIехь буго Темир-Хан-Шураб М. Мавраевасул типографиялда басмаялда бахъараб, 27  –  Порт-Петровскиялда А. М. Михайловасул типографиялда къватIибе биччараб.

Гьеб тIолабго 365 батIи-батIияб тIехьалъул 90 буго авар мацIалда, 34  –  дарги, 152  –  лъарагI, 34  –  лак мацIалда, Дагъистаналъул халкъазул кIиго ва цIикIкIун мацIазда  –  27, гьединго 1  –  адигей, 2  –  азербайжан, 1  –  балкар, 6  –  кабарда, 2  –  гъарачай, 1  –  асатIин, 15  –  чачан мацIалда.

Гьезда гъорлъ руго, диниял тIахьал гурелги, гIезегIанго гIемерал цогидал тIахьалги: хIисабалъул, грамматикаялъул, географиялъул, историялъул цIалул тIахьал ва пособияби, букварал, словарал, медицинаялъулал баяназул тIахьал, художественнияб литератураялъул, Дагъистаналъул фольклоралъул, этикаялъул, астрономиялъул, филологиялъул ва гь. ц. асарал.

М. Мавраевас къватIире риччарал асаразул гьоркьохъеб тираж буго 1500  –  2000 экземпляр. Халкъалъе хIажалъи бугел гIемерал тIахьал къватIире риччан руго кIиго ва цIикIкIун нухалъ.

Дагъистаналда тIахьал басмаялда рахъиялъул авалалдаго М. Мавраевас гIуцIана къватIире риччазе хIадур гьарулел асаразе рецензияби хъвай ва тIехьалъе хъвараб рецензия гьелъул авалалда ялъуни ахиралда басмаялда бахъи. Масала, 1906 соналда Мавраевас къватIибе биччараб, Гьигьалъа ГъазимухIамадил вас МухIамадица данде гьабураб «Мимми тарджамаху ва аншаху...» абураб тIехьалъул 2  –  6 гьурмазда буго гьеб тIехьалъул хIакъалъулъ пикраби загьир гьарун хъвараб 5 къо-къаб рецензия. Гьевго Гьигьалъа МухIамадица 1911 соналда Мавраевасул типографиялда къватIибе биччараб «ИмтихIан ас-саликана» абулеб тIехьалъул авалалдаги буго 6 къокъаб рецензия.

М. Мавраевас кIудияб кIвар кьолеб букIун буго тIахьал берцинго, мухIканго къачIаялде, гьел къватIире риччазе хIадур гьариялъул низам кьуричIого цIуниялде. Цо-цо тIахьазе гьарун руго берцинал лакайдул жилдал.

ХатIалъул ва сурат-накъишалъул рахъалъ тIахьал берцин гьарулел рукIана катибаз. Гьеб рахъалъ иш жеги лъикIлъизабиялъул мурадалда хIалтIуде восун вукIана художник X. Мусаев. Гьев хIалтIана М. Мавраевасул типографиялда къватIибе бич­чалеб букIараб «Танг-чолпан» («Рогьалил цIва») журналалъул художниклъун. ГIемерал суратал рахъана Мусаевас гьеб журналалъе. Гьезда гъорлъ руго Шамилил, К. Марксил, Г. В. Плехановасул, М. Дахадаевасул, Ж. Гъоркъмасовасул, ГI. Тахо-Годил, М. Хизроевасул ва гь. ц. сураталги. ГIемерал руго магIарулазул гIумру ва рукIа-рахъин бихьизабулел суратал.Сураталда: М. Мавраевасул типографиялъ къватIире риччарал тIахьазул цо-цоял.

Гьеб литературиябгун художественнияб ва общественниябгун политикияб жур-налалда рахъулел рукIана У. Буйнакскиясул, Ж. Гъоркъмасовасул, С. Казбековасул, 3. Батирмурзаевасул, А. Акаевасул ва цогидазулги макъалаби.

Жиндирго басмаханаялъул продукциялъул качество лъикIлъизабизелъун М. Мав­раевас Турциялдаса ричун росана гIараб хIарпазул чанго тайпаялъул литерал ва хIарпал рищулел машинаби, цогидабги къайи. 1908 – 1909 соназда байбихьана рищарал хIарпаздалъунги тIахьал къватIире риччазе. Гьеб къагIидаялъ къватIибе биччана 10 тIехь. 1915 соналда къватIибе биччараб «1913 соналъул Дагъистан областалъул об­зор» ккола М. Мавраевас гIурус мацIалда басмаялда рахъарал тIахьазул цояб.

Мавраев МухIамадмирза машгьурав вуго Дагъистаналда периодикияб печаталъул гIуцIарухъан хIисабалдаги. 1911 соналда гьес Дагъистан областалъул начальникасда гьарана Дагъистаналда гIараб мацIалда газета къватIибе биччазе изну кьеян. Пачаясул администрациялъ изну кьуна. Газеталъе хIажат рукIана гIараб ва цо­гидал мацIал лъалел гIадамал. Гьединав чилъун вукIана ГIали Каяев. Доб заманалда гьев хIалтIулев вукIана Кабардаялъул цо росулъ гIараб мацIалъул учителлъун. М. Мавраев Кабардаялде ана гьев валагьизе. Ватана. Гьесда бицана Дагъис­таналда газета къватIибе биччазе бокьун букIиналъул хIакъалъулъ ва гьарана гье­лъул редакциялда хIалтIизе вачIаян. ГIали разилъана ва Шураве вачIана. 1912 сона­лъул 1 январалда къватIибе биччана «Джаридат Дагъистан» газеталъул тIоцебесеб номер. Издательлъун вукIана М. Мавраев, редакторлъун  –  Бадави СагIидов, переводчиклъун  –  ГIали Каяев.

1917 соналъул февралалъулаб революциялдаса хадуб Дагъистаналда гIуцIана ва къватIибе биччана чанго газета, 1918 соналъул 27 январалда «Мусават» газеталда бахъараб «Халкъалде хитIаб» абулеб макъалаялда жаниб М. Мавраевас гьадин хъван буго: «Эркенлъи щун хадуб (февралалъулаб революция бергьун хадуб.  –  Авторасул баян) нилъер щивас жигар бахъулеб букIана жиндаго хIалкIвараб куцалъ жиндирго халкъалъе кинаб бугониги пайда гьабизе. Дицаги дидаго кIвараб куцалъ жигар бахъана нилъер халкъалъе кумек гьабизе ва гьелъие лъай щвеялъул мурадалда гIуцIана лъабго газета: авар мацIалда «Аваристан», лъарагI мацIалда «Мусава» ва лак мацIалда «Чанна цIукIу» къватIибе биччай. Гьезул издательлъун ва редакторлъун вукIана М. Мавраев. Гьел газетазул, гьединго тIадехун рехсараб «Джаридат Дагъистан» газеталъул хасият ва магIна-рахъ рагIа-ракьанде щун лъазабизе х1ажат буго. Нилъер литератураялъ гьезие кьурал къиматал руго цого рахъалъулал ва гьел кколаро рехсарал газетазда рахъарал материалазул гIелмияб хал гьабиялъул хIасилаллъун.

М. Мавраевасул басмаханаялда 1917  –  1918 соназда къватIире риччалел рукIана, тIадехун рехсарал газетал гурелги, революционниял тIанчал-ахIиял ва гьал газеталги: лъарагI мацIалда «Ишчи халкъ» («ЗахIматалъулаб халкъ». Редактор  –  3. Ба-тирмурзаев), авар мацIалда «ХIалтIулел чагIи» (редактор  –  Абусупян Акаев)  –  Дагъистаналъул Рагъулабгун революционнияб комитеталъул ва гьелъул РКП(б)ялъул секциялъул органал, лак мацIалда «Илчи» («Харбал росун рачIунеб». Редактор  –  Гь. СагIидов)  –  Дагъистаналъул лъай кьеялъулгун агитациялъул бюроялъул орган. На-писат Дахадавалъ Мавраевасул типографиялда авар, лъарагI ва гIурус мацIазда къватIибе биччалеб букIана «Заман» абураб газетаги.

МухIамадмирза Мавраевас цIакъ кIудияб хIалтIи гьабуна халкъалда гьоркьор тIахьал тIиритIизариялъеги.

Гьес батIи-батIиял къагIидабаздаса пайда босулаан ричизе тукада ругел тIахьазул хIакъалъулъ халкъалда лъазабиялъе. Масала, Дагъистаналъул ва цогидал бакIазул халкъалда гьоркьор тIиритIизарулаан дармилал каталогал «Фихрист ал-кутуб» («ТIахьазул сияхIал»). Гьезда рихьизарун рукIунаан тIахьазул цIарал, къватIире риччарал бакIал, багьа, кинаб мацIалъ хъван ругелали.

Дагъистаналъул халкъазул хъвараб культураялъул история лъазабулев чи хIисабалда, дие М. Мавраевасул гIумруялъулъ ва хIаракатчилъиялъулъ бищунго цIикIкIараб кIвар буго Дагъистаналда миллияб типография, гьенир бакIалъулал мацIазда тIахьал, газетал, журналал ва гь. ц. къватIире риччай ва гьел халкъалда гьоркьор тIиритIизари гIуцIиялъул рахъалъ гьес бахъараб кIудияб жигаралъул. Гьелъул хIакъалъулъ гьаниб бицана къокъго.

Ахиралда бихьизабизе бокьун буго М. Мавраевасда жиндирго рахьдал мацI гуребги, гIараб, лъарагI ва гIурус мацIалги лъалел рукIараблъи. Гьесда цIакъго лъикI лъалаан басмаханаялъул тIолабго иш, станокал ва гь. ц. Гьес жинцаго гьабун букIун буго фрезернияб станок.

20 абилел соназул авалалда МахIачхъалаялда цIияб типография базе байбихьана. М. Мавраевасул бажари жинда лъалев Дагъистаналъул лъай кьеялъул халкъияв ко­миссар ГI. Тахо-Годица, церегосел специалистаздаса пайда босиялъул хIакъалъулъ В. И. Ленинил тIалабалги нухмалъиялъе росун, гьев тIамун вукIана Дагъистаналъул пачалихъалъулаб издательствоялъул производствоялъулаб отделалъул начальниклъун. Типография бан лъугIараб мехалъ М. Мавраев тIамуна гьелъул управляющийлъун.

1929 соналда М. Мавраев ана Гьоркьохъеб Азиялде, Акмолинск шагьаралда гIумру гьабулев вукIана Кутишаса ГIисаев МухIамад абураб цIаргун. Гьений ячана лъади, рагьана рукъалъулал тIагIелал къачIалеб мастерская ва хвана 86 сон бараб ме­халъ 1964 соналда.

Буйнакск шагьаралда гьабсагIаталдаги лъикIаб хIалалда буго М. Мавраевасул типографиялъул мина. Гьеб буго Буйнакская ва Гоголя къватIал цолъулеб бакIалда (24/72). Цо тIалаялъул гьеб ганчIил минаялъуб гIумру гьабулеб буго 15 хъизаналъ. Дир пикруялда, лъикI букIинаан Буйнакск шагьаралъул исполкомалъ гьеб минаялъул къедалда «Гьаб минаялъуб букIана М. Мавраевасул типография» абун тIад хъвараб мемориалияб хъарщи лъуни.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби