ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

09 янв 14:47Блогал

Лъималазе тарбияги лъайги кьеялъул г1уц1и жакъа къоялъе жаваб кьолеблъун бугищ нилъер? Шамил МухIидинов

Лъималазе тарбияги лъайги кьеялъул г1уц1и жакъа къоялъе жаваб кьолеблъун бугищ нилъер?

Гьелъул бициналде, цин рач1а пикру гьабизин, нилъер т1аде балагьунцин якъинго рихьулел г1унгут1абазул, ай лъайгин тарбия кьеялъулъ ругел бат1и-бат1иял унтабазул. Цин кьуч1ч1аб диагноз лъелалде унтарасда гьикъизин, щиб нужер унтулеб бугебилан?

Бищун цебе, тарбиягин лъай кьеялъул т1алабалда ругел чаг1и ккола умумул. Лъимал рук1уна умумул ругелги, гьеч1елги, ч1аго рук1аниги, гьел хваралги, ай гьездасан ганч1идаса т1от1оег1ан хайир гьеч1елги. Умумуз малъизе ккола лъималазда т1оцебе хьвада-ч1вадиялъул къаг1идабиги, мац1ги, рет1а-къазеги, пикру гьабизеги. Ай, хадуб школалъул коллективалда хьвадун ва лъай борхизабун бажарулеб куцалде ккезавизе ккола. Гьеб жидерго борч киналго умумузда гуро т1убазабизе к1олеб бугеб. Цо-цоязда - рег1ел гьеч1олъиялъ, квенги-рет1елгицин лъималазе г1езабизе зах1мат бук1иналъ, цо-цоязда - педагогикияб ва психологияб лъай гьеч1олъиялъ, цо-цоязда - лъималазе тарбиялъул ва лъайкьеялъул мукъсанабгицин бич1ч1и гьеч1олъиялъ, цо-цоязул жидергоцин я тарбия, я г1акълу мисалиябалде г1агарабцин гьеч1олъиялъ. Абизе бегьула, къанаг1ат рук1аниги, ратула умумул, лъимал къвариг1унго гьеч1елги, рак1алдаго гьеч1ого дунялалде лъималги риччан, гьездаса т1урулелги. Чан бат1иявха инсан вижун вугев Аллагьас.

Гьедин рук1аян тезеги бегьилаан, цогидал, г1умруялъулъ маг1на лъезеги бокьарал, лъималазул бук1инеселъул ургъелги бугел умумул гьеч1елани. Бат1алъи гьеч1о, унти бахунеб жо бук1уна, хасго тарбия гьеч1олъиялъул унти. Гьеб гуребги, гьел лъимал, умумузе х1ажат рук1аниги рук1инч1ониги, х1ажат руго лъик1ал ярагьунел г1адамал жамг1ияталъе, х1алт1и гьабизе чаг1и г1уц1ц1абазе, армиялъе… Дуниялалъул материалияб рахъ лъик1лъарабги г1олеб гьеч1о, гьелда рекъон, г1олилазул, инсанасул г1акълуги тадбирги к1удияб г1олеб гьеч1они.

Школалде рачиналде лъималазул т1алаб гьабизе ккелаан пачалихъалъги. Гьезги цо къадаралда гьабулеб гьеч1ин абиларо. Руго ясли-ахалги, лъималазул сахлъиялда хадуб хъаравуллъи кколел г1уц1абиги. Амма щаяли гьезулги х1алт1и камилаблъун бихьулеб гьеч1о. Дица абуна «щаяли» - ян. Щаялиги лъалеб буго. Умумузул г1унгут1аби рац1ц1ине, гьезда лъималазе тарбия кьолеб куц малъулел курсал гьеч1ого, гьел рег1уледухъ, бет1ербахъиялъе шарт1ал гьеч1ого, кколеб бак1алда гьезул т1алаб гьабизе тарал г1уц1аби х1алт1улел гьеч1ого. Ясли-ахалда лъималазе тарбия ва лъай кьолел чаг1азе лъик1ал харжал гьеч1ого, гьезулги, т1адеги г1арац балагьич1ого, цо бак1алда х1алт1ун т1убалеб х1ал гьеч1ого. Гьеб суалалде пачалихъалъ г1ураб к1вар кьолеб гьеч1ого.

Гьелъул х1асилалда, школалде бач1унеб буго бат1и-бат1ияб тарбия щварал ва тарбияго гьеч1елги лъимал. Рач1унел руго пикру гьабизе ругьун гьаруралги гьарич1елги, х1арпал лъалелги, дагьа – макъаб бук1аниги ц1ализе лъалелги, лъазего лъаларелги лъимал. Сахал, ц1алиялъе щибго квалквал гьеч1елги, унтарал, психика камиллъич1ел, гаргадизе лъаларел, канлъи ва раг1и заг1ипалги. Гьел киналго гъолел руго классалде жанире. Гьел киналго нухда рачиналъул зах1матаб амру т1аде кколеб буго байбихьул кклассазул учителасде. Алх1амдулиллагь, гьеб зах1матаб амру борхун бажарулел, г1ага-шагарго киналго цо даражаялде рачине к1олел, т1асиял классазда ц1ализе бажарулеллъун гьел гьаризе к1олел учительзабиги руго. Амма гьел дагьал руго.

Гьанибги бач1уна добго харжалъул суалги, учитель х1алт1уде рег1иялъул суалги. Учительзабазул лъайги, бажариги жакъа къоялъул т1алабазде данде ккеялъул суалги. Гьел киналго суалал цоялда цоял хурхарал, цадахъ хисизаризе кколел суалал руго. Щайха гьел унтаби раккарал ва нилъер жамг1ияб къаркъалаялъулъ щулалъарал? Гьелъие г1иллабиги г1емерал руго.

Т1оцебесеб бак1алда дица лъола, г1амм гьабун халкъалъулги, хасго т1адчаг1азулги иман заг1иплъи, яги гьезего гьеч1олъи. К1иабизе - законалги, гьел г1умруялде рахъинаризе кколел г1адлу-тадбиралъул г1уц1ц1абиги заг1иплъи. Гьелъул х1асилалда, кьавуялъ махх кинигин, жамг1ияталъул киналго рахъал хвезарулеб ришватчилъи ц1ик1к1ин, ургъел ва жавабчилъи гьеч1олъиялъ ханлъи гьаби. Умумуз ц1унулел рук1арал ях1-намус г1адал, рит1ухълъи г1адал, г1емерал цогидалги хасиятал хвезе, рилизе тей, ай напсалъул экология хвезаби, къиматал г1амалал эрозия лъугьун, ракьулъа беэнлъи г1адин, чурун т1аг1ин.

Гьелъулги х1асилалда, г1адамал, пайда гьеч1ел сапнал полпил г1адал шаразда – батулареб раг1иялда, кьер берцинал гьерсазда, реццалъул, мах1 гьеч1ел т1угьдузда, т1алъи бокьиялда, лъимада к1алдиб ч1валеб резнал моц1у г1адал, рахь щоларел аттестатазда, дипломазда, г1елмиял ц1аразда – хадур лъугьин, цеве ккарав мерхьун гурони жив цеве т1оларилан г1емеразда ккей г1адал унтаби лъугьана. Маг1арулаз абула «гьан мах1сани ц1ам щвала, ц1ам мах1сани щибилеб?» - илан. Гьел киналго унтаби сах гьаризе кколел, къуват х1алт1изабулел г1уц1абиги, тарбия кьезе кколел г1адамалги, тохтирзабиги унтун ругони, унтараз щибха гьабилеб? Гьелги, гьел гурелги жамг1ияталъул унтабазул х1асилада лъималазе, г1олилазе тарбия кьезеян лъугьарал учительзабазул, тарбиячаг1азул, муг1аллимазул х1алт1ул х1асил мукъсанаб гурони кколеб гьеч1о.

Советазул заманалъ г1уц1ц1ун бук1араб лъайкьеялъул структураялъ, доб заманаялъ х1асил кьолеблъун бук1араб батаниги, жакъа лъик1аб х1асил кьолеб гьеч1о. Доб заманаялъ бук1араб г1адлу гьеч1елъулха. Лъайкьеялъул даража хисизабулаго, ц1иял чиновниказ мисалалъе босулеб буго, халкъалъул г1акълиял, пикриял, хьвада-ч1вадиялъулал, рух1иял рахъал х1исабалде росич1ел, Америкаялъул яги Европаялъул къаг1идаби. Гьезие къвариг1ун буго г1ат1идаб бич1ч1иги гьеч1ел, жидерго бет1ер х1алт1уларел, малъаралъе мук1урал, бечедал олигархазул гъаравашал куцазе. Г1елмияб рахъ цебе т1униги рух1ияб жагьиллъи т1ибит1изабизе.

Х1ажат буго т1убанго лъайкьеялъул г1уц1ц1и нилъерго х1ажалъабазе, мурадазе данде кколеблъун лъугьинабизе. Кин гьеб гьабилебали бициналде х1исабалде босизе ккола, кинал г1амалазул, лъаялъул, бажари гьунаралъул г1олилал нилъее къвариг1ун ругелали. Гьанибго мух1кан гьабизин «нилъее» абураб раг1иялъул маг1на. Суал бач1уна: лъимал лъил ва лъие гьел къвариг1ун ругел абураб. Умумузулищ, жамг1ияталъулищ яги пачалихъалъулищ абун.

Лъимал умумузул рук1аниги, гьел лъик1ал, бажари-гьунар бугел лъугьиналъул ц1акъ к1удияб к1вар буго жамг1ияталъеги пачалихъалъеги. Гьединлъидал гьезие тарбия кьезе, лъай кьеялъулъ г1ахьаллъизе, бач1унеб г1ел иманалда ва инсанияталъул т1адег1анал хасиятазда куцазе т1адаб буго умумуздаги, жамг1ияталдаги, пачалихъалдаги. Гьеб лъабабго къокъаялъул цадахъ рекъараб х1алт1иги гьеч1они, гьез цоцазул мурадал т1ураялъе квал-квалги гьабулеб бугони, х1асил лъик1аб ккезе рес кинха бук1инеб!

Школалде инег1ан цебеккун тарбиягин лъай кьеялъул аслияб х1алт1и т1аде ккола умумузде. Гьелъие, ясли-ахал рагьунги, сахлъи ц1униялъе кумек гьабунги, лъималазе х1ажалъулел рек1елгъеялъул бак1ал рагьунги, кумек гьабизе ккола х1укуматалъги. Умумул лъималазде рег1ун рук1иналъе квербакъиги гьабизе ккола гьебго пачалихъалъ. Школалде рачиналде лъималазул бук1ине ккола, хьвада-ч1вадиялъул, пикру х1алт1изабиялъул гуребги, хадуб лъай босизе ярагьунеб даражаги. Бук1ине ккола данде кколеб сахлъиги. Гьеб мехалъ абизе бегьула байбихьул классазул учительзабазда, гьале нижеца тарбиягин лъай кьеялъул кьуч1ч1ги лъун рит1улел руго лъимал школалде, гьелда т1ад нужецаги щулияб къед баян.

Ясли-ахазда тарбия кьолезе г1ураб харжги кьолеб гьеч1они, пачалихъалъги умумузги гьезие лъик1ал х1алт1ул шарт1алги ч1езарулел гьеч1они, яслиязда тарбия кьолезул педагогикияб психологияб ва методикияб лъаялъул даражаги заг1ипаб бугони, х1асил кинабха ккелеб?

Дир пикруялда, школалде лъимал рачараб мехалъ, умумузги, пачалихъалъги, жамг1ияталъги школалъул коллективалъулгун къот1и хъвазе ккела, нижее х1ажат буго лъималазе гьадинаб тарбия кьезе, гьадинаб лъай кьезе, гьадинаб физическияб цебет1ей лъугьинабизе, сахлъи ц1унизе - ян. Цадахъаб комиссиялъ школалде бачиналде хал гьабизе ккела, лъимадул, школалда ц1ализе ккани х1ажалъулеб, сахлъиялъул, лъаялъул, пикру гьабиялъул бугеб даражаялъул. Къанаг1ат рук1аниги дандч1вала учительзаби, дида г1антаб лъимадуе дарс кьолеб къаг1ида лъалароян абулелги.

Школазда цере кинал т1алабалха лъелел? Умумузул т1алабалде гьоркьобе ина, лъималазе кьолеб тарбиялъул суал, лъимал ригьнаде х1адуриялъул, гьезда лъазе лъик1ал, рахьдал ва къват1исел пачалихъазул мац1азул, ва сахлъиялъул, лъималаз т1аса бищулеб профессиялъул суал. Пачалихъалъ цебе лъезе ккела ват1ан хиралъиялъул, армиялда хъулухъ гьабизе ярагьунеб тарбиялъулги бажариялъулги суал, лъаялъул, г1урус мац1алъул, бак1алда рекъарал, умумузулгун данд бараб профессия т1аса бищиялъул суалги. Жамг1ияталъ, ай росдал ва шагьаразул жамаг1атаз цебе лъезе лъезе ккола жамг1ияталда хьвада-ч1вадиялъул, къвариг1ел гьеч1ел заралиял хасиятаздаса ц1униялъул, жамаг1аталъул къадру-къимат ц1унулевлъун куцаялъул суал. Т1алабал рук1ине бегьула жидее махщел бугел х1алт1ухъаби къвариг1арал: росдал маг1ишаталъул, промышленниял предприятиязул, ресалда ругел, цогидазе х1алт1и ч1езабизе к1олел г1адамазулги, хасал. Пачалихъалъ школазе кумекалъе рихьизаризе бегьула, лъимал рокьулел, гьел нухда рачине кумек гьабизе к1олел, психологал, полициялъулал.

Школа лъуг1изег1ан умумузулги, пачалихъалулги, жамг1ияталъулги мурад бук1ине ккола, кьварараб г1адлу гьаби гуреб, кумек гьаби. Школалъул коллективалда цониги чияс, жиндаго цере ч1арал масъалаби, умумузул, пачалихъалъул ва жамг1ияталъул т1алабал т1уразарулел гьеч1они, лъаг1алил х1алт1ул х1ассилалда, умумузулги пачалихъалъулги, х1атта лъималазулги вакилзабаз, педколлективги г1ахьаллъун, учителасда абизе ккела, хирияв вац, дур гьеб х1алт1иялъе бажари гьеч1о, бат1ияб т1аса бищеян. Гьениве дагьав лъик1авги валагьизе ккела.

Школалдехун гьединал т1алабал ругони, школалъул гьел т1алабал т1уразе кумек гьабизе ккела пачалихъалъги, умумузги, жамг1ияталъги. Бищун цебе ч1ч1езабизе ккела лъица щиб т1аде босилебали. Учительзабазе ва ц1алдохъабазе шарт1ал ч1езариялъул суал ва гьай-гьай харжазул суал пачалихъалда т1аса инаро, гьез кьолеб г1арацги т1олабго халкъалъул г1арацлъидал. Харжал учительзабазе ц1ик1к1инаризе ккела, гьелда рекъон х1алт1и гьабун бажарулеб гьеч1они, г1одов ч1аян абизе бегьулеб къаг1идаги бигьалъизабизе ккела.

Пачалихъалда г1ураб къадаралда, ц1ик1к1арал харжал ч1езаризе к1олеб гьеч1они, «гьарулел руго, гьарила» абун бачинч1ого, рагьун абизе ккела: нижер рес бугеб нижецаги гьабуна, жидерго т1алабалда рекъон, т1аде рес бугел умумузги кумек гьабизе ккела, х1атта жамг1ияталдагицин гьезие харжал ц1ик1к1инаризе ресал ратизе ккелаян. Щибаб школалъул фондги г1уц1ун гьенибе г1арац реххизе ккела, щивасул лъимадул т1алаб гьабуралъухъ гуреб, г1амм гьабун. Гьенибе г1арац реххизе ккела долго рес бугел, х1алт1ул квер ва хасаб махщел къвариг1арал г1адамазги. Гьеб фондги школалда шарт1ал ч1езариялъе ва лъик1 х1алт1аразе т1адеги премия кьеялъе х1алт1изабизе ккела. Биччан теха, рак1бац1ц1адго лъималазе г1умру кьолев цог1аги учитель бечелъун вихьизе. Цогидасеги бокьизе бегьула гьеб х1алт1и гьединго гьабизе.

Лъайкьеялъул управление бук1ине ккела х1албихьи бугел учительзабаздасан г1уц1араб, школалъул учительзабазе киналго рахъазулаб кумек гьабизе к1олеб ва цебет1ураб х1албихьиялъул реклама гьабулел, гьеб т1ибит1изабулел чаг1и. Гьелъул х1асилада лъугьина, рижила гьанже заманалъул т1алабазда рекъон, медиатехнологиялдасан ва цогидалдасанги пайдаги босун, лъик1аб х1асил ккей мурадлъун бугел учительзаби.

Учительзаби лъик1ал гьеч1они, ц1алдохъаби лъик1лъуларо, ц1алдохъаби квешлъани студентал лъик1лъуларо, студентал квешлъан, нахъойги лъик1ал учительзаби рук1унаро.

Дица студентазда гьикъула, лъица гьеб горги т1езабун, лъик1аб рахъалдехун иш сверизабизе кколебан. Гьел мук1урлъула: лъимал хисуларо, бич1ч1и дагьаб бук1иналдалъун ва учителзаби лъик1ал гьеч1елъул, учительзабиги хисуларо, ц1алич1ого ва г1емерал соназ квеш х1алт1ун ругьунлъун ругелъул ва жалго хисизаризе к1олеб таваккал гьеч1ого. Хисизе бигьаяб буго студентазе. Гьезул бук1уна лъай х1ажат бук1иналъул бич1ч1иги, гьеб хисизабизе к1олеб таваккалги къуватги.

Х1акъикъаталда ах1вал-х1ал хисизабизе къеркьезе ккола киналго, хасго учительзаби. Щаялиго вузазул ишги беццилеб х1алалъ гьеч1о. Гьезул х1акъалъулъ хъвани г1емерлъила. Гьеб цоги нухалъ хъвазе пикру буго. Иншааллагь!

Шамил Мух1идинов

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби