ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Доклад "Авар мацlалъул ва литератураялъул дарсазда цlиял технологиял хlалтlизари".

Джамалова Э. Н.,

МБОУ «Лицей № 8» г. Махачкала.

 

Авар мацlалъул ва литератураялъул дарсазда цlиял технологиял хlалтlизари.

«Мацl лъачlого, кечl гьаби,

лъим лъачlого, гlурулъе лъугьин»

Расул Хlамзатов

   Кинабха букlине кколеб жакъасеб магlарул мацlалъул дарс? Дарс бачунеб къагlидаги, дарсил гlуцlиги, тlалабалги - гьел батlиял ругищ гьанже?

   Хlакъаб жо, лъабабго мурад тlубазаби - лъай кьеялъул, цебе тlезабиялъул ва тарбия кьеялъул - чара гьечlого къваригlунеб рахъ буго дарсил. Амма нилъер заманалда дарс бичlчlизабизе ккани, батlи-батlиял къагlидаби ралагьизе кколел руго. Гьанже раккарал цlи-цlиял алатазда, гьарулел ругел хиса-басиязда рекъон, дарсил гlуцlиги хисизабизе кколеб буго. . [4, С. 14]

   Цохlониги учитель вукlунаро жиндирго дарс квеш ине бокьулев. Щивасе бокьула лъай кьеялъул рахъ цlалдохъабазул гъира бижизабулеб, ракl базабулеблъун гьабизе. Лъимал ургъизе тlами бараб буго гьесда сверухъ ругел шартlазда, гьев гъираялда хlалтlулеб сверухълъиялда. [2, С. 4]

   Гьанже ругел лъималазе гlемерисезе ургъизе бокьулеб гьечlо. Гьел ругьунлъун руго, кнопкаялда килищги цун, къваригlарал баянал бигьаго интернеталдаса росизе. Къо бихьун, захlмалъи лъан, жалго хlалтlун, хlасилал гьарун босараб лъаялъукье бахунеб жо щибха букlинеб? Хасго шагьаралъул школазда, дагьал гурони авар мацlалъе сагlталги рихьизарун гьечlеб мехалъ, киналго лъималазул пикру дарсиде буссинабизе ккани, учителасе рес гьечlо цlиял алатал хlалтlизаричlого. Цlалдохъанас лъай боси, цlалул захlматалде гьев куцай, жиндаго лъачlого хlалтlизе тlами, кlвар кьун гlенеккизе лъай бараб буго, учителас цlиял къагlидабаздаса пайдаги босун, дарс гlуцlиялда. Гьединлъидал цlиял алатазул кумекалдалъун школазда авар мацl ва адабият малъи - гьеб ккола гьанже заманалда кlвар бугеб суаллъун. Гьез лъималазул гъира базабулеб буго дарсида хlалтlизе, щивас жиндирго пикру рагьизе, гьезул гьунарал лъазе. 

   Цlиял алатал хlалтlизарулаго учителасда цере чlарал масъалаби ккола:

   1. Авар мацlалъул дарсазда лъималазул лъай борхизабизелъун компьютералъул программаби хlалтlизариялъул къагlидаби лъазари.

   2. Авар калам малъулаго интернеталдаса щиб къадаралда пайда босизе бегьулебали хlисаб-суал гьаби.

   3. Магlарул мацl малъулаго цlиял алатазул бугеб кlваралде пикру буссинаби.

   4. Цlиял къагlидабазул кумекалдалъун щибаб дарс гlуцlи.

   Цlиял технологиял хlалтlизариялъе кlвар буголъи ккола:

   - жалго жидедаго чlун хlалтlизе бажари;

   - лъималазул творческияб рахъ рагьизе рес щвей;

   - щибав цlалдохъанасул махщел, бажари бихьи;

   - ургъизе, жидерго пикру рагьизе ругьунлъи;

   - гъира гьечlого хlалтlулел лъималги жидедагоцин лъачlого хlалтlизе лъугьин.

   Цlиял технологияздаса пайдаги босун, авар мацl ва литература малъизе хlалтlизарула гьал хадур рехсарал къагlидаби:

   - цойгидал лъугьа - бахъиназулгун, баяназулгун бухьен гьаби;

   - пайда босизе текст букlин;

   - цо чанго цlалдохъан цолъун хlалтlулъе лъугьин, къецал гьари;

   - ургъун текстал гlуцlи;

   - аслиял рагlаби ралагьи;

   - гlадатияб гуреб къагlидаялъ тlадкъаял гьари.

   Нилъер предметалъул хаслъиги кьочlое босун, киналго гуро цlиял алатал хlалтlизарун бажарулел. Гьединлъидал чlей гьабизе бокьун буго компьютералъул технологиязда

   Учителасе компьютер ккола къваригlанщинаб материал жаниб батулеб сандукlлъун, гьесухъе материал босун бачlунеб иццлъун, берда бихьулеб пособиелъун, лъай борциналъул ва хадуб хал кквеялъул алатлъун. Гьелъ лъималазе дунялалъул хlакъикъат рагьула. Кумек гьабула гlумру батlияб бералдалъун бихьизе, лъугьуна батlи-батlиял тадбиразул, лъугьа-бахъиназул гlахьалчилъун. Хал-шал гьабиялъул баяназда рекъон, гlадамасда ракlалда чlола бицунеб рагlараб жоялъул 1/4 бутlа, бихьаралъул - 1/3 бутlа, бихьаралъулги рагlаралъулги цадахъ - 1/2 бутlа, живго цlалдохъан гъорлъе лъугьун цадахъ хlалтlулев вугони - 3/4 бутlа. 

   Дица компьютер дарсазда хlалтlизабула, битlун хъваялъул ва битlун ишараби лъеялъул лъималазул бажари ва гьунар цебетlезабизе. Проекторалъул кумекалдалъун доскаялде речlчlизарун гьарула текстал - диктантал. Цlалдохъабаз гьоркьор риччарал бакlазда данде кколел хlарпал яги лъалхъул ишараби лъезе ккола. 

   Литератураялъул дарсазда рихьизарурал текстазул яги кочlол мухъазул гьоркьор риччарал рагlаби хъвазе тlамула, автор вихьизавула. Кициялъул байбихьиялъе ахир ургъизе тlамула. ФГОСалъул тlалабазда рекъон, дарсида лъола проблемиял суалал, цlакъго кlвар кьола цlалдохъабаз жидерго пикру загьир гьабиялде, киналъулго хlасилалде жалго рачlинариялде. Дарсил букlаниги, лъазабулеб тексталъул, асаралъул букlаниги тема рагьулеб мехалъ, аслияб рагlиги батун, гьелда тlасан кечl  ургъизе тlамула. 

Масала:  Щумухъилаб кечl (синквейн)

Авар мацl.

Чlагояб, гlажаибаб.

Малъула, куцала, цере рачуна.

Цlуне, гьудул, дуца дурго рахьдал мацl.

Адабият.

1.мухъ - кьочlое бугеб рагlи – предметияб цlар босула. 

2 мухъ - сипат бихьизабулеб, аслияб магlна жанибе бачунеб кlиго прилагательное босула.

3 мухъ - гьабулеб иш бихьизабулеб, темаялъе данде кколеб 3 глагол ургъула.

4 мухъ – аслияб магlна жанибе бачунеб предлжение ургъула.

5 мухъ – тlоцебесеб мухъалъул предметияб цlаралда бухьараб, хlасил гьабулеб рагlи ургъула.

   Гьединал хlалтlабаз цlалдохъабазул мацl бечед гьабула, ругьунлъула бетlер хlалтlизабизе, цояб цоялда бухьинабун хlасил гьабизе. Гьедин бачунеб бугони, лъималазулги гъира бижула.

   Дарсида хасаб бакl ккола презентацияз. Гьел хlалтlизарула, лъимал жалго жидедаго чlун хlалтlизариялъул, щибав цlалдохъанасул лъаялъухъ халгьабиялъул мурадалда. Слайдаз цlакъ кумек гьабула цlияб дарс бицунеб бугониги, лъай гъварид гьабулеб бугониги, щибаб лъимералъе батlаго тlадкъай кьезелъунги.Тестазул кумекалдалъун рес щола хехго, заман хвечlого, якъинго цlалдохъабазул лъаялъухъ хал гьабизе. 

   Дарсазде лъималазул гъира базабизе пайда босизе бегьула интернеталдасанги. Гьелъул кумекалдалъун учителасе рес щола дунялалъул бокьараб бакlалда бугеб цlияб хабар лъазабизе. Авар адабияталъул дарсазда Расул Хlамзатовасул, Фазу Гlалиевалъул асарал малъулаго дица интернеталдасан биччала гьезул хlакъалъулъ документалияб фильм. Гьениса росун рихьизарула хъвадарухъабазул портретал, батlи-батlиял суратал. 

   Гьеб гуребги, интернеталъул кlудияб кумек буго лъимералъул киналго рахъал рорхизаризеги. Гьелъул кумекалдалъун цlалдохъабазе рес щвана батlи-батlиял конференциязда, къецазда гlахьаллъи гьабизе, газетазде, журналазде макъалаби, кучlдул ритlизе.

   Нилъер заманалда цlакъ кlвар кьезе кколеб буго сахлъи цlуниялъул технологияздеги. Жакъа кванилъги тlабигlаталдаги жагъа-гъалатlлъи букlиналъ, къо бахъанагlан, лъималазул сахлъи нахълъулеб буго. Гьаризе кколел руго сахлъи цlуниялъе хlалтlаби. Хасго гlисинал классазул лъималазе чlезабизе ккола хlухьбахъиялъул заман. Свак чучизе, черх битlизе гьарула физминуткаби. Сочинение хъвалалде цебе цо-цо къватlире цlияб гьаваялде рачуна, лъагlалил заманалъул тlабигlаталда лъугьунел гlаламатазул бицуна. Хадусеб дарсиде гьелда тlасан сочинениеги хъвала. Дарс бачуна лъималазул рекlелъ божилъи бижулеб хlалалда, дарсил тартиб цlунун. 

   Палхlасил, авар мацlалъул дарсазда учителасда кlвезе ккола лъай кьезе гуребги, лъималазул живго гlураб ракьалде, тарихалде, мацlалде, жиндирго халкъалде рокьи бижизабизеги. Мацlалде бугеб кlвар гьечlолъи - гьеб ккола нилъерго тарихалдаги букlинеселдаги тlад мал чlей. Гьанжесел цlалдохъабаз дагь гурони тlахьалги цlалулел гьечlо, цlиял алатазул гурони мацlги лъалеб гьечlо. Гьединлъидал гlун бачlунеб гlел тарбия бугеблъун лъугьине, гьезул рухlияб дунял бечед гьабизелъун хlалтlи гьабизе ккола. Гьел ругьун гьаризе ккола компьютералъул тlагlалабазул лъикlал рахъаздаса пайда босизе. Гьеб киналъулго борхалъуде рахине ккани, цlалдохъабазул дарсазде рокьи бижизабизе ккола, цlиял алатаздаса пайдаги босун. Гьедин гьабуни дарсалги лъималазе лъугьуна гвангъараллъун, ракlалдаса унареллъун, мацlалде рокьи бижизабулеллъун. Цlалдохъан релълъуна гъотlода: дунялалъул культураялъул чlорал речlчlула гlаркьалабазде, жив тlаб вижараб ракьалдаса сокалги цlула кьалбаз гlадин. 

 

 

 

Литература

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби