ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Цоцахъа цоцахъе бегьун кьолеб тIил…

Гьал ахириял соназ «Бищун лъикIав рахьдал мацIалъул учитель» абураб ТIолгороссиялъул конкурсалдаса бергьенлъаби ва призалъулал бакIалги росун тIадруссунел Дагъистаналдаса мугIалимзаби. Гьезул цIикIкIуниселги ккола авар мацIалъул учительзаби.

Гъоркьиса гьеб конкурсалда кIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана Хунзахъ районалъул Уздалросдал гьоркьохъеб школалъул авар мацIалъул учитель Саида ХIусенова.

Гьаб нухалда, регионалияб этапалда чIелги босун, Дагъистаналдаса гьениве гIахьаллъизе ана Гъуниб районалъул Гъоркьияб КIогьориб гьоркьохъеб школалъул магIарул ва гIурус мацIазул учитель Рамазан ГъазимухIамадов.

Исана къец тIобитIиялъе квербакъи гьабуна РФялъул лъайкьеялъул министерствоялъ.

Конкурс гIуцIун букIана лъабго бутIаялдасан. ТIоцебесеб -заочныяб этапалда цIар букIана «Медиавизитка». Щивав гIахьаллчияс лъабго минуталъулаб видео-роликалда бицине кколаан жиндирго хIалбихьиялъул, хIалтIулъ кIвар кьолел суалазул ва хIалтIизарулел хасал къагIидабазул.

Конкурсалъул финалияб бутIа араб куцалъул ва жиндирго гIахьаллъиялъул хIакъалъулъ бицана Рамазаница нижее.

«Пятигорск шагьаралда тIобитIулеб финалияб бутIаялда гIахьаллъана РФялъул батIи-батIиял субъектаздаса кинавниги 69 учитель.

Гьениб «Педагогикияб мастерская» абураб къецалъул бутIаялда щивав мугIалимас бицана лъикIал хIасилал кьеялъул мурадалда жидецаго хIалтIулъ хIалтIизарулел къагIидабазул. Гьединго кьуна дарсги.

Хадусеб бутIаялде ворчIана 17 учитель. Гьениб нижеца бихьизабизе кколаан мастер-класс. Дица кьуна «Рахьдал мацI-миллаталъул ракI» абураб мастер-класс. Дица дарс кьуна анлъабилеб классалда. Гьел цIалдохъабазе кIудияб асар гьабуна Р.ХIамзатовасул «Авар мацI» абураб кечIалъ.

Ахирисеб, финалияб бутIаялде ворчIана анлъго учитель. Гьенибги нижеца бихьизабизе кколаан цоги мастер-класс. Дир мастер-классалда цIар букIана «ЦIалдохъабазул лъикIал хIасилазул балъголъаби». Гьениб бицана «Моделирование» абураб дица хIалтIизабулеб къагIидаялъул.

Гьеб халатбахъараб къецалъул хIасилалда дун мустахIикълъана лъабабилеб бакIалъе. Дун цIакъ вохарав ва чIухIарав вуго Дагъистаналдаса вакил хIисабалда гьенивги гIахьаллъун, Россиялъул бищун лъикIал рахьдал мацIалъул учительзабазул мухъилъ дир цIарги рехсеялъ. Дица гьаб бергьенлъиги сайгъат гьабула киналго дир ракьцоязе. РикIкIада ругониги, гьезул божилъиялъги, берцинаб рагIудалъун гьабураб кверчIваялъ дие кIудияб къуват кьолеб букIана гьениб», -ян бицана Р. ГъазимухIамадовас.

Гьалеха, исанаги, гIемерал соназ цоцахъе кьун бачIинеб бугеб бергьенлъиялъул тIил, Рамазаницаги гIодоб лъезе течIого, нахъойги борхана.

РакI-ракIалъ баркула Рамазанида гьеб кIудияб бергьенлъи! Гьарула хадубккунги, чIахIи-чIахIиял борхалъабазде роржен гьабизе къуватги, икъбалги, чорхое щулияб сахлъиги!

 

МухIамад Манапов

 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби