"Эффенди Капиевасул асарал". Пат1имат Темирова, Хасавюрт районалъул Садовая росу
<!--[if !vml]-->
Эффенди Капиев
(1909—1944)
Эффенди Капиев гьавуна Гъумекиб росулъ. Киназдего гӀунтӀун тумазул бихьинал рукӀана гъалайчагӀилъун. Гъалайчилъи гьабулаан Эффендил инсуцаги. МахщелчагӀи, жидерго махщалие къваригӀунел алаталги росун, росабалъа росабалъе ун, пахьул тӀагӀалаби къачӀалел рукӀунаан. ЧӀахӀиязда цадахъ, гьезие кумек гьабун, хӀалтӀулел гӀисиналги рукӀунаан. Гьел щолаан Дагъистаналъул росабалъе, Гуржиялде, Азербайжаналде, Астраханалде, Ростовалде, хӀатта Россиялъул рикӀкӀадал росабалъегицин. МагӀарулаз махсара гьабула: "Хъарпуз къотӀани, гьениса къватӀивегицин тумав кӀанцӀун вачӀуна", — ян.
Эменгун цадахъ Эффенди Капиевасги сверана Ставрополь краялъул росаби. Гьедин тирулаго, бижун батизе ккола вукӀинесев хъвадарухъанасулъ Россиялдехун, гӀурус мацӀалдехун, гӀурус тӀабигӀаталдехун рокьи.
Лъимал гӀемераб Капиевазул хъизан думалъего Темир-Хан- Щураялде (гьанжесеб Буйнакскиялде) бахъана. Лъималазда гьорлъ восарав Эффендида хеккого лъарагӀ мацӀ лъана. Гьев ккана детдомалде, цӀалана педтехникумалда цебе букӀараб школа-интернаталда. ЛъугӀизабуна Ленинградалъул машиностроительный институт.
Адабияталде рокьи жеги гьитӀинго бижана. Школалда вукӀаго гьес гӀурус мацӀалда хъвалаан басняби. Гьел рахъулаан къадал газеталда цадахъго жинцаго рахъарал сураталгун. ТӀолгоялде гӀунтӀун Крыловасул басняби гьесда рекӀехъе лъалаан. КӀудияб махщалида рицунаан кепал лъугьа-бахъинал.
Школалда гьев гӀурус адабияталъул дунялалде лъугьана. Гьесул рекӀелъ бакӀ ккуна Пушкинил, Лермонтовасул, Лев Толстоясул асараз. Гьез гьесие рагьана Кавказ.
Гьесул мурад букӀана магӀарулазул халкъияб кочӀол бечедаб дунял кӀванагӀан гӀатӀидго цӀалдолезе рагьизе.
РАЗВЕДЧИКАЛ
ГӀемерисеб мехалъ ихдал ракьалдаса гьуинаб махӀ бахъун букӀуна. Амма гьаниб, рагъал унел ругел бакӀазда, ракьалдаса балканалдаса гӀадаб махӀ бахъун буго. Сверухъ анцӀ-анцӀ километраялъ тӀад муцӀи бижарал хъархъаз ккурал гӀодорлъаби! Щаполеб борхатаб къедлъун чӀун буго муцӀи нилъераздаги немцаздаги гьоркьоб. МуцӀиялъ ва хъархъаз ккурал гӀодорлъабазда цӀа рекӀун буго. ЧӀегӀерал гъудузул тӀелал къвагъделаго роржун унел руго нижер бутӀрузда тӀасан. Пулемет чӀерезабулеб буго. Немцазул бакӀал минаби, хӀарщулги лъелги чӀахӀиял тӀирабиги рахъинарун, рихъулел руго хьуцӀилъ. Нижеда тӀасан пештӀелаго роржун унел руго гӀарадабазул гулби. Зодил борхалъудасан тӀаса гъоркье къарукъун роржанхъулел руго самолетал. ХӀалакараб бахӀарчилъиялда уна хьуцӀилъ рагъухъабазул щибаб рагъулаб къо. Квешал хвалил хӀинкъи бугел хьуцӀалги хвелхалги нахъа тун, рачлихъе рахинегӀан лъелъанги ун, Кубаналъул гӀодорлъаби немцаздаса рацӀцӀад гьарулел рукӀана рагъухъаби.
Сордо. ЦӀвабзазул кунчӀиялъухъе кинабго божуларедухъ ва рокьукъго бихьулеб буго. Доба-гьаниб паркъулеб буго нур свараб, ччугӀил бер гӀадин, муцӀидулъ кенчӀолеб хьуцӀил лъим. Бакъ тӀерхьараб мехалъ зодихъ хутӀулеб бецӀбагӀараб мухъалда релълъун, рикӀкӀада бугоан бухӀулеб бугеб муцӀидул керчаб рохь.
Сардил сихӀкъотӀи. Зама-заманалдасан цебесеб кьерда тӀасан боржунеб буго немцазул ракета, ва кинабго сверухълъи гвангьизабуна загӀипаб тӀогьилаб канлъиялъ.
Кьвагьи бахъана... Разведчикал цо бакӀалда сихӀкъотӀун тӀепун чӀана... Сержант Исламовасул бетӀерлъиялда бахӀарзазул щугояв, гьале кӀиабилеб къо буго, хьуцӀилъ, тушманасул мугьзада нахъа сверулев вугелдаса. Гьезда тӀадкъан буго немцазул щулалъи лъазабизе. ТӀадкъай гьез сардилъго тӀубазабуна.
Гьале балагь: нахъ руссунеб нух ракӀалда букӀаралдаса цӀакъго халалъана. Цо бугони, кин тӀад руссинел тушманасул мугъзада нахъаса, цониги фрицавгӀаги чӀвачӀого? Исламов гӀедегӀулев вукӀинчӀо, гьесие бокьун букӀинчӀо, хьвагӀун квергун тӀад вуссине, гьев тӀубараб къоялъ муцӀидулъ дове-гьаниве хьвадулев хутӀана, гьазие тӀатарал немцазул халкколеб борхалъиялда гӀагарлъухъ.
МаркӀачӀумех щвана. Лъелъан балъго борхалъиялде аскӀорегӀанги рачӀун, разведчиказ немцазде цадахъ гранатаби рехана, цинги муцӀидалъ жалгоги рахчана.
Гьеб ккана маркӀачӀуда, гьанжейин абуни сордо бащалъун буго. Жеги разведчикал тушманасул мугъзада нахъаго руго. Гьале тӀубараб сагӀаталъ, каранде бахунеб лъелъги чӀун, сас бахъи- наредухъ, хӀухьел ккун, хал ккун руго цебе бугеб гьитӀинабго чӀинкӀиллъиялъухъ.
Нахъ руссине ва цӀияб нух балагьизе ресги гьечӀо, щай абуни, нахъехун руго нилъераз гранатаби кьвагьун, рахӀат хвезабидал, немцаз цӀодорлъиялъе хъаравуллъи цӀикӀкӀинабурал бакӀал. ЦохӀого-цо бугеб нух — чӀинкӀиллъи къотӀун ине. ЧӀинкӀиллъи абуни гьитӀинаб, тӀад муцӀи бижараб буго. Разведчикал гьелдаса цо чанго метраялъ рикӀкӀадегӀан, рагьараб хьуцӀилъ, щибаб ракета кьвагьанщинахъе лъелъги рахчун руго. Рихьиладай, рихьилародай жал немцаздайилан.
МоцӀ баккана. Щибаб щуго-анцӀго минуталдасан хъархъалъан, цебего гӀадин, автоматалъ къокъаб ирга биччала. Чанго лахӀзаталъ гьеб кьвагьиялъе дандерижиялъ жаваб гьабула. ЦӀидасан сихӀкъотӀи. Разведчикал бигьа гьабун, дагь-дагьккун лъелъан, хъурщарал гӀадин церехун унел рукӀана... Ахирги Исламовас, автоматалъул кьвагьи бахъингун, гьалмагьзабазе буюрухъ кьуна, кьерун чӀезе, живгойин абуни, кьинчӀ гӀадин, хьабтӀилъан хъурщулев вукӀана чӀинкӀиллъиялде аскӀове. КӀиго минуталъ гьав чӀваркьун цевехунги валагьун чӀун хутӀана. Гьаб щиб гӀаламат! Гьасда цеве муцӀидалъ бахчараб рукӀнив гӀодов чӀун вуго немцав, каранде автоматги къан, хъванхъвадилаго. Унго-унголъунги кьижундай вугев. Гьесул бетӀер каранде щвезегӀан далун уна, цинги немцав тӀуркӀун вачӀуна, ва автоматалъ ирга биччала, нахъойги сасуна, макьу щун, немцасул тату хун букӀун батизе ккола.
ХӀинкъиялъ гьос зама-заманалдасан, макьидаго берал рагьичӀого, щиб ккананигиян, ракӀалде кковухъе, автомат кьвагьулеб буго. ГӀемер вохиялъ Исламовасул ракӀ тӀеркӀезе лъугьана. ЧӀинкӀиллъиялда нахъехун бугогури "лъилниги гуреб" муцӀиялъ ккураб чӀоло, гьелда нахъехун нилъергоязул щулалъиги. Немцав чӀагого кверде восизе рес буго.
Кидаго гуро гьединаб икъбал кколеб. Цо параялъ Исламов немцасде аскӀове гӀагарлъана, рукӀунгун цадахъ кӀалагъоркье лъелъе рехана. КӀал гьакӀкӀазецин тушман рекӀеда ватичӀо, Исламовас гьесул бетӀер лъелъ къазабуна, гьенибго квертӀахелги кӀалдиб къазабун, тӀаде ворхизавуна...
Нух рагьун буго!
ХӀинкъиялъ хагарав немцав байбихьуда дандечӀолев вукӀинчӀо. Амма рекӀетӀе вачӀаравго, гьес байбихьана малал хьвагӀизе, кьабгӀезе, гӀургӀудизе.
Кваранаб ва квегӀаб рахъалдасан кьвагьи бахъана, макьидаса рорчӀулел рукӀана цойгидал немцалги, амма кватӀун букӀана. Гьеб заманалда разведчикал щвана мадугьалихъ бугеб чӀинкӀиллъиялде, гьениса бегьун квер гӀунтӀула нилъеразухъе...
Бащдаб сагӀаталдасан сордо, цебего гӀадин, сихӀкъотӀун буго. МуцӀидалъ кьижараб лъим кенчӀолеб буго. ЦӀваби лъедерлъулел руго.
ХъахӀлъи балеб буго...
Гьедин къойидаса къойиде — жидерго бахӀарчилъиялдалъун, цадахъ лъугьун нилъер рагъухъабаз, хьуцӀил борхьал гӀадин, Кубаналъул хандакъахъа хъамулел рукӀана фашистазул къокъаби.
Суалал ва тӀадкъаял.
1. Кубаналъул хьуцӀалъ кинаб хӀалкъай букӀараб?
2. Авторас сардил заманалъ Кубаналъул хьуцӀазе кинаб сипат-сурат гьабун бугеб? Гьеб бате ва цӀале.
3. Разведчиказе кинаб тӀадкъай кьун букӀараб?
4. Разведчикал кинаб балагьалде данде чӀварал?
5. Исламовасул хӀукму?
6. Немцазул разведчикас Исламов кин гӀажаиблъизавурав?
7. Исламовасул бажариялъ нух рагьиялъул бице.
САБАБ
ГьечӀо рагъда разведчиказулгӀан къадруябги, жиндаса тӀаде ракӀ цӀалебги, жиндаса хӀинкъи бугебги махщел. Гьанив инсан, лъа- линиса бахъараб ярагъ гӀадин, цеве лъун вукӀуна. КъвакӀи-швакӀи гьечӀев, жиндирго напсалъул гурони ургъел гьечӀев, нахъегӀанав чиясе разведкаялда талихӀ кьоларо. Гьаниб бергьенлъи босула цохӀого цо нахъекъайги лъаларел, тӀадегӀанаб намусалъул ва бацӀцӀадаб ракӀалъул бахӀарзаз. Гьединлъидалин разведчиказул цӀар якъинаб букӀунеб, гьезул бахӀарчилъиги бищунго машгьураблъун букӀунеб.
РикӀкӀада мугӀрул росулъа гӀолохъанав магӀарулав ХӀажи Ибрагьимов жиндиего бокьун вачӀана рагъде. КъвакӀараб черхалъул ва щулияб ракӀалъул, чӀегӀерал цӀодорал беразул гьав гӀемер заман иналдего тӀамуна разведкаялде ва гьаниб гьасул цӀар ана бер къачӀого иш гьабулеб бахӀарчилъиялъ. Гьанже гьав вуго гвардиялъул капитан, орденоносец Н-ский БагӀараб Байрахъалъул гвардиялъул цолъиялъул разведротаялъул командир. Гьасул битӀккеялъе ва рагъулаб бажариялъе аслулъун буго кӀиго гӀамал: бер къачӀого иш гьаби ва таваккал. Гьелъулъ буго — кинабго.
"Рагъулъ гӀемер ургъулес бахӀарчилъи гьабуларо" — ян абула магӀарухъ.
Гьеб умумузул аби Ибрагьимовас гьанжесеб рагьул хӀапбихьигун цолъизабула. ГӀумруялъулъ ракӀ бацӀцӀадав ва гӀадатияв гьалмагъ, гьав, тӀадкъай щварабго, цо лахӀзаталде хисун лъолаан, гьасдасан ток кьабураб гӀадин, бакӀа-бахарун лъугьунаан тӀолабго гьасул командаги. Цониги кколареб рагӀи абуларо. Щивас иш гьабула, гьас гӀадин, ва киналго цӀун рукӀуна цогояб гӀишкъуялъ...
Ниж Ибрагьимовгун гара-чӀварун руго, ахикь плащпалаткаялда тӀадги регун. Нижеда тӀад борхатаб зодихъ сверулел руго разведка гьабулел "хъарчигъаби" ва лъедолел руго хъахӀал накӀкӀал. Ибрагьимовас гьабсагӀат хӀалхьи гьабулеб буго. Хулхулхъалиянги цӀалаго, гьев, къинкӀизе бералги гьарун, рикӀкӀаде валагьун вуго, гьороца бухӀараб гьасул гьумер зама-заманалдасан багъарулареблъун лъугьуна.
Нижер васал, — ан, гьездехун бетӀерги гьанкӀизабун, абуна гьас. РикӀкӀада гъотӀода гъоркь гӀодорги чӀун, цоцазул мугжул кӀкӀвалел китайцасда релълъарав казахасдаги кӀигъуждулъа гӀебав михъич — украинасдаги.
Разведкаялъ ине хӀадурлъулел руго, — ян абуна Ибрагьимовас. — Унго, цӀакъаб жони бугоха, ле, разведка! ЧӀагояв тушманасулгун букӀуна иш. ГӀизраил малаикасухъ гӀадин, гьесул рухӀ нилъер хъатикь букӀуна. Яги дозул хандакъалда, кӀиго галул манзилалъ аскӀовги вегун, вукӀина мун, гӀенеккила, кинабго бихьила ва гьезда тӀад жанисан велъанхъилев вукӀина: "Аваданлъи гьабе, тира-свере, мун дир хъатикь вуго". Нижер киналниги гӀолохъабазе, лъалищ, бокьула разведка, богогьанасцин гьарула тушманасул мугъзада нахъе виччайила жив, гьебмехалъ жинцадила немцазе кьезе бугила цӀамги-пуччги, цинги тӀолабго гӀумруялъ квантӀе гъира лъолареб хӀал дозул лъугьинедухъ. Гьеле, гьедин буго, вац!
Дуда сверун тушманзаби ругин, мунго цохӀо хутӀун вугин абураб пикруялъ рекӀелъе хӀинкъи кколеб лахӀзат букӀунаребищ разведкаялда?
Йохъ, ракӀалдецин кколаро. Гьелъул гуро пикру гьабизе кколеб. Аслияб жо, гьудулавчи, киданиги кӀочене бегьуларо, гъов гурев, мун гьанив хважаин вукӀин. Цинги тушман дуда бер кӀутӀарабго живго вукӀине вуго сородилев. Сунцаниги мун восуларо! ГӀадалабги бахӀарчилъи букӀине бегьула, амма бугоха бахӀарчилъи гӀакъилабги — мун разведкаялъ унаго, пикру гьабидал, вихьула мунго улкаялъул бутӀалъун, халкъалъул бутӀалъун. Цинги божула мун гуллица восунгутӀиялда ва дурго ракьалда хвел гьечӀевлъун вукӀиналда. БичӀчӀанищ! Кинабго духъан бажарула! Жалго квераца, жалго бераз, жибго ярагъалъ гьабула гьабизе кколедухъ иш. Сункьа хӀинкъизе кколев! Гьаб рукъ нилъерго гурищ, гьаниб щибаб гъветӀ нилъерго гурищ, щибаб хӀинчӀ нилъги лъалеб, нилъедаги лъалеб. Цо нухалъ, ракӀалда буго, цебесеб кьерда, ниж разведкаялъ унеб мехалъ, ракӀалдаго гьечӀого, немцазул рахъалдасан кӀанцӀун бачӀана гӀанкӀ ва, рекӀетӀа гьечӀого, нилъер рахъалдехун буго тӀурун бачӀунеб. Релъиялъ битӀахъе киналниги гӀолохъаби, чехь унтун, гӀодор ккана...
Дун Ибрагьимовасухъ гӀенеккун вуго, гьев дунгун бацӀцӀадаб гӀурус мацӀалъ кӀалъалев вуго, гӀажаиблъи гьабизе ккараб жо: кисан гьасулъ, рикӀкӀада магӀарул росулъа гӀадатав магӀаруласулъ, гьабщинаб лъайги, гӀакълуги, ватӀан хиралъиги бижараб? Гьав жеги гӀолохъанго вуго. Рагъ — гьеб буго кӀудияб цӀадулаб школа, гьелъул гьалдолел карачалабалъ, маргьадалъ гӀадин, къоккун гуреб, сагӀтие кӀудиял гӀола гӀадамал. БичӀчӀи ва хехго нахъгӀунтӀи гьаниб гъорлъан канлъи бихьуледухъ гвангъун, цӀакъго бегӀерлъун лъугьуна. КигӀан гьитӀинабниги пикру, кигӀан гьитӀинабниги гьимиялъулъ рехулеб рагӀад чиясул рекӀетӀе кьола, гъваридаб лъалкӀги нахъа тун, кӀодолъунги бачӀун, хасият хисизабуледухъ.
Ибрагьимовас гьоркьоса къотӀизе течӀого бицунеб букӀана:
Цо нухалъ, — ан абуна гьас, циндаго магӀарул къагӀидаялъ хъисда-хъисда хӀатӀалги лъун, гӀодовги чӀолаго, — нижеда тӀад къана лъутулев тушманасда хадур лъугьине. Тамашаяб иш! Нижехъе кьуна танкаби. Дир ихтияралда буго автоматчагӀазул тӀубараб къокъа. Дун гӀодов чӀана бетӀераб танкалда, битӀун абуни, вахчун чӀана. Рагъарана. Тушманасда хадур лъугьунел руго. БачӀинахъего кӀанцӀана сверун къараб бакӀалда тӀасан росулъе. Дир танк хьва- гӀелеб буго. КъватӀ бухӀулеб буго. Щибаб минаялъусан кьвагьулеб буго. Дида сверухъ гулби пештӀолел рукӀинчӀо, бичӀчӀулищ, битӀахъе гьалделел рукӀана. Цого жо лъугьараб цӀа. Цо гулла бихъана хьибилалда, цогидаб — цебехун, лъабабилеб — ботӀрода тӀад. Башнялда нахъа чӀун вуго — каранда бан автомат буго. Танк цин эхеде борхула, цинги гӀодобе биччала, раса гӀадин. Дунин абуни, рагъуе команда кьолев, ахӀтӀолев вуго: "КвегӀидехун — гьенир пулеметчикал! Цо! Цоги! ГьечӀо пулемет. Эхеде бохдулги ритӀун, фрицав воржунев вуго. Кваранидехун балагьизабе!" Цебехун ригьзал, гьенисан гуллил цӀад балеб буго. "РечӀчӀе термиталъулаб!" Рукъзал пархун ана. Ниж церехун роржунел руго.
О-о! Гьеб къоялъни хӀалтӀи гӀемер букӀана!
ГъалбацӀап гӀадин, цо къотӀносан цоги къотӀнорехун кӀанцӀулел рукӀана танкаби. Дица фрицазде ахӀулеб букӀана: "Эгье-гье! Киб бугеб нужер рухӀ?! Гьая, хӀарамзадал!" РекӀелъ букӀараб рохел щибха, битӀахъе куркьбал рижараб гӀадаб. Дуе сундулниги ургъел гьечӀо!
Нижеца тушман росулъа вачахъана. Цониги гуллаялъ дун лъукъичӀо, цониги гуллил тӀураб кесек дида хъатӀичӀо, киназдасаго цеве-цеве унев вукӀаниги. ЦохӀого-цо гӀундул гъугълъана, битӀун бицани, лъикӀгоха. ГӀарададул гулла битӀахъе башнялда нахъа бихъана, тӀирабаз дир каска боржинабун ана, шинель борлъана, амма дида хъатӀизе гуллил бахӀарчилъи гӀечӀо. Гьеле гӀажаиблъи! Щай гьеб гьедин букӀунеб?
ВахӀ, дун битӀахъе цӀадулъ гурищ вукӀарав!
Щайгурелъул, — ан жаваб кьуна дица Ибрагьимовасе, — хвалил пикру цониги нухалъ дур ботӀролъе бачӀинчӀелъул. РакӀалда бугищ доб нилъер гӀакъилаб халкъияб бицен: цо гӀолилас рагъулъ живго цӀунулеб сабаб балагьулеб букӀараб куц? РакӀалда бугищ, гӀадамазул малъиялда рекъон, халат бахъун ва гӀадада дов тира- сверараб куц; цо бугони, цидул гожо балагьизе, хадуб — хасаб нухрагӀункӀкӀалъул малъ ва ахиралдаги, хьул къотӀун, хъахӀаб мегежалъул гӀакъиласухъе гьикъизе ине ккарав куц: "Гьединаб сабаб дунялалда бугизего бугодай, гьеб балагьунго щиб гьабилеб?" "Буго, — ян жаваб кьуна гӀакъилас. — ГӀадамал ритӀарал руго. Дунялалда хӀакъикъаталдаги гьединаб сабаб буго, жинца гӀажаибал жалги гьарулеб, рагъда чиги хвалидаса цӀунулеб. Амма гӀадамаз хӀапу-чапур гьабун буго. Гьеб я цидул гожо гуро, я нухрагӀункӀкӀалъул малъ гуро, гьеб буго гъалбацӀалъулаб бахӀарчилъи. Гьеб сабаб, дир гьудул, рагьде унаго цадахъ босичӀесул талихӀ къуна. Хвалил пикру гьабуге, бахӀарчилъун вукӀа, цинги дуе щибниги лъугьине гьечӀо".
Ибрагьимов, вуцӀцӀунги чӀун, дихъ валагьун вуго.
— Гьай къулгьу, — ян гьимулаго абулеб буго гьас, — гьеб бицен рагьухъабазе бицине ккола! БитӀараб бицани, киналго дир васазухъ сабаб буго (гьев гьоркьанго къинкӀана) — гьел разведчикаллъидал, разведчиказейин абуни, тӀоцебесеб ярагъ — бахӀарчилъи ккола. Кин букӀаниги, хал гьабе, халкъалъ цебего ургъун букӀун буго нилъер бергьенлъиялъе къваригӀунеб жо...
Бихьулищ? Ле, Бекеш, нужер хӀадурлъи лъугӀанищ? Разведкаялде, театралде ине гӀадин, къачӀадилел руго: цаби рацӀцӀад гьарула, бутӀрул чурула. Гьа, кӀваричӀин, нужерго иш гьабе, къасилъизегӀан заман бугин. Хадуб, къаси, кванда нахъа, нилъер гьоболас нужее умумузул цо бицен бицина, нужеца гьеб щулаго рекӀелъ цӀуне — гьеб нужее нухбитӀиялъул рахьиялъул бакӀалда букӀина.
Суалал ва тӀадкъаял
1. Разведчикасул пишаялъул хӀакъалъулъ авторас щибилан абулеб бугеб?
2. Щиб нужеда лъараб магӀарул вас ХӀажи Ибрагьимовасул хӀакъалъулъ?
3. "Рагьулъ гӀемер ургъулез бахӀарчилъи гьабуларо", — ян абураб умумузул васият разведчиказ кин тӀубазабулеб букӀараб?
4. Разведчикасул рекӀелъе хӀинкъи кколищилан Ибрагьимовасе кьураб суалалъе гьес щиб жаваб кьураб? ТӀехьалдаса цӀале.
5. Рагъалъул хӀакъалъулъ Ибрагьимовасул пикру кинаб бугеб?
6. Рагъда ккараб тамашаяб ишалъул хӀакъалъулъ хъвараб бакӀ бате ва цӀале, Ибрагьимовас гӀадин бице.
7. ГӀакъилаб халкъияб биценалъул хӀакъалъулъ щиб нужеда лъараб?
8. Рагьда хвалдаса цӀунулеб сабаблъун щиб батараб?
9. ВатӀан бокьиялда хурхарал кицаби ва абиял хъван росе (анцӀила щугониги).
МАГӀАРУХЪ ЧВАХУНЦӀАД
Ахикье базе лъугьана хехаб чванхунцӀад. Гьороца рахъ-рахъалде хьвагӀезаруна гъутӀби, цокӀалаб хъуй тӀибитӀана тӀолго дунялалда.
Зобалаздаги ракьалдаги гьоркьор лъугьун рукӀана чагъанадул чӀваби гӀадал мухъал.
Гъугъадиялъул хъуялъ гъугълъизарун рукӀана киназулго гӀундул. ЦӀадал тӀираби рортулел рукӀана тӀухьигӀан бакӀго, гьелъ гъутӀбуздаса гъинабулеб букӀана барщичӀеб пихъ. ХӀабургъараб лъел иххаз рукӀана къватӀал рацизарун. Иххалъ тӀетӀезарун рачун унел рукӀана кьурул хъитӀал. Аздагьодул гъванщида лъугьарал рукӀкӀалаби гӀадал иххазул карачелазда тӀад ццидахун гьалдолеб букӀана полоп. Нухазул ракьанлъабазда ругел рахъазда жанир лъедолел рукӀана иххица росун рачӀарал хӀанчӀазул бусаби, хварал гӀункӀкӀал, сум, хъарахъ.
Буран багъарараб мехалъ гӀадин, гъутӀбузул тӀанхал рукӀана регуниса руссинарун. ГъутӀбузул рохтабаздасан чвахулел рукӀана лъел чӀегӀерал иххал, ва гьелъ гъутӀбузул рохтаби релълъинарулел рукӀана белъун хадуб цӀорон, цӀер чӀвараб гьанада.
БотӀрода тӀад хьвадилел рукӀана цӀадал тӀирабазул карачелал, гьезда гъорлъан хӀалихъе рихьулел рукӀана кенчӀолел пиридул мацӀал. Гьезул бахъунеб букӀана хӀинкъи кьолеб гъугъаб гьаракь.
Сверухълъиялда букӀана роол чвахунцӀадалъ рацизарурал ахазул хъуй. Ахазукь ракь букӀана гьорон бачӀун. МегӀералда чӀвалеб букӀана гӀурччинхарил ва гӀатӀгояб цӀулал махӀ.
ЦӀад къотӀана, бакГбакӀазда накӀкӀазда гьоркьосан хъахӀилаб зоб бихьизе лъугьана... Горо-цӀадалдаса хадуб магӀарухъ зоб цӀахӀилаб гуреб, хъахӀилаб букӀуна. Гьеб ккола лъарагӀлъийилан. Рикь-рикьун, риххун, тӀагӀун уна накӀкӀал, жинда щибго жо хъвачӀеб гӀадаб бацӀцӀадаб зоб хутӀула букӀараб бакӀалдаго.
Цойидасан цӀад лъугьуна мутӀигӀаб, недегьаблъун. Кинабго лъугьанщинаб релълъуна махсараялда, лъималазул гӀадаб гогьлъиялда.
Жеги бакъ бихьулеб букӀинчӀо, амма рикӀкӀадегӀан мугӀрузул лабаллъабазда гьелъул канлъиялъул ункъбокӀонал тӀанкӀал рихьулаан. Гьел гӀодоре рещтӀунел рукӀана ва гьезда данде цӀан унеб ракьги букӀана. ТӀадеялдаса-тӀаде гӀагарлъун рачӀун, гьел канлъул тӀанкӀал гӀагарда ругел щобазда цолъулел рукӀана. НакӀкӀазда нахъасан бакъул чӀорал ракьалде рещтӀунел рукӀана, меседил кьерал гӀебал гулаллъун, гьезул канлъухъе ахазда тӀад хӀухьлал карачелал лъугьунел рукӀана. Сверухълъиялда лъугьунеб букӀана рекӀее бокьулеб сихӀкъотӀи
Гьеб мехалда рагӀизе лъугьана иххазул хъуй. Сухъмахъалги къотӀун ун, гьанжеги гьел къватӀаздасан чвахулел рукӀана. ГъутӀбуздаса гьанжеги щуб гъунеб буго. Ракьалда гьез лъугьинарулел рукӀана сурдалъелазда релълъарал картӀал. ГъутӀби ругоан ккараб ишалдаса хадур гӀенеккун чӀун.
Гьанже дида рагӀулеб буго азбаралда хӀанчӀазул бакънал. ХӀелеко буго цӀадал хӀорил рагӀалда чӀун. БагӀараб, тӀогьилаб хӀулигун гьелъул сурат бихьула хӀориниб. ГӀегӀедизеги гӀегӀедун гьеб гӀенеккун чӀола, гӀегӀеди лъикӀго кканадаян ургъулеб гӀадин, ва хӀелказул мацӀалда жинцаго жиндие рецц-бакъги гьабулаго, гьеб нахъе уна. Кисан бачӀарабали лъачӀого, баккун бачӀана биччараб мугъгин рекъаб цо гьой. Гьеб лъугьана лъим гьекъезе. Азбар къотӀун гӀебеде жиндирго хъизангун кавудухъе балагьун къокъана борхатаб цо хъазги.
Гьанже бакъуца бакъван лъугӀараб цӀвакараб болъодул ганчӀида, дидехун мугъги рехун, гӀодоб чӀана хъахӀаб цо кету. Гьеб лъугьана билбагӀараб мацӀалъ жиндирго квачӀал чӀикӀизе. Гьелъ квачӀ чӀикӀулеб букӀана, унтун колъода бараб квер гӀадин, каранде борхунги ккун. Ахазукь чӀаголъи лъугьана. ХӀанчӀи гъотӀол гӀаркьалабазда тӀад жидерго бакӀал кквезе лъугьана. РагӀизе лъугьана тӀоцебе батӀа-батӀаго хӀанчӀаз жидерго гьаркьазул хӀалбихьи гьабулеб куц. Гьеб релълъунаан кӀудияб оркестралда гьоркьоб щивав музыкантас жинди-жиндир алат рекъезабиялда. Дагьа-дагьабккун хӀанчӀазул гьаркьал цоцалъ рекъезе лъугьана. Хъуй ва чӀир-чӀири сверана рохалилаб хоралде. Кинабго рахъалдасан рагӀизе лъугьана "музыка", гьелда гьоркьоб батӀа бахъизе захӀмалъула гъалухӀанчӀазул зурмил гӀадал бакъналги гъотӀоркӀодул къолол накабиги.
Зузуй бахъана оцхӀутӀазул, ссир-ссири бахъана гарцӀазул, зузуй бахъана наязул, чӀир-чӀири буго хъудкузул. Кинабго гьеб гӀемергьаркьазулаб оркестралъе дирижерлъи гьабуна халатаб гозоялъ карнизги бухулаго, мадугьалихъ бугеб тӀохда чӀараб гьудгьудалъ.
Музыкаялъул панаяб сас киса-кибего тӀибитӀана. Киналго гьаркьал журан, гьанже симфония лъугьана. Сверухълъиго цӀуна гьаркьаз, ахазукьан рагӀулел руго кочӀол бакънал. МугӀрузда тӀасан тирун нур ч!ун буго. Цо рахъалдехун рагӀула гьанже къватӀазде чвахун рачӀарал лъималазул чӀиргъи. Роол берцинлъиха! ЧвахунцӀадалдаса хадуб дуниялалъул гьайбатлъи!
Суалал ва тӀадкъаял.
1. Авторас чвахунцӀад базе лъугьиналъе, цӀад балеб мехалъ тӀабигӀаталъе, цӀад къотӀиялъе кинал сипат-суратал гьарун ругел? Гьел бакӀал нахъеги цӀале.
2. Хабаралда жанир кинал дандекквеял (сравнениял), сипат гьабулел рагӀаби (эпитетал) ругел? Гьел рате.
3. ЦӀад къотӀун хадуб хӀанчӀазул бакънал, чӀиргъи-хъуй авторас сунда релълъинабулеб бугеб? Щай?
4. Хабар гьаб планалда рекъон нужерго рагӀабаздалъун бице:
а) чвахунцӀадалъул гӀаламат, гьелъие гьарурап сипатал;
б) чвахунцӀад бапеб мехалда тӀабигӀат;
в) чвахунцӀадалдаса хадуб ахикь, росулъ чӀаголъи.
5. Хабаралъул гьитӀинаб кесек рекӀехъе бицине лъазабе. (Ц1ад къот1ун хадуб, т1абиг1аталъул бицунеб бут1а)
(кесек рек1ехъе бицунеб видеоролик учителасухъе бит1е)
АДАБИЯТАЛЪУЛ ТЕОРИЯ
Очерк ккола гӀемер кӀудияб гьечӀеб хабарияб формаялда хъвараб асар. ГӀемерисеб мехалъ очерк хъван букӀуна цо хасаб, амма гӀадатаб гуреб, къойил данде чӀвалареб лъугьа-бахъиналъул бицун. Данде чӀвала очеркал авторас ургъараб лъугьа-бахъиналъул яги къисматалъул бицун хъваралги. Кин хъвараб бугониги, очеркалда жаниб авторасул художествияб фантазиялъ кӀудияб бакӀ кколаро. Гьениб чара гьечӀеблъун ккола бицен гьабулеб хӀужжа хӀакъикъияб яги гӀумруялда релълъараб букӀин, цӀалулев гьедин букӀанин яги букӀун батизе бегьулин абураб пикруялда божи.
Очерк хабаралдаса ва къисаялдаса батӀа бахъизе аслияб шартӀлъун ккола асаралъул композиция. Хабаралъе яги къисаялъе чара гьечӀого къваригӀуна гъункараб, киналго лъугьа-бахъинал данде ракӀарулеб сюжет. Очеркалъе хасаблъун ккола лъугьа- бахъиналъул, инсанасул гӀамал-хасияталъул, хьвада-чӀвадиялъул сурат бахъи, авторасул эркенаб калам, гьесул пикру, бицен гьабулелъе кьолеб къимат.