ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Диктантал - 3 класс. Шейхова Сидрат, Мах1ачхъалаялъул 41 школа

Скачать файл: 3-tbtb-tv-tv-.docx [16,55 Kb] (cкачиваний: 52)
Посмотреть онлайн файл: 3-tbtb-tv-tv-.docx


3 класс

ТӀугьдузул квацӀи.

ТӀаде щолеб букӀана Микьабилеб март. ГьитӀинай Раисатица гьарана инсуда тукаде рилълъаян. Гьенир рукӀана багӀарал, тӀогьилал, хъахӀилал тӀугьдул. Раисат тӀугьдузда цеесан хьвадилей йикӀана. Цинги багӀарал розаби росеян инсуда гьардана. Инсуца тӀугьдузул лъабго квацӀи босана. Раисат цӀакъ йохана. Гьел квацӀаби рукӀана эбелалъе, яц Хадижатие ва Раисатие инсуца гьарурал сайгъатал. (50 рагӀи)

РагӀаби: рилълъаян, Микьабилеб март.

ТӀадкъай: прилагательноял рате, суалалги кьун, хъвай.

 

Школалъул ахикь.

Маялъул ахиралда школалъул ахикь багӀли барщана. Нижер класс ана гьеб бакӀаризе. Цадахъ йикӀана учитель Меседу МухӀамадовнаги. Ясал учителалда гаргадилаго унел рукӀана. Васазул къокъа гьезда хадуб букӀана. Ахикье щвана.

Васал рорхатал гъутӀбузде рахана. Гьез цӀурал ведраби гъоркье риччалаан. Ясаз гьел чӀехьолаан ва ящикап цӀезарулаан. Киналго лъикӀ хӀалтӀана. Лъималаз гӀорцӀизегӀан гьуинаб багӀли кванана. (49 рагӀи)

РагӀаби: гаргадилаго, риччалаан.

ТӀадкъай: тӀоцебесеб предложениялъулъ бетӀерал членал рате ва рихьизаре.   

Их тӀаде щвана.

Пирхана пири. Гъугъадана зоб. Кутакалда базе лъугьана цӀад. Гьайбатаб тӀабигӀат накӀкӀица бахчана. Иххазул чвахиялъул гьаркьал рагӀулел рукӀана. Дурусаб моцӀалъ нахъаса къотӀичӀого бана цӀад.

Маялъул авалалда циндаго хъахӀиллъун ана зоб. Гвангъараб бакъуца хинлъизабуна ракь. Авлахъал, мугӀрул рукӀана берцинго гӀурччинлъун. Амма мугӀрузул тӀогьазда жеги гӀазу букӀана. Гьедин щвана ихх росулъе. (48 рагӀи)

РагӀаби: чвалиялъ, иххазул.

ТӀадкъай: ункъабилеб предложениялда жанир ругел рагьукъал гьаркьалрихьизаре. Масала: [гь], ...

Нижер пастӀан.

Нижер пастӀан буго лъарал рагӀалда. ПастӀаналда жанир руго кьерал. Ихдал гьенир чӀола пер, редиска, чӀакӀултӀан, талган, охцер. Ниж рииялъ гьенир лъапъадула. Эбелалъги яцалъги къваригӀунареб чӀахӀ чӀарала. ПастӀаниб багӀарал макалги рижула.

         Радалго уна ниж цӀорорал охцерал ва помидорал ракӀаризе. Цо

гьезул букӀунеб тӀагӀам! Инсуца кӀиго найил тӀалаги лъуна пастӀаналъуб. Ихдал  гьезул букӀуна ракӀгъолеб зузуй. (53 рагӀи)

РагӀаби: чӀакӀултӀан, ракӀгъолеб.

ТӀадкъай: аслияб падежалда ругеп предметиял цӀарал рате ва хъвай.

 

МагӀарда.

Дие цӀакъ бокьула эменгун цадахъ магӀарде ине. Риидал гьениб букӀунеб берцинго!

Цо нухалъ дида батана рохьил гӀанкӀудал бусен. Дица гьелда кверцин хъвачӀо. Бусада лъабго тӀинчӀ букӀана. Дун гьезул берцинлъиялъухъ валагьун хутӀана.

Дагьавги магӀарде тӀаде вахана. Гьенир дида рихьана расандулел гӀанкӀил тӀанчӀи. Дун гьезги хӀайран гьавуна. (50 рагӀи)

ТӀадкъай: лъабабилеб предложение бетӀерал ва бетӀерал гурел членазде биххе.

 

ГьитӀинаб гьудул.

Риидал дун лагералда йикӀана. Гьенир диргун гӀелбащадал гӀемерал ясал рукӀана. Нижер цоцадехун щулияб гьудуллъи ккана.

Цо нухалъ дида квешал лъималаз гьитӀинаб таращ бухулеб бихьана. Гьеб квешго чӀичӀидулеб бугоан. Таращ хъархъапъе тӀурун ана. Дица гьеб хъархъалъа нахъе бачана. Лагералда нижеца тарщил тӀалаб гьабулеб букӀана. Киналго ясазул гьитӀинаб гьудул букӀана таращ. (43 рагӀи)

РагӀаби: чӀичӀидулеб, гӀелбащадал.

ТӀадкъай: лъабабилеб предложениялъул синтаксисияб разбор гьабе.

 

Анищ тӀубана.

ГӀисаца ичӀго сон бана. Гьев киданиги шагьаралде щун вукӀинчӀо. Инсуца гьесда метер шагьаралде рилълъинилан абуна. ГӀиса цӀакъ вохана. Гьеб сордоялъ гьев хеккого вегана.

Нахъисеб къоялъ радал гьел шагьаралде ана. Цин гьел машинаялда, хадур поездалда рекӀана. ГӀиса вагоналъул гордухъан сверухъе валагьун вукӀана.

Шагьаралда инсуца вас ралъад бихьизе вачана. ГӀисал анищ букӀана Каспий ралъад бихьизе. (53 рагӀи)

РагӀаби: рилълъинилан.

ТӀадкъай: тӀоцебесеб предложениялда каламалъул бутӀаби рихьизаре.

 

Къункъраби.

ХъахӀилаб зодихъ эркенго лъедолеб буго гучаб цӀум. Гьелъ къункърабазул тӀелалда тӀад тӀавап гьабулеб букӀана.

Цо лахӀзаталдасан гьеб къункърабазул тӀелалда тӀад речӀчӀана. РахӀат хварал гьаркьазул цӀуна зоб. Цо заманаялдасан къункърабазул сверудаса къватӀибе борчӀун бачӀана цӀум. Гьелъул малъазукь щибниги букӀинчӀо. Чанго къункъраялъ хурул манзилалъ тӀобитӀана цӀум. Къункърабазул гьудуллъи бергьана. (45 рагӀи)

РагӀаби: речӀчӀана, тӀавап гьабуна.

ТӀадкъай: тӀоцебесеб предложенялъулъ бетӀерал ва бетӀерал гуреп членал рате.

 

Рохь цӀунана.

Рохьил сухъмахъ нухдасан унел рукӀана ясал. Циндаго гьезда бихьана чӀегӀераб кӀкӀуй бахъун бачӀунеб. Ясал кӀкӀуй бугеб рахъалде рекерана. БухӀулеб бугоан бакъвараб хер. Ясаз гьотӀол гӀаркьалаби рекана. Гьел гӀаркьалабаз цӀа свинабизе лъугьана. Амма цӀа кутаклъулеб букӀана. Ясаз жегиги жигар бахъана. Ахирги кӀвана гьезда цӀа свинабизе. Гьез рохь цӀадудаса цӀунана. (46 рагӀи)

РагӀаби: кӀкӀуй, сухъмахъ нух.

ТӀадкъай лъаб-лъаб предметияб цӀар, прилагательноял, глаголал рате ва суалалги кьун, хъвай.

 

Рохьил хӀайванал.

Рохьор батӀи-батӀиял хӀайваназ гӀумру гьабула: бацӀица, цараца, циялъ, гӀанкӀица, гвангваялъ.

Циялъ гьанги гӀиссинаб пихы и кванала. Гьелъие гьоцӀоги бокьула. Хасел гьелъ рукӀниб бегун тӀамула.

Цер цӀакъ сихӀираб хӀайван ккола. Гьелъ гӀанкӀо-хӀелекоялда ва рохьил гӀанкӀазда чан гьабула.

Гвангвайин абуни накӀкӀил гьотӀол картӀиниб букӀуна. Гьелъ цӀулакьо, гага кванала.

ГIанкӀ - хӀинкъуч буго. Гьелъул хехал хӀатӀал руго. Хасало гӀанкӀица тӀеренал хьопал кванала, гъотӀол макъар хъусула. (59 рагӀи)

РагӀаби: накӀкӀил, хъусула.

ТӀадкъай: лъабго предметияб цӀар гӀадатиял падежазде хисизаре ва хъвай.

 

Шахматал.

СагӀидие цӀакъ бокьулаан шахматал хӀазе. Гьес инсуда гьарана шахматал росеян. Инсуца инкар гьабуна. СагӀидида ракӀалде ккана цин шахматал хӀазе ругьунлъизе.

СагӀидица хӀатӀул щахматал гьаруна. Бищунго захӀматго букӀана чу гьабизе. Къойил гьев гьудулзабигун хӀалаан. Гьедин ругьунлъана СагӀид шахматал хӀазе.

Инсуда бихьана СагӀидида шахматал хӀазе лъалеб букӀин. Инсуца унго-унгоял шахматал росана васасе. (50 рагӀи)

РагӀаби: хӀатӀ.

ТӀадкъай: ахирисеб предложениялъул синтаксисияб разбор гъабе.

 

ТӀавус.

Жидеего парччахӀ вищизе данделъанила хӀанчӀи. ТӀавусги бачӀанила данделъиялде. Гьелъ жиндирго берцинаб ва кьер-кьераб рачӀ биххизе биччан букӀана. Гьелъул берцинлъиялъухъ ралагьун хутӀана хӀанчӀи.

ХӀукму ккана парччахӀлъун тӀавус бищизе. Цо гьитӀинаб хӀинчӀалъ кьунила суал. ТӀавусида лъачӀила жаваб кьезе. Киналго хӀанчӀаз пикру гьабунила тӀавус лъикӀаб парччахӀ букӀинадаян. ХӀанчӀаца тӀавус бищичӀила. ПарччахӀлъун хӀанчӀаз гӀакъилаб цӀум бищанила. (49 рагӀи)

РагӀаби: парччахӀ, кьер-кьераб.

ТӀадкъай: тӀавус, парччахӀ. хӀинчӀ, абурал рагӀаби падежазде сверизаре.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби