"ГIелалъ гIелалъе тезе ккола мацI"-барки. СагIидова Сиянат.
Г1елалъ г1елалъе тезе ккола мац1
«Инсуца холеб мехалъ,- ан хъвана Расул Х1амзатовас,- васазе ирсалъе тола рукъ, хур, ханжар, пандур. Амма г1елалъ г1елалъе тола мац1…»
«Уммуз нилъее ирсалъе тараб
Авар мац1 хвел гьеч1еб хазина буго»,- ян хъвана шаг1ир Мух1амад Гунащевасги.
Киназего баянаб буго 50 –абилел соназда мац1азда сверухъ бук1араб политика, рахьдал мац1азде гьарулел рук1арал «гьужумал», рахьдал мац1 лъалезулги, гьелда к1алъалезулги къадар дагьлъанаг1ан, дол соназда цо- цояз рохун угьулеб бук1араб х1ухьелин абуни, гьанжеги ч1валеб буго, мац1алде, миллаталде мугъ рехаразул рек1ее бигьалъиги гьабун, мац1 ц1унизе «рагъде» рахъаразда т1ад бак1го бегулеб буго…
Эбелалъ г1емер абулаан: «Расул Х1амзатовасул х1аракаталъ гуребани, нек1ого т1аг1инаан маг1арул мац1», -ан.
Х1акъикъаталдаги, «консолидациязулги» «ассимилятивиял процессазулги» заманалда, миллиял мац1азде к1вар кьей миллатчилъи загьир гьабилъунги рик1к1унеб заманалда, гьеб политика билълъанхъизабизе х1аракат бахъулел т1адчаг1азда данде х1инкъич1ого жиндирго «Авар мац1» абураб кеч1гун цеве вахъана Расул Х1амзатов.
Узухъда, жидерго мац1алъул х1акъалъулъ асар хъвач1ев шаг1ир дунялалда ватизе зах1малъила. Амма рак1ч1ун абизе к1ола: цониги ц1ар раг1арал шаг1ирзабаз Расул Х1амзатовасг1адаб к1вар кьеч1о жиндирго мац1алде. Шаг1ирасул т1олабго творчествоялъулъ баг1араб мухълъун унеб буго мац1 ц1унизе ва цебет1езабизе ккеялъул пикру.
«Метер маг1арул мац1 хвезе батани,
Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун»,-
дандерижиялъ г1адин, такрар гьаруна г1емермиллиталъулаб Дагъистаналъ.
Гьеб коч1оца кьуч1 лъуна республикаялда мац1аздехун бит1араб политика бижиналъе, киналг1аги г1исинал мац1азул жидерго мац1 бук1ине кколин абураб пикру халкъалъул рек1елъ щулалъиялъе, х1атта цо – цо г1алимзабазги интелигенциялъул цо-цо вакилзабазги г1исинал мац1азул бук1инисеб гьеч1илан рагьун абулеб бук1аниги.
«Дир Дагъистан» абураб т1ехьалда Расулица гьеб ах1ал – х1ал гьадин бихьизабулеб буго:
«Абут1алиб: Цо-цояз абула: «Гьа, лъие къвариг1ун бугеб нилъер мац1 Дербент бахун хадуб? Нилъ лъидаго рич1ч1изе гьеч1о».
Цогидаз абула: «Лъие къвариг1араб нилъер мац1 маг1аруллъи бахани?»
Лъабабилел г1арзахуна: «Нижер куч1дул ралъдахъецин щвеларо».
Амма гьел ц1акъго г1едег1улел руго жидерго мац1ал архивазде кьезе.
Суал: Щиб дуца абилеб консолидациялъул х1акъалъулъ?
Абут1алиб: Консолидация къвариг1уна чияразда гьоркьоб, амма вацазе консолидация х1ажат гьеч1о».
Дол цере рехсарал г1адал г1алимзабазеги политиказеги Расулица доб заманалда кьуна гьадинаб жаваб:
«Амма абеян абе цогидаз дир мац1 мискинаб бугин. Дирго мац1алда дида к1ола диего бокьараб эркенго абизе, дирго пикрабиги рек1ел асаралги загьир гьаризе дие бат1ияб мац1 х1ажалъуларо».
… Мах1мудил пасих1лъи, гьасул х1асралъи,
Бидулъ къаламги ччун, гьарурал куч1дул,
Гьаб нилъер маг1арул мац1алъ киниги,
Киданиги дида рич1ч1изе гьеч1о».
Нилъер Дагъистан буго г1емермиллатазулаб республика.
«Мац1азул ва халкъазул т1убараб мег1ер»,- ан абун буго Дагъистаналъул х1акъалъулъ цо нухлулас.
«Азарбет1ерилаб аздагьо»,- ян абун буго Дагъистаналъул х1акъалъулъ тушбабаз.
«Г1аркьалаби г1емераб гъвет1»,- ан абун буго гьудулзабаз.
«Къаде кангун дунял свераниги, батуларо ракьалда гьадиг1ан халкъги дагьаб миллатги г1емераб бак1»,- ан абун буго Дагъистаналъул х1акъалъулъ сапарчаг1аз.
Миллат абураб раг1ул буго к1иго бат1ияб маг1на: миллат-«нация», милат- т1алаб гьаби. Миллаталъул милат гьабизе ккола т1олго дагъистаналъул халкъаз.
Къвариг1унищ къвариг1унарищ миллатги маг1арул мац1ги абураб гьанжеги бег1ерго бугеб, рах1ат хвараб суалалъул х1акъалъулъ Расулица хъвана:
«Инсан коч1охъанасул рак1гун, амма мац1 лъаларевлъун вижун ватани, гьесие вижич1еваниго лъик1аб бук1ана». Хадубги хъвалеб буго: «Дир рек1елъ руго г1емерал куч1дул, дир буго гьаракь. Гьеб гьаракьги мун буго, дир г1агараб мац1».
Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,
Дир гьаракь бахъани, дир лъималахъа?!
Щай дий маг1аруллъи маг1арул чаг1аз
Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!
Добго «Дир Дагъистан» абураб т1ехьалда шаг1ирас кьолеб буго цо ч1ужуг1аданалъ цогиялде гьабураб хьами: «Аллагьас дур лъималазухъа эбелалъ бицунеб мац1 бахъаги». Гьеб бук1ана бищунго квешаб хьами.
Нилъер заманалда гьеб к1очон тун буго, улбуз жидецаго бахъулеб буго жидерго лъималазухъа рахьдал мац1, жидецаго мах1рум гьарулел руго миллаталдаса. Маг1арул мац1алъул дарсаздаса эркен гьари т1алаб гьабулеб буго шагьаралъул школазда гуребги, росабалъгицинха!
Гьединал умумузе хъварал руго М. Гунащевас гьал коч1ол мухъал:
…Хваразул рух1азда гьел кинан лъалел,
Ч1агоязда лъазе зах1малъун ругел.
Ч1агоялъги гурез, хваралъги гурез
Хвезе гьабун буго халкъалъул къадру.
Жанир лъугьунарез, къват1ир унарез
Къварид гьабун буго гьаб нилъер миллат.
Мегъ к1очон тараца, мац1 рихараца
Нац1 базабун буго Дагъистаналда.
Гьез «арендаялъе» авар мац1ги кьун,
Иванил батула гьоркьоб бицунеб.
Умумузул ц1арал нахъеги рехун,
«Исусал» ратула рахъине гьарун.
«Кеч1али щай гурин, щибаб раг1иги» абураб коч1олъ Расулица абулеб буго:
Жиндирабго к1очон, чияраб лъарав
Лъай бугев чи гуро, щив вук1аниги,
Хварал мац1ал руго ч1аго гьарулел
Нилъеца ч1агояб ч1валеб буго гьаб.
«Щибха гьелъул кколеб бугеб, щиб гьелъ кьолеб бугеб?»- абурал суалазда т1ад ургъизецин ургъулел гьеч1о, щай гурелъул гьел суалал гьез кьолелго гьеч1елъул жидеего…
Г1емерлъулеб буго жидерго миллиял кьалбаздаса т1ураб, жидерго халкъалъул г1адатал, тарих, маданият, умумул лъалареб г1ел.
Мац1 лъангут1иялъ рачуна нигилизмалде, гьелъул х1асилалда т1убанго яги цо къадаралъ мац1 т1аг1иналде рачуна. Мац1 т1аг1анищ-т1аг1уна миллат. Мац1алъулги миллаталъулги къисмат цо буго. Мац1 ч1аго бугебг1ан мехалъ, ч1аго бук1уна миллатги. Мац1 т1аг1инги миллаталъул «гьумер» т1аг1инги цого жо ккола. Мац1 ккола нилъер миллияб культураялъул хасаб форма, гьелъ нилъее ц1унула г1асрабазул гъварилъуда бугеб лъай.
Шаг1ир Борис Слуцкияс хъвавухъе: «рагъул аскаралъ бищун ахиралда тушбабахъе кьолеб аслияб щулалъи ккола мац1. Т1ок1алъ нахъе къазе бак1 хут1уларо».
Нилъер заманалда абуни, мац1, миллат рихараз тушбабахъе бищунго цебе рехулеб буго гьеб. Г1емерлъулел руго жал маг1арулал гурилан, г1андисел ругилан, бежт1исел ругилан абун ч1арал билараб пикруялъул г1адамал. Гьединги лъукъараб мац1алда хвалилал ругънал лъолел руго гьез. Дир гьезда рак1бух1ула.
Гьеб ах1вал – х1алалъ нилъ ц1идасанго долго 50-абилел соназде рачинародай?
«Дир Дагъистаналда» Расулица Абут1алиб Гъапуровасул к1алдир лъун руго г1ужилал раг1аби:
«Жив- жив чиясе аслияблъун ккола гьесул эбелалъул мац1. Жиндирго муг1рул рокьуларесе рокьизе рес гьеч1о чидар авлахъал».
Гьанирго рек1елъе лъугьун рач1ана Расулил коч1ол мухъалги:
«…Лъа, жиндирго муг1рул рокьуларесе
Бокьизе рес гьеч1о т1олго дуниял.
Жиндирго халкъалде сарин гьабич1ес
Цогидазул рахъалъ хъвала гьереси».
Абут1алибица гьикъула: «Г1енеккея, Митаров, мун маг1арулав гуревлъиги, лъараг1ав гуревлъиги, татав, ногъаяв, лезгинав гуревлъиги дида нек1ого лъалаан. Амма мун табасаранавги гурин абураб жо дида жакъа т1оцебе раг1улеб буго. Щивг1аги мун? Метерин абуни, дуца жив Мут1алиб гуринги Митаров гуринги хъвазе бегьула. Мисалалъе восани, дун тумав вуго, к1иабизе, дагъистанияв вуго, лъабабизеги, Совет Х1укуматалъул поэт вуго».
Дир пикруялда, жив – жив ч1ух1изе ккола жиндирго миллаталдаса, гьеб миллаталъул живго ватиялдаса.
Дун ц1акъ йохарай йиго бусурбанай ятиялдаса, ч1ух1арай йиго маг1арул миллаталъул ятиялдаса, муг1рузулаб Дагъистаналда йижиналдаса.
Дица гьеб сундухъго хисиларо.
Кеч1али щай гурин, щибаб раг1иги
Маг1арулазул дий хазина буго.
Раг1ини щиб гурин, щибаб жугьаги,
Жавгьар кьуниги, дица кьеларо.
Амма Расул Х1амзатовас абухъего:
«…Бакъгун цадахъ гуро гъвангъарал муг1рул-
Маг1арул мац1 гьеч1ищ-гьеч1о дие дол».
Расулица абулаан:
«Дир г1агараб маг1арул мац1! Лъаларо, разияб бугищ мун дидасаяли, амма дица г1умру гьабулеб буго дуда жаниб рух1ги лъун, дудасаги ч1ух1ун. Бец1аб гъварилъудаса т1ок1к1араб иццул лъим бакъухъе г1адин, дир рек1елъа къват1ире к1анц1изе х1адур рук1уна маг1арул раг1аби.
Дие зах1мат бугеб куцха, дир маг1арул мац1, киназдаго мун лъазабизе. Мун бечедаб буго гьаркьаздалъун, дур гьел г1емер руго, киг1ан зах1мат бук1унеб гьалмагъасе гьел абизе ругьунлъизе, амма бицун бажарулесе гьеб мац1алъул гьуинлъи!»
… «Инсуца холеб мехалъ, - ан хъвана Расул Х1амзатовас,- васазе ирсалъе тола рукъ, хур, ханжар, пандур. Амма г1елалъ г1елалъе тезе ккола мац1. Жиндирго мац1 бугес бала жиндиего рукъ, бекьула хур, гьабула ханжар, рекъезабун пандургун, бачуна бакъан» … Маг1арул бакъан…
Маг1арул бакъанги, гьеб бакъаналда гъоркь ах1улеб маг1арул кеч1ги, гьеб кеч1 бич1ч1унел г1адамалги камун хут1угеги Дагъистан.
Баркула киназдаго Т1олгодунялалъулго мац1азул къо!
Саг1идова Сиянат Тимурона,
авар мац1алъул ва адабияталъул
Хасавюрт шагьаралъул №3 Гимназиялъул муг1алим,
сайталъул нухмалъулей