Авар мацIалъул къо РахатIа росулъ
8 февралалъ Болъихъ районалъул Рахат1а гьоркьохъеб школалда т1обит1ана, Т1олгодунялалъул рахьдал мац1азул къоялда хурхун, кутакалда берцинаб байрам. Байрамалда гъорлъ г1ахьаллъи гьабуна школалъул муг1алимзабаз ва ц1алдохъабаз гуребги, росдал жамаг1аталъ, росу ч1ух1арал, кутакалда пагьму-гьунар бугел, к1ал пасих1ал харабаз, ясли-ахалъул лъималаз. Т1аде рач1ун рук1ана гьалбалги: Тахо-Годил ц1аралда бугеб г1елмияб институталъул г1елмияв х1алт1ухъан Х1айбула Вакилов, авар мац1алъул муг1алимзабазул цолъиялъул нухмалъулей, ва "Маг1арулай" журнаналъул редактор Баху Мух1идинова ва Хатимат Мух1амадовалъул нухмалъиялда гъоркь телевидениялъул къокъа. К1удияб асар гьабуна гьеб тадбиралда г1ахьаллъанщиназе, г1умруги лъалел, г1емераб лъик1аб-квешабги бихьарал харабазул каламалъ. Гьезул цо-цоязда нилъер машгьурал шаг1ирзабазул т1убарал поэмабицин рек1ехъе лъалел ругоан. К1арчанал ясли-ахалъул лъималазги х1айран гьаруна. 2017 соналъ ц1а ккун школаги бух1ун, буртабазул артелалда дарсал кьолел хут1ун ругониги, школлъималазеги щибго камураб жо тун гьеч1о Рахат1а гьоркьохъеб школалда. Г1олохъанав ва жигарав директор Г1абдулмажид Мух1амадовичас ц1акъ берцинго бачун бач1инеб буго школалъул х1алт1и цебе. Бахиллъизе бач1ана гьезул педагогазул коллективалдаги. Щиб гьабулеб бугониги, цадахъ, цо хъизан г1адин бокьараб иш т1убазе х1адурал руго гьел. Гьале гьаб нухалъги, авар мац1алъул муг1алим Пат1имат Патх1улаевналъул нухмалъиялда гъоркь, киналго цадахъ рахъун т1обит1ана Рахьдал мац1алъул байрам. Киназулго рахъалдасан рак1-рак1алъулаб баркала кьезе бокьун буго гьеб байрам г1уц1арал, х1адурарал ва нухда бачине кумек гьабурал щивасе. Цойги нухалъ бихьизабуна нилъеца маг1арул мац1алъулги, маг1арул кеч1алъулги, маг1арул кьурдулги, гормендо ч1варал ясазулги, хъубухъун т1ад маг1арул т1агъур лъурав васасулги берцинлъи.