ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

АхIуе жаваб !

"Рахьдал мацI буго инсанасул бищун кIудияб бечелъи" - М.Шолохов

"МацI буго халкъалъе щвараб бечедаб ирс, гьелдехун букIине ккола гIажаибаб хIикматаб жинда хъвани хIакъ батулеб мунагьалъукье кколеб гIадинаб, багьа къимат тIадегIанаб ва кигIан дагьабниги хIакъир гьабизе бегьулареб жоялдехун букIунебго гIадаб бербалагьи"- Ницше

"Миллаталъул хвел гьечIолъи гьелъул мацIалъулъ буго" - Ч.Айтматов

"Инсанасул рухIияб рахъ бихьула гьесул мацIалдехун бугеб бербалагьиялдасан" - Толстой

"МацI-гьеб буго халкъалъул тарих.МацI-гьеб буго халкъ цебетIеялъул ва миллаталъул маданияталъул нух, гьединлъидал мацI лъазаби гьабизе жо тIагIарав чиясул иш гуро.Гьеб буго гьабичIого тезе рес гьечIеб, нилъеца гьабизе тIадаб иш" - А.Куприн

Гьадинал пикраби ва калимаби гIемерал рачине бегьула гьанир, амма гьал гIурус мацIалда цIаличIел ва рагIичIел чагIи гьанирги ратиларо. Гьел киналго гьал рагIабазул авторал я гIакълу дагьал я лъай щвечIел гIадамал рукIинчIо. Гьелъул гIаксалда, гьел киналго рукIана лъайги бугел гIакълуги камилал гьунарги, махщелги, гъваридаб ва бечедаб пикруги бугел рагIул устарзаби.

Амма жакъа къоялда жаниб гьединаб кIварги тIадегIанаб къиматги кьураб рахьдал мацIазул къисмат Дагъистаналда тIеренаб, тIун бачIине хIинкъараб куналда бараб бакIаб гьиралъул гIадинаб буго.ХIинкъизе кколареб хIал гуро хIакъикъаталдаги бугеб. Дида лъаларо, дир пикру хадуб гъоларо, гIадамазе лъугьунеб бугеб жоялда. Инсанасул гIакълу кибегIаги ун бугеб? Гъов мискинчиясул хур гIадин буртинаялда гъоркьеги ккун бахчунищ бугеб ялъуни руччабазул гIадин квенчIелалда букIун, тIаде рахъунаго бортунищ унеб, яги киназего цо балъгояб дару-херищ щолеб бугеб, ялъуни... ялъуни... ялъуни... дида лъаларо...

Амма дида лъала, гьадин киналго руцIцIунги чIани, къватIиреги рахъинчIони,гьабу гьабурабги хIехьон ругони, гьал гIабдалзаби нижеца дагьабги квешаб къоялде ккезарилин абун, рахьдал мацIазулги нилъер миллатазулги тушбабаз, щал гьел ратаниги (гьел рукIин нилъеда якъинго бихьулеб буго), нилъго щалалиги лъил наслабигияли кIоченабураб къоялде ккезаризе рукIин. РакI унтараб хIал буго. АхIдезе бокьараб хIал буго. Амма ахIдон гьабизе я хисизе жо гьечIо. Гьабулеб жо дагьлъун, бицунеб гIемерлъун буго.

Гьа, гьанже цохIо Бахуейищха нилъер мацI тIагIани, бищун кIудияб камиги заралги ккезе бугеб? ХутIарал "Молодец" "Бихьинчи йигоха" Машаааллагь сахлъи кьегиха Бахуе, хIалги кьегиха, хинал нилъерго гIиял квасул юргъаналги нахъе рехун, гьел хисун тIад рарал чияр синтефонги жаниб лъун гьарулал, нилъеца кIудияб багьаги кьун росарал,юргъаналги тIад ран кьижун нилъги данде ккеладай?

Нилъер хIалтIи, нилъер лъимал, рукъ, магIишат... Бахул гьечIищ щибго? Бахуе къваригIународай ретIизе ретIелги кваназе квенги магIишатги гIарацги къиматал цIаказул хасалил ретIелги, хириял, багьа тIадегIанал бирлианталги, чадида данде квине гьанги нахги цогидаб нигIматги? КидалъагIан гьабрахьдал мацIазда тIад гьабулеб бугеб къебелъиги бачине лъугьараб михирги хIехьезе бугеб? Щай нилъ руцIцIун чIун ругел? Щай цо щиб букIаниги гьабулеб гьечIеб? Щай нилъеца нилъерго рахьдал мацIазе гьабулеб бугеб зулмуялъул хIакъалъулъ ахIи балеб гьечIеб? Щиб, цIакъго раъIатаб гIумруги лъикIаб хъулухъгийищ бугеб, кодоса ине хIинкъараб, ялъуни цIакъго мискинлъиялъ, регIунгутIиялъ, мехтунищ ругел? Щивасул жиндирго багьана батила гьелъие, амма гьабу гьабураб хIехьолеб хIамилги лъицаго жеги къимат гьабун бихьичIо, рача - рачаралъуре гъадилаго унел чахъабиги гIакъилал жал ругилан абулев чиги рагIичIо, нитлъерги къимат нилъецаго гьабураб даражаялда букIинаха.

Жиндирго хъизан гIагарлъи какулев чи гIадамазда гьоркьовги къиматалда вукIунаро. Цоцалъ рекъараб, цоцаз ккураб тухум-кьибилги гIадамазда гьоркьобги къиматалда букIуна, гьезие зарал гьабизе тушманги хIинкъула. Нилъ батIаго гьабу гьабураб хIехьолел умумузул наслабиги рукIинчIин, щибха нилъее лъугьараб? Жиде-жидер ракьазул бетIергьабилъун ругеб заманалъ уздензаби рукIана нилъ, бетIерги, борхун кколеб букIана, эркенлъиялъул кигIанги къиматги гьабулеб букIана,нилъер эркенлъиялъе хIинкъи ккани, бокьараб лахIзаталъ кьолон чугун, эркенлъи цIунизеги рахъунел рукIана. Гьанжейин абуни, хъулхъаз лагъзаллъун лъугьинарун руго нилъ.

ХинкIил ургъалица мехтизарун руго. РегIизе толел гьечIо рухIияб рахъалъул ургъелги пикруги гьабизе. Амма гьабго заманалда гурищ гIумру гьабун бугеб татараз ва цогидал кавказалъул халкъазги миллатазги? Щайха гьезда жалго рихун гьечIел? Щай гьезие бокьулеб жидерго тарихги, мацIги, миллатги. Щай нилъеда нилъго гьадигIан рихарал? Бищунго чIухIизе кколеб тарихги цIунизе кколеб миллатги Дагъистанги нилъергоги букIаго?
Суалал гIемерлъун руго. РакI унтулеб буго. Рахъа, магIарулал, рорчIа макьидаса, ракке нужерго умумуз бидулъ кьураб гIакълудал гъварилъуде.

 

Гьалдолеб букIараб би цIорозегIаги тоге !!!
РачIа нилъ чахъабиги гIабдалзабиги гуреллъи бихьизабизе!!!

РачIа нилъееги, нилъгоги нилъерго мацIги бокьулеблъи бихьизабизе!!!

РачIа нилъерго тарихги, динги, мацIги бокьулел чагIи рукIин бихьизабизе!!!
РачIа нилъедаго кIалги, ракIги, мацIги букIин бихьизхабизе!!!

Адаб хIурматгун Сарат Тумагъари

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби