ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Кицаби

Б

 

Бавудаса гуребила бугъил хIал лъалеб, бугьудасайила.

Багъарараб гIосое дару – бахъи.

Багъарараб хIатIида хIарщ рекIунеб.

Багъарулареб кьун, багъарулеб босуге.

Багъулеб гьой камугеги, бекерулеб чу тIагIунгеги.

Багъулеб оцол лълъурдул хъухъала, нахъасан речIчIулеб гьой рахсида бала, нахъарукъалъул рахал гьечIев чи сунда валев?

Багъун чIалгIунареб тIехI бараб бече гIадин, диваналъ къун чIоларев Хочобар гIадин.

Хочобар вукIун вуго тIехI бараб бачида рагъгIанги дагIба чIалгIунарев, жагьилав, амма рагIуе махщел бугев – кIалкъулав чи . Хочобарихъе гIадамал рачIунел рукIун руго, бахъизе кIвараб боцIул цо бутIа, яги тIолабго дуе телин, мурад бергьенлъи бугилан…

Къулизеги къулун, мугъзада нахъа кIиябго кверги лъун, гьев унев вукIун вуго битIухъего Темирхан-Шураве, губернаторасухъе. Диванрукъалъул кIалтIасанго байбихьулеб букIун буго губернаторасда гаргадизеги:

Дица губернаторасда гьадин … абила.

БегьичIо. Гьебмехалъ гъос дидаги гьадин … абила.

Гьеб куцалда, жинцаго бицун, жинцаго жаваб кьун, генерал къезавичIого, Хочобарица Щура-лъар бахунеб букIун гьечIо.

Бицен буго, Авар округалъул диваналда разилъичIого, Темирхан-Щураве унеб мехалъ къотIараб лъабкъого тIил букIанила Хочобарил царгъитIа.

 

Багьа гьечIеб гьанал гьагIу лъикIаб букIунареб.

Багьа кьолареб рагIи кIалдибго бакъвазе те, къимат кьолареб къалам гIодоб лъуралъубго те.

Багьадур къо ккедал лъала.

Багьана батизе бигьаяб жо буго, гважи, гIеретI къватIибе босе.

Багьана батизе лъалареб кIалалъ гьереси бицунареб.

Багьана батун, гьан кьеги! – ян гьарулебила дибирас.

Багьана батун, кьеги боцIи, багьана батун, чуругеги.

Багьана батун, щолебила боцIи, багьана батун, чурулебила.

Багьана гьечIого, барщарав, мухь кьечIого, рекъолев.

Багьана – Гьолокье, жийго – ЦIолокье.

Багьана жидецаго батилин, рухI бахъеян абулебила Аллагьас.

Багьаралда лъимараб бани, лъеберго къо тIокIаб балеб.

Багьаяб жо – лъикIаб жо, учузаб жо – квешаб жо.

БагIараб гIакдацаги чIегIераб бече гьабулеб.

 – БагIараб меседалъ гIор бахунареб, 

ГIамал гьечIей ясалъ росу толареб. 

–БагIараб меседалъ гIорги бахунеб, 

Меседихъ кьолеб жо росулъ гьечIони. 

ГIамал гьечIей ясалъ росуги толеб,

Ясалда рекъарав данделъичIони.

БагIараб меседалъ росу толаро, гIайиб гьечIей ясалъ гIор бахунаро.

БагIараб кколебилан, нихьваяб борчIизе гурин.

БагIарцIвайилъ хасел бигъани, их бигъараб бачIунеб.

Бадиб балеб берцинлъи булбулалъулги гьечIеб.

Бадиб кьер гурев, кьандиб рухI гурев.

Бадиб щвезегIан кьенсералда щвейго лъикI.

Бадибе абурав – гIадамазул тушман, нахъасан абурав – Аллагьасул тушман.

Бадибе беццаризе ругьунаб мацI ругънаде цIан щвазеги хIадур букIунеб.

Бадибе «салам гIалайкум», нахъасан «ГIалица мун вакун».

Бадибе туниги, цIад балеб бугилан чIолев.

Бадиве веццуге, нахъасан какуге.

Бадиве веццун, нахъасан какун.

Бадие елъулей, нахъасан хьандолей.

Бадий рецц гьабулев ракIчIегIерица 

Мугъзада кьабулеб загьруяб хвалчен.

Бажарулареб жо гьабичIого те.

Базаралда хIамил гIин къотIуге.

Базаралде унеб мехалъ нухда «лъикIав чи» ватиялдаса чвантиниб гIарац букIин лъикIаб.

Базаргабазул щегI гъуричIесда хабал гIазаб щибила лъалеб.

Базарганасул мискинлъи-бечелъи хведал лъалеб.

Байбихьи – бигьаяб, лъугIел – захIматаб.

Байбихьуда гIелму загьругIан кьогIабила, ахиралда гьоцIогIан гьуинабила.

Байрахъ парпадулеб, гьорода рекъон.

Бакарасул цIадухъ, цIурасул лъадахъ.

Баккудаса хинлъичIеб бакъалъ нахъа хинлъуларел.

Баккудасаго бегIераб букIуна заз.

Бакрулав гIадин вухун реханила.

Бакрулав вуго, МухIамад аварагасде хьандонилан, тIоцебе ислам къабул гьабурал гIарабияз вухун хвезавурав, МухIамад аварагасдаги Абусупян ханасдаги гьоркьоб кIудияб тарихияб рагъ ккеялъе гIиллалъун вукIарав чи.

 

Бакулареб кан, кваналареб квен.

Бакъ аги, къо аги, къоабилелъ харж щваги.

Бакъ агиян – къулун, къо агиян – ворхун.

Бакъ баккани – моцI тIагIунеб, моцI баккани – цIваби тIагIунел.

Бакъ баккигун, моцI тIерхьине ккола.

Бакъ бокьарал – ракьанда, рокьи ккарал – рагIалда.

Бакъ бухIуларелъуб ракь хинлъулареб.

Бакъ гьечIони, моцIги гвангъулеб.

Бакъ лъугьунареб рокъове тохтир лъугьунев.

Бакъ-моцI тIерхьараб мехалъ, цIваби раккулел.

Бакъ тIерхьунелъул, рагьдул кIалтIа гIодор чIоларел.

Бакъ тIерхьун хадуб рукъ лъухьулареб.

Бакъ щолареб бакIалда хIучч цIай.

Авараз гьаб аби абула, абулаго рортун ун, кIкIуйдул тIалаялда жаниб хIуччги хъвала, гьабуларев чияс гIаданлъи гьабураб, лъугьинчIев гIадав чиясул гьумер хъахIаб хIалтIи лъугьараб мехалъ.

 

Бакъан лъикIаб буго, цIалулеб жо къуръан батани.

Бакъан лъикIаб бугоан, цIалулеб жо къулгьу батичIони.

Бакъараб гьой гIадинан кваналелъул хъантIуге.

Бакъараб гьойца гьусун бацI кквеларо.

Бакъараб гIанкIуялда макьилъ муч бихьулебила.

Бакъалда хинлъун букIунеблъи лъидаго лъалеб.

Бакъараб хъумур гIадав, хъантIараб гьой гIадинав.

БакъванбугIаялда мацI бахъарал, цIоросаролъил хинкIида убач гьабурал.

Бакъвараб бугониги, дурго квер дур ккола.

Бакъвараб гъотIое дару – къотIун рехи.

Бакъвараб гъотIое хъулухъ гьабулареб.

Бакъвараб цIулал цIадаб биччарабги рекIунеб.

Бакъги моцIги гIун буго гIахьалаб жо.

Бакъидал бацI цIадабеги кIанцIулеб.

Бакълъухъа оц босе, Аргъваниса куй босе.

Бакъуца бухIун хадуб лъалъан, хур бачIунареб.

Бакьулъа зоб роцIиналдаса жиндие цIиналдаса чехь унтизе бокьулилан абулебила цараца.

Бакьулъа роцIараб зобалдасаги цIунаги, нуцIида нахъе ялагьарай чIужуялдасаги цIунаги.

БакI бихьун – рагIи, чи вихьун – хIурмат.

БакI бихьун, чи вихьун тIамулеб жойила кици.

БакI гуреб бакIалда гIодовги чIоге, гьикъичIеб жоги бицунге.

Цо магIарулас гьобол берталъе вачун вуго. Гьобол щвалде щварав гьечIолъиялда щаклъарав гьес гьоболасда малъун буго: “Дуда бихьизабичIеб бакIалда гIодовги чIоге, гьикъичIеб жоги бицунге, дуда кьеян абичIеб жоги кьоге”.

Щун руго берталъе. Хъатамасан гьоболас, живго гIодов чIезе, бищун лъикIаб бакI балагьун буго. «Огь, инсул рукъ бухIад!» – ан бетIер кIибикIун буго магIарулас.

ВачIун вуго бахIарав. Хъурщизе гьавулаго-гьавулаго, гьобол ккун вуго нуцIида нахъе. ТIарамагъадаги, гьикъичIеб жо бицуниланги, хIара къотIизе нус кьуниланги гьобол, гIадаталда рекъон, хIобода вухьине ккун вуго. 

 

БакI ккезегIан нахъе лъун тараб рагIи – гъансиниб лъураб месед.

БакI къватIиб беццейила, роц рокъоб лъейила.

Цо иццул хIориниб букIарабила кIиго къверкъ.

Цо нухалъ гьел тира-сверизе рахъанила. Батанила гьезда нухда цо цIадал хIор. Хинаб лъимги бугила гьениб, кигIан бокьаниги кваназе жоги бугила. РачIайила гьаниб гIумру гьабизеян чIанила цояб къверкъ. Цогиялъ абунила: валлагьин, жиндие жибго гьабураб, жибго гIураб, жиндаго хIал лъалеб иццул хIоринибго бокьилилан.

Гьалмагъги цIадал хIориниб тун, гьаб рокъобе билълъанила.

Анила чанго къо. Иццул хIориниб бугеб къверкъалъул гьалмагъалде ракI щванила. ГIедегIанила гьеб цIадал хIорихъе. ГьечIила дунялалдаго доб цIадал хIорги, кьварун бакъвараб хIарулъ, чехьатIадеги ккун, хун гьалъул гьалмагъги бугила.

Гьеб мехалъ ракIалде щванила гьалда бакI къватIиб беццейин, роц рокъоб лъеян абураб умумузул кици.

БакI хинлъизабизе гуревила хIаким вищулев.

БакI чияр бугониги, чи нилъерго вуго.

Бал хвараб гIощтIоца канахIехь бичIуларо.

Бал холареб хвалчен букIунареб, малъ кIутIулареб чу букIунареб.

Бал тIутIураб гIащтIиялъ канахIехь бичIуларо, ияхI гьечIев бахIарчи кьалда бажаруларо.

Балагь бачIиндал, гьудул кIочон тоге.

Балагь букIунебила бачIарабги бачарабги.

Балагь гьикъун бачIунареб, талихI бичун босулареб.

Балагь къо цIехон гуребила рештIунеб.

Балагьаз квер бан хадуб зигардун жо кколаро.

Балагьаздаса хан гIакъилас цIунулевила. Ханасда кколебила гIакъилги живгоги жинца цIунулелилан.

Балагьалде гъедал, цIунцIраялъ куркьбал рорхулелила, эхеде бахъингун, хIанчIица хъамунги унебила.

Балагьалъул нуцIби къаги, нигIматалъул каваби рагьаги.

Балагьана – батана, букарана – хъасана.

Балагьидал кIал чIварай, кIалъайдал бер чIварай.

БалагьичIого беццав лъаларо, кIалъачIого гIинкъав лъаларо.

Балай балъго гьабе, бертин тIатун гьабе.

Балъго бицараб лъадго тIатунебила.

Балъго рахь босани, тIатун къинлъулебила.

Балъго рохьдочани, тIатун рахь босулеб.

Балъгояб тIатIиялдаса тIатараб гьуэрго лъикI.

Балъда нахъа – хIалихьат, хIарччда нахъа – багьадур.

Бараб ахIулъ гурев, ахIараб болъ гурев.

Бараб ахIулъги ахIараб болъгийила бихьинчи лъалев.

Бараб лълъар борхуларес ккараб къоги борхулареб.

Баракат гьечIеб даранги девлет гьечIеб ригьинги.

Баракат лъуни, цоги гIемераб, лъечIони, нусгоги дагьаб.

Барахщарасул боцIи сахаватас кваналеб.

Барахщарасул къайи къавул гьойца кваналебила.

Барахщарасул – чияе, чехь квешасул – жиндиего.

Баргъичал рокьила – мун вокьиларо, кьураб жо босила – мун восиларо. 

Кицилъун лъугьарал гьал рагIаби абун руго херав гIарцул къебедасе йокьарай гIолохъанай ясалъ. МагIарулаз гьаб кици хIалтIизабула вас  махсараде кколей ясалъул, махсараде ккун дурц кваналей якьадалъул, рекIелъ рокьи гьечIев жиндиего жо цIакъ бокьулев гьудул-гьалмагъасул, вац-васасул хIакъалъулъ.

 

Баркала гьечIеб кечI – кири гьечIеб лаила.

Баркат гьечIеб боцIудасаги цIунаги, гьуинлъи гьечIеб ригьнадасаги цIунаги.

Баркат гьечIеб боцIиялдасан баркат бахунареб.

Бартигун хIур чIикIи лъикI, хIамагун кIалцIи квинегIан.

Бархъалисес хъабида гIоркь бокьаралъуб гъолеб.

Барщараб мехалъ пихъги жибго бортулеб, гIураб мехалъ васас чIужу ячеян чагъанаги жинцаго хъвалеб.

Барщараб пихъалъе дару – кванай.

Барщарал рекъолел, къварилъи ккейгун.

Барщарасе кьей гьечIеб, кьижарасе тей гьечIеб.

Барщарасе – щинкIил, щинкIарасе – ратIа.

Барщидал кваначIеб гIеч, гIодобе бортун, хола.

БарщичIого пихъ кванаге, бежичIого чед кванаге.

Барщуларевги хIама, барщун рекъезе  лъаларевги хIама.

Баси беццейила, оц байила.

Баси лъил кIанцIаниги щиб, бече нилъер бугелъул.

Басиялъ гIоштIогIоркь хъуб гьабун батанила.

Маххул къебедасдаги цо бечедав чиясдаги гьоркьоб дагIба-къец ккун буго. КIиясдаго гьоркьоб шаргIияб хIукму къотIизе гьел дибирасухъе ине кколел рукIун руго. Маххул къебедас дибирасе ришваталъе цо лъикIаб гIаштIи щвезабун буго. Бечедав чиясги дибирасул рагьде баси щвезабун буго.

Дибир хIукму къотIизехъин вугеб мехалъ, маххул къебедас абун буго: «Дуца, дибир, хIукму гIощтIоца гIадин къотIе»,– ян.

Дибирас данде жаваб кьун буго: «Басиялъ гIощтIогIоркь хъуб гьабун буго,» – ян.

 

Басиялъухъ оц кьоге.

Басрияб алаталъ бо гIуцIуларо.

Басрияб гордида цIияб къвал гъуни, къоролалъе гьебги гъвел буго.

Басрияб наккдалъа цIияб бугIаги бахъуге, свараб питнаялда гъоркь цIаги бакуге.

Басрияб пандридаги чанги лъикIаб бакъан бачине бегьула.

Басрияб ретIине чIухIарасе цIияб щолареб.

Басрияб холаро, цIиялъ жиндиего бакI бахъичIого.

Басрияб цIулалъул цIияб гъалдибер, цIияй бахIаралъул херав бахIарав.

Басриябги цIуне, цIиябги лъай.

Бассарун коралдаса кванан эбел бергьана, ххенон гьобоялдаса гьанщун лъимал бергьана.

Батаралъуб батараб те, босаралъуб босараб лъе.

Батун бечелъула, бихьун цIодорлъула.

БатIаргьаде тIи бан бугилан абурабила Малла Насрудиница

Малла Насрудинида аскIове вачIаравила мадугьал хурибе босизе батIаргьин кьейилан. Маллаяс абурабила батIаргьаде тIи бан бугилан. ВахIин, гьелдегийищин тIи балебан гIажаиблъаравила мадугьал. Чияхъе кьезе бокьичIеб мехалъ балилан абурабила Малла Насрудиница.

 

БатIиял хвеялдаса вохарав, хадувго цун, живгоги хвезе бегьулев.

Бахилав чиясулгун гьудуллъи гьабуни, бищунго дуе къваригIараб бакIалда живго гIодов чIола.

Бахилас кваналарищан гьикъулеб, сахаватас кьолеб.

Бахиллъи – бацIцIадаб рекIелъан, жахIда – хъубаб рекIелъан.

Бахиллъиги намусги цо рекIелъ букIунаро.

Бахчун квине кколеб гьаналдаса тIатун квине бегьулеб мочо- хинкI лъикIаб.

Бахъаги кIиго бер, чIахъаги ункъо беран абулебила бацIица.

Бахъараб бералда хъат чIван щибилеб.

Бахъараб хьит рехизеги нилъерго бокIон лъикIила.

Бахъаралъуб бихъе ццин.

Бахъизеги гали цебе бахъараб лъикIаб.

Бахьи къосарай лъадуда данде чIваялдаса гIалхул хъумуралда данде чIвай нусцIул лъикIаб.

Бахьинаб надалдаса гьоко богIол цIоларо, 

Халатаб гарбидаса къвал харил бахъуларо.

БахIараб гIумру анищ, гьанжесеб гIакълу анищ.

БахIараб мехалъ – ахтачу гIадин, херлъараб мехалъ – гьагIдолеб хIама гIадин.

БахIараб мехалъ гьабичIеб херлъидал батуларо.

БахIараб мехалъ хIалтIизе кIухIаллъарав херлъидал кIицIул хIалтIизе ккола.

БахIарайгIан кIалъаге, кIал ккурабгIан кванаге.

БахIарго херлъугеги, херлъун хъарцинлъугеги.

БахIаргоги хогеги, херлъун дабагъ лъугьинегIанги хутIугеги.

БахIаргойин гъветI гьетIулеб.

БахIарлъуда – кополчи, харадунив – чIандачи.

БахIарчи къинлъулаго гуревила холев, рагъдайила.

БахIарчи кьалда хола, хIалихьат боснов хола.

БахIарчи лъала хIинкъи ккараб бакIалда, гIакъил лъала чара хвараб ишалда гьоркьов.

БахIарчи хъабчилъги ватула, чу гьирикьги батула.

БахIарчи хIинкъи бугеб къоялъ чучуларев.

БахIарчи цин хола, хIалихьат анцIул хола.

БахIарчи цIакъав – кьалда, кьибил кIудияв – росулъ.

БахIарчи цIакъав – ЧIондокьа ХIажияв, цIар – ХIажимурадие (ХIажимурадил кици).

ХIажимурадица кидаго гьадинаб къимат кьолеб букIун буго ЧIондокьа ХIажиясе. ЧIондокьа ХIажияв вукIана ХIажиму­радил чукъа, мухъилав рагъухъан, ХIажимурадие бика хъамулеб сордоялъ тIоцеве галаналде вахарав, бика кодое щвезе киназего нухги рагьарав чи.

 

БахIарчи чарангIан гьетIуларев, хIалихьат пахь гIадин хьетIарулев. 

БахIарчи чол кьолонив холев.

БахIарчилъи яхIалъулъила букIунеб (яхI гьечIелъуб бахIарчилъи букIунареб).

БахIарчилъиги намусги цадахъ букIунеб, цояб билани, цоябги билулеб.

БахIарчилъи рагъда гуребги бихьизабизе бегьулебила.

БахIарчилъиялда цадахъ хIиллаги букIине кколеб.

МагIарулаз гьаб кици ХIажимурадиде гIунтIизабула. Гьес гIемер абулел рукIун руго гьал рагIаби.

 

БахIарчияс бадибе абула, хIалихьат нахъасан кIалъала.

БахIарчияс балъголъи хабалъе босулеб.

БахIарчияс бахIарчиясе зарал гьабулареб.

БахIарчияс гIайиб жиндаго чIвала, хIалихьатас гIайиб чияде рехула.

БахIарчияс загIипасдаса къисас босулареб.

БахIарчияс къо хIехьола, хIалихьатас мугъ рехула.

БахIарчиясдаса хIинкъуге, хIалихьатав гьудуласдаса хIинкъа.

БахIарчиясе рагIи хвей – живго хвей гIадаб жо.

БахIарчиясул бахIарчилъи носол балада бараб жойила.

БахIарчиясул кIиго рагIи букIунареб.

БахIарчиясул кIиго рачел букIунеб, цоябниги чучани, чилъи холеб.

БахIарчиясул надалда – меседил мугьру, цIукIаясул мугъалда – карпиталъул дангъва.

БахIарчиясул цIар кибего рагIула.

БахIарчиясул чIухIи – кьалда бергьин, хIалихьатав чиясул чIухIи –  кванан бергьин.

БахIри гьечIев чанахъан – чухъа гьечIев нуцалчи.

БахIриялъул хIал лъачIого, ручниб гIанкI къинлъулареб.

Бацизе кIолареб кIалтIуги рагьуге, кIалалъ бичизе кIолареб гарацIги баге.

БацI бихьараб хIама хIохьокьаги хIинкъулебила.

БацI гьечIеб кIкIалахъ гIанкIги ханила.

БацI гьечIеб рохь букIунареб, вехь гьечIеб гIи букIунареб.

БацI унтуе кьижулеб, кьалуе борчIулеб.

БацI хIинкъизе хIамица гIундул кIорокIулелила.

БацI цIахIилаб букIунилан гуребила чIвалеб, гIиялъ речIчIулелъулила.

БацIги циги багъулди – цараца би чIикIулди.

БацIгун багъун, чахъу бергьинаро, чугун бекерун, хIама бергьинаро.

БацIида гурони бецIаб сардил хIал лъаларебила.

БацIида кIалдибе кьегIер реххуге, мохмохида нах бахунге.

БацIида кIалдиса тIинчI бахъулареб.

БацIида макьилъ гIи бихьулебила, катида макьилъ гIункIкI бихьулебила.

БацIида ракIалда – чахъу, чанахъанасда ракIалда – бацI.

БацIида щибила лъалеб бетIергьанчиясе чахъдал хиралъи.

БацIикьа хIинкъарас гIи гьабулареб.

БацIикьа хIинкъун, гъотIоде вахаравила, гъотIода ци батарабила.

БацIил анищ – пуй-чIвай, цIогьорасул мурад – гьорол сордо.

БацIил бетIер тарщидаго чIинтIе.

БацIил гIамал гьечIеб тIинчI букIунареб.

БацIил кьер хисула,  хасият цо букIуна.

БацIил кIал гъуни, ракьа  гъадицаги букъулеб.

БацIил кIал цIоройги, цIогьорасул бох бекаги.

БацIил макруялдасаги царал хIиллаялдасаги цIунаги.

БацIилгун гьудуллъиги гьабуге, гьойдулгун махсараги гьабуге.

БацIица бацI чIваларебила, гIадан гIадамасда гурхIуларевила.

БацIица гурони цIцIе чIваларо, цIцIеца гурони бурутI гьабуларо.

БацIица гьабураб гьвеца кваналеб.

БацIун хIамил чу лъугьинаро, чурун болъон бацIцIалъиларо.

БацIун хIамил чу лъугьунаро, вухун гIабдал цIодорлъуларо. 

БацIцIадаб иццул лъимги тун, ганщал жанир регараб хIорил лъим гьекъолареб.

БацIцIадаб меседил багьа холаро, ракI бацIцIадаб хIалтIул къимат холаро.

БацIцIадаб меседалъ гIор бахунареб, гIамал гьечIей ясалъ росу толареб.

Бачани хIежалде хIамаги уна, хIежалде анщинав хIажи кколаро.

Бачалъ чудук гIадин.

Бачидаго лъалебила оц лъугьунеб жо.

Бачидаса гIадалаб жо гьечIеб, гIорцIмадаса капураб жо гьечIеб.

Бачил жаваб – гIакдаца.

Бачида босараб гIамал гIакдада толареб.

БачитIа бечелъиги гьабе, оцотIа оцлъиги гьабе.

БачIанила дард – давуданила дир лал, бакканила багIарбакъ – бокъанила дир лал.

БачIиналъул хIисаб хаслихъе гьабе, хутIаралъул хIисаб ихдал гьабе.

БачIинеб-бачIинареб лъалареб гIурус, бачIинчIого букIунареб хасел.

Кици бижун буго Шамилил къуват дагьлъизе лъугьараб, магIарухъе гIурус гIагарлъараб заманалда. ГIурусаз щущахъ биххизабизе магIишатго щай гьабилебан, хасалие хIадурлъи гьабиялде ракIго баларого, рукIун руго росабазул гIадамал. Гьеб мехалъ цо гIакъилав херав чияс абун руго, букIинебищ- букIинаребищали лъалареб жоялда бан, букIинчIого чара гьечIеб жо гьабичIого тоге абураб магIнаялда кицилъун тIиритIарал гьадал рагIаби.

 

БачIинилан къо бачIунареб, ккелилан чияде кколарел.

БачIинищан гьикъун, унти бачIунаребила, бегьилищан гьикъун, хвел бачIунаребила.

БачIунаго лълъар кквечIони, лъутун унаго, рачI кквезе щолареб.

БачIунилан накIкI инчIого букIунареб.

БачIун чIараб гьой лъикIаб, бачIун чIараб кето лъикIаб. 

БачIунеб – гIагарда, унеб – рикIкIада.

БачIунебги борце, унебги борце.

БачIунелъул (кколелъул) пикру гьабулев бахIарчи вахъунарев.

БачIухъе бо букIунареб, кьерхахъе зоб букIунареб.

Бащадаб гIамал-хасият – щулияб рокьи.

Бащадаб хинкIги бекизе кколеб мадугьаласе.

Бащдаб бугIа бичун, дандежо босе.

Бащдаб гьабун тараб хIалтIи – гьабизего гьабичIеб хIалтIи.

Бегараб бацI бакъараб, бахъараб бацI гIорцIараб.

Бегараб кьабурав, бал'араб чIварав (Бегараб бухизеги хварав чIвазеги кIолев “бахIарчи”).

Бегараб маххуда кьаву чIвалеб.

Бегун унеб гьакида аллагьас щиб гьабилеб.

Бегун хвараб гъалбацIалдаса бахъун хвараб гьой лъикIаб.

Бегун чIараб бакъун хвараб, бахъун чIараб гIорцIун хвараб.

Бегьулебани, гьобол, гьеб ражи нижецаги ххвилаан.

Кици буго къарумай гIадан махсараде ккураб. Гьоболас хинкIазда данде ражи гIемер ххулеб букIун буго. БитIахъего ражи ххугеян абизеги  кIвечIого, гьелъ гьадинаб сверел гьабун буго.

Гьаб кици тIамула бегьулареб жо гьабурав ялъуни гьабизе къасдалда вугев чиясе.

 

БегIераб рагIи носодасаги рекIараб букIунебила.

Бежилеб-бежилареб лъалареб Тамарил гурга, свараб рохъдолъ тIамураб, свартIун вакъун вугев дун.

БежичIеб чед кунелъул, Бигищ гIадин, гъурудалъул хинкIал кунелъул, Таймасхан гIадин.

Бежун ияхI кварав, бухIун нич кварав.

Бежун яхI кварасул керен бухIаги.

Бежунги белъунгийищила бацIица гьан кваналеб?

Бекани бох я халалъулеб, я къокълъулеб.

Беканиги кьоларев чиясулгун хоно чIваге.

Бекараб мугъалда михир бачунге, къураб оцалде цIайи бахъуге.

Бекараб хвалчадаса хутIараб лъелго лъикI.

Гьаб буго чияца чIван хварав чиясул хIакъалъулъ. Бидул хIакъалдаса хварасул гIагарлъи тIаса лъугьаян гьарулеб мехалъ, маслигIатчагIаз гьезда цебе лъолеб букIун буго гьаб суал.

 

Бекаралъухъ бекулеб жо буго чед, цIуралъухъ цIолеб жо буго парччи.

Бекарас квархи кье, кварас гIакIа кье.

Бекарасда гурони, бохдул унти лъалареб, бихьарасда гурони, гIосол хIара лъалареб.

Бекун зоб кьейиланги лъугьунелила лъимал.

Вас гIодун вуго жиндихъе нус кьеян. Эбелалъги кьун буго. Лъимал бекун зоб кьеянги лъугьине бегьулин, амма нилъеца лъималазухъе гьезие бокьанщинаб жо кьезе кколарилан гIакъилай мадугьалалъ малъигун, эбелалъ васасухъа нус нахъе босун буго. Цинги вас: “Бекун зоб кье! “Бекун зоб кье!” – ян гIодизе лъугьун вуго.

 

Бекьараб гурони, бижулареб.

Бекьараб гурони, хуриса бачIунареб. 

Бекьанщинаб хурги бачIунареб, гьаранщинай ясги кьоларей.

Бекьизе хур гурев, гIинтIизе оц гурев.

БекьичIес хур лъилъуларо.

БекIкIулеб ганчIихъги  ралагьуге, бичIулеб цIулахъги ралагьуге.

Белъараб бежунги кванаге, бежараб белъунги кванаге.

ГIиял бетIергьанас жиндирго вехь вегIерун вуго: «Воре, дуца белъараб бежунги кванаге, бежараб белъунги кванаге», – ян.

Цо жого гьечIого гIиял бетIергьанас дида гьадин абиларилан, вехьас хIал бихьун буго. Белъараб бежунги бежараб белъунги квараб мехалъ, гьанал тIагIам цIакъ тIокIаб батун буго. Цинги вехьас, гьаб гьадин хвана, доб додин тIагIанаян, гIиял ох инабун буго.

 

Бер бакъарав, чехь бакъарав, чияр хIарччда сахаватав.

Бер бахилаб хер гуро, хер керчаб мегIер гуро.

Бер бахъарасдаса нич бахъарав сурарав.

Бер бугесда йихьаги, ракI лъикIасда ятаги (бахьи бугес ячаги).

Бер къанщарасда бакъул нур бихьулареб, черх унтарасда кванил тIагIам лъалареб.

Бер гIункIрукьалъ бацIцIе.

Бер унтарав чиясе тохтирас гIакълу кьун буго, воре, гьеб гIункIрукьалъ гурони бацIцIунгеян. Гьев нахъеги тохтирасухъе вачIун вуго, гIункIрукь бералде гIунтIуларилан. Тохтирас абун буго: «ЦIакъ лъикI рагIула. ГIунтIулареб батани, бацIцIинчIого те»..

 

Бер къанщизегIан заманалъ яхI гьабе, мунго бахIарчи вахъине.

Бер хъантIуге, боцIудаса чIухIуге.

Бер щваралъубе хIетI щвезабулев.

Бераз берцинлъи балагьулебила, ракIалъ гIакълу балагьулебила.

Беразе макьу хирияб, рокьуе свади хирияб.

Берал ругила рекIел матIаби.

Берал рукIаго, канлъи щибали пикру гьабулареб.

Берал чIахIад, канлъи гьечI.

Бералда бихьараб – битIараб, гIиналда рагIараб – гьереси.

Росдае дибирлъи гьабизе ихтияр кьеялъул имтихIаналда цо гIалимчиясда гьикъун буго:

- БитIаралдаги гьересиялдаги гьоркьоб кигIанасеб манзил букIунеб?

- Ункъо килищ букIуна, – ян абун буго гIалимас, бералдаги гIиналдаги гьоркьоб кверги чIван.

- Кин?

 -Кин гурого, гьаб ункъо килщил манзилалда цебехун бугеб бералда бихьараб жо битIараб букIунелъул, нахъехун бугеб гIиналда рагIараб жо гьереси букIунелъул.

Мажлисалъ хIукму гьабун буго гIакъилаб жавабалъе гIоло гьев росдал дибирлъун тезе.

 

Бералда бихьараб гIадаб даран букIунареб.

Бералда бихьулареб ракIалда бихьулебила.

Бералда бихьулеб гурони боцIи букIунаребани, мискинчи вакъуца хвелаан.

Бералда гуребила бихьулеб, ракIалдайила.

Берални берцинал ругоан, тIом хъазхъил гьечIебани.

Бераца бицунеб рекIелъ бугеб жо.

Бералъул гIадаб унтиги гьечIеб, налъулгIан кIудияб ургъелги гьечIеб.

Бергьараб гIорцIичIого, къуралъе бутIа щолареб.

Бергьараб цIуяб жоялдасаги цIунаги, бугьараб мегIералдасаги цIунаги.

Бергьарав – къавутIа, къурав – гIияда.

Бергьарав – тIад, тIамурав – гъоркь.

Бергьаравги къуравги къаденахъе лъала.

Бергьарай чIужу – чIинтIараб балагь.

Бергьарай чIужуялдасаги цIунаги, чIун букIунеб хIамаялдасаги цIунаги.

Бергьаралъе – кIиго бутIа, кIарчамалъе – лъабго бутIа.

Бергьарас гьабуларебги къурас хIехьоларебги жо гьечIеб.

Бергьарасда гъоркьаги вахъунарев, къурасда тIасаги вахъунарев.

Бергьарасдаса къалев, къурасде тIаделъулев.

Бергьарасде – къулун, къурасде – рортун.

Бергьарасул – къо, къурасул – сордо.

Бергьарасул ярагъ магIида букIаго, къурасул ярагъ чвархъулеб.

Бергьун чIоларев къун чIолев.

Бергьунгеги гIищкъу къадар хъвачIезул, къун унгеги рокьи рукъ цолъаразул.

Бергьунгеги, къогеги, къацандулел чIогеги! (тушманзабазде).

Бергьунесул къуваталдаса къолесул хIилла бергьунеб.

БергIанасеб гьан кьуни, бахъизе бер кьелилан абулебила гIанкIуялъ.

Берзуе гIолареб черх бугони щиб, чидай рокьи кьолеб ракI гьечIелдаса.

Бертаде гурони, чед бекизе ккогеги, бокьун гурони, тIутI лъезе ккогеги.

Бертаде гурони, чедги бекичIей, чурпаде гурони, цIанги хIуличIей.

Берталъе аниги, хIамие хIалтIийила.

Берталъеги кванан а, гIурухъеги гьекъон а.

Бертин гьабулелъул – тула Тамари, мегъел гьабулелъул – гIагарай чIужу.

Бертин гьабуни – нусго гIайиб, гьабичIони – цо гIайиб.

Бертин гьабурасе баркалаги гьечIеб, гьабичIого тарасе нагIанаги гьечIеб.

Берцин бихьи гIадаб берцинлъи гьечIеб.

Берцинаб бихъиялдаса сурукъаб букъи лъикIаб.

Берцинаб гьересиялдаса сурукъаб битIарабго лъикIила.

Берцинаб жо гуребила берцинаб, берцин бихьарабила.

Гьаб кици гIунтIизабула гIакъилав, гьелдаго цадахъ бахIарчияв нухлуласде.

Караван унеб букIанила лъим гьечIеб авлахъалдасан. Гьеб авлахъалъул цого-цо бугеб иццул бетIерги ккун букIанила гьенив, борхатаб сиги бан, чIарав цо нухал къотIулев чияс – хъачагъас. Гьесул гIадат букIанила лъадал рахълъен цIезе вачIарав нухлуласда цо щиб бугониги гьикъулеб, лъани, гьесие лъимги кьолеб, лъачIони, гьевги чIван, давла босулеб.

ГIагарлъухъ рештIараб караваналда гьоркьоса цо  бахIарчи анила гьалмагъзабазе лъим босун вачIине къотIиялда. Вакканила сивул гордухъан хъачагъ. Цо цIакъ берцинай, цо цIакъ сурукъай – кIиго гIаданги цоги гордухъан яккизаюн, гьес гIолохъанчиясе къотIи гьабунила, гьикъараб жоялъе жаваб кьезе кIвани, лъим кьезе, кIвечIони, чIвазе.

- Гьай кIияйго гIаданалъул кинай берцинай? – абун гьикъанила хъачагъас.

- Дуда берцин йихьарай берцинай  йиго, -ян жаваб кьунила нухлулас.

- ТIад квер чIван,  ругIун цIе, гьудул, дурго рахълъаби. БитIараб буго, – ян ахIанила хъачагъас.

 

Берцинаб кIалалъе – кIиго бутIа.

Берцинаб мацIалъила чIужугIадан гъоркье рехулей.

Берцинаб рагIи – рекIелъе бугеб нух.

Берцинаб рагIуца мегIерги лъухъур гьабулеб.

Берцинаб рагIуца маххул каву рагьулеб.

Берцинаб рагIуца ХIоцомегIер бегулебила.

Берцинаб тIогьол гIумру къокъабила.

Берцинай – беразе, цIодорай – рекIее.

Берцинай гIаданалда гIемерав чи кIалъала.

Берцинай къачIалалде, къолое хур лъилъарай, къунщбал халат щвелалде, гьарщун кIуштIа баччарай.

Берцинай чIужу мадугьаласул лъикIайила.

Берцинай яс йикIунарей, цониги гIайиб гьечIей.

Берцинай яс – нухда бугеб гьалихур.

Берцинай яс, хIамитIенкел гIадатIа бан йигониги, йихьула.

Берцинай ясалъул гьумералдаса кIудияв чиясул гIакълу лъикIабила.

Берцинайги лъикIайги лъиегоги йокьула, сурукъайги йокьула, рокьул дангъва бугони.

Берцинайги лъикIайги лъиегоги йокьула, сурукъайги квешайги рокьи ккарас ячуна.

Берцинайни йигоанила, гогьай гьечIеяни, бахIарчини вугоанила, гIантав гьечIевани.

Берцинал ясазде чан гьабулаго, чарухъалги холел, мунги херлъулев.

Берциналги сурула, санагIалъи гьечIони, сураралги рокьула, рокьул дангъва бугони.

Берциналъа хъамурай, хъахIазулъа йищарай бищун квешай ятарай.

Берциналъухъ хал гьабе, лъикIалъухъ рокьи гьабе.

Берцинасде – кIкIуй, кIкIуясде – цIа.

Берцинго чодаса вортизегIан, сурукъго вукIаниги, гьелда тIадго лъикIила.

Берцинго цIехезе лъалесе жаваб камулареб.

Берцинлъи балагьуге, лъикIлъи балагье.

Берцинлъи бахъуларо, бахьинлъи баркуларо.

Берцинлъи лъикIаб, цIекIлъи гъорлъ гьечIеб, гIадатлъи лъикIаб, чIухIи гъорлъ гьечIеб.

Берцинлъиялдаса чIухIуге, гIакълуялдаса чIухIа.

Берцинлъиялъ цIар тIибитIарай, цIодорлъиялъ росу бахилай.

Бесдал лъимал цере ккелел ратани, дир яс къадар гьечIейлъун йижун ятагиян абурабила эбелалъ.

Бесдал эбелалъе алжанги бесдал лъималазе гьабураб лъикIлъиялъухъила, жужахIги гьезие гьабураб квешлъиялъухъила.

БетIер батIиясул гIакълу батIияб, щекъер батIиясул гьаракь батIияб.

БетIер бекарабго бухье, ругъун рецIцI ккелалде бухье.

БетIер бекилалде  къай, рукъи багьилалде бай.

БетIер бичун, чед босуге.

БетIер бичун, чед босулеб хIалалде ккезеги чIогейила, чол жалилан ккун, хIамил рачIги ккогейила.

БетIер бокьани, гьа, хIатIал!

БетIер бугев чиясул тIагъур гьечIеб дуниял, тIагъур бугев чиясул бетIер гьечΙеб дуниял.

БетIер бугони, тIагъур камулареб, тIажу бугони, рухьен камулареб.

БетIер гьечIеб бо биххулеб, бетIергьанлъи гьечIеб боцIи щущалеб.

БетIер гьечIеб бодуе рагъда талихI кьолареб.

БетIер гьечIесул гьури-муч кIудияб, жаниб месеху гьечIеб цIулакьодул гъвар-гъвар кIудияб.

БетIер гьогьомун хьихье, хIатIал хинлъун хьихье.

БетIер жагъалав гьудул – кьалбал жагъалаб гъветI.

БетIер къотIаниги, как бачIого чIоларев, кверал къотIаниги, бикъичIого чIоларев.

БетIер къотIаниги, къуркьичIев.

БетIер радалиса батулелъуб лъейила.

БетIер рикIкIун – чи, чи рикIкIун – хасият.

БетIер рос ватани, габур лъади йиго.

БетIер тIадагьаб бугони, мугъ щулияб къваригIуна.

 БетIер хIалтIичIони, хIатIал свакала (БотIрода гIакълу гьечIони, хIатIазда къо бихьула).

БетIер тIогърокь букIуна, габур цIвакизабе.

БетIер хIалакъасул гьури гьарзаяб.

БетIер хинлъизе тIагъур лъурав, тIагIел-гIучI бахчизе шарбал ретIарав.

БетIер хIалтIуларев хIакимлъун тоге.

БетIер цIакъав вукIиналъул пайда щиб,  бо цIакъаб гьечIони.

БетIер цIодорлъани, ретIел цIилъула.

БетIер цIунулеб мехалъ, черхги кIочене бегьулареб.

БетIер чIужу ячиналде хIалтIизабе.

БетIералда лъезе тажалдаса гъоркь лъезе бакI лъикIаб (бечедалдаса мискинай ячун лъикIан абураб магIна).

БетIералдасан тIокIкIинчIеб   лъим ахадасан тIокIкIунареб.

БетIералъ бикъичIони, хIатIаца бикъулареб; рукъ тIад рекъечIони, лъималаз бикъулареб.

БетIералъ къурщихоно бикъани, хIатIаз хъазихоно бикъулеб.

БетIералъ малъараб гьабилалде, рекIедаги гьикъейила.

БетIералъе рахIат течIони, хIатIал свакала, черхалъе рахIат течIони, унти гIемерлъула.

БетIералъул гIакълу – багIараб месед (БетIералъул гIакълу – чирахъалъул нур).

БетIергьабазул гIин гIинкъаб.

БетIергьанасде хIал ккечIони, хIалтIул хIасил кколареб.

БетIергьанасул ракI–хIалтIуда, хIалтIукъанасул ракI –богорокъоб.

БетIергьанчи аскIов вугони, катица гьойги къезабулеб.

БетIергьанчи анцIул ургъула, чияр чи цоцIул ургъула.

БетIергьанчи хвадан чодеги абуге, чияца чIван вачIадан васасдеги абуге.

БетIергьанчи хвадилан гIакдае чуриги кьун, чIаго хутIадилан оцое накку баге.

БетIергьанчи хIалтIани, черх чIвалеб, чияца гьабуни, рукъ чIвалеб.

БетIергьанчияс бухьаралъуб чIвагийила хIама бацIица.

Кици хIалтIизабула бетIергьанчияс жиндиего бокьухъе гьабураб жоялда тIад кIалъаге, ай, кколареб ишалда гьоркьоре лъугьунгеян абураб магIнаялда.

 

БетIергьанчияс рахь хахани, бече букIунаро.

БетIергьанчиясда аскIоб гьойдаса кетоги бергьунеб.

БетIергьанчиясда тIад речIчIулеб гьой  гIадав, чури-хинкI кьуралде багъулеб гIака гIадав.

БетIергьанчиясе бокьараб бакIалда бухьараб хIама чIванилан бацIида гIайиб букIунаро.

БетIергьанчиясе – хIалтIул ургъел, хIалтIухъанасе – кванил ургъел.

БетIергьанчиясул бер тIад гьечIеб хIама бацIица чIвалеб.

БетIергьанчиясул боцIи берда цебе лъикIилан, Мала Насрудиница сакъис магIарзул къалазда чIварабила.

БетIергьанчиясул гIадиллъи рагьда бугеб катицаги бицуна.

БетIергьанчиясул квер щваралъубе чияр бер щолареб.

БетIергьанчиясул чехь унтичIони, чияр мугъ унтулареб.

БетIериса реханиги, катил мугъ тункулареб, тIаса гъоркье биччаниги, мискинчиясул гьорчо гирулареб.

Бехун катица бер бахъарабила.

Рехун, цIакъго реэдун хьихьарал лъималаз адаб тараб, гьел данде рараб мехалъ, лъимал гогьдаризариялдаса ракI бухIарал умумуз ва гьезул хIакъалъулъ бицунел цогидаз абула гьал рагIаби.

 

Беццаб даран гьабуге, гьекъечIого мехтуге.

Беццав нечоларев, гIинкъав хIинкъуларев.

Беццав чияс нух малъун,  нухда витIун ккеларо.

Беццав чиясда нич букIунареб, гьарчида бер букIунареб. 

Беццараб кIалалъ какизе ккогеги. 

Беццас бихьулеб ххвел гьабулеб, рекъас витIараб ххвел гьабулеб.

Беццасда кьер лъаларо, живго лъаларесда чи лъаларо.

Беццасдаги бихьулеб, гIинкъасдаги рагIулеб.

Беццасдаги рекIелъангIаги канлъи бихьулебила.

БецIаб сордо – бацIил сордо, гьорол сордо – цIогьорасул сордо.

«БецIаб чIухIиялда тIад чIахI бижаги,

 ЧIолорхъо бала гьелъ гьагав чиясда,

 Чорхол гьаваялда гьобо тираги, 

Толаро гьелъ гIадан гIакълу-лъаялда».

БецIидалила налъи кIочонеб, бикьидалила ургъел бигьалъулеб.

Бацизе кIолареб кIалтIуги рагьуге, кIалалъ бичизе кIолареб гарацIги баге.

БецIцIулаго тIатIи кварай, тIинкIулаго мохмох кварай.

Бече гьабидал, гьеб чуризе оц хъурав.

Бечедаб росу кIкIуялдасанги лъалебила.

Бечедав – боцIул ургъалида, мискинав – кванил ургъалида.

Бечедав вугилан, къайгимасда божун, лъимал хутIугеги.

Бечедав чи чохьоца чIвала, мискинчи гьечIолъиялъ чIвала.

Бечедав чиясе гьабураб лъикIлъи – ганчIида бахараб нах.

Бечедав чиясул бетIер унтани, 

Бухьине жо босун, росу бортула. 

Мискин чIужуялъул лъимер унтани, 

Унтараб лъалалде хванин рагIула.

Бечедав чиясул  мегIер-гIалахалдаса мискинчиясул ракI гIатIидабила.

Бечедав чиясул хIама хваниги, зигара базе рортулелила.

Бечедав чиясул, чехь гIорцIаниги, бер гIорцIулареб.

Бечедавилан чиги тIаса вищуге, боцIи гIемерав гIабдалги къол нухалъ довегIан те.

Бечедавни вугоан – рекъав вуго, витIаравни вугоан – мискинав вуго.

Бечедай йигилан къоролайги ячунге, къунмухьиде кьолеб бугилан ябучуги босуге.

Бечедай ячани, хъарцинлъулевила.

Бечедас гьабураб – гьоцIо, мискинас гьабураб – агIа.

Бечедасул рокъоб къойил бертин.

Бечедасул талихIкъиналдаса мискинасул талихIго лъикIила.

Бечедасул хIамаги чIухIун хьвадулебила.

Бечелъи бугила бахIарчиясул хIатикь букIунеб жо.

Бечелъи гIемерлъиялъ гIакълу гьечIев вохула, балагьал тIад тIиритIун,  цо къоялъ къварилъула.

Бечелъи хола, махщел хутIула.

Бечелъи цIаялъ бухIула, лъеца гъанкъула; яхI-намусги бихьинчилъиги наслабазе бицалъ хутIула.

Бечелъидал чухъа ретIарав, ресукълъидал нацIал кварав.

Бечелъизе бокьани, бугIаги бекье, гIалаги хьихье.

Бечелъиялдаса сахлъиго лъикI.

Бечелъиялъ гуребила рукъ берцин гьабулеб, рацIцIа-ракъалъи-ялъги ракIа-рахариялъгийила.

Бечелъиялъ хисун хасият лъола, 

Ханлъи гIагарлъидал, гIамал хисула.

Бечехараб гIака гIадинги вукIунге, тIинчI рихараб гагу гIадинги вукIунге.

Бечелъиялъ гIумру кьола, язихълъиялъ гIажал кьола.

Бечелъиялъул кьучI – махщелги сахлъиги.

Бечелъиялъ чIухIарай, чороклъиялъ цIар арай.

БеччичIеб реччеялъул чед хехго холеб.

БечIараб тIегь цIилъизеги бегьулеб, свараб ракI борхизеги бегьулеб.

БечIчIараб рахь гIадай, лъадал полоп гIадай.

“Бе-э-э! Дунги хъве, дир бурутIги нахъе те!” – ян ахIулебила цIцIеца, бурутI хъолеб мехалъ.

Би гьекъон гурони, къечI буссунарев.

Бидуе хъукьлъи гьечIеб (Бидуе херлъи гьечIеб, хIание басралъи гьечIеб).

Бидул чIорто – чIегIераб жо.

Бидуласул гьой кьарияб, гьардухъанасул къвачIа кIудияб.

Бидуласул туманкI – кидаго цIураб, дандеясул гулла – дагьабги хехаб.

Бидулъ ччу-ччун, чед кунев.

БикьанагIан гIемерлъулеб жойила гIакълуги лъайги.

Бикъани, вакъула, вакъани, бикъула.

Бикъараб гурони, боцIиги щвечIев, хъамараб гурони, хазина гьечIев.

Бикъарав вакъула, вагъарав къола. 

Бикъарасе – цо хIакъ, бетIергьанчиясе – нусго хIакъ.

БетIергьанчи нусго бакIалде щаклъула, цо-цоязулгун дагIба-къец ккола, мунагьго гьечIезе гIакъуба кьола, ахирги нечезе ккола.

 

Бикъизе бокьулев, цIогьоран абизе бокьуларев.

Бикъила – вакъила, гьавудила – гIорцIила.

Бикъиялъ гьекъеялде рачуна, гьекъеялъ балагьалде рачуна.

Бикъуге – хIинкъуге, гьереси бицунге – нечоге.

Бикъула – вакъула, вакъула – бикъула. 

Бикъун бер гIорцIичIев, кванан чехь гIорцIичIев.

Бикъун щвараб боцIиялда  баркат лъоларебила (цIогьол боцIиялда баркат лъоларебила).

Билараб гIарац батулеб, гIадада араб заман батулареб.

Билараб жо хIатIица балагьуге, ботIроца балагье.

Билараб зар питначиясул гъванщида нахъа батарабила.

Билизе чIетI гурев, чIвазе нацI гурев.

Билълъидалго боха, цер! (Метериса боха, цер!).

ЦаратIинчI ун букIун буго тира-сверизе. Гьелда гIодоб батун буго тIатIиги бахараб цо нус. Гьеб берцин бихьараб царатIинчIалъ нус кIкIун биччан тун буго. ЦIакъ бохун рокъобеги бачIун, жинда батараб носол хIакъалъулъ эбелалъеги бицун буго. 

- Кибха гьеб бугеб?

- Квана дица.

- Билълъидалго боха, цер! – ан абун буго эбелалъ.

Нахъисеб къоялъ царатIинчI, чохьол унтиги бахъун, хун буго.

 

Бисмиллагь бахъичIого, кваналев, как бачIого, кIал кколев.

“Бисмиллагь” бахъунилан, дагьаб квен гIемерлъиларо.

Дагьабго квенги цебе лъун, гьоболас гIандисесда абун буго: 

- Бисмиллагь бахъе, гьобол, кванда баракат лъезе.

Нахъисеб соналъ “бисмиллагь бахъани, кванда баракат лъолев гьобол” ГIандиве вачIун вуго. ХIерчч цIураб квенги гьоболасда цебе лъун, гIандисес абун буго:

- ХIамил рачI! ХIамил рачI! – анги абун, кванай, гьобол. Баракатали кванда жибго лъелебин.

 

Бисмиллагь – кIудияс, кIалдиб – гьитIинас.

БитIараб бице, мунго чиякьа къунгутIизе. Гьереси бицунге, дурго гьумер багIарлъунгутIизе.

БитIараб бицинги къотIи тIубайгийила бахIарчиясул хасият.

БитIараб бицине ккола, бицараб кквезе ккола.

БитIараб бицунелъул – мацI бабадулев, гьереси бицунелъул – чвахун бачIунев.

БитIараб буго ханасе бокьараб жо, гьереси буго гьесул рекIелъ рекъечIеб жо. 

БитIараб гьумералъ чаран биунеб, аваданаб ракIалъ кьуру биххулеб.

БитIараб гIурумухъ букIунаребила, сукIи гьечIеб сухъмахъ гьечIебила.

БитIараб лъазе бокьани, беразухъ ралагьейила.

БитIараб лъазе бокьани, гьитIиназда цIехейила (битIараб бицине бокьани – гьитIиназда, гьереси бицине бокьани – кIудиязда).

БитIараб натIица борцунеб, гьетIараб тIилица борцунеб.

БитIараб рагIуе мегIерги къулулеб. 

БитIараб тIад кколеб, тIекъаб гъоркь кколеб

(БитIараб – тIад, тIекъаб – гъоркь).

БитIараб цебе уна, тIекъаб нахъа хутIула.

БитIарабги тIекъабги гьурмахъ ралагьунги лъалебила. 

БитIаралда божуларел гьересиялда божулел. 

БитIаралдаги гьересиялдаги гьоркьоб бералдаги гIиналдаги гьоркьобгIанаб гурони манзил гьечIебила.

БитIаралдаги тIекъалдаги гьоркьоб  натIила.

БитIаралъе гуребила гьа къваригIунеб, гьересиялъейила.

БитIаралъе сухъмахъги гIатIидаб, тIекъалъе шагьраги къваридаб.

БитIизабизе бегьулареб  гъалатI букIунареб, гьетIизабизе кIолареб чаран букIунареб.

БитIизабизеялдаса аралъе нагIана кьезе бигьаябила.

БитIккейги талихIги – цого жо.

БитIун ккани – «гьа-гьа-гьа», мекъса ккани – «огьогьой».

БитIун ккани – рокьи, мекъса ккани – кьал (БитIун  ккараб – рокьи,  мекъса ккараб – кьал.)

БитIун унев тарулев. 

БитIун хьвадарабани, гьадин битIизабизе ккелароанилан абурабила цараца борхьида. 

БитIун чIезеян гьвел рачI бухьунге: бичараб мехалъ нахъеги гурула. 

Биххараб цIумалда тIад буцIцIараб гъеду чIолеб. 

Биххун унеб букIараб къед рехун араб кьекIкIелалъ ккурабила. 

Бихъаралъуб чIар бугIарай, чIалхаралъуб хер бугIарай.

Бихъарас букъе къохьол зоб, тIурас бацIцIе квасул кун.

Бихьа-бихьараб бицине гуребила рохьобе хIама унеб. 

Бихьанищ – бихьичIо, рагIанищ – рагIичIо.

Бихьанищ – божа, рагIанищ – ургъе. 

Бихьараб гурони, бицунге, битIараб гурелде мугъ чIваге. 

Бихьараб хIехьезейила бихьинчиясе яхI кьун бугеб. 

Бихьаралъуб бихьараб те, батаралъуб батараб те.

Цо нухлулав кканила гудраца ккураб залимаб борхьида тIаде. Гьесда борохь гьардон буго, жиб хвасар гьабуни, жинца дуе кIудияб лъикIлъи гьабилилан. Гьелъул рагIабазда божарав нухлулас гудур ричIун буго. ГьебсагIатго борхьица гьесда гьикъун буго:   жинца дур ракIищила кваналеб, тIулищила?

Нухлулав вихханила, лъикIлъиялда данде квешлъийищин гьабизе кколебан гьикъанила.

- Уха! – ян абунила борхьица. – ЛъикIлъи гьабурасе квешлъи гьаби буго гIадамил лъимадул хасият. Нужееги гьедин гьабизе ккола.

Гурилан нухлулав чIанила, уйилан борохь чIанила. Ахирги хIукму кканила бищун цебе батараб лъабго рухIчIаголъиялда гьикъизе.

Батанила тIоцебе хIама.Гьеб борхьил рахъалда чIанила. Гьабураб лъикIлъиялда  данде лъикIлъияли киса гурин гIадамаз гьабулеб, гьойда цебе рехун гурони,  херлъизегIан  жидее хIалтIараб хIамил гьанцин кунарилан абунила гьелъ.

Рилълъанила дагьалги. Батанила гьой. Гьебги борхьил рахъалда чIанила. ХерлъизегIан жидер азбар-къоноги гIи-боцIиги цIунулеб жиб тIарамагъада бачун кьурса гъоркье рехулилан абунила гьелъги.

Дагьалги рилълъанила. Батанила цер. Гьелъ абунила: 

- Дида рекIехъе хIукму къотIизе лъаларо. Гьединлъидал нужеда гьоркьоб ккараб жо бетIералдасан бихьизабе.

Рилълъанила гьал тIад руссун. Борохь ккезабунила гудракье. Нухлулас бихьизабунила живго тIаде ккараб куц.

- Бихьаралъуб бихьараб те, батаралъуб  батараб те, – янги абун,  цараца нух босанила. 

 

Бихьарасда гIадин рагIарасда лъалареб.

Бихьарасда гIемер лъала, цIаларасда цIикIкIун лъала.

Бихьарасда дуниял лъала, цIаларасда гIелму лъала. 

Бихьарасда рагIарас бицунареб. 

Бихьарасе гуребила чан букIунеб, чIварасейила.

Бихьарасул рагIи рагIарас гьереси гьабуге. 

Бихьизе квешаб букIа абе,батизе лъикIаб бугони. 

Бихьизе лага гурей, балагьизе куц гурей. 

Бихьизейилан чияхъе ярагъги  кьогейила, цIунизейилан дибирасухъе гIарацги кьогейила.

Бихьиларилан цIогьги гьабуге,  рагIиларилан рагIиги бицунге. 

Бихьинав тIарцIасдасаги цIунаги, цIуяй керчалдасаги цIунаги. 

(Бихьинал керчал лъикIал, руччаби тIарцIал лъикIал). 

Бихьинал – ЦIороре, цIуял – ЛъаргIире,  цIохIамил рачIги ккун, дир рос – рохьове. 

Бихьинасе цIцIе гурев, цIуясе дегIен гурев.

БихьинмахIай чIужугIаданалдасаги  цIунаги, цIумахIав бихьинчиясдасаги цIунаги. 

Бихьинчи ватани, бихьинчи гIадин вукIа, ватичIони, чIинчIу чIвай. 

Бихьинчи вокьулев кьурун михъ ккурав, 

Кьурдухъан вокьулев, свери гIатIидав. 

Бихьинчи ворцунеб роцен – чIужугIаданалдехун бугеб бербалагьийила.

Бихьинчи хьулхьудуларев.

Бихьинчийилан кьалда холарев, чIужугIаданилан къинлъукье холарев. 

Бихьинчилъи къо ккедалила лъалеб.  

Бихьинчилъиялъеги жиндирго бакI букIунеб.

Бихьинчиян абун, кьалдаги хвечIев, чIужугIадан абун, рокъовги хвечIев. 

Бихьинчияс бихьинчилъи я хIамалъун кьололареб, я чулъун рекIунареб. 

Бихьинчияс кванда цIар чIвалареб.

Бихьинчиясе балъ – чIужу ячин, чIужуялъе балъ – лъимер гьаби. 

Бихьинчиясул гIакълуялдаса къоролалъул сихIру бергьунеб.

Бихьинчиясул къисмат жиндихъгойила букIунеб.

Бихьинчиясул рагIи жиндаго барабила.

Бихьинчиясул чехь рачлида гъокь букIине кколеб. 

Бихьинчиясул ярагъ – ханжарила, хIалихьатил ярагъ – туманкIила.

Бихьинчиясул яхI гурони, жужахIалъул цIеца бухIулареб жо гьечIебила.

БихьичIесда  бихьаги,  рагIичIесда рагIаги.

БихьичIесда бихьаги, рохьдомухъалъ билълъаги. 

БихьичIесда къо бихьани, къадги чирахъ бакулеб.

БихьичIого лъаларебила.

БихьичIого чIамуге, чIамичIого къулчIуге. 

Бихьугегиян ккараб бихьугеги, бачIунгегиян ккараб бачIунгеги. 

Бихьулареб щайтIаналдаса хIинкъуге, бихьулеб щайтIаналдаса хIинкъа. 

Бихьулеб гьечIони, борхалъуде ваха, бичIчIулеб гьечIони, лъалесда гьикъе.

Бихьун-бихьун гурищила жо лъалебан абулебила царацаги. 

Бихьун-бихьунин жо лъалеб, хIалтIуда тIадин гьунар бижулеб.

Бихьун дуниял лъала, цIалун гIелму лъала. 

Бихьун лъаралда жо релълъунаро.

Бихьун цIодорлъулел, батун бечелъулел. 

БихьунгутIи  гурони, хIехьонгутIи гьечIебила. 

Бица-бицаралда божулев чи – гьорол къоялъ хIелкил рачI гIадав чи.

БицанагIан рагIи, бухъанагIан ракь.

Бицараб унтуларев, абураб бичIчIуларев.

Бицарасе – цо баркала, вуцIцIун чIарасе – кIиго баркала.

Бицен кьарияб, кьей хIалакъаб.

Бицен нилъее бугила, бижи азие бугила.

Бициндал тIекъав лъала, вилълъиндал рекъав лъала.

Бицине гIедегIуге, гIенеккизе ругьунлъе.

Бицине лъаларев мун гуро, мун лъаларев дун гуро. 

Бицине лъачIони, къадиги хваги, къотIизе лъачIони, дибирги хваги.

БицинегIан рагIи – дур кверщаликь, бицун хадуб – мун рагIул кверщаликь.

Бицун рагIи  хварав гьудуласдаса гьардезе вачIарав гьардохъанго лъикI.

Бицунареб гьикъуге, гьикъулареб бицунге.

Бицунеб мацI бихьун гуревила чи вокьизе кколев, гIамал-хасият бихьунила. 

Бицунеб рагIудасан гуревила чи лъалев, гьабулеб хIалтIудасанила.

Бицунеб рагIудаса гIакълу цебе ккезабе (гIакълу - цебе, ццин - нахъе).

Бицунелъухъ гурелила, гьабулелъухъила ралагьизе кколел.

Бичана – гьоркьоб ана, нахъе лъуна – батана. 

Бичараб чиярлъула. 

Бичараб жо – бортараб жо, босараб жо – батараб жо. 

Бичас биччан батани.

Щибниги гьабилалде, гьабулеб данде билълъине хьулалда, магIарулаз абула гьал рагIаби.

Хасел чIун сордоялъ, цIеда хьагги лъун, бакьги тIамун, хинкIал гьарулей йикIун йиго лъади. Вакъун рокъове щварав, цIураб гьанал берцинаб махIалъ хьуликъвачIа балъаргъарав росас хьагиниса хинкIал рахъулей чIужуялда абун буго: «Огь, баркаман, цIураб гьанал махI! Кваналаха къаси чехь бихъизегIан!»

Лъадуца абун буго: «Бичас биччан батаниянгIаги абеха, бетIерчIахъад!» Росас жаваб кьун буго: «Валлагь, бичас бичаниги кваналаха дица дирго гъасда гьанги хинкIалги, биччачIониги кванала!»

Лъадуца квен цебе лъолаго, кIутIун буго нуцIида. Жанире лъугьун рачIун руго милициялъул хIалтIухъаби. Лъазабун буго лъалхъичIого жидеда цадахъ вилъине хIадурлъи гьабеян. Рукъалъул бетIергьанасе гьарун буго: нужги гIодор чIайила, дагьабниги жо кIалдиб лъезе жиндиеги рес кьейилан. Милициялъулаз, рекIеда ватизе течIого, кверазда маххалги ран, гьев цеве къотIун вуго…

Анкьго сонги туснахъалда бан, рокъове тIад вуссарав гьес радакь нуцIида кIутIун буго:

- Мун щив?! – ан гьикъун буго хIинкъун тIаде яхъарай лъадуца.

- Бичас биччани, дун ВахIамад вуго, бичас биччани, анкьабго сонги nуснахъалда бан, рокъове вачIунев вуго, - ян жаваб кьун буго росас.

Бичас кьурасул кьер батIияб букIунеб.

Бичейилан абураб бичун лъикIаб, босейилан абураб босун лъикIаб.

Бичизе ккедал хур квешаб, йиччазе къваригIараб мехалъ чIужу квешай. 

Бичулеб жоялда тIад ратIал гьанал чIвани, томен тIокIаб щолеб.

Бичулеб жоялъе босулев чи камуларев.

Бичун гIагарлъи чияца босулареб

Бичун нух босуге, боцIи кьун, кьал босуге. 

Биччáни, къандалъойила гIадамасул чехь, къани, бадакойила.

Биччаралъе бакъ камулареб, бакъваралъе цIад камулареб.

БичIчIи – гIовуд, гIакълу – санад.

БичIчIукъав чиясда жо бичIчIизабизегIан, ГIакаро мегIер борлъизе бигьаяб.

БичIчIуларесе лъикIлъи гьабуларебила.

БичIчIулев чиясда цоцIул абуниги бичIчIулеб, цоцIул абун бичIчIуларесда нусцIул абуниги бичIчIулареб.

Бица-бицаралда хадув вилълъунге, цIара-цIаралъуве унге.

БицанагIан – рагIи, бухъанагIан – ракь (бицун рагIи лъугIулареб, бухъун ракь лъугIулареб).

Бицани, бабалабги, бицани, дадалабги.

Бицанщинаб рагIиги батулареб, хIамагIанаб бацIги букIунареб.

Бицараб ургьибе биччачIев, абуралде гIин тIамичIев.

Бицатаб рагъалдаса тIеренаб рекъел лъикIаб.

Бицен гIемералдаса гIемер жо лъай лъикI.

Бициндал тIекъав лъала, вилълъиндал рекъав лъала.

Бицине бегьулареб жо гьабичIого те. 

Бицине бигьа буго – Ибрагьимие захIмат буго.

Бицине бигьаяб, гьабизе захIматаб.

Бицине вортуге, гьабизе ворта.

Бицине гьунар гурев, гьабизе махщел гурев. 

Бицине нечараб гьабуге, гьикъизе намусаб ургъуге.

Бицине нечоларев гьабизеги нечоларев.

Бицинеги лъазе ккола.

Бицинеги лъай, чIезеги лъай.

БицинегIан рагIи – дур кверщаликь, бицун хадуб – мун рагIул кверщаликь.

Бицинесеб тарав, тезесеб бицарав.

БицинчIого гIолареб гьересиги букIунеб, гьабичIого гIолареб хIиллаги букIунеб (Оцол багьаябги гьереси букIунеб).

Бицун араб рагIи – рехун араб чIор.

Бицун бахъунареб чIамучIаб хабар – чIаран бахъунареб рачI халатаб хур.

Бицун божичIев бихьун божаги.

Бицун кантIуларев бихьун кантIулев.

Бицун рагIи хварав гьудуласдаса гьардезе хьвадулев хьиндалавго лъикI.

Бицун тараб жо гьороца унеб, хъван тараб жо нахъе хутIулеб.

Бицунареб гьикъуге, гьикъулареб бицунге.

Бицунге хабар, тIаде чи вачIингун къотIизе толеб.

Бицунеб мехалъ – гьоцIо, гьекъолеб мехалъ  – загьру.

Бицунев –  гIабдал, гIин тIамулев – цIодор.

Бицунев гIадалав вугониги, гIин тIамулев цIодорав вукIине ккола.

Бицунел гIемерлъун, гIамал гьабулел дагьлъугеги.

Бицухъе букIунеб гъаримаб рагIи – гъуралъуб букIунеб  бахьинаб кьегIер. 

Бищалъ рекъечIого, хъирщалъе ккана.

Бищун берцинаб жоялда байилан кьураб цIумур хIамица жиндирго кIартида барабила.

Бищун вокъуларесда ракьандаса гIус бихьейила.

Бищун гьуинабги – мацI, бищун кьогIабги – мацI.

Цогидал халкъаздаго гIадин, гьаб бицен аваразда гьоркьобги тIибитIараб буго. “ГьоцIо бессулебги – кIал, берсен лагIулебги – кIал” гIадал варианталги руго.

Ханас вазирасда тIад къарабила жиндие бищунго гьуинабги бищунго кьогIабги квен босун вачIаян. КIиябго нухалда вазирас босун бачIарабила цого бежараб мацI.

- Гьабго щиб, гьуинабги цого жо, кьогIабги цого жо? – ян ханас гьикъараб мехалъ, гIакъилав вазирас гьадаб жаваб кьурабила.

 

Бищун гIадамазе гIодовегIанав чи – гIагараб халкъалъе хилиплъарав чи.

– Бищун дуда рихараб жо? 

–  ШайтIан. 

– Хадуб дуда рихараб жо? 

– Росас  малъараб гьабуларей чIужу.

Бищун квачараб къоялъила хIама къинлъулеб.

Бищун квешаб мех – рослъи чIужуялъ гьабизе  лъугьараб мех.

Бищун квешав тушман – цеве вукIарав гьудул.

Бищун къваригIунеб жо ками ккараб мехалъила лъалеб (къваригIараб мехалъ хIажатаб батуларебила).

Бищун кIудияб бергьенлъи – жиндаго тIад босараб бергьенлъийила.

Бищун кIудияб бечелъи – сахлъийила, бищун кIудияб рохел – рокьийила, бищун кIудияб тIалихI – лъималаздаса рохун хутIийила.

Бищун кIудияб гъалатI – хьулкъотIийила.

Бищун кIудияб гIакъиллъи гIадатлъиялъул тIиндайила букIунеб.

Бищун кIудияб мунагь – эбел-инсул адаб гьабунгутIи.

Бищун кIудияб талихI гьечIолъи – духъ гIенеккуларел лъимал лъугьин.

Бищун лебалаб ярагъ – къо ккедал кодоб бугеб ярагъ.

Бищун лъикIаб калам – кваназе рачIаян  аби.

«Бищун  лъикIав багьадур» – кьалде ккечIев Майиндур.

– Бищун лъикIав щивила? – Дие лъикIлъи гьабурав.

Бищун лъикIалъа хъирщарай, хъахIазулъа йищарай – бищун квешай ятарай.

Бищун хадув ккарасе – хераб гIакдал тIеренчехь.

Бищун халатаб жо – мацI, бищун чIухIараб жо – хIелеко.

Бищун хатIа гIемерав чи – бищун калам гIемерав чи.

Бищун хирияб хазина – яхI-намусила.

Бищун хIикматал хIаял гIумруялъулги къисматалъулгийила рукIунел.

Бищунго баркала гьечIеб хIалтIи – гьоркьохъанлъийила.

Бищунго бахIарчияв чи – ханасда цевеги битIараб бицун кIалъазе кIварав чи. 

– Бищунго бечедав чи?

– Сахлъи бугев чи.

– Гьесдасаги бечедав чи?

– Кверда махшел бугев чи.

Бищунго бигьаяб хIалтIийила хIама квегъиги кIвекьмахх чархида кквейги.

Бищунго бухIизабулеб цIал жамагIаталъулила.

Бищунго гьуинаб жо – макьу, бищунго кьогIаб жо – бокьулареб жо.

Бищунго гьуинаб хIухьел – лъимадул хIухьел, бищунго берцинаб калам – лъимадул калам.

Бищунго гIакъилав чи – бищунго гIадатав чи.

Бищунго гIакъилавги – гIадан, бищунго гIадалавги – гIадан.

Бищунго гIемер хIетIе тункулеб гамачI – жагьиллъийила.

Бищунго квешав гьудул – бечелъидал мун цIунулев, мискинлъидал мун рехун толев чи.

Бищунго квешав чи – хварав чи какулев чи.

Бищунго кутакав чи – жиндирго ццин къвинабизе кIолев чи.

Бищунго къабихIаб жо – живго жинцаго вецци, бищунго къадараб жо – жиндиего бокьулареб жо  чияе гьаби.

Бищунго кьарияб жо – рии,  бищунго бечедаб жо – хасалихълъи.

Бищунго лъикIав чи – балъголъи цIунулев чи.

Бищунго лъикIав чи – битIаралда битIарабилан, тIекъалда тIекъабилан абизе кIолев чи; бищунго нахъегIанаб  пиша – «училъи».

Бищунго лъикIав чи – хъизан-рукъ разияв чи.

Бищунго лъикIал ахихъаби – ракги лъимги.

Бищунго рахIатаб мех бугилан абурабила цараца, дида бахIриги бихьулареб, бахIриялда дунги бихьулареб  мех.

Бищунго рахIатаб мех – гIадамазулъ лъикI вугеб мех.

Бищунго рикIкIадаб сапаралъ унев чи – ункъабго бокIон битIарав гьудул валагьизе унев чи.

Бищунго рукъалъул хIал чIужуялда лъала, бищунго чIужуялъул хIал росасда лъала.

Бищунго талихI бугев чи – гIакълу бугев чи, бищунго талихI къарав чи – ахIмакъав чи.

Бищунго тIагIамаб квен – цадахъ квараб квен.

Бищунго халатаб жо мацIила, бищунго хехаб жо  ракIила.

Бищунго хIалалаб квен – гьоболгун цадахъ квараб квен, бищунго хIалалаб хIалтIи – хIилла гьечIеб даран.

Бищун хIалихьатаб хIайван хIамайила, бищун къадараб пихъ куракила, бищун къадарав чи вацасул йикIарай чIужу ячарав чийила.

НекIо ханзабазул гIадат букIун буго щиб-щибниги рахъалъ цоцазул хIалал рихьулеб. Цо нухалъ хунздерил ханас  хьиндалазул ханасде битIун буго гьадинаб ругьел: “Дуца  дие битIе, дур вилаяталда бугеб бищун къадараб хIайваналдаги лъун, бищун къадарав чиги хадув тIамун, бищун къадараб пихъ”.

Хьиндалазул ханас витIун вачIун вуго, куракул чIагьалги хIамида лъун, хварав вацасул йикIарай чIужу ячарав чи.

 

Бищунго цIакъавилан тарав вас къадарав лъугьаравила, къадаравилан тарав лъикIав лъугьаравила.

Бищунго чиясе захIматаб жо – живго жиндаго вичIчIизеги жиндир балъголъи  чиядаса бахчизеги.

Бищунго чIухIараб жоги – хIелеко, бищунго яхI бугеб жоги – хIелеко.

Бо балагьун, кванарав, бо балагьун, вилълъулев.

Бобихх.

Богол рагI – ризаб жо.

Богун вагъарав хехго къола, гIемер вагъулев дагьавги хехго къола.

БогIое вагьарав, гIатIае ворлъарав.

БогIол агIа гьабурай, гIатIал мама гьабурай.

БогIол мугьгIан цоясе вокьани, гьалил мугьгIан цогиясеги вокьулев.

БогIол цIураб царгъидеги багеги цIер.

БогIол рокьи букIунеб, кьовул божи букIунеб.

БогIоллъиялъул парччахI – ролъ, яваналъул парччахI – рахь.

БогIоца мехтарав вигьунарев, чIагIдаца мехтарав вигьунев.

Боде бачIинчIеб росдаде бачIунгеги, росдаде бачIинчIеб рукъалде бачIунгеги.

Бодул ургъел – Шамхаласе, дадил  ургъел – гIоркь ккурасе.

Бодулъ гIабдал камуларев.

– Божа, божа, къоролай, дурго къвачIаги ххинин. 

– Божиларо, гьабигьан, хIурул цIураб магжида.

Божаравги хваги, щакдараравги хваги.

Божи бугеб магIардайила хIамил гIундул хутIарал.

Божи гьечIеб рекъелалдаса хьул къотIараб кьал лъикIаб.

Божилъиги гьудуллъиги – къураб бергьинегIан букIунеб жо.

БожударекIкI гьабуге, батулареб бицунге.

БожударекIкI гьабуге, гьерсиде речче тIоге.

Боз босизе рес гьечIеб мехалъ, дарай босизе лъугьунге.

Бозида дарайдул рукъиги баге, дараялда бозил рукъиги баге.

Бокьа-бокьараб гьабунила хIамил гIундул халалъарал.

Бокьа-бокьарасе бокьараб щваги, диего йокьарай диеги щваги!

Бокьалъул мокъида гIанкIу къвакъвадун, хIелкица гIегIеди жибго теларо.

Бокьани – гIагарлъе, гIечIони – рикIкIалъе.

Бокьани квенги тезе кIолеб, бокьанщинаб гьабулеб бугони, щибго тезе кIолареб.

Бокьани лъаларебги кIоларебги жо букIунареб.

Бокьани цебе къотIун билълъинабила дуниял, бокьани хадуб цIан бачIинабила. 

Бокьани цIиркъги вугила дун, бокьани гIанкIги вугила. 

Бокьанщинаб лъиейила щвараб, мурадалде щун, щивила хварав.

ГIанкIихIасаница хIалтIухъанасе кванда цадахъ цо стакан  чагъиралъулги кьун буго. Гьелъ жиндие кеп гьабичIев хIалтIухъанас ГIанкIихIасанида абун буго цоги стакан чагъиралъул кьуни бокьилаанилан.

ХIасаница гьесие жаваб кьун буго: “Дуеяли дир РахIматги йокьила. Бокьанщинаб лъие щвараб, мурадалде щун, щив хварав?” – ан.

 

Бокьараб гурони, рагIуларебила.

Бокьараб кьуру биххизе кIолебила рагIуда.

Бокьараб щвечIони, щваралда ракI рази гьабе.

Бокьарабщинаб гьабуни, бокьуларебщинаб тIаде бачIунеб. 

Бокьарас гьетIун бице, бокьарас битIун бице, амма битIараб бице.

Бокьизеяли гIемер жо бокьила, амма  гIорхъиги лъазе ккола.

Бокьоб гIачIар гIадинан, гIергIедулев вукIунев,

ГIиялъ цIцIелжо кинигин, ээдулев вукIунев.

Бокьобе гъечIеб гIи къватIибе бачIунареб.

Бокьоса къватIиве вачIун, къориниве лъугьунге.

Бокьулареб жоялъе инсан гIинкъавги вукIуневила, беццавги вукIуневила.

Бокьуларого гьабулеб хIалтIи гIазабила, бокьун гьабулеб хIалтIи рохелила.

Нухлуласда хIалтIулел гIадамал рихьанила. Гьез кверзул гьаказ гьецIо баччулеб бугоанила. Цояс, къулизеги къулун, расги бокьуларого, цIалеб букIанила гьоко. КIиабилесул куц букIанила борхьазул цIураб гьоко цIалев чиясул гIадин. Лъабабилев цIакъ гъираялда хIалтIулев вукIанила, гьес кечIгицин ахIулеб букIанила.

Нухлулас гьезда гьикъанила:

- Нужеца щиб гьабулеб бугеб?

- Дуда бихьуларогойищ бугеб? Гьоко цIалеб  буго!  –  ян абунила ццидахунаго цояс.

- Чадие гIоло хIалтIулев вуго, – ян абунила кIиабилес.

- КIалгIа балев вуго! КIалгIа! – ян абунила разиго лъабабилес.

Бокьулеб бакIалде нух къокъаб.

Бокьулеб жоялъе чагъана бокьараб хъвала, бокьулареб жоялъе багьана бокьараб батула.

Бокьулеб жоялъул гIунгутIи тIокIлъилъун бихьулебила; бокьулареб жоялъул тIокIлъи гIунгутIилъун бихьулебила.

Бокьун босани, бакIаб гьирги тIутIлъулеб, бокьун гьечIони, тIутIабги бакIлъулеб.

Бокьун босараб кьал бугин, кьурун хIехье, тамахав.

Бокьун гурони, кьезе ккогеги, кьураб гурони, квине ккогеги.

Бокьун гьабуни, гьабизе кIолареб жо букIунареб.

Бокьун кваналаресда кванаян хIалги гьабуге,  бокьун хIалтIуларев хIалтIизеги вачунге.

Бокьун квараб кваница зарал гьабулареб.

Бокьун кодобе босараб ишалъул устар вахъунев.

Бокьунищила хIамида хIучч бахъулеб.

БокIнида лъурав вугониги, рос вукIун лъикI, бусада лъурай йигониги, лъади йикIун лъикI.

Бол бетIерасе мутIигIлъичIони, бодуе талихI кьолареб.

 Бол хабар бицарав бод вухIаги.

Болъ гIабдал камуларев.

Болъ хвайила, болъ вахъайила.

Болъонида божун, бокь хIорго хутIарабила. 

Болъонида релълъа абе, гьудул гьудул вуго; Камалил Баширидаса берцинав вукIагIаги, тушман тушман вуго.

Болъонидаги кIодоян абейила.

Болъоние хIарщ камулареб.

Болъонилгун гьудуллъи ккурав гьебгун цадахъ хIарщулъ гевегахъдизеги кколевила.

Болъоница хур кванан, хIамил гIундул чухIун (Боца квараб гьалихур диде бецIизе ккараб).

Боржине ккани – варани, хIалтIизе ккани – хIинчI.

ВаранихIинчIалда абурабила боржайилан. Гьеб чIарабила жиб варани бугилан. Гьедин батани, хIалтIеян абурабила гьелда. Гьанже жиб хIинчI бугилан чIарабила гьеб. 

Гьаб кици рехула, щиб багьана батунги, хIалтIичIого чIезе гIамал гьабулев чиясде.

 

Борта! – ян гьойда абун, гьа! – ян гIанкIида абун.

БортичIеб – гъотIода, гъараб – чIарбида.

Бортун унеб генуда гебегун унеб гIеч белъараб.

Борхалъуде вахун, гIакIа ахIе, борхалъуде вахун, мунго вихьизавуге.

Борхатаб магIарда гьури кколаро, берцинай ясалда гъвел камуларо.

Борхатаб мегIер рикIкIадасанго бихьула, бахIарчиясул цIар кибего рагIула.

БорхатIа биччараб гьобо гIадинги вукIунге, тIехI бухараб гъвала гIадинги вукIунге.

БорхатIа биччараб гьобо гIадин.

Борхьидаса рорчIула, мацIидаса рорчIуларо.

БорхьикартIинибе квер бегьуге.

Борхьил аздагьо гьабуге, гьалил михир гьабуге. 

Борхьил бетIер аздагьо лъугьиналде чIинтIе.

Борхьил хечалдаса мацIихъанасул мацI квешаб. 

Борхьилаб ххенон, харилаб бицун

Борхьихъего щурщудулевила мацIихъан, царахъего гаргадулевила мацIихъан.

Борхьица борхьида хIанчIулареб.

Босана – бергьана, бичана – къуна.

Босарав бечелъулев, бичарав мискинлъулев.

Босаралъуб – босараб, батаралъуб – батараб.

Босизе ккараб тарай, тезе ккараб босарай.

Босизе чIухIуларел, щвезабизе чIухIулел.

Босизеги босе, кьезеги кIочон тоге.

Босизеги лъай, кьезеги  лъай.

Босуларесда малъуге, бичIчIуларесда бицунге.

Боснов вегун хвараб хвелги хвелищила.

Боснор ккаразул хIурмат дагьаз гьабула. 

Босуларесда малъуге, батуларелъуб бахчуге.

БотIил чIор гIадин унеб жоги – рагIийила, чIорил хеч гIадин къалеб жоги – рагIийила.

БотIрода лъезе тажалдаса гъоркь лъезе бакIго лъикIила.

БотIрода хъурайсин лъунилан гIабдал цIодорлъиларо.

БотIрода нацI кIотинегIан гьекъарав. 

БотIроца вихьизавун бажаруларес тIогъроца вихьизавизе жигар бахъулебила.

Бох бекараб цIцIеялтIе рицIигъветI бегарабила.

Бох тIамилилан чIужу, бох гурони тIамиларилан рос. 

Бохдул хIадур рукIаго, чIел босунгутIи – чол гIайиб; чорхол ихтияр жиндихъго букIаго, къадру хвезе тей  – чиясул гIайиб. 

Бохъ ралагьун, чохъ ралагьунила рагъизе кколел.

БоцIи балагье – херлъилалде, лъай балагье – хвезегIан.

БоцIи балагьуге, гьудул валагье. 

БоцIи балагьулаго, мунго вилизе вукIунге. 

БоцIи бахIарчиясул хIатIикь букIунеб жойила.

БоцIи боцIуца гьабулеб, гIарац гIарцуца гьабулеб.

БоцIи бугев чийилан чи гуресе яс кьоге.

БоцIи гьабуни – яхIгьечI, гьабичIого тани – хIалихьат.

БоцIи гьечIеб хуралдасаги цIунаги, хур гьечIеб боцIиялдасаги цIунаги. 

БоцIи гIемерав гурев бечедав,  гIамал лъикIавин бечедав. 

БоцIи гIун хварав чи лъугьинчIевила. 

БоцIи кисаян абурав – гIасияв, рикъзи кисаян абурав – капурав. 

БоцIи къваригIунеб лъабго къоялъ: гIураб къоялъги, гьобол вачIараб къоялъги, хвараб къоялъги. 

БоцIи кьун, боцIи босе. 

БоцIи кьун, кьал босуге, кьурулъ газа кьабуге.

БоцIи-рикъзи чияе кьеги, чорхое сахлъи дие кьеги. 

БоцIи рихарав сахаватги вукIунарев, рухI рихарав багьадурги вукIунарев. 

БоцIи хириясе живго учузав.

БоцIи хIалалаб кьеги. 

БоцIи цIикIкIаралдаса яс гIакълу цIикIкIарай лъикIай. 

БоцIолъго вегарав рогьалилъ вахъунев.

 БоцIуда гьоркьове ккечIого, чи лъаларев. 

БоцIуда къвал баларо, къаркъалаялда гурони. 

БоцIудалъун гуккизеги вукIунге, кIолареб гьир черхалдаги баччизабуге. 

БоцIудаса чIухIуге, чияр гьумер бухIуге.

БоцIуе гьабулеб лагълъиялдасанила гIадамазулъ гIузраби рижулел.

БоцIуе гIей гьечIеб, хьулалъе рагIа-ракьан гьечIеб. 

БоцIул бечелъи чияе кьеги, чорхолъ витIи дие кьеги.

БоцIул квешлъи – хIалакълъи, хIамил квешлъи – гIин дали.

БоцIул хьон – рагIийила, гIакдал рахь – руссунила. 

БоцIул хIисаб цIаге, хIара босе. 

БоцIухъ гIумру бичарав, чадихъ намус бичарав. 

БоцIуца бер бахъулареб.

БоцIуца веццаруге, гIакълуялъ веццаре.

БоцIуца мехтарав вигьунаревила, гьакълица мехтарав вигьуневила.

Бубае чехь биччарав, чияр чурпа хирияв. 

Бугеб гурони, гьечIеб кьолареб. 

Бугеб гурони, кьезе кколареб, кьураб гурони, квине кколареб. 

Бугеб гурони, хулжиниб лъоларебила. 

Бугеб гьечIолъарай, гьечIеб буголъарай.

Бугеб кьвагьараб кьалда лъикIаб, бугеб кьураб гьоболасе лъикIаб. 

Бугеб кьечIони, дунги хваги, кьураб квинчIони, мунги хваги. 

Бугеб мехалъ – гьайт, гьечIеб мехалъ – вай.

Бугеб мехалъ – гьойхъего, гьечIеб мехалъ – бацIихъего.

Бугеб тIех – гьечIеб нах.

Бугелда баракат лъеги. 

Бугелда гIей гьабе. 

Бугелда разияв – бечедав, чияде хьулав – мискинав. 

Бугелда ракI рази гьабе, гьечIелде хьулхьудуге.

Бугелда ракI рази гьабе, гьоболасда рекъон хьваде. 

Бугелъул къимат гьабуларел хадур гIодизе кколелила.

Бугес боцIи, гьечIес налъийила лъималазе ирсалъе толеб жо. 

Бугесда бугеб абунила Малла Насрудин гIадамазда рихарав. 

Буго тIимугъ хIулараб, босиларо дур рагIи. 

Буголъани, кьола, кьаралъани, тIинкIула. 

Буголъи баккарулеб, гьечIолъи бахчарулеб. 

Буголъиялъул гохI – яхIалъул захIмат, гьечIолъиялъул кIкIал – кIвахIалъул рахIат.

Бугони – гьойхъего, гьечIони – бацIихъего.

Бугони щарги чIвала, щванани чиги чIвала. 

Бугъа кIанцIизе кватIани, гIака кIанцIулебила. 

Бугъагун багъун, гъвала гъвалдаде бахинаро, лъаргIибе ун, цIихъваоц, цIар босун, буссинаро. 

Бугъагун бан, гъвала билълъунаро, оцгун бан, гIака рекъоларо.

Бугъие бугъа камулареб, чиясе чи камуларев. 

Авар гIурул рагIалда, бецIал гъарцIалъ къайиги чIван, гъарачилъи гьабулев вукIаравила Квешав Къади. Гьес нухлулазде ахIулеб букIун буго: “Воре, Квешав Къади вачIунев вуго! ГIодоб лъе кодоб бугеб къайи-къоно!” ХIинкъарал нухлулал, гIодоб къайиги лъун, унел рукIун руго.

Цо нухалъ гьелго рагIабаздалъун гьас хIинкъи кьун буго цо нухлуласе.

- Дудаги рагIун ватила Квешав Хъвата! Гьев Квешав Къадил лъикIав Къади гьавила дица! Бихьинчи ватани, вачIа цеве! – ян ахIанила нухлулас.

ХIинкъанила хъачагъ гьедигIан бахIарчияв нухлуласукьа. ВахъинчIила гьев гъарцIалъа къватIиве.

- Бугъие бугъа камулареблъи бичIчIун батила дуда! – ян гьесдеги ахIун, нухлулав жиндирго нухда анила. 

 

Бугъил лълъаралдаса цIуне, чол малалдаса цIуне, квешав чиясул кинабго рахъалдаса цIуне.

Бугъил ракI лъураб тIехI бараб бече.

Бугъица абурабила гIонкIкIол бадиб бугебщинаб тIатIийилан.

Бугьараб мегIералдасаги цIунаги, чIужугIаданалъул бахIарчилъиялдасаги цIунаги. 

Бугьтан лъей гIайиб батани, бугьтан лъеледухъ хьвадиги гIайиб буго.

Бугьтан ритIухълъулареб, гьереси тIатинчIого хутIулареб. 

БугIа бекьана, неха бижана!

БугIа бугони, гьобо камиларо, вас вугони, чIужу камиларо.

БугIа хвараб хур бижугеги, чIахъен хварав вас лъугьунгеги (бугIа хвараб чагIа лъугьунгеги, чIахъен хварав вас лъугьунгеги).

БугIа хIурулъ бекье, ролъ хIарщулъ бекье.

Будунзаби, дибирзаби – дунялалъул сихIирзаби.

Букараралъубе квер хехаб, ракI щваралъубе хIетI хехаб. 

– Букъарав щив? – ЛъутIарав хвад!

Букъизе гIедегIана – гIагал къокъаб лъугьана.

БукIана – ана, хвана – лъугIана.

БукIаниги кIваричIоанила хасел, их бачIарабго, нахъе  ине лъалебани.

БукIараб квеш, ккараб лъикI.

БукIараб лъикI, ккараб квеш!

БукIаралдаса бугеб лъикIаб.

БукIаралъул бицун, веццаруге, жакъа бугелъул бице. 

БукIинарилан ккарабги букIине бегьулеб, бачIинарилан ккарабги бачIине бегьулеб.

Буртинадул гIощтIоца гIурул хоно бекулареб. 

Буртинадул хвалчаца рохьоб гъветI къотIиларо, накIкIил цIулал квартица гIурул хоно бекиларо.

Бурулъ чIагIаги чIвавулъ квасги квешав росасда бихьуларебила.

Бусада гIодобе биччараб хIетIе сабаблъунги кколебила рос-лъадиялда гьоркьоб дагIба.

Бусалъ гуребила макьу къотIулеб.

Бусен цIилъани, ракI цIилъулеб.

Бусурбабаз кваназе капуразеги бижагийила.

Гьаб гуро бусурбанлъи-капурлъиялъул бицунеб кици. Бусурбабаз гьабулеб буго гIакъилаб анищ: гьарзалъи кибго тIибитIаги, бусурбабазул хур хвани, капурзабазул тIокIлъарабгIаги щвелилан.

 

Бусурбанасе кумек гурев, капурасе зарал гурев. 

Бусурбанлъун как гурев, капуравлъун хъанч гурев. 

Бухун махх гуреб, биххун ханжар гуреб. 

Бухун маххуе гурев, бацIун хонжрое гурев. 

Бухун хIамил чу лъугьунареб, чурун болъон бацIцIалъулареб. 

Бухъулаго квараб къвали – корохъго тIагIараб мугь.

Бухьаралъусайила рухьен тIолеб.

Бухьун багъизабулеб гьой гIадин.

Бухьун гамущ чIолареб, галан лъун, гIор чIолареб. 

Бухьун хIамил рачI чIолареб.

БухIараб бакълъиги бакъвараб хьонлъиги (рос-лъадуде).

БухIараб кьечIони, бокьараб щолареб.

БухIараб цIорозабулебги – кIал, цIорораб хинлъизабулебги – кIал.

БухIаралъусайила къехь тIолеб. 

БухIаяб кIиго рагIи, кIалдисан боржун араб, кIинусго месед кьунги нахъе босе кIолареб.

БухIилаго кванаге, квандеги пударуге.

БухIизе кули гурев, кваназе мархьу гурев. 

БухIун гIадат билълъараб цIул, къотIун гIадат билълъараб нус.

БухIунлъеца гIатI буцарай, гIетIунлъелъе хинкIал рарай.

Буцун кьураб гIечIого, кIалдибги лъелищ?

БуцIцIа, кIал! БуцIцIа, кIал! БуцIцIинчIони, борта, зар!

БуцIцIун чIараб кIалалъе – кIиго бутIа. 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби