ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Авар мацIалъул байрам Хунзахъ росдал кIиабилеб школалда

13 февралалъ Хунзахъ росдал кIиабилеб школалда тIобитIана рахьдал мацIалъул къо кIодо гьабиялда хурхун байрам. Тадбиралъул аслияб мурадги букIана гIун бачIунеб гIелалъул нилъерго мацIалдеги, адабияталдеги, маданияталдеги рокьи ва гъира бижизаби. Гьеб гьайбатаб байрам гIуцIун букIана гьеб школалъул авар мацIалъул мугIалимзаби ГIалимухIамадова Сидрат Гъазиевнаялъ, ХIусейнова Лаюза ХIусейновнаялъ ва Мусаева Умагьани ГIариповнаялъ. ЦIалдохъабаз рекIелъе рортиледухъ рикIкIана ва ахIана магIарулазул машгьурал шагIирзабазул асарал , рихьизаруна З. Батировалъул “ВатIаналъул унти” ва  М.Сулимановасул “Дандерижи” абурал асаразда тIасан лъурал инсценировкаби. Тадбир ана цIакъ пайдаяб, тIадегIанаб даражаялда.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби