ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Диктантал - 2 класс. Шейхова Сидрат, Мах1ачхъалаялъул 41 школа

Скачать файл: 2-tbtb-tv-tv-.docx [15,99 Kb] (cкачиваний: 69)
Посмотреть онлайн файл: 2-tbtb-tv-tv-.docx

2 класс

Ах гӀезабуна.

Рашидил буго кӀудияб ва берцинаб мина. Мина сверухъ бижулаан борхатаб хер. Рашидида ракӀалде ккана гъутӀби чӀезе. Ихдал гьес чӀана анцӀго гъветӀ.

Ана санал. ГъутӀби гӀуна кӀудиял. Рашидил ахикь бижула гьуинаб гӀеч, гени, микьир, ахбазан. (33 рагӀи)

РагӀаби: микьир.

ТӀадкъай: гъутӀбузда абураб рагӀулъ ругел авар алфавиталъул хӀарпазул цӀарал хъвай.

 

Милъирщо.

Милъирщо рахъ-рахъалдеги балагьун чӀир-чӀидана. Гьелъ жиб бусен гьабизе биччаян гьарулеб букӀана.

МахӀмудица чӀалоялда кӀиго магӀ кьабуна. МахӀмудие цо-кӀиго кечӀги ахӀун, милъирщо босен гьабизе лъугьана. (24 рагӀи)

РагӀаби: рахъ-рахъалде, чӀир-чӀидана, цо-кӀиго.

ТӀадкъай: милъирщо абурабрагӀул фонетикиябразбор гьабе.

 

ПатӀиматил гьветӀ.

Ахикь гьитӀинаб гъветӀ баккана. ПатӀиматица гьелъие хъулух;ъ гьабуна. Ракь тамах гьабуна, рак бана, лъалъадана.

Хасало гъветӀ ПатӀиматица квачалдаса цӀунана. ПатӀиматги гъветӀги цадахъ гӀуна. Гьанже гьелъул гъотӀода лъикӀаб гӀеч бижула. (30 рагӀи)

РагӀаби: баккана.

ТӀадкъай: щиб гьабураб? абураб суалалъе жаваблъун рачӀунел рагӀаби рате ва хъвай.

 

Их.

Хинаб их тӀаде щвана. Тамахаб гӀазу хехго биун лъугӀана. Авлахъазда цӀияб хер гӀурччинлъана. Хинал улкабаздаса батӀи- батӀиял хӀанчӀи тӀад руссунел руго.

Росдал гӀадамаз ихдалилаб рекьи байбихьана. Лъимал цӀакъ рохун руго. Гьел авлахъазда торгӀо хӀалел, расандулел рукӀуна. ГӀисинал лъимал къватӀахъ аваданго рекерахъдилел руго. (39 рагӀи)

РагӀаби: батӀи-батӀиял, рекерахъдилел.

ТӀадкъай: кинаб? кинав? кинай? кинал? абулел суалазе жаваблъун рачӀунел рагӀаби рате ва хъвай.

 

ГъутӀби чӀолеб къо.

Школалъул ахикье тӀолабго школа бахъана. Учительзабигун цадахъ цӀалдохъабиги рачӀана. Киналго хӀалтӀуде тӀаделъана. Цояз гьутӀби чӀезе гвендал рухъана, цогидаз заз-хъарахъ бахъун рехана. Бищунго гьитӀиназ гамачӀ бищана. ЧӀахӀиял лъималаз чӀана ахбазаналъул гъутӀби. (31 рагӀи)

РагӀаби: заз-хъарахъ.

ТӀадкъай: учительзаби, ахбазаналъул абурал рагӀаби рикьун росизе ругелщинал ресал рихъизаре.

 

Таращ.

Сапариеги Чапариеги цӀакъ бокьулаан гьитӀинаб таращ. Тарщие гьелги кутакалда хириял рукӀана. Васаз тарщие рукъ гьабуна. Рукъалда цебе чед, чури ва гьан лъолаан.

Эркенаб заманалда гьез таращ тиризе цадахъ бачунаан. Таращгун васал унаан магъилъе, авлахъалде, рохьоре. Таращги васалги цоцадаса ратӀалъулароан. (40 рагӀи)

РагӀаби: чури.

ТӀадкъай: хасал цӀарал рате ва хъвай. Тарщида цӀар лъе.

 

Рии.

Рии тӀаде щвана. Росдал лъарал кӀодолъана. ХӀанчӀазул бакънал цӀилъана. Расалъаби багӀарал, хъахӀилал, хъахӀал тӀугьдузул цӀуна. Найил зузуй къотӀуларо. Ахикь хӀалтӀул кор боркьуна. КватӀичӀого барщула жага ва гьуинаб курак. Ахикь букӀунеб берцинаб махӀ! (32 рагӀи)

РагӀаби: зузуй, кор боркьула.

ТӀадкъай: кватӀичӀого абураб рагӀул фонетикияб анализ гъабе.

 

ЧвахунцӀад.

БухӀараб рии букӀана. Лъимал рохьоре кари бакӀаризе ана. I (индаго чвахунцӀад базе лъугьана. Зоб гьугьадана. пири пирхана. Лъималазда рохьоб хъош батана. Гьел хъошнире руссана.

ЦӀад къотӀана. Лъимал рохьил рацӀцӀалъиялде рилълъана. Зодиб нур чӀана. Лъимал гьелдаса рохана. (33 рагӀи)

РагӀаби: хъош, рацӀцӀалъи, рилълъана, руссана.

ТӀадкъай: кӀирекъарал гъаркъал ругел рагӀаби рате, слогазде рикье ва хъвай.

 

Рохьоб лъабго къо.

КӀиабилеб классалъул цӀалдохъаби ун рукӀана рохьоре. Лъабго къоялъ гьел тира-сверана. Сордо балеб букӀана палаткабазда жаниб. Нужеца киданиги рохьоб сордо банищ?

Радал цудунго тӀаде рахъунаан. ЦӀорораб лъеца гьумер-кверал чурулаан. Къаси цӀадуда сверухъ гӀодор чӀолаан. Рицунаан маргьаби, ахӀулаан кучӀдул. Рохьоб букӀараб лазат! (39 рагӀи)

РагӀаби: палатка, гьумер-кверал.

ТӀадкъай: суалияб ва ахӀул ишараби ругел предложениял рате ва хъвай.

 

ГъалбацӀ.

Къуватаб ва залимаб гьой букӀана ГӀалил ГъалбацӀ. Тулакаб гьой букӀана ГъалбацӀ, амма ццидалаб букӀинчӀо. Гьелъ къварид гьарулароан жиндаса загӀипал гьаби. Гьелъул тушбаби рукӀана бацӀал ва цӀогьал. Гьезде данде ГъалбацӀ букӀана бахъараб хъвалчен. (30 рагӀи)

РагӀаби: къаси-къаси, хӀалбихьи.

ТӀадкъай: хасал иӀарал рате ва хъвай. Жегиги лъабго гъойдул цӀар ургъе ва хъвай.

 

Риидал магӀарухъ.

Риидал магӀарул гьаваялда бащалъулеб жо букӀунеб батиларо. Гьелъул берцинлъиги сунцаго хисуларо. МугӀруз ретӀуна гӀурччинаб къатӀипа. ГӀорал ва лъарал аваданго хъудула.

ГӀурччинаб мегъ букӀуна ралъадгӀадин гьелчелеб. ГъветӀ-рохь жидерго бечелъиялдаса чӀухӀула. КъасилъизегӀан хӀанчӀазул чӀирчӀириги къотӀуларо. Вехьасул лалуялъул сас кибего рагӀула. (35 рагӀи)

РагӀаби: гъветӀ-рохь, къатӀипа.

ТӀадкъай: тӀоцебесеб предложениялда жаниб чан рагӀи бугеб? Слогазде бикье ва хъвай

Гъанкъизе дагьалъ хутӀана.

Лъарал рагӀалда гӀодов чӀун вукӀана дун. ГӀерекъ гъоркьа гьодорлъун букӀун буго. Цо заманалдасан гӀерекъ тӀун ана. Дун ккана гьварилъуде. Дида лъим лъалароан. Гъорлъе тӀерхьунев вукӀана. КӀалдибе лъимги бачӀунеб букӀана. КӀудияв вацасда дун лъадалъе тӀерхьунев вихьун вуго. Дир вацас дун хвасар гьавуна. (40 рагӀи)

РагӀаби: гӀерекъ, гьодорлъи.

ТӀадкъай:  щиб? щив? щий? щал? бурал суалазе жаваблъун

рачӀунел рагӀаби рате ва хъвай.

 

Хъазал.

Лъимал гӀурдаде расандизе ана. Лъарал рагӀалда хер каваналел рукӀана хъазал. Гьез цӀунулел рукӀана жидерго беричал тӀанчӀи. Лъималазда тӀанчӀи берцин рихьана. Гьел тӀанчӀазде аскӀоре рекерана. Хъазал лъималазда хадур рекерана. Лъималаз бихьулеб мухъ тана. (32 рагӀи)

ТӀадкъай: кӀиабилеб предложениялъулъ чан рагӀи бугеб? Ударениял лъе ва хъвай.

 

Колхозалъе кумек.

Кидаго нижер классалъул цӀалдохъабаз колхозалъе кумек гьабула. ГъутӀби лъалъала, рухъула, къачӀала. Ахикь руго багӀлидул, жагадул, куракул, ахбазаналъул ва гӀечул гьутӀби. Нижеца пихъ бакӀаризеги кумек гьабула. Цояз гьутӀбуздаса пихъ бетӀула, цогидаз гьеб ящиказухъе бала. Пихъил цӀурал ящикал машинаялда сокӀкӀуна. Ахихъан АхӀмадги нижедаса цӀакъ разиго вукӀуна. (42 рагӀи)

РагӀаби: сокӀкӀуна.

ТӀадкъай: щиб гьабураб? щиб гьабулеб бугеб? абурал суалазе жаваблъун рачӀунел рагӀаби рате ва хъвай.

 

Эбелалъул анкьго яс.

Цо эбелалъул йикӀанила анкьго яс. Гьей шагьаралде вацасде щвезе ун йикӀанила. Анкьидаса эбел тӀад юссанила. Жалго эбелалъухъ чӀалгӀун рукӀараб куц бицине лъугьанила ясал. Анкьабилей ясалъ эбелалдаса мачуял рахъанила. ХӀатӀал чуризе лъел цӀураб хъабаги тӀарсги цебе лъунила.

Киналха чӀалгӀун рукӀарал? (40 рагӀи)

(В.Сухомлинскиясдасан)

РагӀаби: юссана



Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби