ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Расул Х1амзатов Россиялъул солдатал". Шейхова Сидрат, Мах1ачхъалаялъул 41 школа

Скачать файл: r.hi.-rossiyalul-soldatal-6-klass.docx [109,12 Kb] (cкачиваний: 155)
Посмотреть онлайн файл: r.hi.-rossiyalul-soldatal-6-klass.docx



            Расул Х1амзатов

 

Дагъистаналъул халкъияв поэт, пачалихъалъулал ва Ленинилаб премиязул лауреат, Социалистияб ЗахӀматалъул БахӀарчи Расул ХӀамзатовасул творчество машгьураб буго нилъер улкаялдаго гӀадин, гӀемерал къватӀисел пачалихъаздаги. Гьев мустаӀхӀикълъана халкъазда гьоркьосеб чанго премиялъегун шапакъаталъаги.

Расул гьавуна Хунзахъ районалъул ЦӀада росулъ магӀарулазе хирияв поэт ЦӀадаса ХӀамзатил хъизаналъе. Поэтасул вас вукӀиналъ Расулие рес кьуна жеги гьитӀинго вукӀаго, ратӀул къимат лъазе, гьелъул  пасихӀлъи бичӀчӀизе ва художествияб асаралъул халкъалъул гӀумруялъе бугеб кӀвар бихьизе. ГьитӀинав Расулида рагӀичӀого рес букӀинчӀо ЦӀадаса ХӀамзатица ГьацӀалухъа ХӀажиясул ашбазалде гьабураб кочӀолги ва гьеб кечӀ къватӀиб лъазе биччачӀони, ХӀажияс ХӀамзагие кьолеб букӀараб кьолораб чолги хабар. Бицанихъе, Расулица гьеб педучилищеялъул студентазда цебе кутакаб шавкъалда цӀалулеб букӀун буго. Расулидаги рагӀун, тӀоцебе цӀалун батизеги бегьула машгьурав поэтас ГӀандиса ПатӀил кӀудияб чохтӀоялъул хӀакъалъулъ хъвараб кополаб кечӀ, щаклъи гьечӀого кӀудияб асар гьабун батила гьесие БуцӀра росдал агьлуялъ гӀачиязда тарав гӀасияв вехь ИомагӀилил хӀакъалъулъ инсуца хъвараб кечӀалъги. ГӀумруялъул аслияб иш гӀадин, гьитӀинго тӀаса бищана Расулица кочӀол нух, хӀаракатги бахъана гьелъис киданигн хилиплъичӀого, ритӀухълъи цӀунизе.

АнцӀго класс лъугӀизегӀан гьев цӀалана ГӀараниб школалда, цинги ана цӀализе Буйнакск шагьаралда рагьараб педучилищеялде. Гьеб ккана Расулие кӀудияб икъбаллъун, щайгурелъул училищеялда доб заманаялъ дарсал кьолаан машгьурал учительзабаз: Шигьабудин Микаиловас, МухӀамад ХӀамзатовас, ХӀасан Мадиевас (директор). Училищеялда историялъул дарс кьолаан Болгариялдаса политэмигрант Бел Павлович Николовичас. Гьел гӀакъилал гӀадамазда ва тарбиячагӀазда хехго бичӀчӀана Расулил тӀабигӀияб гьунар цӀунизе кколеблъи, гьез хӀаракат бахъана вукӀи- несев поэт битӀараб нухде ккезавизе, гьев бигьаяб нухде хъущтӀизе виччангутӀизе.

1940 абилеб соналъ лъугӀана педучилище, Расул тӀад вуссана росулъе, хӀалтӀана ГӀаранив учительлъун, хӀалбихьи гьабуна гьанжего гьанже гӀуцӀараб Авар театралда хӀалтӀизе (артист, режиссерасул кумекчи), хадув вукӀана газеталъул ва радиоялъул хӀалтӀухъанлъунги.

КӀудияб ВатӀанияб рагъул заманалда мухӀканго загьирлъана Расул унго-унгояв поэт вукӀин. Къого сон барав шагӀирас къватӀибе биччана жиндирго тӀоцебесеб тӀехь; «ХӀасратаб рокьиги боркьараб ццииги» (1943).

Рагъ лъугӀараб соналъ Расул ана Москваялде М. Горькил цӀаралда бугеб институталде цӀализе.

Гьебго соналъ институталде лъугьарай Инна Гоффица хъвавухъе, доб соналъ институталде лъугьине гӀарза кьун буго 500 чияс, восун вуго 17чи. Гьел анцӀила анкьгоязде гъорлъе Расулги ккун вуго. ТӀоцебесеб курсалдасаго гьалмагъзабаз гӀолохьанав дагъистанияв къабул гьавуна ЦӀадаса ХӀамзатил вас гӀадин гурев, махщел бугев ва лъикӀав поэт гӀадин.

Институт лъугӀана 1950 абилеб соналъ, тӀад вуссана Дагъистаналде, кватӀичӀого вищана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул председательлъун, жакъа къоялдаги гьебго хӀалтӀуда пуго.

Расул ХӀамзатовас тӀубала гӀемерал батӀи-батӀиял пачалихъалъулал ва литературиял организациябазул тӀадкъаял, амма аслияб ишлъун кидаго буго хъӀвадарухъанлъи.

Соналдаса соналде бечелъана махщел: хъвана проза, театраз лъуна «МагӀарулай» драма, газетазда ва журналазда рахъана критикиял ва публицистикиял макъалаби.

Расул ХӀамзатовас хъвана гӀемерал асарал: кучӀдул, поэмаби, къисаби. Гьел киналго рахъун руго анлъго томалдасан данде гьарурал асаразул тӀахьазда (1973) ва гьезда хадур басмаялде рахьарал «Ахирияб багьа» (1976), «КучӀдул» (1979), «МагӀарул къиса» (1982), «ГӀумруялъул гьоко» (1985), «Концерт» (3988), «Къо бащалъукь щобда Дагъистаналда» (1990) тӀахьаздаги.

Расул ХӀамзатовасул хъвадарухъанлъиялъул аслиял темабазул цояблъун ккола КӀудияб ВатӀанияб рагъ. ГӀолохъанав Расулица хъвана Совет Союзалъул БахӀарчи М.-З. ГӀабдулманаповасул ва гьесул рагъулал гьалмагъзабазул хӀакъалъулъ поэма, рагъ лъугӀун гӀемерал сонал ун хадуб «ХъахӀал къункъраби» абураб кочӀолъ ракӀалде щвезаруна киналго рагъда тӀагӀарал солдатал. Гьеб шигӀру гьанже киназдаго лъала кечӀ гӀадин. Хъвана Расулийца жиндирго рагъда чӀварав вацасул хӀакъалъулъ поэма («Вац»),

Расул ХӀамзатовас Дагъиютаналъул литератураялъе кьуна церехун нилъер рукӀинчӀел цӀияб тайпаялъул асарал: «Хъвай- хъвагӀаял», сонетал, эллегияби ва гь. ц.

 

                  

 

 

 

 

 

 

 

 

 

РОССИЯЛЪУЛ  СОЛДАТАЛ

I

Симферополалда буго гӀаммаб хоб,

Анкьго гӀурусасул, цо аварасул.

Хабада эхетун буго чармил таик,

Чанги тушманасул бетӀер чӀинтӀараб.

Мармар гьецӀоялда хъван руго цӀарал

ЦӀадулал васазул нилъер ВатӀаналъ.

ЦӀализе риччан те гьел гьудулзабаз,

ЦӀализе риччан те гьел тушбабаца...

БукӀана кӀудияб Крымалъул их,

Авлахъал багӀарлъун рукӀана тӀугьдуз;

Бищун гьитӀинасул къого сон бугел,

 Къоло щуйилъ бищун кӀудияв вугел,

Микьго кьалул хъиргъу, кьералъул васал,

Гьал разведкаялде рахъараб мехалъ.

Щивасул рукӀана рикӀкӀад, кирниги

Я бахӀарай лъади, я абурай яс.

Ургьиб ракӀ букӀана анищазул цӀун,

ГӀащикъал ракълилал къоязухъ урхъун.

Гьал гӀолохъабазул рекӀелъ букӀана

РикӀкӀада хутӀараб рииги ихги:

Бакъалъул къалъиги, лъарал чвахиги,

Рогьалилъ букӀунеб лъикӀаб гьогьенги;

Пихъазул ахалги, хинаб рокьиги,

Харилъан раккарал тӀугьдузул махӀги.

Амма гьал рахана чармил танкалде,

Гьаз гӀумруги кьуна таваккалалъе.

ЛъикӀго букӀа, рота, рагъулал вацал,

«Немцазул мугъалда нахъе буго нух.

Бегьулеб жо буго, гьел рагъул соназ,

 Гьазда доб мехалъго жал рихьун рукӀин,

 Жакъасел къоязда гӀурал ракьазда

ГӀумруялъул тӀолго рахӀат босулел.

Щадуца бухӀулеб Сталинград—

Гьелъул чӀунтелахъан гӀолохъабазда

Рихьун руго жалго шагьарал ралел,

«Рорхатал сиязе кирпич сокӀкӀунел.

Биялъ кьер хисараб Волгаги Донги—

 Доб мехалъго гьезул цояс абуна:

Цо заман бачӀиний, гьаб кӀиябго гӀор

ГӀумруялъ нилъеца цолъизабулеб.

Доре Крымалде щвараб мехалда

Курортазул рахъу бихьананиги,

Гьаз хӀисаб гьабуна, хӀалхьи босизе

Лъудбигун цадахъ жал гьанир рачӀинин.

Гьадин их тӀегьалеб гьайбатаб мехалъ,

Гьаз тӀаса бищулеб буго гьанжего

Жалго рачӀунеб моцӀ ва рещтӀунеб бакӀ:

Цояца Алушта, цояца Гурзуф.

Нилъер ракълил бакъги жакъасеб къоги

 Щибаб къокъаб макьилъ бихьана дозда.

Гьеб ракълие гӀоло ана цӀадулъан

Эбел-ВатӀаналъул хириял лъимал.

Хириял танкистал, дир гьудулзаби,

Нужее памятник бана улкаялъ;

Нужер хабада тӀад буго чармил танк,

Россия киниги кутакаб, гучаб.

 

II

 

Кинан нилъер васал рагъда хваралан

 Хадуб гӀаламалъе бицана нугӀзаз.

Дица къокъаб куцалъ тамрар гьабила

Гьеб лъагӀелаз цебе букӀараб хӀалтӀи.

Гьеб букӀана гьадин: рогьалил гӀужалъ,

 Рохьазул бацӀазул бадире гӀадин,

Нилъер гӀолохъаби гӀалхул боязул

 ГӀарадачагӀазул берзукье ккана.

Жидер чан бихьарал гъачагъаз гӀадин,

Гъираялъ тушманас босана ишан.

Расги барахщичӀо гулла-хералда,

Гваргъан цӀа рекӀана чармил танкалда.

Бусен бухӀулелъул хӀанчӀи кинигин,

Яги ругънал щварал гъалбацӀал гӀадин,

 Нилъер гӀолохъабаз танк жибго тана,

Тушманасда данде жалго рахъана.

Тушбаби рукӀана никӀкӀ гӀадин гӀемер,

Дангъур цӀурал васал россе тӀаделъун;

РукӀана рачӀунел нусабго рахъалъ

Микьго хӀасратаб ракӀ мукӀур гьабизе

Тущбаби гулбузде рукӀинчӀо язихъ,

 Тушбаби яргъиде рукӀинчӀо янгъиз.

