ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Рахъа дида хадур, дагъистаниял, Миллатал цIунизе заман щун бугин! БетIер хIалтIизабе, бихьинал-цIуял, Бахьи гьечIеб гIумру гIунтIулеб бугин!

ХIурматиял магIарулал!

Нилъ дунялалдаса тIагIинаризеян мурадгун, нилъеде тIадецуй гьабулеб бугони, гьелде нилъер дандечIчIей букIине ккола. ТIаде цунагIан тIупулел чагIи, гьел магIарулал гуро! ГIела! ГьанжелъагIан хIехьана, гьанжелъагIан тIупана.

Дагь-дагьккун кинабниги сверухълъиги гIурус мацIалъги ккун, дагъистаналъул пачалихъиял мацIазе бакIго теларилан лъугьана тIадчагIи. ГIурус мацI къваригIунеблъиги бичIчIун, дабгIа гьечIилан, школазда 2-3 дарсида рахьдал мацIалги малъун, сихIкъотIун чIана нилъги.

Гьабу-гьабуралъухъе рукIунел чагIи ругиланищ ккарабали, цин гьез хIалбихьана гьел дарсал бокьани гурони кьечIого тезе бегьулеб бакIалде ккезаризе, хадубги гьел лъугьана, эбел-инсул гIакълугьечIолъиялда мугъги чIван, дир васасда рахьдал мацI малъеян гIарза бачIарав чиясе гурони рахьдал мацIалъул дарс кьечIого тезе хIукмаби гьаризе. Гьелдаги гьез гIей гьабичIо.

Гьанже бачIана щибаб школалде тIон гIанасеб кагъат, Дагъистаналъул рахьдал мацIазул цIалул тIахьал федералияб сияхIалда гьечIиланги абун, цIер гIадин киналниги тIахьалги кодоса росун тейила цIалдохъабиги учительзабиги. Прокуратура бачIине бугила школазде. СияхIалда бугилан мугьру чIвачIеб тIехь батани цIалдохъанасухъ, нахъе кьурун гъуждулгун, вачун директор Сибиралде къотIизе вугила. Лъиеха гьеб къисмат бокьилеб. Цояз рахчана, цояз рухIана, цояз киданиги рукIинего рукIинчIилан абейилан малъана учительзабаздаги цIалдохъабаздаги. Нагагь цо лъаларев чияс рахьдал мацIалъул тIехь бихьанищилан гьикъани, бихьичIилан гьечIилан абейилан малъана цIалдохъабазда. Гьеле хIукумат! Гьеле тарбия! Гьеле гьедин малъула нилъеца гьерсал рицинеги, такъсирал гьаризеги, рищватал росизеги! ГьабсагIат яхI-намус бугев чиго гьечIилан гIажаиблъиги гьабула!

 Гьеб сияхIалда тIахьал гьечIолъи учительзабазул яги цIалдохъабазул гIайибищ? Гьеб директорасул гIайибищ? ГIайибиязе щай тамихI гьабулареб, гьабичIого бегьулеб гьечIони? Гуро, гIайибиял гуро къваригIун ругел. КъваригIун буго, гьалеха, тIахьалги гьечIого дарсал кинха кьелебилан, эбел-инсуеги къваригIун гьечIилан багьанабиги ратун, тIадеялъулалде ЦIалул планалдаса рахьдал мацIал тIагIинаризе. Гьелъие гьабулеб хIалтIи буго кинабго!

ХIурмат тIадегIанал, миллатазе ракарал чирахъал,

рахьдал мацIалъул учительзаби!

ТIахьал гьечIолъиялъул захIмалъи лъималазда лъаларедухъ, ругел тIахьаздаса, адабияталъул тIахьаздаса, газет-журналаздаса, сайтаздаса пайдаги босун, цере киданиги кьечIелгIанги лъикI кье рахьдал мацIалъул дарсал! Лъималазе рокьуледухъ ва кир ругел нижер рахьдал мацIалъул дарсалилан гьел чIоледухъ. Гьеле рахьдал мацIазул тушбабазе гьабсаг1ат нилъер жаваб!

Нилъ магIарулал руго бищун кIудияб миллат. Киналниги дагъистаналъул миллатал руго кIудияв вацасухъ гIадин нилъехъ ралагьун. Нилъеца гьаб гьадин танани, киналниги миллатазул хIакъги нилъеда тIад букIине буго. Рач1а киналниги жамг1ияталги данделъун к1удияб мажлис ах1изе ва х1акъаб раг1и абизе рищиязул рагьдухъе щун ругел х1укуматалъул нухмалъулезда.  ЦIадаса ХIамзатихъего:

 

Рахъа дида хадур, дагъистаниял,

Миллатал цIунизе заман щун бугин!

БетIер хIалтIизабе, бихьинал-цIуял,

Бахьи гьечIеб гIумру гIунтIулеб бугин!

 

Баху МухIидинова

Авар мац1алъул учительзабазул цолъиялъул нухмалъулей

 

 

 

 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби