Умумузул нухалги кIочене риччачIого...
"Умумузул нухалги к1очене риччач1ого..." абураб кутакалда берцинаб, пайдаяб тадбир т1обит1ана Унсоколо росдал гьоркьохъеб школалда. Тадбир г1уц1ун бук1ана г1исиназулги ч1ах1иязулги гъира баледухъ. Гьеб умумузул рук1а-рахъинги, г1адаталги, маданиятги рак1алде щвезабиялъул х1урматалда гьабулеб тадбир байбихьана радалго школалде нек1сияб , умумузул рет1елги рет1ун ц1алдохъабиги муг1алимзабиги рач1иналдалъун. Гьезухъ балагьун бер г1орц1улеб х1ал бук1инч1о. Киналго ц1алдохъабиги рук1ана кутакаб гъира-шавкъалда. Г1уц1ун рук1ана кванил, умумузул рук1арал т1аг1алабазул, ц1араг1алъул столал. Ц1алдохъабаз рик1к1ана ва ах1ана куч1дул, рихьизаруна нек1сиял кьурдаби. Тадбир ана балагьаразе лъик1аб асар гьабулеб, г1ун бач1унеб г1елалъул умумузул бук1араб рук1а-рахъиналдеги, рахьдал мац1алдеги, адабияталдеги гъира ва рокьи базабулеб, лъик1аб даражаялда.