ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Диктантал - 4 класс. Шейхова Сидрат, Мах1ачхъалаялъул 41 школа

Скачать файл: 4-tbtb-tv-tv-.docx [17,24 Kb] (cкачиваний: 57)
Посмотреть онлайн файл: 4-tbtb-tv-tv-.docx


4 класс

 

Чед.

НекӀо заманалда гӀемерал унтабазе дарулъун рикӀкӀунеб букӀун буго чед. ЦӀакъго цебе заманалда гӀадамазда чед бежизе лъалеб букӀун гьечӀо. Гьез мугь, лъелъеги бан, хӀеккинеги гьабун, кваналеб букӀун буго. Цинги ругьунлъун руго гъурараб мугьалъул карщ гьабизе, гьебги хенон панкъал гьаризе. Азарил санал хӀажалъун руго гьанже нилъеца кваналеб гӀадаб чед гьабизе ругьунлъизе.

ЦебегӀанго Египеталъул цо чиясухъа нахъе хутӀун буго буцараб гӀатӀ. Заман гьоркьоб индал, гьесда бихьун буго гьеб беччун, гьорон бачӀун. Гьелъул гьабураб чед цӀакъ тӀагӀамаб лъугьун буго. Гьелдаса нахъе ругьунлъун руго беччараб чед гьабизеги. (75 рагӀи)

РагӀаби: рикӀкӀунеб, хӀеккизе, Египеталъул, беччун.

ТӀадкъай: кӀирекъарал гьаркъал гъорлъ ругел рагӀаби ратӀа росе, гьезул морфологикияб разбор гьабе.

 

КӀвахӀалав Басир.

Цо ихдалил къоялъ эбел-инсуца ниж радалго рахъинаруна. Ахикь гӀемераб хӀалтӀи бугилан бицана инсуца. Нижеца тӀолабго ах бегана. Инсуца охцер чӀана, эбелалъ пер бекьана. ГӀалицаги Написатицаги лъалъадизе лъим баччана.

Киназдасаго батӀаго чӀун вукӀана Басир. Гьев я вухъаризе, я лъалъадизе жувачӀо. ХӀалтӀи лъугӀараб лъайгун вачӀана гьев ахикье. Къвалакь квералги ккун кӀудияб къагӀидаялъ чӀана. Инсуца махсаро гьабуна, мун нижер хӀалтӀуе къимат кьезе вачӀунищ вугевилан. Гурила, жив охцерги перги кваназе вачӀун вугилан кьуна Басирица жаваб. (71 рагӀи).

М. Гъазиевасдаса.

РагӀаби: эбел-инсуца.

ТӀадкъай :рахъинаруна абулебрагӀул фонетикияб анализ гьабе.

 

Жанка.

Дир буго Жанка абураб гьой. ЛъагӀел балеб бугониги, катидаса кӀудияб гьечӀо гьеб. Жанка кӀудияб гӀолареб тайпа бугин абуна инсуца. ГьитӀинаб букӀаниги, цӀакъ цӀодораб гьой буго гьеб. Жанкада кинабго бичӀчӀула. Бакъарабго дир бохдузда лъулъадизе лъугьуна. Дун кьварун валагьани, нахъисел квачӀазда бахъунги чӀун, цересел квачӀал дир накабазда лъола гьелъ. Щибаб къойил дунги Жанкаги уна инсуда данд чӀвазе. Гьеб цӀакъ разилъула эмен вихьигун. Инсуца Жанкал ботӀрода квер бахъула ва беэдула.

Рукъ цӀунизеги буго гьеб цӀакъаб. БатӀияв чи азбаралъуве лъугьани, цӀурмил гӀадинаб гьаракьгун хӀапдола Жанка. (78 рагӀи)

М-С. Яхьяевасдаса.

РагӀаби: бичӀчӀула.

ТӀадкъай: эркенлъиялъ, къолохъанас, цевехъанасул абурал рагӀабазул гӀуцӀи бихъизабе.

 

Ихдалил гӀаламатал.

ГӀемераб заман бана ихдалица жиндирго гӀаламатал загьир гьаруларого. Ахираб анкьалъ кибго цӀорой хӀаллъана. Циндаго хинаб гьури пуна. НакӀкӀазул зоб цӀуна. Цинги лъабго сордо-къоялъ чвахунцӀад бана. Полпихарал, хӀабургъарал иххал эхере гӀедегӀана.

КватӀичӀого дуниял роцӀана. Ихдалил гӀаламатал кисанго загьирлъана. Раккун рачӀунел цӀиял хурдуз сверухълъиго гӀурччинлъана. ГъутӀбузда гӀисинал тӀанхал раккана. Наязул зузуй тӀадеялдаса тӀаде загьирлъана. Хурзабахъ ихдалхӀанчӀазул гьаркьал такрарлъана. ТӀаде щвана тӀабигӀат берцинаб ихдалил гӀуж. (60 рагӀи)

РагӀаби: ихдалхӀанчӀи, чвахунцӀад.

ТӀадкъай: кӀирекъарал гьаркьал гъорлъ ругел рагӀаби хъвай ва морфологияб разбор гьабе.

 

Рохьихъанасухъе гьоболлъухъ.

Нижер гьудул Махмудил кӀодоэмен рохьихъан вукӀана. Нижер къотӀи ккана гьесухъе гьоболлъухъе ине.

Нахъисеб къоялъ ниж радалго къватӀире рахъана. Рохьор гӀемерал тиризе ккана. Квачайги цӀикӀкӀунеб букӀана. Циндаго рикӀкӀадаса гьоялъул хӀапи рагӀана. Ниж гьенире рекерана. Чалуялда аскӀов эхетун вукӀана хъахӀаб мегежалъул рохьихъан АсхӀаб. Гьев кутакалда разилъана. Ниж гьоболлъухъе ахӀана.

Рукъалъул кӀалтӀа букӀана цо залимаб накӀкӀигьветӀ. Гьелда тӀад расандулел цӀахӀилкьерал гвангвабицин ругоан. Рокъоб жаниб бакараб печалъул руруй букӀана. Квачарал ниж печалда сверун лъугьана. Рохьихъанасул букӀараб тӀагӀамаб чай! (74 рагӀи)

РагӀаби: цӀикӀкӀунеб, рикӀкӀадаса, накӀкӀигъветӀ, руруй.

ТӀадкъай: тӀоцебесеб предложениялъул синтаксисияб разбор гьабе.

МагӀарда.

Раисатица реццалда лъугӀизабуна ункъабилеб класс. Сайгъаталъе кьураб берцинаб тӀехь кӀудияб чӀухӀигун бихьана гьелъ эбел-инсуда. Эбел цӀакъ йоххана. Инсуца рецц-бакъ гьабуна. Инсуца къотӀи гьабуна Раисат магӀарде ячине. Лъие бокьилареб мугӀрул тӀогьазда хъван-хъвачӀого бугеб хъахӀилаб зобалда квер хъвазе?

ТӀаде щвана инсуца къотӀи гьабураб къо. Щвана гьел ЧӀерди магӀарде. Берцинаб халичаян кколаан ЧӀерди майдан. Кьер-кьерал тӀугьдузул берцинлъи! ГӀицӀго зоб гьенибги борхатго бугоан . (60 рагӀи)

РагӀаби: рецц, хъван-хъвачӀого, кьер-кьерал.

ТӀадкъай: зурмихъанасе абураб рагӀул гӀуцӀиялъул разбор гъабе.

 

Риидал рохьоб.

Дун витӀана гӀурдахӀан бакӀаризе рохьове. Рохьоб дица гӀемераб гӀурдахӀан бакӀарана. Дие бокьана рокъове тӀад вуссине.

Цойидасанго цӀад базе байбихьана. Дун кӀудияб миккигъотӀода гъоркь гӀодов чӀана. Пири пирхана. Дир ботӀрода тӀад сундулали цо жоялъул чӀваркь-чӀваркьи бахъана. БотӀрода цо жо тункана. Дун гӀодов ккана ва вегун чӀана.

Балагьарб мехалъ цӀад къотӀун батана. ХӀанчӀаз хӀайранал макънал рачунел рукӀана. Гвангъун щун бакъги букӀана. КӀудиб миккигъветӀ бегун бугоан. (65 рагӀи)

РагӀаби: миккигъветӀ, чӀваркь-чӀваркьи.

ТӀадкъай: миккигъвешӀ абурабрагӀул фонетикиябразбор гъабе.

 

Анаконда.

Дунялалда бищун кӀудияб борхьида абула анакондаяйилан. Гьелъ гӀумру гьабула Югалъулаб Америкаялда. Анакондал халалъи 5- 6 метраялде бахъуна. ЦӀахӀилабги гӀурччинабги кьер жубарал гьел рихьизе захӀмалъула беричаб гъветӀ-хер бугел бакӀазда. Гьединлъидал анакондаялъе бигьалъула чан гьабизе.

ГӀурухъе лъим гьекъезе хӀайванал рачӀинегӀан чӀахӀ-хералда гьоркьор, яги лъелъ рукъун чӀола гьел. Гьелда кӀола халатккун лъадалъ букъун чӀезе. Анаконда дандчӀвала хьуцӀал, гӀорал, хӀорал ругел бакӀазда. Нагагьлъун хӀорал ва гӀорал ракъвани гьел борхьал гочуна гӀагардегӀан ругел цоги хӀоразде.

Лъим къарал, ракъдалал моцӀаз анаконда биччараб хӀарулъ бахчун чӀола. ХӀариги бакъвани гьел чӀола хасало нилъер борхьал гӀадин. (72 рагӀи).

И. МухӀамадовасдаса.

РагӀаби: чӀахӀ-хералда, халатккун.

ТӀадкьай тӀоцебесеб абзацалдаса прилагателъноял росун хъвай. Гъезул морфологияб разбор гъабе.

 

Дир росу.

ГьечӀо гьаб ракьалда тӀад диргӀан берцинаб росу. Сверун зодихъе рахарал рорхатал мугӀрулги, мугӀрузул гӀебал гъуждузде рехарал • буртаби гӀадал гӀурччинал накӀкӀирохьалги. Рохьил ахалъудаса къватӀибе бачӀунеб гӀазулаб лъарги буго. Гьеб рохьобги ва росу сверун ругел гӀатӀидал харибакӀаздаги букӀуна гӀодокари. Дида ккола тӀокӀаб гьечӀин гьединаб берцинаб тӀабигӀат кибниги.

БукӀунеб кеп цо росу бакьулъан чвахулеб лъарахъ чвердолеб мехалъ! Рииялъ къотӀуларо гьениб лъималазул релъи, гӀанчӀал махсараби ва расанди.

Гьеб лъарахъ уна дирги риидалил къоял. (69 рагӀи)

И.Давыдовасдаса.

РагӀаби: накӀкӀирохьалги, гӀодокари, харибакӀаздаги.

ТӀадкъай :кӀиабилеб абзацалъул тӀоцебесеб предложениялъул синтаксисияб разбор гъабе.

 

НодохъахӀ.

Дир гьудул Рашидил буго кету. Гьелда киназго НодохъахӀилан ахӀула.

Цо къоялъ ниж Рашидил рокъор кваналел рукӀана. Рокъобе бачӀана гьесул кету. Жанибе лъугьарабго НодохъахӀида бакъвараб бакьил мах! чӀвана. Амма гьелъие кколеб бутӀа дица кванан букӀана. Кету бакъги щвечӀого хутӀана. ХинкӀал кваназе катицаги инкар гьабуна.

КватӀичӀого ниж лъарахъе ччугӀа кквезе ана. Ккураб ччугӀа гъотӀол рагӀдукь ведроялъуб лъолеб букӀана нижеца.

Гьудулзабазда хадуб балъго хал ккун букӀана кету. НодохъахӀица ведроялъуса ччугӀа бикъун кваналеб букӀана. Балагьидал гьудулзабазда ккурабщинаб ччугӀа букӀинчӀеб гӀадин тӀагӀун батана. Васазда бичӀчӀана цӀогьор щив вукӀаравали. (83 рагӀи).

И. Давыдовасдаса.

РагIаби:бичIчIана,

ТIадкъай:тексталдаса лъабго гIадатияб глагол босе,гьезул морфологикияб разбор гьабе.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби