ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

"Деепричастиялъул грамматикиял гӀаламатал". Шейхова Сидрат, Мах1ачхъалаялъул 41 школа

© §43. Деепричастиялъул  грамматикиял  гӀаламатал.

 

 

Деепричастие рикӀкӀуна глаголаздаса лъугьараб наречиелъунги. Гьелъул рукӀуна глаголалъулги наречиялъулги грамматикиял гӀаламатал.

 

Глаголалъул гӀаламатал 

 

Заманалъул гӀаламат:

а)      араб заман. Мисал: Кодобе тӀехьги босун, вас цӀалдезе лъугьана. ГӀодун свакарав Муса кьижана.

б)      гӀахьалаб заман. Мисал: Сородулаго цӀадухъе щола ГӀали.

Буголъи-гьечӀолъиялъул форма:

АхӀулаго кечӀгун, рачӀана артистал. (Буголъиялъул).

КечӀ ахӀуларого, Расулида гӀемер гьардезе ккана.

(ГьечӀолъиялъул).

ТӀадчӀарабги бухьарабги форма.

а)      ТӀадчӀараб: ГӀусман кьурдулаго вачӀунев вукӀана.

б)      Бухьараб: ГӀусман, кьурдизабулаго чугун, вачӀунев вукӀана.

Ишалъул такрарлъи бичӀчӀизаби: бикь-бикьун ине, кьвагь-кьвагьун щущазе, сверсведулаго, кӀанцӀелаго, тенкелаго, щурщудун (бицине.)

Цолъул ва гӀемерлъул форма; жинсиял гӀаламатал: вачӀун, ячӀун, рачӀун.

Наречиял гӀаламатал.

Наречиего гӀадин, кин? абураб суалалъе жаваблъун бачӀин.

Наречиего гӀадин, хисичӀого цохӀого формаялда хутӀи.

1.+ Деепричастиял рате, гьезие суал лъе.

           ЧӀамулаго сакъисгун вачӀунев

           ЧӀалу гӀадав гӀолиласе нагӀана.

          ЧӀучӀунаго семечкагун кӀалъалев

           ГӀер гӀадинав бихьинасе нагӀана.

2.ХъахӀаб гьинкатнилъан гьумерги баккун,

  Гьай щий щуабилеб кьерда йигей яс?

  Киналго кьеразда свериги гьабун,

  Гьелде буссун буго дир кӀиябго бер.

3.Радал векьаризеян хуриве вахъаравго,

   Кинго хур батичӀого, тирула магӀарулав.

   ГӀодоб рехун букӀараб буртина борхарабго,

  Гьелъ бахчун батун буго цебе мискинасул ракь.

4.ГӀадан, радал ворчӀигун, ворчӀамиян гьимула,

   Бащадаб къо арабго, цодагьав къварилъула.

   Къаси бецӀлъи щварабго, пикрабалъ гӀенеккула;

   ГӀумруялъе3 буртина, цӀад къотӀарабго, кьола.

                                                                         (Р. XI.)

2.+ Гьал деепричастиялги гъорлъе ккезарун, предло жениял ургъе.

Кьижарилаго (хъвазе), векерулаго (хӀетӀе къуркьизе), хӀинкъичӀого (кӀанцӀизе), ургъун (масъала гьабизе), лъалаго (мекъи ккезе), цӀалдон (бетӀер ун- тизе), течӀого (цадахъ вачине).

3.+ Камурал рагӀабиги тӀаде журан, предложениял лъугӀизаре.

Рокъовеги щвечӀого, МухӀамад ...

Пириги речӀчӀун, ...

Хъурмил махӀги чӀван, гьаби ...

ГъотӀоде малиги чӀван, ....

Векерун вачӀунаго, ....

Рохьосан нухги къосун, ....

Деепричастиял рате. Гьезулъ хутӀарал глаголиял хасиятал рице.

4.+ Жинсалъулъ ва къадаралъулъ рекъезарун предложениял цӀале, кьералккунги цо-цоккунги.

Бакъун росулъе бачӀунеб букӀун буго цо цер.

I________________________       пуланай гӀадан.

I____________  ___________       чанахъаби.

I________________________       бесдалай.

______________________________альпинистал.

I_____________________________       юргъачу.

I_____________________________       рохьил хъаравул.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби