Х1асан Гузунов "Г1унк1к1ги ц1улакьоги". Мух1амадх1ажиева Марзигат Гьит1инамух1амадовна МКОУ СОШ №16 Хасавюрт шагьар
(I854-I940)
ХӀасан Гузунов гьавуна Гъазигъумеки росулъ (гьанжесеб Лак районалда). Гьесул эмен вукӀана мискинав векьарухъан.
ХӀасан цӀалун вуго мадрасаялда, живго лъикӀав лъугьун, лъазабун буго гӀурус мацӀ, живго жиндаго чӀун хӀадурлъун экзаменалги кьун, лъугӀизабун буго Дербенталда букӀараб гӀурус училищеги. Байбихьуда XI. Гузунов хӀалтӀана Гъазигъумеки округалъул росабазул гӀакълучиясул хъулухъалда, цо заманалъ вукӀана Вицхи рахъалъул наиблъунги.
ХӀурият бахъулел соназ гьес кумек гьабуна багӀарал иартизаназе. Граждан рагъал лъугӀун хадуб, I925 соналде щвезегӀан хӀалтӀана районалъул исполкомалда ва батӀи- батӀиял советиял идарабазда.
Жиндирго кучӀдузулъ ХӀасаница загьир гьабулеб буго, пачаясул тӀадчагӀигун рекъон, бакӀалъул бечедал чагӀаз халкъалъе кьолеб гӀазаб, гьединго I877 соналъ ккарал лъугьа- бахъинал. ШагӀирасул руго рокьул кучӀдулги. ХӀасан Гузунов рикӀкӀуна рахьдал мацӀалда тӀоцебе басняби хъварав чилъун. Лаказул литератураялъе гьеб цӀияб жанр рикӀкӀуна ХӀасанил литературияб хӀаракаталъул беццулеб рахълъун.
БукӀанила - букӀинчӀила, БукӀинецин букӀинчӀила, БукӀинеги бегьулила Гьиндустаналда гӀункӀкӀила... Гьеб цӀакъ бакъун букӀанила, Гьеб цӀакъ къечон букӀанила, Тиранила, сверанила, Свакан гъотӀокье щванила. Сверухъе балагьанила, Биххун, гьаракь борчӀанила, - БетӀергӀанасеб цӀулакьо Ракьалде далун бугила. Бохиялъ гӀункӀкӀ гӀоданила, ГӀажаиблъун лъугьанила, - КочӀол бакънал тӀамунила, ТӀамурги хъван, кьурданила. Бихьулищ цо талихӀилан, ХӀикмалъун балагьанила. Гьале - дие сайгъатилан, Тамашалъун хутӀанила... |
<!--[if !supportTextWrap]-->
<!--[endif]-->
Сверун хӀажичагӀи Анкьго нухалъ тирулила, - АнцӀцӀул гуро, къоцӀул гуро, ГӀонкӀкӀоца гъветӀ сверанила. Каранда ракӀ гьалданила, - Гьадинаб давла гьечӀила! Гьелда убач гьабунила, - Маргьабалъ дандчӀваларила! ГӀабул букъун, квананила, КочӀол бакъан къотӀичӀила. ТӀасан каратӀ гьабунила, Жанибе нух рагьанила. Рукъ къачӀараб батанила, Къавулъ нигӀмат цӀакъабила, Заман гӀедегӀун анила, ГӀонкӀкӀое кеп букӀанила. ГӀадалаб гьеб ургъичӀила, БукӀинелде кӀвар кьечӀила, Кванан хадуб кьижанила, Кьижун хадуб квананила... |
<!--[if !supportTextWrap]-->
<!--[endif]-->
<!--[if !supportTextWrap]-->
<!--[endif]-->
Нахъеги гӀункӀкӀ бакъанила, Къадарлъизе рекӀанила, Къечалъ тӀул-ракӀ беканила, ТӀомгун рукьби хутӀанила. Цинги къватӀиб бачӀанила, ЧӀаголъиялъ мугъ банила, Унтун цӀа-кан баханила, ЦӀулакьо гьелъ каканила. Гьаниб маргьу лъугӀанила, МагӀна гьадин бичӀчӀулила: Байбихьуда ургъичӀони, Ахир гӀбдизе кколила. |
<!--[if !supportTextWrap]-->
<!--[endif]-->
ГӀокӀаб хӀалтӀи букӀинчӀила, Бакьучлъун кьаралъанила, Гьеб цӀакъго гургинлъанила, Г абурги бицалъанила. Г ьанже рокъоб гьунарого, Къорлъун дунял бихьанила, Кьинги ихги сверанила, НигӀмат мигьлъун тӀагӀанила. КаратӀ къварилъун кканила, КъватӀибе нух щоларила, I ьелъул магӀу чваханила, I ьеб гӀодулеб хутӀанила... |
<!--[if !supportTextWrap]-->
<!--[endif]-->
193 |
<!--[if !supportTextWrap]-->
<!--[endif]-->