Гьезул. гӀарадаби гӀергӀелел руго,

Гьезул пулеметал пещтӀелел руго.

Гьанирги дораги речӀчӀула гулби,

Гьанирги дораги рекӀуна цӀаял.

 Героязул чурхдул ратила цӀадул,—

Гьаб кутакаб цӀадулъ рухӀулел гьечӀел.

Кинан нилъер васал рагъаралали,—

 Гьеб нус-нус сонаца буго бицине.

Рагъана гулбуца, рагъана хучдуз,

Рагъана хадур гьал цабзаца, квераз.

 

138Рагъана бадиса канлъи инегӀан,

Рагъана каранлъ ракӀ бугогӀан мехалъ.

Вагъана Николай, вагъана Ваня,

Вагъана мугӀрул вас—МухӀамадзагьид.

Рагъана рукӀунел бихьинал гӀадин,

ГӀагараб ВатӀаналъ малъараб куцалъ.

 

III

Нус-нусазде данде нилъер гӀолилал

Кверзул рагъда руго ругъназулъ росун.

Къо буго лъугӀулеб, бакъ буго унеб,

Би буго бецӀцӀулеб чорхол ччорбалъан.

Юкъарухъаналъул рукӀкӀен гӀадинан,

ГӀужилго, бегӀерго хӀалтӀула хучдул.

Ва амма, ахирги, маххул рахсаца

Рухьуна фашистаз гьазул рукьаби...,

ТӀегьалеб букӀана Крымалъул ракь,

КенчӀолеб букӀана гӀурччинаб дунял.

 РикӀкӀаде роржунел рукӀана хӀанчӀи,

ХӀасратаб гӀумрудул кечӀ ахӀулаго.

БахӀарзал рукӀана хвалил мацӀалда,

Хучдузул бутӀрузде курмулги ритӀун.

 Амма офицерас гӀодове виччан,

Чвантиниб кверги лъув, абуна гьазда.

Жинца гӀумру кьелин, хӀалхьуда телин,—

Дол хӀанчӀахъ балагье, чӀирчӀилел руго.

Дица чӀаго телин, гӀолохъаби, нуж,

Жиндир суалазе жавабал кьейин.

Гьеб мехалъ Николай цеве лъугьана,

Ццидалъ, бугеб рухӀалъ, ахӀун абуна;

«Фашистазул гьаби, гьанир гӀенекке!

Ниж гӀурусал рукӀин кӀочон тоге!»—ян.

БитӀахъе ботӀрода тӀил бараб гӀадин,

ТӀуркӀана фашистал гьел рагӀабаца.

БагӀарлъун рахъана, хъахӀлъун лъугьана.

ХъачӀлъиги хӀинкъиги гьезулъ цолъана.

 

Огь, рагӀун ратила, рихьун ратила

Гьел гӀащтӀичагӀазда гӀурус гӀадамал!

 Гьезул умумулги анкьумумулги

Нилъер ракьалдаса хучдуз хъамурал.

Чан хвалилав тушман гьетӀананиги,

БетӀер лъиениги жеги къуличӀел.

Гьезда лъала Псков, Сталинград,

Москва цӀадул рагъулъ цӀунарал васал.

Жибго Россиялъул хасият бугел

ГӀурусазул лъимал: Матросов, Таня...

—«Ниж гӀурусал руго»,— гьал  рагӀабазул

 МагӀна тушманасда лъалеб букӀана,

Чудалъул хӀорихъа Псковалде щун

Ва Псковалдаса гьаб росулъе щун.

ГIасрабаз, гӀасрабаз рихьун рукӀана,

ГӀалхулазда лъала пайда гьечӀолъи.

Гьез хех амру кьуна анкьго гӀурус вас,

 ГӀазаб кьун, иргадал цо-цоккун чӀвазе...

                   IV

Анкьавго гӀурус вас, гӀазаб кьун, чӀвана,

 Цо ГӀабдулманапов хутӀана нахъе.

Дир Дагъистаналъул гӀолихъан вуго

ГӀалхулал боязул ахирияб хъул.

Вуго лъукъарав гьав, квералги рухьун,

 Кваркьалаби гьечӀеб хӀинчӀалда релълъун.

 Вуго гьав киналго вацалги гъурун,

Бидуца бецӀцӀулеб гъалбацӀ кинигин.

Гьав чӀварахъ валагьун хӀиикъулев гьечӀо,

ХӀатта, гьезда жеги урхъунцин вуго.

Гьединан хвелила мугӀрул васалги,

Носокьа, цӀадукьа жив хӀинкъуларин.

Гьединан хвелила, щайха фашистал,

Гьесде ирга щвейгун, лъалхъулел ругел?—

 Лъалев гьечӀо гьезда МухӀамадзагьид,

Лъалеб гьечӀо гъозда нилъер Дагъистан.

 

Гъоз абулеб буго гьасдехун руссун,

Гьагъал чӀварал чагӀи гӀурусал ругин,

Мун чиярав вугин, батӀияв вугин,

Хвезе гӀедегӀуге, гӀолохъанчийин.

ГӀазизаб мугӀрул халкъ, хириял тӀанчӀи

Дудаса чӀухӀарал рукӀана даим.

Ва лъала гьабсагӀат  гьав Загьидида

Гьавураб, гIураб бакӀ букӀин ракӀалда.

ГӀахьвалазул тӀалъи, тӀогьол расалъи,

Жиндирго росу-ракь, дой гьайбатай яс.

 Гьас багьа хвелилан жеги баичӀей—

 Кинабго букӀана гьасул пикрабалъ.

Амма гӀурусазе мун чияр вугин,

ГӀалхулал фашистаз абураб мехалъ,

 Гьесда гьеб унтана жиидир каранда

Киналго лъун ругел ругъуназдаса.

Беразул чӀегӀерал тӀелхалги рорхун,

ЧӀухӀун цеве вачӀун, тушманасда гьас,

КӀаратӀа росулъа магӀарул васас

Цин бадибе туна, цинги абуна:

_ «Дун гӀурусав вуго, советчи вуго,

Гьал чӀварал гӀадамал дир вацал руго.

Ниж цого ВатӀаналъ гӀезе гьарурал

 Гучаб Россиялъул солдатал руго».

Гьединан абуна. КечӀалъе гӀоло

Дица цохӀо рагӀи тӀаде жубачӀо.

Гьединан абуна, гьелъие гӀоло,

ГӀурусакьа гӀадин, хӀинкъун чӀвана гьев.

Ва гьесул каранда рекӀарал нусаз

БикӀ-бикӀун цӀваялъул сурат бахъана...

Гьединан лъугӀана гӀумрудул къоял

 Микьго гӀолохъанал рагъухъабазул.

ГIалхулазда лъачӀо гьезул цӀаралцин,

Мармар гьецӀоялда гьанже хъван ругел;

 

Доба Крымалъул росулъ гьарурал

Васазе улбуца тӀоцере кьурал,

Дир Дагъистаналда ва Москваялда

ПасихӀал кучӀдузулъ ахӀулел ругел.

VI.

...Ана гӀемер сонал, сверана ихал,

Гьал вацал рукъана цого хобалъур.

Хабада лъураб танк, амру кьурабго,

Кьалде инегӀадин, эхетун буго...

 

ТӀадкъай.

1. Ӏоэмаялъул хӀасил гьаб планалда рекъон бице:

I — II бетӀер

а) Симферополь шагьаралда лъие ва кинаб памятник бан бугеб?

 б) Разведкаялда унел солдатазул анищазул, рекӀел хиялаязул ва дол кьвагьарал къоязул хӀакъалъулъ поэтас щиб абулеб бугеб?

2. Нужеего бокьараб бут1аялдаса цо кесек рек1ехъе лъазабе ва видеоролик бит1е учителасухъе

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби