"Предложениялда жаниб деепричастиялъул роль". Шейхова Сидрат, Мах1ачхъалаялъул 41 школа
© §44. Предложениялда жаниб деепричастиялъул роль.
▲ Предложениялда жаниб деепричастие букӀуна хӀаллъун (Салман велъанхъилаго гамиде вахана) ва сказуемоелъун. (Бакъ щун буго. Чундузул тӀел рохьобе тӀ е р х ь у н ана.)
БАЯН: ХӀаллъун ккараб деепричастие жаваблъун бачӀуна кин? кинаб куцалда? абурал суалазе. ХӀалуцун чвахана гонгал. (Кин?).
Сказуемоелъун ккаразе лъола щиб гьабун бугеб? щиб гьабулаго? абурал суалал. НуцӀа къирун буго. (ӀЦиб гъабун бугеб?), ХӀажи вачӀунаго, ниж данде ана. (Щиб гьабулаго?).
БАЯН: деепричастиялъул сверелалда гъорлъ цониги бетӀераб член (подлежащее, яги битӀараб дополнение) бугони, гьеб рикӀкӀуна ишалъул куцлъун тӀаджубараб предложениелъун, гьечӀони, — тӀибитӀараб хӀаллъун:
Цоцахъ ралагъун гьимун, гьаругьин кверал росун,
КӀиявго накъиталда къоялъ гӀодор чӀолаан. (М.С.)
КӀиявго гӀодор чӀолаан (кин?) цоцахъ ралагъун гъимун. Гьаб причастияб гӀуцӀиялъулъ гьечӀо я под- лежащее, яги битӀараб дополнение, гьединлъидал гьеб ккола тӀибитӀараб хӀал.
Цоги: КӀиялго гӀодор чӀолаан (кин? )гьаругьин кверал росун. Гьаниб Р О С У Н абураб деепричастиялъе к в е р а л абураб битӀараб дополнение буго. Гьединлъидал гьеб рикӀкӀуна ишалъул куцлъун тӀаджубараб предложениелъун.
Керчаб цо рохьове щун, сухъмахъалъ къокъунаго,
Къан чӀолареб дир айгъир, эгъе кӀутӀун, лъалхъана. (М.С.)
Гьаб предложениялда жаниб буго лъабго деепричастияб, цо причастияб гӀуцӀи. Предложениялъул членал хӀисабалда, гьениб буго цо тӀибитӀараб определение (къан чӀолареб), кӀиго тӀибитӀараб хӀал (керчаб цо рохьове щун), (сухъмахъалъ къокъунаго), цо ишалъул куцлъун тӀаджубараб предложениеги (эгъе кӀутӀун), ай эгъе кӀутӀана.
1.+ Лъималазул кечӀ цӀале. Гьанир ругел деепричастиязе суалал лъе. Предложениялъул кинаб членлъун гьезул щибаб ккун бугебали бице.
Бакъ щун, щоб ккун,
Щобил дегӀен рохьоб ун,
Рахьдал гиби гебегун,
Горбогьодал расандун,
Росонир хинкӀал кьурдун,
Кьурда гӀачи гӀергӀедун,
ГӀодор бачал мимидун,
МаркӀачӀуде къо рукӀкӀун,
Къавулъе лъимал руссун.
+ Хадур кьурал тӀадчӀаралги нахърилълъаралги деепричастиялги кколелъур лъун, кочӀол куплетал хъвай, цинги цадахъгоги кьералккунги цӀале.
ГӀанкӀал, цурдул, _____
_____ , кьерда чӀола,
Кьураб талихӀ баркун хадуб,
_____ , рохел лъола.
_____ , хъазал рачӀун,
_____ , гӀодор чӀола.
Хадур____ гургуралгун,
Габурхалат хадуб гъола.
ЗагӀфираналъ кӀутӀби___,
Килщил малъал багӀар___,
ГӀанабазда пудра ____,
Хераб рузалъ роял хъвала.
БакъванчӀагӀдал___,
ГӀанкӀил кӀодо тӀаде щола,
ГӀунтӀун тӀилгун, хадубго цун,
Царал кӀудада ваккула.
БачӀун гӀондокь,__ ___,
ЩвартӀиялда басандула,
Щурункъверкъалъ, къалиги___.
____ , гор сверула. (ЦӀ. XI.)
ХӀажатал рагӀаби: цадахъ рачӀун, рорчӀами кьун, кверал росун, рехъен гьабун, хъваш-баш гьабун, гьарун, релъун, гьарун, бахун, щвантӀихги пун, гӀеретӀги цӀун, къеркьелаго, чӀван.
+ Жинсалъулъ ва формаялъулъ рекъезарун, предложениял цӀале.
БачӀунаго катида нухда батун буго гъалбацӀ.
______Асмада______ _____ _____ мокъокъал.
______Мусада______ _____ _____ кӀодоэбел.
_____ лъималазда ______ _____ ________Муса Манаров.
_____ вацасда______ _____ _____ яцгӀал.
_____ эбелалда______ _____ _____ гьалбал.
____ хӀалтӀухъабазда_____ ____ ____ къункъраби.
●Жинсиял гӀаламатал гъорлъ ругел деепричастиял хисулеб куцалъе баян кье гьел предложениязул мисалалдасан.
+ КочӀол куплетал пасихӀго цӀале.
...Гьурщун риччан гъалал, ххан риччан къунщби
КъвакӀан мугъ бекула балагьулаго;
Щобда тӀегь гӀадинаб гӀанабазул кьер –
ГӀакълу босун ана, бер кӀутӀулаго.
РакӀго букӀинчӀого, калам гьабуна,
Киса гӀаданалъул сурат гьабилан.
Росасе инчӀого, Расул гьавурай
Марям гьай йигилан гьабуна жаваб...
ЧӀалгӀун кьили буго, кьогӀлъун чу буго,
Чорхол рухӀ ун буго ахӀуд мунилан;
Рихун туманкӀ буго, тун ярагъ буго,
Тана берзул нуралъ лъикӀго вукӀаян. (М.)
●КочӀолъ ругел деепричастиял рате, гьезие суалал лъе.