ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

 Шамгъода росулъ «Оцбаялъул» байрам.

Нилъер умумузда цIакъ лъикI лъалаан хIалтIуда цадахъ хIухьбахъиги гьабизе. ХIухьбахъиян абуни гьез, берталъ гуребги, батIи-батIиял байрамаздаги гьабулаан. МагIарулазул гIемерисел байрамал рухьарал руго лъагIалил заманалда, хIалтIул гIужалда. Щибаб байрам кколаан гIезегIан кIвар цIикIкIараб лъугьа-бахъиналъул байбихьилъун, ялъуни ахирлъун.

Киназдаго лъала цIияб магIишатияб сон байбихьулеблъи ракьулъе цIиял мугьал ккезариялдалъун. Гьеб ккола цIияб гIумруялъул байбихьи. Росдал харабазул пикруялда рекъон, гьелда бараб букIунин щибаб хъизамалъул, росдал сах-саламалъи. Гьединаб кIвар бугеб лъугьа-бахъин нилъер умумуз тIаса-масаголъи гьабун толароан. Гьедин ургъун букIана «Оцбай».

ГIадаталда рекъон гьеб байрам тIобитIизе тIолабго росдал гIадамал ракIарулаан. Гьеб ккола ихдалил рохалил байрам.   Гьал ахирал соназда нижер росулъ гьеб байрам тIобитIула цо хасав чиясул кумекалдалъун. Исана гьеб тIобитIизе спонсорство гьабуна МухIамадов ХIасаница. Я Аллагь, гьесул рукъалдаги, хъизаналдаги, буголъиялдаги баркат лъейги.

Байрамалда гIахьаллъи гьабизе рачIана шагьаралдаса, гъутадаса росдал гIолилал. Байрам байбихьана росдал дибир, мугIалим, Халид Х1ажияс дугIа-алхIам гьабиялдалъун. Гьеб байрамалъул аслияб иш ккола росулъ бищун хIурмат бугев чияс тIоцебесеб рахъ бай. Гьеб хIурматияб иш  Халид ХIажияс тIаде босана.  Гьесде тIаде гьарзаго бана ракь, тIуна лъим. Гьелъул магIна ккола цIад-бакъ рекъайги, хур цIун бачIайгиян абулеб. Гьелдаса хадуб киназго гьабуна дугIа ва хадусев росулъ адаб бугел чагIазухъе АхIмадов Къасумихъе, Гъазиев Ражабихъе  кьуна пуруц.  

Гьелдаса хадуб тIоритIана батIи-батIиял спорталъул  къецал: гамачI рехи, кIанцIи, рекери, торгIо хIай ва цогидалги. Бергьарал кIодо гьаруна къиматал сайгъатаздалъун ва гIарцудалъун. Гьабуна сухIмат, ихтилат-кеп, бикьана садакъа, гIадамаз цоцазе гьарана сахлъи, талихI, рохел, баракатаб сон.

Кинаб бугониги байрам берцин гьабула лъикIго гIуцIараб сурпаялъ. Росулъ ругел ясазул кумекалдалъун гIуцIун букIана бечедаб стол. 

ГIадаталда рекъон бачIунеб соналъ Оцбай гьабизе тIаде босана Гъазиев Ражабица.

ТIаде гIун бачIунеб гIелалда кIочон толел руго умумузул рукIарал лъикIал гIадатал, шагьаразде ингун кIочон толел руго росулъе руссине. Бицунеб гьечIо нилъерго рахьдал мацI. Гьединаб заманалда гьадинал байрамал тIоритIи ккола кIудияб ишлъун.

Бокьун буго кIудияб баркала загьир гьабизе гьеб байрам берцинго нухда бачиналъе квербакъи гьабурав ПатахIов Гьашимие ва гьесул хъизаналъе. Гьединго гьарулеб буго чорхое сахлъи ГIумаров МухIамадие.  Гьесул боцIи-рикъзи битIайги, рукъалда баркат лъейги, гьабулеб данде билъайги.

Я Аллагь, росу кIодолъайги, чи гIемерлъайги, рии-их битIайги хур цIун бачIайги Шемгъедерил росдал жамагIаталъе, ва гьединго тIолабго районалъе.

Авар мацIалъул мугIалим

АхIмадова Аксират

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби