ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Диктантал - 1 класс. Шейхова Сидрат, Мах1ачхъалаялъул 41 школа

Скачать файл: 1-tbtb-tv-tv-.docx [16,49 Kb] (cкачиваний: 64)
Посмотреть онлайн файл: 1-tbtb-tv-tv-.docx


1 класс

Дарс.

ЦӀумур кьабуна. ЦӀалдохъаби партабазда нахъа гӀодор чӀана. Гьел лъикӀ хӀадурун руго дарсиде. (12 рагӀи)

ТӀадкъай: цӀалдохъаби абураб рагӀул фонетикияб анализ гьабе.

 

Хасел.

Хасало гӀурул лъим тӀокӀкӀун ва цӀорон букӀуна. ХӀанчӀиги хинал улкабазде роржун уна. Рохьор гъутӀбуздасаги тӀамхал гӀодоре рортуна. Бакъул хинлъиги дагьаб букӀуна. (20 рагӀи)

ТӀадкъай: тӀоцебесеб предложение слогазде бикье ва хъвай.

 

Учительница.

Ниж руго тӀоцебесеб классалъул цӀалдохъаби. Лъала нижеда цӀализе ва хъвазе. Учительницаялъ малъула гьудуллъи гьабизе. Цойги малъула Дагъистан бокьизе. (17 рагӀи)

ТӀадкъай: кӀиабилеб предложениялдаса рагьукъал гьаркьал ратӀа росе ва рихьизаре. Масала: [лъ],

 

Школалда ёлка.

Гьале школалъул зал. Гьениб буго берцинго къачӀараб ёлка. Лъимал расандулел руго. ЦӀорол Дадаги вуго гьезда гьоркьов.

РагӀаби: ЦӀорол Дада.

ТӀадкъай: [гъ] гьаракъ гъорлъ ругел рагӀаби рате ва хъвай.

 

Их.

Их тӀаде щвана. Гьава хинлъана. Авлахъазда гӀазу биун ана. МугӀрул гӀурччинлъана. Лъаралги гӀоралги хъудулел руго. (15 рагӀи)

ТӀадкъай: [гӀ] гьаракь гъорлъ ругел рагӀаби рате, ударениял лъе ва хъвай.

 

Школалъул пастӀаналда.

Жакъа нижер класс хӀалтӀана школалъул пастӀаналда. Дицаги ПатӀиматицаги хъапустан лъалъана, чӀахӀ бетӀана. ЛъикӀаб хъапустӀан бижила. (15 рагӀи)

РагӀаби: хъапустӀан.

ТӀадкъай: ахирияб предложение слогазде бикье ва хъвай.

 

Их.

Ихдал хинал улкабаздаса хӀанчӀи тӀад руссуна. Лъималаз хӀанчӀазе рукъзал гьаруна. (14 рагӀи)

РагӀаби: руссана.

ТӀадкъай: руссуна абураб рагӀул фонетикияб анализ гьабе.

 

Риидалил  каникулал.

ЦӀалул сон лъугӀана. Салим кӀиабилеб классалде вахъана. Школалъул азбаралда ахӀи-хӀур къотӀана. Байбихьана риидалил каникулал. (14 рагӀи)

ТӀадкъай: ахирисеб предложениялъул рагӀабазулъ ударениял лъе ва хъвай.

 

ЦӀад бана.

Зоб гъугъадана. Пирхана пири. Бана чӀахӀияб цӀад. Нухазда хӀорал чӀана. Нуралъ кӀамури лъуна. БацӀцӀалъана тӀабигӀат. (15 рагӀи)

РагӀаби: бацӀцӀалъана, кӀамури.

ТӀадкъай: щиб? щив? щий? щал? абурал суалазе жаваб къолел рагӀаби ратӀа росе ва хъвай.

 

Риидал.

Хинаб къо букӀана. Асмаги СалихӀатги рохьоре ана. Ясазда гӀемераб гӀурдахӀан батана. Гьез гӀурдахӀан бакӀарана. (14 рагӀи)

РагӀаби: гӀурдахӀан.

ТӀадкъай: гӀурдахӀан абураб рагӀул фонетикияб анализ гьабе.

 

Росулъ.

Риидал ниж эбел-инсуца росулъе щвезарула. Яцалъ кӀодоэбелалъе кумек гьабула. Дун лъималгун васандула. (13 рагӀи)

РагӀаби: кӀодоэбел, эбел-инсуца.

ТӀадкъай: кӀодоэбелалъе абураб рагӀи слогазде бикье ва хъвай.

 

Дир кӀудада.

Дир кӀудада вуго гӀакъилав чи. Киназдаго гьев хӀалимго кӀалъала. Ниж кӀудадада сверухъе ракӀарула. Гьес нижее хӀикматал маргьаби рицуна. (18 рагӀи)

ТӀадкъай: гӀакъилав, хӀикматал, хӀалимай абурал рагӀабазе суалал кье ва хъвай.

ХӀанчӀи нилъер гъудулзаби.

ХӀанчӀи киназулго гьудулзаби руго. Гьез тӀагӀинарула заралиял хӀутӀал. ЦӀалдохъабаз хӀанчӀи хасало кваназарула. Нилъеда тӀадаб буго гьезул тӀалаб гьабизе. (19 рагӀи)

ТӀадкъай: [хӀ] гьаракь бугел рагӀаби рате ва хъвай.

 

Гвангва.

Муса ун вукӀана рохьове. МахигьотӀода гьесда батана гвангва. Гьес гвангва ккуна. Мусаца гвангва школалде бачана. (15 рагӀи)

ТӀадкъай: тӀоцебесеб предложениялда жанир ругел рагьукъал гьаркьал ратӀаросун рихьизаре. Масала: [м],...

Ахикь.

Нижер ах борхалъиялда буго. Гьенир чӀахӀиял гъутӀби гӀун руго. Ахикьан рихьула гӀатӀидал авлахъал, росаби, маххул нухал, гӀисинал лъарал. (17 рагӀи)

ТӀадкъай: ахирисеб предложениялда жаниб чан рагӀи бугебали бихьизабе.

 

Рохьобе сапар.

Учителалъ ниж рохьоре рачана. ГъутӀбузда гӀурччинаб тӀамах бан букӀана. Сверухъе тӀогьилал, хъахӀал ихдалил тӀугьдул рижун ругоан. Ихдал рохьоб кутакалда берцинго букӀуна. (14 рагӀи)

ТӀадкъай: тӀоцебесеб предложение батӀа босе. Жиб-жиб рагӀиялъе суал къе ва хъай.

ГъалбацӀ.

Дир буго таращ. Гьелда цӀар буго ГъалбацӀ. Гьеб хӀапдола, дунгун басандула. Киве дун аниги хадуб бекерула. (13 рагӀи)

ТӀадкъай: лъабабилеб предложениялда жанир щиб гьабулеб? абураб суалалъе жаваб кьолел рагӀаби рате ва хъвай

 

Дандерижи.

Май моцӀ щвана. Къо букӀана хинаб, роцӀараб. Мусаги СалихӀги рохьоре ана. Рохьоб борхатаб кьуру батана васазда. Гьаз щиб рагӀи абуниги, кьурдаги бан нахъбуссунаан гьеб. Дандерижи букӀана гьеб. (25 рагӀи)

РагӀаби: нахъбуссунаан. 

ТӀадкъай: дандерижи, борхатаб абурал рагӀаби слогазде рикье ва хъвай.

 

Дагъистан.

ГӀатӀидаб ва бечедаб буго нилъер Дагъистан. Нилъер гьанир руго чӀахӀиял рохьал ва рорхатал мугӀрул. МугӀруздасан чвахула бечедал гӀорал. Гьез лъалъала гӀатӀидал авлахъал. (22 рагӀи.)

РагӀаби: авлахъал.

ТӀадкъай: кинаб? кинал? абулел суалазе жаваблъун рачӀунел рагӀаби рате ва хъвай.

 

МагӀаруллъи.

Лъималазда рекъола мугӀрузул гьава. Гьезие цӀакъ бокьула цӀорораб лъим ва тӀагӀамал пихъал. Гьороца ва хӀанчӀаца берцинал бакънал рачуна. ГӀуруца гьезие пасихӀал кучӀдул ахӀула. (22 рагӀи)

РагӀаби: пасихӀал.

ТӀадкъай: тӀоцебесеб предложениялда жаниб чан рагӀи бугеб? Ударениял лъе ва хъвай гьеб предложение.

 

Къасимех.

Роол заман букӀана. Къасимех щвана. Сордо бецӀлъана. ХӀанчӀи жанире руссана. ГӀанкӀуял ва хӀелкал кьижана. ГӀачиял ва бачал регана. ЦохӀого къуркъби хутӀана кечӀ ахӀулел. (22 рагӀи)

РагӀаби: руссана, къуркъби

ТӀадкъай: кьижана абураб рагӀул фонетикияб разбор гьабе.

 

Нижер школа.

Нижер рукъ школалда аскӀоб буго. Школалъул рукъзал рорхатал руго. Гордал чӀахӀиял руго. Азбар гӀатӀидаб буго. Цебе ах буго. Ниж гьенир хӀалтӀула. (21 рагӀи)

РагӀаби:

ТӀадкъай: текст берцинго цӀале ва ударениял лъе.

 

Нижер хъизан.

Къаси ниж киналго рокъоре руссуна. Эбелги-эменги хӀалтӀудаса рачӀуна. Эбел юкъарула. Эмен хъвадарула. Дунги гьитӀинай яцгун ясандула. (16 рагӀи)

РагӀаби: руссуна, юкъарула.

ТӀадкъай :ясандула абурабрагӀул фонетикияб разбор гьабе.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби