ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Хасавюрталда ТубхIат Зургьаловалъул "Дун АхIулгохIалде ахIулей йиго" абураб тIохьол цебебахъи

“Дун АхIулгохIалде ахIулей йиго…”

Гьеб ахIиялда гъоркь , жакъа , 24 марталда , Хасавюрт шагьаралъул З. Н. Батырмурзаевасул цIаралда бугеб профессионалиябгун педагогикияб колледжалда тIобитIана магIарулазул машгьурай шагIир ТубхIат Зургьаловалъул “Дун АхIулгохIалде ахIулей йиго” абураб цIияб тIехь къватIибе бачIиналдаги  тIаде щолеб бугеб  шагIиралъул гьаюраб къоялдаги хурхараб кIудияб тадбир.

ТубхIат Зургьалова лъаларев чи магIарулаздаги дагъистанияздаги гьоркьов къанагIатги ватиларо. Гьей йиго киназего хирияй инсанги  унго-унгоги халкъияй шагIирги. Гьеб жакъаги киназего якъинлъана. Кьабун цIун букIана зал Дагъистаналъул батIи-батIиял мухъаздасаги шагьараздасаги  шагIир кIодо гьаюн рачIарал гьалбадерица. Гьезда гьоркьор рукIана: авар мацIалъул мугIалимзабазул цолъиялъул нухмалъулей Баху МухIидинова, авар мацIалъул мугIалимзаби, БацIада росдал бегавул Руслан Замалов, шагIирзаби Париза Гереева, ГIалихIажи МухIамадов, СайгидахIмад АхIмаднабиев, Рукъият Асадулаева, Нуцалай СултIанова, Гlайшат Хирамухlамадова, кочIохъаби АхIсарат ХIайбулаева ва Шамиль Ханакаев, авар мацIалда кучIдул цIалулев Рамазан Халидов, “ХIакъикъат” газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиева ва гьел гурел цогидалги.

Гьез ТубхIатида байрамги баркун, бицана гьелъул асаразул гъварилъиялъул ва тIадегIанлъиялъул, гьезул жакъа къоялда бугеб кIваралъул, цIалана жидецаго гьелде гьарурал кучIдул. Тадбир берцин гьабуна “МугIрузул дандерижи” абураб ансамблалъ рихьизарурал берцинал кьурдабаз, цIалдохъабаз ва колледжалъул студентаз рекIелъе рортиледухъ цIаларал шаг1иралъул асараз, АхIсарат ХIайбулаевалъ ва Шамиль Ханакаевас ахIарал кучIдуз…

Тадбиралъул ахиралда ТубхIат Зургьаловалъ, тIаде рачIаразе баркалаги кьун, гIодулаго бицана, нилъер умумуз , рагъул заманалда , АхIулгохIда бихьизабураб бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ хъвараб “Дун АхIулгоххIалде ахIулей йиго” абураб поэма хъвараб куцалъул ва цIалана гьеб поэмаялдаса цо-цо кескал.

Гьеб поэмаялъ асар гьабичIев чи цониги хутIун ватиларо ва хутIиларо. Гьеб буго унго-унгоги ракI унтун, рекIелъан биччан, сородулел квераз, Расулица абухъе “бидулъ къаламги ччун” хъвараб асар.

Тадбир гIуцIун букIана ва тIадегIанаб даражаялда нухда бачана Хасавюрт шагьаралъул профессионалиябгун педагогикияб колледжалъул авар мацIалъул мугIалим Расулова Написат МухIамадовнаялъ. КIудияб баркала буго Написат МухIамадовнаялъе, гьеб колледжалъул х1алт1ухъабазе ва студентазе , гьалбадерие гьабураб берцинаб дандчIваялъухъ, гьоболлъиялъухъ ва гьеб тадбир тIадегIанаб, берцинаб хIалалада нухда бачаралъухъ.

Хабарал лъикIал рагIаги, гьабулеб данде билълъаги! ЧIахъаги магIарулал, чIахъаги дагъистаниял!

 

ДГПУ-ялъул ФДФ-алъул 3-абилеб курсалъул студент МухIамад Манапов.

 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби