Авар-гIурус словарь. М.М. Гьиматов
Рецензентал:
Дагъистаналъул ГІ.ГІ. Тахо-Годил цІаралда бугеб педагогикаялъулаб институталъул кІудияв гІелмияв хІалтІухъан А.Гь. ХІамзатов,
филологиял гІелмабазул кандидат, доцент М.М. НурмухIамадов,
филологиял гІелмабазул доктор, профессор М.И. МухIамадов
Авар-гIурус словарь: 36-азаргогIанасеб рагIи (редактор – М.М. Гьиматов) – МахIачхъала: ДНЦ РАН, 2006. – 2096 гь.
Словаралда буго 36-азаргогIанасеб гьанжесеб магIарул мацIалъул рагIи. Гьезда гьоркьор руго цIикIкIун хIалтIизарулел жамгIиялгун политикиял ва гIелмиялгун техникиял рагIабиги. ГIемер руго рагIул магIна бичIчIизе кумек гьабулеб рагIабазул дандраялги, предложениялги, фразеологиял сверелалги, кицаби-абиялги. Словаралъул ахиралда руго дунялалъулги Дагъистаналъулги географиял цIарал, топонимал.
Словарь биччан буго мацIалъул мугIалимзабазе, журналистазе, таржамачагIазе, цIалдохъабазе, студентазе, гIурусги аварги мацIаздасан пайда босизе бокьарал чагIазе.