ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

"Деепричастияб сверел". Шейхова Сидрат, Мах1ачхъалаялъул 41 школа

 Деепричастияб сверел.

Деепричастиялъул букӀуна жинда бараб ва жин-

дасан суал лъолеб цо яги чанго рагӀи: БоцӀолъго бу садасаги в а х ъ у н. Вахъун — (киса?) бусадаса, вахъун — (кида?) боцӀолъго. Гьел руго деепричастиялда рухьарал рагӀаби.

Предложениялда жаниб жинда рухьарал рагӀабигун цадахъ деепричастие цо суалалъе жаваблъун бачӀуна. Гьединлъидал гьелда абула деепричастияб сверелилан.

Мисал:  Жакъа рокъове вачӀунаго, Салимида вихьана жиндирго кӀудада. ГьебсагӀат аскӀовеги векерун, гьес дахӀададахъа сумка босана.

Вихьана — (кида?) жакъа рокъове вачӀунаго. Сумка босана — (кин?) аскӀовеги векерун. Гьел ккола деепричастиял сверелал.

1.+ Гьал предложениязда жанир деепричастиял сверелал кирехун ругелали хал гьабе (авалалдайищ, ахиралдайищ, гьоркьойищ гьел ругел). Гьел запятаяз тӀезарураб куцалде кӀвар кье.

 

1.ЛъикӀ мехалъги ургъун, Асмаца масъала гьабуна.

2.Мансурил вас унев вукӀана, нижедеги ахӀдолаго.

3.Эбелалъ, иццухъеги ун, цӀорораб лъел цӀуна.

Предложениялда жаниб деепричастияб сверел запятаялдалъун батӀа гьабула.

 

2.+ Предложениял цӀале ва запятаял лъезе кколел бакӀазе баян кье.

1.Росулъе щолаго МухӀамад цӀакъ вохана. 2. Тракторист векьарулев вукӀана гьоркьо-гьоркьов нахъги валагьун. Цудунго къавудеги щун вехь лъугьана цӀа бакизе. 4. Гьабигьан рокъове ун ватана гьабихъего щвечӀого. 5. ЦӀикӀкӀарав вацас ахикьеги ун гьалбадерие пихъ босун бачӀана.

3.+ Кколелъур запятаялги лъун, кочӀол мухъал хъвай, цинги цӀале. ЦӀалулаго дагьабго лъалхъи гьабе запятаял лъурал бакӀазда.

 

1.Цоцахъ ралагьун гьимун гьудулзабиги ана.

2.ГанчӀазда гӀодор рукӀун гӀакъилал харабаца

   Харбиде байбихьула бакъанида росабалъ.

 3.Машиналда жаний йоржун унаго

Кьурун тӀадги юссун тӀегь гӀадай ясалъ

ТӀалъидухъ ялагьун угьун биччана.

4.Радал вахъаравго къвалакь тӀехьги ккун

КъвекӀаб цӀум гӀадин чӀа цӀурмихъ гӀенеккун.

СагӀат микьгоялде мактабалде щун,

НуцӀил кӀиликӀги ккун кӀалтӀа эхете. Ӏ. XI.)

 

4.+ Кколелъур запятаялги лъун, гьоркьор риччарал жинсиял хӀарпалги тӀаде журан, берзул диктант хӀисабалда, гъалатӀ биччачӀого текст хъвай.

 

Цоцахъ ралагьун гьимун гьаругьин кверал росун

КӀиявго накъиталда къоялъ гӀодор чӀолаан.

Цо къоялъ гьа.. хараби харбие жоги тӀагӀун

ГанчӀазда гӀодор рукӀун гӀенеккун чӀун рукӀана.

Гьени.. цожо ракӀалде бачӀара.. хера.. Магьди

Магжида кверги бахъун АсхӀабида кӀалъана:

— Надалда кан бичӀуле.. каранда цӀул хъвалхьуне..

Къуват чорхол бергьара.. чи вукӀара.., гьудул, дун.

Ярагъ борчун чу рекӀун рекӀел мурад тӀубазе

ТӀубара.. нигаталда дун рокъоса вахъана.

Керча.. цо рохьо..е щун сухъмахъ ккун къокъунаго

 Къан чӀолареб дир айгъир эгъе кӀутӀун лъалхъана.

 Гьанже гӀурухъеги щун шагьраялъ къокъунаго

РикӀкӀадасан вачӀуне.. цо нухлулав вихьана.

Дидехун саламги кьун кьабгӀун уне.. гьесдехун

 Кьурун чодаги вуссун дица калам гьабуна. (М. С.)

• ГъалатӀ биччачӀого, 40 секундалде гьаб текст цӀализе хӀадурлъе.

 

© Хъвавул хӀалтӀул дарс. Контролияб диктант.

 

Контролиял суалал ва тӀадкъаял

 

1.Деепричастие сунда абулеб?

2.Деепричастиялъулъ хутӀарал глаголиял гӀаламатал рице.

3.Глаголияб наречиян щай цо-цо гьелда абулеб? Наречиялда релълъараб жо щиб деепричастиялъул бугеб?

4.Деепричастиялъул суффиксал ракӀалде щвезаре. Щиб заманалъул глаголалдасан деепричастие лъугьунеб? Чанго мисал баче.

5.Предложениялда жаниб деепричастие щиблъун букӀунеб?

6.Деепричастияб сверелин сунда абулеб? Гьелъул битӀунхъвай?

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби