ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

14 фев 11:57Лъазабиял

Баркула магIарулазда бергьенлъи!

Х1алч1ахъаял маг1арул муг1алимзаби

Тахшагьаралда т1обит1ана Мах1ачхъалаялъул  «Бищун лъик1ав рахьдал мац1алъул учитель» абураб конкурс. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна бат1и-бат1иял миллатазул 18 муг1алимас. Конкурсалъул мурад бук1ана нилъер тахшагьаралда лъималазда рахьдал мац1ал малъулел ругел муг1алимзабазда гьоркьор бищунго махщел бугел, бищунго лъималазда мац1 лъик1 малъулел ва х1асилал кьолел муг1алимзаби ралагьи, гьезие баркала кьей ва к1вараб кумек гьаби.

Лъабго къоялъ Мах1ачхъалаялъул 11-леб гимназиялда унел рук1ана къецал. Гьенир рихьизаруна рагьарал дарсал, мастер-классал, муг1алимзабаз бицана жидерго х1алт1ул х1акъалъулъ, т1орит1ана улбузулгун собраниял...

Киналго къецазул х1асилалда лъабабго цебесеб бак1 ккуна тахшагьаралъул авар мац1алъул муг1алимзабаз. 1 бак1 – Ленинкенталда бугеб 2 школалъул авар мац1алъуул муг1алим Мух1амадова Пат1иматица. 2 бак1 – Мах1ачхъалаялъул 8 лицеялъул авар мац1алъул муг1алим Джамалова Эльмираца, 3 бак1 ккуна Мах1ачхъалаялъул 11 гимназиялъул авар мац1алъул муг1алим Хъазанбиева Шамайица. Щибго г1ажаиблъи гьабич1еб, амма кутакалда дун йоххараб х1ужа ккана, гьел лъабалго Хунзахъ районалъул ясал рук1инги. Нилъго нилъехъангойилан абун гьеч1ищха г1ат1ахинк1азги))).

Гьел муг1алимзабазда ва т1олалго конкурсантазда баркизе гьенире рач1ун рук1ана тахшагьаралъул бет1ерасул заместитель Запир Алхасов, лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев Закир Каидов, шагьаралъул профсоюзалъул комитетатлъул председатель Александр Зайцев. Гьединго бергьенлъи босаразда баркана жюриялъул членаз, гьелгун цадахъ школалда х1алт1улез, гьудул-гьалмагъзабаз, г1ага-божараз.

Конкурсалда г1ахьаллъанщиназе кьуна сертификатал, бергьаразе - къиматал сайгъатал ва  г1арац жаниб лъурал конвертал. Т1оцебесеб бак1 ккурай, т1ад к1алъазе бак1 гьеч1ого бергьарай Пат1имат Мух1амадовалъе рес щвана республикаялъул «Бищун лъик1ав рахьдал мац1алъул учитель» конкурсалда г1ахьаллъи гьабизе ва Дагъистан т1убараб Россиялъулго конкурсалда бихьизабизелъун къеркьезе.

Киназго к1удияб баркала кьуна 11 гимназиялъул директор Зугьра Ях1яевналъе ва т1олго коллективалъе, т1адег1анаб даражаялда конкурс т1обит1изе бахъараб жигаралъухъ.  Тадбир къана гьеб гимназиялъул ц1алдохъабаз бихьизабураб концерталдалъун.

Авар мац1алъул муг1алимзабазул цолъиялъул рахъалдасан рак1-рак1алъ баркула нилъер муг1алимзабазда бергьенлъи. Рохана нужедаса. Ч1ух1ана нужедаса. Рохел т1аса унгеги, рек1ел мурадал т1ураги. Т1адчаг1иги муг1алимзабазул т1алаб гьабизе кант1аги, бук1инесеб гьезда цебе партабазда нахъа к1усун бугелъул.

Баху Мух1идинова

    Пикру загьир гьабизе
    Личный кабинет
    только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
    Машгьурал макъалаби