ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

МахIачхъалаялда - авар мацIалъул фестиваль

     Исана авар мац1алъул санайил т1обит1улеб фестивалалъул бук1ана юбилейги-5 сон т1убай.
 Программаялда бихьизабухъе, т1оцебесеб къоялъ Авар театралъул фойеялда т1обит1ана маг1арул т1ахьазул, газет- журналазул, суратазул выставка. Бат1и-бат1ияб миллияб рет1ел рет1арал лъималгун руччабазги бихьиназги бат1ияб гугьар кьун бук1ана тадбиралъего. Релъа-рохун, адаб-х1урматалда цоцазде руссарал маг1арулазухъ балагьидал, рух1даллъана умумузул цебесеб г1умруялда- жакъасеб байрам г1адаб щибаб къо жидер бук1арал. Рачунел нек1сиял бакъназги, ах1улеб кеч1алъги, кьурдухъабазги г1енеккаразе к1очон толареб асар гьабулеб бук1ана.
    Рач1унелго рач1унел рук1ана байрамалде г1адатиял маг1арулалги, маг1арулазул машгьурал церехъабиги, г1алимзабиги, артисталги, кьурдухъабиги, учительзабиги, бат1и-бат1иял бок1наздаса нилъер миллаталъул вакилзабиги. Ругоан бат1ияб пачалихъалдаса тадбиралде рач1аралги-Казбек мухъалъул Хубар росулъа Ума Исх1акъовалъ бицана Америкаялдаса щванила жийилан. Вук1ана Томскалдаса  вакилги. Гьединал х1ужжабаз рек1елъе ч1ух1иги рохелги рещт1инабич1огоги теч1о.
      Фестивалалъул г1ахьалчаг1азда Т1олгодунялалъулго рахьдал мац1азул байрам баркизе Авар театралде щвана Дагъистан Республикаялъул миллияб политикаялъул министр Татьяна Гамалей.
 Къаде байбихьана маг1арул учительзабазул Ассоциациялъ х1адурараб церерахъин.
   Цо маргьуялдаса цогидаб маргьуялде рачана махщалида программа г1уц1арал ва к1удияб бажариялда гьеб бачарал Ассоциациялъул нухмалъулей Баху Шамиловналъ ва Гъизилюрт шагьаралъул 7 школалъул муг1алим Сарат Мух1умаевалъ. Лъик1ал церерахъинал рук1ана х1адурун ц1алдохъабазги. Рек1елъе бортиледухъ Расулил "Авар мац1" кеч1 ах1ана, ц1алана  Гъ. Гъалбац1овасул "Дун" абураб асар, бихьизабуна Ц1. Х1амзатил "Т1агьир ва Зугьра" абураб сценка, гьединго "Ясазул дада" абураб сценкаялъул цо бут1а, рик1к1ана рек1ехъе куч1дул, рук1ана г1исинал кьурдухъабазул церерахъиналги. Кинаб бажари-махщел гьез бихьизабурабали борцунеб бук1ана ралагьаразул халат рахъарал хъатч1ваяз. Гьанибго баркала кьезе бокьун буго ц1алдохъаби х1адурарал учительзабазе.
   Кидаго г1адин, исанаги рохел-сух1мат хисулеб бук1ана баркиялъул хинал раг1абаз ва шапакъатаз.
Х1урматиял шапакъаталги, баркалаялъул кагъталги, къиматал сайгъаталги студентаздасан байбихьун, г1елмиял х1алт1ухъабазде щун, рук1ана кьолел.
   Г1олохъанал муг1алимзабазе гьабулеб бугеб кумекалъухъ, авар мац1 г1ун бач1унеб г1елалда лъазе г1оло гьабулеб х1алт1ухъ 25 Х1урматияб шапакъат щвана Ассоциялъул учительзабазе.
 Маг1арул миллиябгун маданияб автономиялъ т1убараб соналъ мац1, тариях,  маданият, г1адатал, лъазариялъе ва ц1униялъе гьабураб х1алт1ухъ баркалаялъул кагътал ва г1арцулал къиматал шапакъаталгун орденал кьолел рук1ана. Дагьал рук1инч1о гьезие мустах1икълъарал маг1арулал: г1алимзабиги, артисталги, журналисталги, тарихчаг1иги, жамг1иял х1аракатчаг1иги, учительзабиги.
   Къиматаб шапакъат щвана Х1айбула Сулейманович Вакиловасеги, Г1. Г1. Тахо-Годил ц1аралда бугеб г1елмиябгун ц1ех-рехалъулаб институталъул г1елмияв х1алт1ухъанасе: гьев мустах1икълъана г1арцулаб медалалъе. Гьединго г1арцулал шапакъатал ва баркалаялъул кагътал кьуна Г1алиева Марзигат Хангеревналъе, авар адабияталъул 6-7 классазул т1ахьал данде гьарурай Къамышхъутаналъул авар мац1алъул муг1алималъе, Саг1идова Сиянат Тимуровналъе-Хасавюрт шагьаралъул №3 Гимназиялъул муг1алималъе. Маг1арул миллиябгун маданияб автономиялъул рахъалдасан гьелъул нухмалъулев Шахбан Х1апизовас Ассоциациялъе  видеокамера кьуна Баху Шамиловналъухъе.
  Фестивалалъул 5 сон т1убаялъул тадбиралде цебеккунго лъазабун бук1араб флешмобалъул роликаздаса хадуб, З. Атаевалъул пьесаялда рекъон, режиссер Г1алисутан Батыровас лъураб "Васигат" абураб спектакль бихьизабиялдалъун лъуг1ана тадбир.
      Аллагьас тавпикъ кьеги гьаб тадбир х1адур гьабизе х1аракат бахъанщиназе.
                                                                             Лъик1аб раг1аги лъик1аб бихьаги!





Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби