ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

ЦIунизе ккела авар мацI

 Унго - унгояб кьалбал  нилъер заманалъул гъварилъуде анаг1ан, инсанасул  ихтиярал х1акъикъияб г1умруялде г1агарлъанаг1ан, г1емерго ц1ик1к1ун т1атунел руго халкъалъул миллияб цебет1еялъе, гьелъул миллияб культураялъе ккарал к1удиял гъалат1ал.

     Аваразда авар мац1 лъангут1и г1адаб , ва  цоцазда гьеб  т1убанго к1очон тей г1адаб  к1удияб такъсир жакъа къоялъ щиб бук1инеб ?  Аслияб къаг1идаялда гьединазда (такъсирлъиялда гъоркье ккаразда) гъорлъе кколел  руго  авлахъалъул маг1арулалги - Хасавюрталъул  Бабаюрталъул ва цогидалги районазул ракьазда ругел хъутабазда   г1умру гьабун ч1арал маг1арулал.

    Киг1ан Расул Х1амзатовас  коч1олъ ах1аниги, ах1и бахъинабун  гьелъул х1акъалъулъ бицаниги,бищунго зах1матаблъун лъугьараб гьеб унти киндай сах гьабилеб, яги  сах гьабун бажаризего бажарилебдай ?

      Огь маг1арухъ сордо, 

      маг1арухъ сордо,

      Сордо гьениб бач1ев

      вач1а цо щвезе,- ян х1асраталда ах1ула маг1арул коч1охъанас. Ах1улеб бук1аниги, щвалде щун гьел х1асратал раг1абазул маг1наги бич1ч1уларел, маг1арул берцинлъиялъул бицунеб бук1аниги, ургьибги унарел, жеги  берда маг1аруллъиги  бихьич1ел г1олилазда бокьизабизе зах1малъулеб буго нилъерго умумузул тарихги, г1асрабаз нилъее ирсалъе тараб мац1ги, ц1арги. Кин, лъица щиб бицаниги, гьединал х1асратал коч1ол мухъаз асар  гьабулев ц1алдохъан  ватизе зах1мат буго. Масала, абухъего,  киг1ан дица х1аракат бахъаниги, жиндирго бух1игун Мах1муд гьезда вич1ч1уларо, маг1арул х1асратгун Х1амзат гьезда лъаларо,  к1алалъ рицаниги, унго - унгояб куцалъ  рек1елъе лъугьунаро Расулил асарал.  Щай гьеб? Щай гурелъул гьеб т1оцебесеб иргаялда бараб буго гьел лъималазул  эбел- инсул гьеб мац1алдехун бугеб бербалагьиялда. Цо - цо эбел - инсуда, хъван рач1инарун ц1ализени киса ц1алилел, ц1аргицин лъалеб батуларо жакъа маг1арул мац1алда къват1ибе биччалеб газеталда, журналалда, г1енеккизе рес гьеч1о нижее авар мац1алда кьолел передачабазухъ, х1асраталда ах1улел маг1арул коч1охъги г1енеккич1ого, гьез къимат бергьараб кьола г1урус мац1алда ах1улел яги къват1исел пачалихъазул мац1азда ах1улел куч1дузе. Нилъер умумузда т1абиг1аталъги зах1маталъги малъана мац!. Г1умруялъ малъараб г1адаб г1акълу - лъай бук1унарилан абула умумуз. Анкьида жаниб авар мац1 малъиялъе кьураб 3-4 дарсида малъун  лъалеб жо бук1унаро мац1. Учителас дарсида малъула авар мац1алъул хъвай ва литературиял асарал, амма эркенго к1алъазе, рек1ел пикраби, анищал загьир гьаризе ц1алдохъан ругьун гьавизе ккани, гьеб ц1акъ зах1матаб масъала буго. Эбел - инсул кумек гьеч1ого гьениб учитель мурадалде щоларо.  Дагъистаналъул бах1арчияб  тарих к1очон теялъ к1очон тезабуна г1адамазда  мац!.  Щивав г1ун вач1унев чиясда  лъазе т1адаб  буго нек1сиял умумузул, жиндирго тухумалъул, росдал , районалъул, гьелъул ц1ар раг1арал  г1адамазул х1акъалъулъ  биценал, гьезул тарих, лъугьа - бахъинал.  Бук1ана чанги заман  киналъего нух къараб. Бак1ал к1улал т1ад рараб х1алалъ ч1езабун бук1ана  нилъер бах1арчияб мац1ги , ц1арги, г1умруги,цебет1езабизе жинца тадбир  гьабизе кколеб тарихги.  Гьанже сундуениги нухал рагьана. Щайха киналго лъугьун гьеб мац1алде к1вар кьолареб? Авар мац1 - миллияб нилъер хазина лъимадуе гьуинлъизе нухал ратуларел?

   Бук1ине кколеб куцалда жондодаго авар мац1 лъангут1иялъги ва т1адег1анаб даражаялда гьеб  малъизе бажарунгут1иялъги, гьединго  мугъч1вай гьабизе г1елмияб грамматикаги аваразул литературияб мац1алъул киналго раг1абазул маг1на бицаралниги , бит1ун ц1ализе ва хъвазе малъиялъул камилал словаралниги  гьеч1олъиялъ нилъер муг1алимзабазда зах1малъулеб буго гьеб мац1 малъизе , гьелдалъун чучлъулеб буго гьеб мац1 малъиялде кьолеб к1вар. Гьезда г1урус мац! къиматаблъунги къадруяблъунги бихьулеб буго. Кинабго г1айиб эбел- инсудаги  байбихьул классалъул муг1алимзабаздаги рехиги бит1араб гьеч1о, амма гьезда г1айиб рехич1огоги кин телеб? Кинаб бажариги лъайги бук1инеб т1адег1анал классазде рахарал ц1алдохъабазул кьуч1дасанго х1апара бараб, х1алица бахъун ч1езабураб авар мац1алъул. Авар мац1алде т1аде бач1араб 10 х1арп лъазабулаго, кьуч! лъола авар мац1алъе. Цин муг1алимзабазе жондоего бокьизе ккола гьеб мац1, хадуб гьезул ц1алдохъабазе бокьич1ого рес гьеч1о.

    Хал гьабураб мехалъ, цо - цо 5 абилеб классалде бахараб лъимералъе лъалеб батуларо  цог1аги авар халкъалъул кици яги бицанк1о. Мац1алъул берцинлъиялъул, пасих1лъиялъул рахъалъ кицаби ц1акъго т1ок1ал, гьайбатал гурищ ругел? Расул Х1амзатовас абун буго       « кицаби поэзиялъул т1огь бугилан».  Ю.Г.Кругловас кициялъул бицунаго бищун цебе байбихьулеб буго  « кици кколила шиг1рияб г1акъилаб калам», ян абун.  Ц!алул т1ахьазда кьоларого гуро гьел ругел.

      Масала: 2 абилеб классалъул т1ахьазда кьун руго 88 кициги 49 бицанк1оги, 3 абилеб классалъул т1ахьаздайин абуни 112 кициги 40 бицанк1оги. Жеги авар азбукаялдаго кьун буго  лъималазе ц1ализеги лъазаризеги 43 кициги 17 бицанк1оги.

     Байбихьул  классазул  муг1алимзабазухъ ратуларо  Дагъистаналъул хъвадарухъабазул суратал, кабинетазул къадазда сурат ч1вазе мустах1икъалищ гьел гьеч1ел? Гьел гурищ кколел т1оцебесеб иргаялда нилъер миллаталъул ч1ух1илъун.

     Нижер Къамышхъутаналъул гимназиялъул щивав байбихьул классалъул муг1алимасухъ руго киналго хъвадарухъабазул сураталги, буго щибаб кабинеталда нилъер умумузул г1умру ва рук1а – рахъин бихьизабизе г1уц1арал КТНД ялъул бок1онги, гьениб ц1унун буго  нус - нус соназ цебе  умумуз  х1алт1изабулеб бук1араб ц1араг1,щибаб бок1оналде бак1арараб материалалъул бицун цеве вахъуна щибаб коллективалдаса цо-цо ц1алдохъанги.

Ц1акъ к1удияб к1вар кьола нижер муг1алимзабаз ц1алдохъабазда авар мац1 малъиялде. Нижерго гимназиялъул профилалда рекъон( гимназия с профилом « Этнокультура  народов Дагестана») гьабулеб х1алт1иялъ ц1алдохъаби рачуна авар мац1 бокьиялде ва лъаялде.Санайил гьарула халкъиял к1алзул гьунаразул асарал лъаялда т1асан къецал, т1орит1ула лъималазул фольклориял фестивалал.Байбихьул классаздасанго малъула халкъиял к1алзул гьунаразул асарал.Къвариг1араб буго авар мац1алда гьабулеб щибаб сипатияб, пасих1аб раг1ухъ г1ащикъав инсан куцазе. Гьадинго абурал гуро Расул Х1амзатовас гьал раг1аби « Халкъалъ мац! ц1унизе ккола бищунго к1удияб жиндирго миллаталъул хазиналъун».

    Абухъего, бит1ахъего нилъеда аваразда бадибч1вайлъун кколел руго Паустовскиясул машгьурал гьал раг1аби «Рахьдал мац1алъул ургъел – т1алаб гьеч1олъи ккола чиясул г1алхуллъи. Гьединав чи заралияв вуго рух1ияб кьуч1дасанго, щай гурелъул гьесие мац1алъул ургъел гьеч1олъи буго жиндирго халкъалъул арабги, гьанжесебги, бук1инесебги  къисматалъул  ургъел гьеч1олъи»

       

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби