ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

20 фев 21:41Блогал

Хасавюрт шагьаралъул 19 школалда рахьдал мацIалъул къоялде тадбир

   2020 соналъул февралалъул 19 школалда т1обит1ана Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мац1азул къо гьабиялда хурхараб байрам. Байрамалда г1ахьаллъи гьабуна  Администрациялдаса вакил Бадыр Ах1мадовас, шагьаралъул лъай кьеялъул нухмалъулев Руслан Ибрагьимовас, Халкъияб собраниялъул депутат, Хасавюрт шагьаралъул №3 Гимназиялъул директор Гъолоев Ризваница, Хъвадарухъабазул Союзалъул ва  Россиялъул Журналистазул член, "Насих1ат" газеталъул редактор Париза Гереевалъ, шагьаралъул школазул муг1алимзабазгун ц1алдохъабаз. Байрамалде рач1ун рук1ана гьединго Чачан республикаялъул вакилзабиги. Тадбир т1обит1улеб бук1ана киналго миллаталги цолъун: миллиял кьурдаби, куч1дул, умумузул г1адатал рагьулел церерахъинал, миллияб квен-т1ех-киналъго ва киназго ах1улел рук1ана мац1алдехун, миллаталдехун ц1уна-къаялъулаб бербалагьи гьабиялде. Гьалбадерица рак1- рак1алъулаб баркала загьир гьабуна тадбир г1уц1иналъе ва берцинаб даражаялда т1обит1иялъе х1аракат бахъарал 19 школалъул муг1алимзабазе ва школалъул директор Г1узайри  Г1изудиновичасе 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби