ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Сарат ХIажиевалъул шигIруяб сордо

7 марталъ нижее, авар мацlалъул учительзабазе,  рес щвана Хlажиева Сарат Мухlамадовна кlодо гьаюн, Руччабазул къоги баркун, Махlачхъалаялъул 28 школалда гьабулеб шиг1руяб сордоялда гlахьаллъизе. Гьей гlадатияй магlарулай, гьайбатай инсан, цlодорай, гlакълу камилай шагlир йихьарайго рекlелъ йосана магlарул ясазда. Лъаралдаса гlемер заман ун букlинчlониги, нижее гьей лъугьана бищунго къиматай гьудуллъун. Саратица жиндирго кучlдузулъ рехсолеб буго магlарул чlужугlаданалъ намус цlунизе ккеялъул, Ватlаналде, гlадамазде бугеб рокьиялъул ва гьанже заманалъул къваридаб къисматалъул.

Вечералда гlахьалъи гьабуна школалъул учительзабаз, лъималаз, тlаде ахlарал гьалбадерица. Жийго батlияб миллаталъул йикlаниги, школалъул директор Абдуллаева Гульнара  Х1асанбековнаялъул нухмалъиялда гъоркь гlуцlун букlана гьеб тадбир. Нижеца ракl-ракlалъ баркала кьолеб букlана мацlал цlуниялда тlад хlалтlи гьабулей гьезул директоралъе.

Киналго гlажаиблъун хутlана Сарат Хlажиевалъул кучlдул хъвазе гуребги, кечl ахlизе, кьурдизе бугеб махщелалъги, гьединго  цадахъ хlалтlулез гьарурал кlалъаязги, цlалдохъабаз бихьизабураб церерахъиналъги, школалъул кколективалъ тlаде рачlараздехун гьабураб бербалагьиялъги. Нижер Махlачхъалаялъул ясазул къокъа «Хъахlал макказеги» рес щвана баркиялъул кlалъай гьабизе. Баркияздаса хадуб шагlиралъ нижее сайгъат гьаруна жиндирго къватlире рачlарал цlиял «Рекlел асарал» абурал  тlахьалги.

 Сарат Мухlамадовна йиго гlаданлъи бугей, сверухъ ругезде рохел бикьулей унго-унгояй магlарулай.  Гьей гьаюна Унсоколо районалъул Гьаракlуниб росулъ. Гьелъул руго кlиго васги, цо ясги. Гьелги жидерго хъизамазда гlумру гьабулел руго.  Гьелъие нижеца гьарула халатаб гlумру, хадур-хадурги кучlдул хъвазе къуватги, пагьмуги,  гьунарги.

 

 Эльмира Жамалова

Мах1ачхъала 8 лицей.

2020 сон

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби