"Деепричастиялъул заманаби" Шейхова Сидрат, Мах1ачхъалаялъул 41 школа
45. Деепричастиялъул заманаби.
▲Деепричастиялъул букӀуна кӀиго заманияб форма: араб ва гӀахьалаб.
Мисалал:
а) араб заман: Босун (тана, ана, бачӀана, батана).
б) гӀахьалаб заман: босулаго (вачӀана, вачӀунев вуго, вачӀина).
1.+ Предложениялги цӀалун, сказуемоялдасан деепричастиялде суал лъе. МагӀнаялде балагье ва щиб заманалъул гьел ругелали бице.
1.Гьимулаго Гьимат рокъове лъугьана.
2.Шоферасе бокьичӀо кьижарилаго машина бачине.
3.Пикан гъотӀол рагӀдукь рещтӀана лъимал.
4.КьижичӀого хъаравул сверулев вукӀана.
5.ГьабичӀого чияс чед кваналаро.
6. Векерун вачӀана Муса рокъове.
▲ Араб заманалъул буголъиялъул деепричастие лъугьуна гӀахьалаб заманалъул глаголалъул аслуялда тIаде -Н жубан, -ЛА-нахъе рехула: хъвадару+ла- хъвадарун, кьоло+ла-кьоло+н.
▲Араб заманалъул гьечӀолъиялъулги гӀахьалаб заманалъулги деепричастиял лъугьуна гьелго заманаул глаголазда тӀаде -ГО жубан: босичӀо- босичӀо+го,букIуна-букӀуна+го, босуларо- босуларо+го, бичула-
бичулаго.
2.+Таблицаялде хал гьабе. Деепричастие лъугьараб куцалде кӀвар кье. Гьелда рекъон гьал глаголаздасан деепричастиял лъугьинаре.
Мисал: ахӀула — ахӀун, ахӀичӀо — ахӀичӀого, ахӀула- ахӀулаго, ахӀуларо — ахӀуларого.
Хъвана, хъвачӀо, хъвадарана, хъвадаричӀо, хъваларо; седола, седечӀо, седоларо; тӀола, тӀоларо.
8.+Гьал глаголазул араб ва гӀахьалаб заманалъул буголъиялъул ва гьечӀолъиялъул деепричастиял лъугьинаре ва заманалда рекъон, кӀиго хӀуби гьабун, хъвай.
Мисал:
Араб заман. ГӀахьалаб заман.
чвахун чвахулаго
чвахичӀого чвахуларого.
Чапула, рецӀцӀула, гӀунула, пирхула, цӀорола, понцӀола, тӀотӀола, кьурдула, хӀалтӀула, кванала, гьекъола, бегьула, бахиллъула, щурула.
●ЧӀегӀерхъвараздасан лъугьарал деепричастиялги гъорлъе ккезарун, предложениял гӀуцӀе (бицун).
4. + Гьал рагӀабазул дандраял хъвай, глаголаздасан деепричастиялги лъугьинарулаго.
Кваранабги квегӀабги квералъ лъим ххала. Свакаледухъ кьабгӀечӀого, хӀатӀаз кумек гьабула. ТӀираби рахъинарула. ЦокӀалго хӀухьел босула. Черх лъетӀа битӀун ккола. ХӀухьел босизе бетӀер борхула. ЧӀалде щола. ХӀухь бахъула.
●Гьел лъугьарал рагӀабазул дандраяздаса пайдаги босун, «ХӀорихъ» абураб хабар гӀуцӀе.
5.+ Глаголазул деепричастиялги лъугьинарун, рагӀабазул дандраял хъвай, кӀиго хӀуби гьабун: цоялда буголъиялъул деепричастиял ругеб, цоялда — гьечӀолъиялъул.
Мисал:
Буголъиялъул: ГьечӀолъиялъул:
ХӀетӀ босун ХӀетӀ босичӀого
Босула хӀетӀ, хъухъачӀо гъветӀ, гьабула тӀалаб, щвечӀо машина, батуларо костюм, унаро къо, рещтӀуна иццухъ, хъвала кагъат, ахӀула кечӀ, балагьула гири-гара, хьвадула ахикье, уна рохьоре, сверула шагьаралда, течӀо рахӀаталда, хьулги буссинчӀо.
●ЧӀегӀерхъварал рагӀабазул дандраялги гъорлъе ккезарун, предложениял ургъе ва хъвай.
6.+ ГъалатӀ биччачӀого, цӀале. Деепричастиял рате ва, ратӀа росун, хъвай, кӀиго хӀуби гьабун: цоялде росе араб заманалъул, хадуселде — гӀахьалаб заманалъул.
ХӀамил рачӀги ккун, сухъмахъал мерхьунаго, ана дир лъимерлъи. ГӀансал къан, гӀазуца нух бахъизе кӀоларого букӀунаан. Къад ганчӀазда хъещтӀолаго ква- чарал хӀатӀалги тӀингъилъе рачун, нартил чирахъал да цевеги кӀусун, дарсал цӀалулаго, кьижун кколаан.
Гьанже дилъ дагьаб жахӀдацин бижана гьел эбел-инсуца алжанги кьун, абунщинабги босун, тӀалаб-агъазалъ
сверунги ккун, сундулго ургъел чӀвачӀого, ракъи-къечей бихьичӀого гӀолел гогьал гӀолилаздехун. (М. М.)
7.+ Гьоркьор риччарал бакӀазда магӀна дандекколел деепричастиялги лъун, тӀанкӀазул бакӀалда прилагатель ноязул ва причастиязул ахиралги тӀаде журан, текст хъвай.
Нухда___ , дун тӀаде ккана бусадаса бортара.. хӀанчӀил тӀинчӀалде. ЗагӀипа.. куркьбалги___ , гьелъ хӀатӀазда чӀезе жигар бахъуле.. букӀана. Гьелде,____дун сверухъе валагьана. Гьелъул гъарима.. эбел бугоан тӀанчӀихъе, ____ , гъотӀоде___, чӀирчӀидуле.. боржанхъуле.. ГӀодовеги___ , дица тӀинчӀ кодобе босана.
Гьеб бихьара.. эбела.. хӀинчӀалъ___ , дир гьурмада
кваркьи кьабана ва ___ тӀад боржанхъана. Гъо-
тӀодеги ___ , дица тӀинчӀ жиндирго бусада лъуна ва
хехго нахъе ана. ХӀанчӀазулги биххара.. гьаракь къотӀана.
РагӀаби: харун, речӀчӀун бачӀун, сорозарун, унаго, гӀагарлъулаго, чӀирчӀидилаго, бортун, къулун, бахун.