ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

МухIамад ГIабдухIалимов "Госпиталалъул вас." Шейхова Сидрат, МахIачхъалаялъул 41 школа

Скачать файл: m.gi.-gospitalalul-vas-6klass.docx [84,43 Kb] (cкачиваний: 89)
Посмотреть онлайн файл: m.gi.-gospitalalul-vas-6klass.docx


                 

     М. ГӀабдулхӀалимов гьавуна Советский районалъул ТӀелекь росулъ. ЦӀалана росдал школалда, цинги Совегияб армиялда хъулухъ гьабун хадуб — Дагъистаналъул пачалихъалъулаб университеталда. Амма гьеб лъугӀун хадуб учительлъун цохӀо моцӀалъ гурони хӀалтӀизе хъван батичӀо. Цо кинабалиго ишалъ росулъа райцентралде щварав чи, редакциялда хӀалтӀизе бугеб гъираялъ, хасал идарабаздасан изнуги тӀалаб гьабун, гьеннвго чӀана. Гьенисан вачӀана республикаялъул «БагӀараб байрахъ» газеталъул редакциялдеги.

МухIамадие бищунго цӀакъ хъвазе бокьула гӀадамазул гьоркьорлъабазул, хьвада-чӀвадиялъул, яхӀ-намусалъул хӀакъалъулъ ва гьел суалал кӀвар кьезе ккараллъун рикӀкӀуна. Гьединлъидал батизе ккола, лъималазе рукӀа, чӀахӀиязе рукӀа хъварал гьесул асаралги героязул рухӀияб дунял рагьизе, гьезул рекӀелъе нух бахъизе хӀалбихьи гьабулеллъун рукӀунел.

 Гьеб рахъалдасан, лъикӀаб мисал гӀадин, хасго рехсезе мустахӀикъаблъун буго Москваялда гӀурус мацӀалда ва МакӀачхъалаялда рахьдал мацӀалда басмаялде бахъараб «Метер кватӀизе бегьула» абураб къиса.

Гьелго суалал рорхулел руго М. ГӀабдулхӀалимовас 1987 абилеб соналъ Дагъучпедгизалъ къватӀйбе биччараб «Нилъералго рицине бегьуларо» абураб тӀехьалда бахъараб «Госпиталалъул вас» абураб къисаялдаги.

Госпиталалъул вас

(къисаялъул кесек)

I

Гьура, гьудулзаби! ХӀамзат! ХӀамзат вачӀунев вуго!

Киналго кӀвараб куцалда — цоял бетӀер кьуризабун, цоял бетӀер кодобе босун, цогиял тӀаде рахъун — нуцӀихъ ралагьана. Щивасул рекӀелъе рохел рещтӀана.

Кивха вугев?— ан гьикъана цояс, нагагь ватунтутӀиялда хӀинкъарав гӀадин.

— Гордухъан паркъана, гьабсагӀат нуцӀихъан ваккизе вуго,— ян жаваб гьабуна койкаялда тӀад гӀодов чӀун вугес.— Гьев, койкаялъул къаданалда кверги чӀван, эхеде гьанкӀана ва хехго  жанивехун вуссана.— Ана, гьабсагӀат ваккизе вуго...

Дуда лъикӀ вихьанищ гьев, Кармен?— ан гьикъана гӀункӀрукьазде щвезегӀан катан къараб кӀиябго квер каранда тӀад лъурав Мошкиница, божилъи гьечӀого, бакъвараб гьаркьидалъун.

Самсоновасин абуни цӀалулеб букӀараб журнал хехго кроваталде рехана, гьединго хехго кодоре росана къвалакь чӀвалел тӀилал ва, дванкиялда гӀодор гьелги тункулаго, гипсалъулъ бугеб квегӀаб бохги гӀебеде битӀун, нуцӀихъе хӀалакана, амма ланкIиялда гьев кӀудияб рукъалъул бакьулъе щвелалде, ХӀамзат рагьумахӀуялъухъ эхетана.

Йохъ, живго гьав жеги ваккун вукӀинчӀо, тӀоцебе баккана  бакьулъ квартӀа-нилъги бугеб багӀараб цӀва, цинги пилотка. Гьеб мехалда, лъабабилеб иргаялда, халатал лахӀчӀегӀерал расазукь кунчӀарал чӀахӀиял берал. Ва тӀеренлъарал хъахӀал кӀутӀбузул пур гьечӀеб, амма рохалилаб гьими.

Киназдаго гуро гьев вихьаравги.

 Цо-цоязе санагӀалъи букӀинчӀо гьев ваккараб нуцӀихъехун руссине, амма вихьараз «Гъура!»

ян ахӀараб мехалда, гьезулги бахъана кватӀараб «Гьура!».

Гордухъап рещтӀараб маялъул бакъукь гвангъараб рукъ гьеб ХӀамзатил гьимиялъ тӀубанго къалъизабунин ккана лъукьараз- да.

ХӀамзат гьаругьинан палатаялъул бакьулъе вилълъана ва, кӀиябго квералъ ккун, каранде къан хъахӀилал тӀугьдузул гьитӀинабго квацӀигун, цо щивали валагьулев гӀадин, киса-кибего хал гьабуна. Ахирги гьесул берал горда цебе бугеб чӀобогояб койкаялда тӀад чӀана.

Койка букӀана, гьелда тӀад гьанже тӀагар чи вегун вукӀинчӀеб гӀадин, берцинго бакӀарун, гортӀа букӀана ХӀамзатида лъикӀ лъалеб дагьабго чункъараб тутиядул кружка.

         ХIамзатил берал магIил цIуна,тIеренал килщазукьаги рорчIун,

 хъахӀилал гӀисинал тӀугьдул, кун тӀурал маржанал  гӀадин, цо-цоккун хӀатӀазда цере рортана.

ХӀамзат, дур гьудул, тохтурас изнуги кьун, тира-сверизе ана,—- ян бицана цояс, васасе сундул ургъел ккарабалаги бичӀчӀун.

ХӀамзатил берал рохалица кенчӀана ва тӀеренал ракъварал кӀутӀби цере лъун хъахӀал гӀисинал цабигун, берцинго гьимана. Вортун ана къватӀиве, хӀатӀазукь рахъ-рахъалде щущан бетӀергьанасда кӀочарал тӀугьдулги ана.

Капитан Симонов вукӀана лъарал рагӀалда гӀодов чӀун. Хьол бохъ лъун къвалакь чӀвалеб цояб тӀилгун, валагьун вукӀана гьев хехго чвахулеб ва хъудулеб гьитӀинабго лъарахъ. Гьанжего гьанже чӀварал бакъул чӀоразукь кенчӀолел, паркъолел рукӀана лъадал тӀираби. Дора меседил кьер рехарал ахакьан, лъадал гъугъаб хъудиялъулъ журан рагӀулел рукӀана ясазул кучӀдул.

ХӀамзат лъикӀго гӀагарлъараб мехалда, ведерулев гьесул хӀатӀазул тӀвапиги рагӀун, нахъ вуссана капитан Симонов. Гьев аваданго вугоан. Бакъул чӀораздаса къанщун бералгун, гӀатӀидго гьимулаго, ахӀун абуна:

Гьа, ХӀамзат? Ккараб жо бугищ?

Михаил-даци, Михаил-даци!— я абупа ХӀамзатица, хӀалуцун цӀалаго хӀухьелгун, кенчӀелаго чӀегӀерал бералгун. — Дида ккана мун ун ватилилан!..

Капитан Симонов разиго гьимана:

•— Киса, гьудул, гьединаб талихӀ!

— Дида ккана... Дур тӀил бугоан доба...

— Гьа-гьа!— ян Михаил-даци кӀарун велъанхъана.

Гьес ХӀамзатида цебе квер ккуна:

— Квер баче, цоги жо нухда кколебин...— АскӀоб бугеб санагӀатаб гамачӀ бихьизабуна.— ГӀодов чӀа. Гьаб дунялалъул бернцинлъи  бихьуларищ дуда?.. Гьаваялъул бацӀцӀалъи! Доб ахиде рсхарал кьерал рихьулищ: багӀараб, гӀурччинаб, тӀогьилаб. Гьаб кинабго нилъехъа бахъизе, киналдасаго нилъ махӀрум гьаризе, язихъ гьаризе къваригӀун буго нагӀана

 батаяв Гитлерие. Дуца гьелъул пикру гьабулеб бугищ, ХӀамзат? Киса дуца гьелъул пикру гьабулеб! Дуда гьеб бичӀчӀизе рес гьечӀо...

ХӀамзат, лъикӀаланго ракӀхун, валагьана гьудуласухъ.

Жиндицаго гъалатӀ биччараблъи бичӀчӀана Михаил-дацида. Гьес ХӀамзатида, тӀаса лъугьаян гьарулеб гӀадин, къвал бана.

«ГӀажаиблъи бихьуларищ гьаб ракьалъул гӀадамазул. Эмен  вуго жиндие бокьун рагъде, битӀахъе лъутарай гӀадин эбелги ана, гьаб лъимерги рехун тун, гьанже гьавги чӀун вуго живги вачеян! Гьадаб вахӀшияб цӀадул корониве. Лъукъа-къотӀун гьанире рачIунел, гьаб хӀалалда ругел рагъухъабиги  берда рихьулеб мехалда... Щиб жо гьаб? Эбел-инсуда хадуб ракӀтӀамийищ? Тушманасде бугеб ццинищ? ВатӀаналде бугеб рокьул къуватищ? Гьебги гьебабги — кинабго, кинабго!..» Гьедин хӀисаб гЬабуна, улкаялъул халкъазул гъункиялдасаги, таваккалалдасаги, ритӀухълъиялдасаги чӀухӀун, капитан Симоновас ва лъимадул хӀалакъал гъуждул данде къана.

Батальоналъул командир капитан Михаил Симоновасда лъикӀ лъалаан гӀагараб ракьги, къадруги, рацӀцӀалъиги цӀунизе Советияб халкъалъул бугеб таваккалги, гьев ХӀамзат гӀадинал нус-нус лъимал, гӀицӀго партизаназул отрядазда гурелги, фронталдагн чӀахӀиязда цадахъ рагъулел ругеблъиги. ХӀамзат гьезда данде гьавизе бегьулареблъиги.

Гьанже, вилълъине кӀолеб мехалда, капитан Симоновасда цебе чӀараб масъала букӀана госпиталалдаса цо къоялъги цеве ин. Гьелде хӀадурлъулел, гьеб масъалаялда тӀад хӀалтӀулел рукӀана гьесул пикраби. Гьебго заманалда гьесда цебе чӀун букӀана ХӀамзатил суалги. Рагъде цадахъ вачинин абун борчӀидалха гьесухъа. УргъичӀого, пикруго гьабичӀого кьун букӀана гьеб рагӀи. Гьале ХӀамзат гьеб рагӀуда хурхун чӀун вуго. РакӀалъ гӀажаибго цӀалев вукӀана гьев рагъде. Симонов хьвадизе лъугьаралдаса батIаго рахӀат хун лъугьана гьев. Амма пайда щиб, рагъде гьев вачине рес букӀинчӀо. Гьеб гьесда кин бичӀчӀизабилеб?

Гьеб суалалда тӀад ургъулев капитан Симоновас ХӀамзатида абуна:

— Хехго лъугӀила, гьудул, рагъ...

Хехго?— ян ахӀун гьикъана ХӀамзатица Михаил-дацида. Ми-

хаил-даци госпиталалдаса виччалелде ва гьевгун цадахъ жив рагъде щвелелде гьеб лъугӀизецин гурин хӀинкъун.

Тушбабазде тӀури щвезе байбихьун буго. КватӀичӀого нилъер ракьалдаса рачахъизе руго гьел...

-Мун?

-Дунищ? Берлиналъул къватӀахъ сверизе анищ буго.

РухӀдаллъарав ХӀамзатил берал кенчӀана. Гьесул пикраби кӀийиде рикьун рукӀана. Гьесие бокьун букӀана эбел йигеб доб госпиталалда гьелда аскӀов вукӀинеги капитан Симоновасда цадахъ, фашисталги рачахъулаго,

тушманасул тахшагьаралде щвезеги. Гьединлъидал гьев Михаил-дацие кинаб суал кьелебали лъаларого хутӀана. Гьесул ракӀалда бугеб жо лъалев Михаил-дацица абуна:

— Дур масъала ккола лъикӀ цӀали. Щивав чиясул буго жинди-жиндир ярагъ...

ХӀамзат щакдаризе лъугьана.

— Дун дуда надахъ вилълъине вуго!— буна гьес.  

2

ХӀамзат гьавуна рорхатал мугӀрузул гьитӀинабго росулъ. Гьениб бана щуго сон. Цинги, хъулухъалъ эмен шагьаралде вачараб мехалда, гочана гьенире.

ХӀамзатие бокьун букӀинчӀо росулъа ине. Щай абуни, гьенир гьесул рукӀана цадахъ къватӀал сверулел, цоцазухъе унел ракӀ бащадал гьудулзаби.

— Гьудулзаби гъораги рукӀуна,— ян абуна эбелалъ. — Лъимал киргойин рукӀунел...

ХӀакъикъаталдаги шагьаралдаги ратана росулъго гӀадал лъикӀал лъимал, ккана гьезулгун гьудуллъи. Берцинаб ва талихӀаб букӀана ХӀамзатил гӀумру. Гьенир щвана гьесие росулъ киданиги щвечӀел ва жеги бералдагицин рихьичӀел расанкӀаби. ХӀамзатица анкьго сон байгун инсул гьудулас сайгъаталъе кьуна велосипед.

— Ма, игит, жакъа гьаб бачине гӀадин, метер машина, цинги самолет бачине ругьунлъаги,— ян абуна инсул гьудулас, ХӀамзатида цебе гиризабун хъахӀилкьераб кунчӀ-кунчӀараб велосипедгун.

ЛъикӀ цӀализе къотӀигун кьолеб бугоха Расулица дуе гьеб, — ан абуна школалде ине вас гӀеялдаса йохарай эбелалъ.

ЛъикӀ цӀалана ХӀамзат. Гьудул-гьалмагълъи гӀемераб, культура бугеб хъизамалда гӀолев гьев гӀадлуяв, гӀодове виччарав, бичӀчӀи бугев вукӀана. ТалихӀаб, аваданаб букӀана гӀумру. Гьесул гӀумруялъулъ кӀудияб бакӀ кколеб букӀана инсуца. Гьес гӀемер бицунаан жиндирго лъимерлъиялъул, росдал тарихалъул, мугӀрузда эркенлъиги гӀагараб ракьги цӀунуи ккарал гӀасиял рагъазул, умумуз гӀодоре тӀурал биязул. ЦӀалулаан тӀахьал, ри- цунаан маргьаби.

Гьеб киналъего ахир лъуна гитлерилаб фашизмалъулгун ккараб рагъалъ. Къо лъикӀин абуна аваданаб, талихӀаб гӀумруялда, къо лъикӀин абуна лъимерлъиялда.

ХӀамзатил кӀиго класс лъугӀараб мехалда ккана гьеб рагъ. ЛъагӀалидасан эмен ана рагъде.

Рехун нилъги тун ана,— ян абулаан чара хварай збелалъ, инсуде гӀайибги гьабун.— Ине кколарев вукӀарав чи... ТалихӀ къосана нилъер... ТалихӀ къосайги дов нагӀана батаяв Гитлерилги, досул хъизан-рукъалъулги, эбел-инсулги — тухум-кьибилалъулго!.. ГӀазабаз кванад! Гьев хӀамил гьечӀебдай лъимер, лъади- рукъго?..

Живго иналде инсуца гьел — васги лъадиги шагьаралда гӀагарлъухъ бугеб росулъе щвезаруна. Гьеб букӀана ХӀамзатил эбелалъул росу. Инсуцани абулеб букӀана рагъдаса рикӀкӀада магIарухъ лъикӀилан, амма эбелалъе къабуллъичӀо. Мун гьечӀеб мехалдайила жиндие эбелалдаги инсудаги аскӀоб бокьилилаи абуна гьелъ.

Гьедин, росулъе щвезарун гьелги тун, ана ХӀамзатил эмен.

ЧӀобоголъана ХӀамзатие рукъ, чӀобоголъана росу, тӀолабго дунял. Гьеб асар гьесие льугьунаан эбел гӀодулеб мехалдаги, гӀадамал чӀвалеб бакӀалде анин эменан пикру гьабидалги, жиндие хабар бицине, живгун васандизе эмен рокъов хӀажалъараб мехалдаги. ТӀоцересел къоязда эмен фронталде иналъул унго-унгояб магӀна гьесда, гьайгьай, бичӀчӀулеб букӀинчӀо. Гьев командировкаялда вугев гӀадаб букӀунаан асар. Жакъа вачӀинин, къаси вачӀинин, къаси вачӀинчӀони, радалниги вачӀун ватилин, кколаан.

 КъватӀаздаса яги школалдаса рокъове унаго, хьулал рукӀунаан вачӀун ватилин эменан, вахъун данде вачӀинилан, квер бачинилан. «Гьа, щиб бугеб хӀал, бихьинчи?» — ян гьикъилилан.

Амма вачӀинчӀо эмен...

КъотӀана эбелалъул гӀоди-зигардиги ва хьандейги. Пашманаб, гӀодобе биччараб гӀумруялде ругьунлъана ХӀамзатги.

ЦӀалул сон лъугӀизе моцӀалдасаги хутӀараб мехалда къана щола. Школалдеян абуни рачӀине лъугьана батӀи-батӀиял машинаби, гӀадамал, лъукъарал рагъухъаби. Школа сверана больницаялде.

Гьений тохтурлъун хӀалтӀизе лъугьана ХӀамзатил эбел ГӀумакусум.

Къоялдаса къоялде кватӀунги сваканги ячӀине байбихьана рокъое. ХӀамзат зигардараб мехалда гьелъ абулаан:

Кинха, дир лъимер, хехго ячӀиней, рагъухъаби сах гьаризе ккеларищ? Цояздаса цоял захӀматго лъукъарал рачӀунел руго...

Нилъер инсуда цадахъ рагъарал гьечӀелищ?— ан гьикъана ХӀамзатица.

- ГьечӀо, дир вас, нилъер эмен рикӀкӀада вагъулев вуго. Дораса рачӀунаро гьанире.

Бугеб рохелги ракӀгъейги ХӀамзатил букӀунааи колхозалъул бухгалтерлъун хӀалтӀулев кӀудаинсуде. Гьесда цадахъ гӀалах-хуралде унаан, магӀишаталъул цо-цо хӀалтӀуде ругьунлъулев вукӀана. ГӀумру арав вугинги абун, рагъде вачинчӀого тун вукӀана гьев. Хадуса гьевги ана.

Метер унелъул къаси, кӀудияв чи гӀадин, хьолбохъ гӀодов чӀезеги гьавун, бакӀаб бицатаб ва хӀалтӀуца согӀ гьабураб кверги тӀеренаб гъажалда лъун, кӀудаинсуца абуна:

— Гьанже мун вуго рокъов цохӀого цо хутӀарав бихьинав чи. Бихьинчияс, тӀаде ккани, хӀехьолареб къо букӀунареб. Инсуца кагътида хъзалеб жо бихьарабищ: щивав чӀагояв чияс тӀолабго къуват кьезе кколила гӀагараб

Нилъерго ракьалдаса тушман вачахъизе. Бажариларин ккарабги кколила гьелъие гӀоло.

КӀудаэмен аралдаса тӀубанго чӀобоголъана къайи-рукъ. ГӀемер сверизе байбихьана ХӀамзатица къватӀал.

Цо къоялда гьевги  мадугьалихъа Сахратги унел рукӀана дагьабго щенараб цӀадаца хӀур буцараб къотӀносан. Нухрикьуде щварабго, сверулъан, кӀичӀун рачӀгун, данде бекерун бачӀана таращ. КӀалдиб ккун бугоан бахараб расалъул тахтадул басриябго тӀагъур. Сахрат лъугьана гьеб кквезе, щвечӀеб мехалда, хадувги вортун, мал тункана гьес. Тарщица гьаркьал гьаруна. Цогияб кьотӀносан вортун вачӀана ХӀамзатидасаги кӀигогӀан соналъ кӀудияв, гъизарал гургинал кӀаркьабазул, тӀебхӀарал магӀарзукъалазул вас, тарщилги тӀогъролги бетӀергьан. Гьес мал тункана ХӀамзатил рицӀимахӀалда.

— Дуе гьеб щай?

ХӀамзат, жаваб кьезе регӀичӀого, унтараб махӀу лъулъазе лъугьана, амма, эхеде ворхулаго, бан биччан тапа гьесул махӀалдаги мал. Гьес, къокърицатал лъедерал кьунсцулги рукӀкӀинарун, квегӀаб зар кьабуна ХӀамзатил ботIрода. Гьоркьов жувана Сахрат, гьесухъ гӀенеккичӀого, кӀетӀелел рукӀана ХӀамзатги тарщил бетӀергьанги. ТӀаде херав чи вачӀин лъикӀ ккана, гуребани ХӀамзатидаса лъикӀаланго хӀур кӀутӀизе бегьулаан.

— Нуж гӀанталищ ругел? — ан кьварун абуна херас, кӀиябго лъимадул рукьабиги ккун, гӀайиб чӀван, цин-циязухъги валагьун.

Гитлергун рагъулел ругел гӀела, нужги рагъичӀонити.— Тарщил бетӀергьанасдехун вуссун абуна:— Мунни кӀудиявги вихьулин...

Гьас дир Цидукги щайха...— живго цӀунизе лъугьана тарщил бетӀергьан.

Дица...— Жаваб кьезе хӀалакана ХӀамзат.

Тарщие гӀолойищха нуж хвалчад рахъарал? Гьай-я-я-а! —

ян гӀайиб гьабуна херас. ХӀамзатида гьикъаиа: —Лъил мун, цо вихьичӀев гӀадав вас вугин.

ӀЦугӀайибил Камилил,— ан, таваккалго гьечӀого, жаваб гьабуна ХӀамзатица.

Кинав ЩугӀайбил Камилго гьев? Гьединав чи гьечӀогури, бахӀарчи, росулъ?

Гьудуласе кумекалъе Сахрат кӀалъана:

Идрисил ГӀумакусумил...

Гьа-а, гьадай тохтур ГӀумакусумил?— ан абуна херас, бортун бетӀергун. — Долъул рос кӀудияв хъулухъчи вукӀанин рагӀана.- Гьев нахъеги тарщил бетӀергьанасде вуссана: — Мунни гьалъав  Ражабил ватилин ккола, нух битӀун вуссайгийин жив?

-У,- ян къокъго жаваб гьабуна васас, анищазда вугев гӀадин кивалиго валагьун.

Бихьулищха, бахӀарзал, — ан абуна херас хӀеренго, кӀиязулго гъуждузда

 

хӀалакъал квералги лъун, бихьулищха, кӀиясулто эмен тушманасде данде вагъулев вуго, нужин абуни — нужго нужелъго. ЛъикӀ гьечӀо, бахӀарзал. Раче квералги, рекъон чӀа!

ТӀогърода тӀадги бегун, балагьун чӀун букӀараб таращ, херав иналъухъ хал ккураб гӀадин, бортун бачӀана бетӀергьанасда аскӀобе.

— Дур эмен щивлъун вагъулев вугев?— ан гьикъана ХӀамзатида, тӀагъурги ботӀрода лъун, тарщил бетӀергьанас.

— Асул эмен командир вуго,— яп гьалмагъасе гӀоло жаваб кьуна Сахратица.

Тарщил бетӀергьан гӀенеккун хутӀана.

- Дуего кьелищ Цпдук?— ан гьикъана гьес ХӀамзатида.

Нижер Калимат-эбелалъе бокьуларо гьве.

-— Цидукищ гьалда цӀар?— ан гьикъана Сахратица.

— Вацас лъураб цӀар буго. МацӀ лъазе ругьун гьабулеб буго дица аб,—- ан абуна тарщил бетӀергьанас, гьунхӀусидаги чӀун, хъаталги данд кьабун гьеб жиндихъего ахӀана.

-— Кин дуца гьелда мацӀ малъулеб? — ан гьикъана Сахратица.

—Бигьаго. ДобегӀан тӀагъур рехула, босизе аян абуни, босун бачӀуна... Дир аб КъурахӀица бачун ун букӀана.

— Щив эв?

— ГӀагарав васха,— ян жаваб гьабуна тарщил бетӀергьанас.

—• Нахъейищха бачараб? — ан бадиб чӀвалеб гӀадин гьикъана ХӀамзатица.

Досги дихъа хӀанчӀитӀинчӀ нахъе босичӀого тезе букӀун буго.

Мун кивеха?— ян гьикъана Сахратица.

Рокъове. Нижеда аскӀоб бугеб байданалда ругьун гьабула дица аб. Бокьани, рилълъа нужги.

Ана.

Гьенире щвезегӀан лъикӀаб лъай-хъвай ккана лъималазда гьоркьоб. Рокъо-рокъоре ана канлъи къотӀулеб мехалда. РатӀалъулаго ГӀусманица цӀиял гьудулзабазда абуна:

Дир буго резиналъул гор. Доб гебегизе биччайгун, хадуб бортула Цндук.

Сахратил берал кенчӀана.

—Метер рачӀа радалго.

Рилълъинелищ?— ан гьикъана Сахратица ХӀамзатида...

ХӀамзат рокъове щвейгун, эбел жеги хӀалтӀудаса ячӀун йи-

кӀинчӀо. КӀодойин  абуни, ясалъул вас тӀагӀараб бакӀ лъаларого чара бухӀун ятана.

Мун вукӀараб бакӀ щиб, бахьикъос? Гьеб куц-мохъ щиб? — ан абуна гьелъ, ХӀамзатил цӀакъго ракӀ бакъвазабизеги бокьичӀого, яхӀги гьабун.

Сахратгун вукӀана,— ян хӀалалъ гӀадин щурана, дализе биччараб бетӀерги борхизабичӀого, ХӀамзатица.

-Къаде кваназегӀагийищ ракӀалде ккечӀеб?..

ХӀамзатица кӀодое рагӀи кьуна тӀокӀалъ рикӀкӀаде унгутӀизе на кватӀизегӀан къватӀазда чӀунгутӀизе.

3

Нахъисеб къоялда ХӀамзат тӀаде вахъиналде, хӀалтӀуде ун ятана эбел.

Дида цадахъ хуриве вилълъине, кивего инчӀого чӀа, — ян лъазабуна кӀодоца.

Хурибги квеш букӀинароан, амма гьудулзабазе кьун букӀараб рагӀиялда щиб гьабилеб? Сахратихъейищ инев кӀодоца магъилъе вачунев вугин абцзе? Щиб лъалеб, довги разилъизе бегьула цадахъ вилълъине? Гьебмехалдани букӀинаан унго-унголъунги кеп.

Гьел хиялазда рагъида эхетун ХӀамзат вукӀадго, къотӀносан баккун бачӀана бахараб чӀегӀераб расалъул кӀудияб Сахратил бетӀер. Мун жеги гьенив щиб гьабулеван гьикъулев гӀадин, кӀичӀун мегӀергун валагьун, гӀенеккун чӀана гьев, кӀанцӀезабулаго цӀулал палугьангун.

ХӀамзат къотӀнове векерана.

Дихъе кьеларищ?— ан гьарана ХӀамзатица.

Гьудулас расанкӀо, хабар тун, гьесухъе кьуна.

- ГӀали-дадаца гьабуна къаси, нижеде вачӀун вукӀана, —ян бицана Сахратица.

КӀиявго гьудул вилълъана ГӀусманихъе, гьесул тарщидаса къадарабищ палугьан бугебан реццаризе.

ГӀусманица цадахъ вачана мадугьал Рауфги. Щаяли ХӀамзатие гьев вихьаравго рекӀее гӀечӀо. ТӀадежоялъеги хехго ккана гьезда гьоркьоб кьалги. Сахратил палугьан букӀана ХӀамзатихъ. Гьесухъа Рауфица босана гьеб. Гьес квешго теркӀезабуна ва палугьапасул квер тӀуна.

ХӀамзатица туркӀун бахъана гьееда кодоса палугьан.

Рауфица гьесул магӀарзукъалазда тӀинкъана. ХӀамзатица гьурмалъ палугьан кьабуна.

Ккана рагъ, амма гьел гьудулзабаз хехго ратӀа гьаруна. Гитлергун рагъулел ругел гӀела, нужги рагъичӀониги, —

ян абуна ГӀусманица, дов херас жиндаго абурабги ракӀалде щун.

ГӀусманица гьел рачана росдада аскӀосан чвахулеб лъарахъе. I Ӏ.сӀӀнр гьез хӀорал рапа, рахъал рахъана, цинги, ракъидал, гӀурччинаб куракуда хадурги сверана.

Аслияб ракIгъей букIана  тарщидаса.

РикIкӀкӀадегӀан рехараб жо босун бачӀин лъугьана гӀадатияб ва бигьаяб ишлъун. ЦинтӀаго Сахратица абуна махӀ бачине ругьун кколила гьебан.

-МахӀ бачунеб гьве батӀияб букӀуна,— ян щаклъи бижизабуна Рауфица.

— Киналго гьабзазда лъала махӀ. ГӀицӀго ругьун гьабизе ккола,— ян абуна ГӀусманица.

Чанго нухалда цоцазул тӀагъур щиб, гурде щиб бахчана, амма Цидукица жиндирго бажари, гьунар бихьизабичӀо.

— Дица абичӀищха махӀ бачунел батӀиял рукӀунин, — абуна, бергьенлъи щвараб гӀадин, Рауфина.

— Гуро, жеги-жеги ругьун гьабизе ккола,— ян чӀана ХӀамзат.

Гьудулзаби ратӀалъана метерги данделъизе ва Цидук ругьун гьабизе цогидал къагӀидаби ургъизе къотӀигун.

Къасиги кӀодоэбелалъ ХӀамзатида тӀасан гӀарз бахъана.

— Дуца цадахъгӀаги вачуневани,— ян абуна гьелъ ясалда.

— Кинха, збел, дица гьев вачинев,— ан абуна ХӀамзатил эбелалъ, чараги къосун,— хӀалтӀуде радалго уна — кватӀун ячӀуна. Радалго вахъинавуни, макьу гӀелищ лъимадуе? ГӀакъубалъун букӀина. Гьедин гуребги, гъора лъукъарал-къотӀарал гӀадамазда гьоркьоб лъимер кин букӀинеб?

— Гьадин квердаса унищха телев? Дидаса хӀинкъулев гьечӀо...

Лъаларо,— яп абуна, угьун хӀухьелгун, ХӀамзатил эбелалъ, — БетӀерав тохтурас абулеб буго рокъоецин инчӀого гъояго чӀаян. Къоялдаса къоялде гӀемерлъулел руго лъукъун рачӀунел ра- гъухъаби. Кьижизе заманищ бугеб?

Дица абуна дуда унгейин гьеб госпиталалдеян,— бадиб чӀвай гьабуна эбелалъ ясалъе.— Гьеб гӀакъуба щиб дуего кьолеб? Лъалаго хӀалакълъана. Сахаб макьу гуро, хӀалхьи гуро.

Чанго къоялдасан ХӀамзатил эбелалъ хӀукму гьабуна вас жиндаго цадахъ вачине.

 

4

- РорчӀами, дир хириял!— ан абуна ХӀамзатил эбелалъ, хъахӀаб халгӀатги ретӀун, унтарал ругеб рокъое лъугьарайго.

-ЙорчӀами.

-ЙорчӀами, ГӀумакусум-жан!

-ЙорчӀами, дир яс!

Киназго цадахъ жаваб кьуна унтараз.

   Йокьулаан лъукъарал рагъухъабазе ХӀамзатил эбел. ГӀемерго йокьулаан. Гьей йикӀана махщел бугей лъикӀай тохтур. Гьеб гуребги, гьелъ, даруго гьабичӀого, хӀеренаб гьимиялдалъунги хӀалимлъиялдалъунги сах гьарулаан гьел. ГӀолохъанай ва берцинай гьей ячӀингун, палатаялъубе гвангъи рехулин кколаан рагъухъабазда, кннабали бигьалъи бачӀанин черхалъеян кколаан. Щивав лъукъарав рагъухъанасулъ гьелда вихьулаан рагъда вугев жиндерго рос. РекӀелъ гьевгун кӀалъалаан щивав рагъухъанасда.

«Щиб лъалеб цо кивниги дир росги ватизе бегьула гьадин, лъукъизеги лъукъун, дунго гӀадай тохтуралъул цӀобалде ккун», -ан пикру гьабулаан гьелъ.

Тохтур, гьав дур бахӀарчицин гуревищ? — ан гьикъана цо рагъухъанас. Тохтуралъ жаваб кьечӀо. Гьей цогиясда кӀалъалей йикӀана.

ГӀумакусум-ханум! Гьавищ дур дов бахӀарчи?

ЦӀар щиб дур?

ЛъикӀав игит вихьула.

ВукӀинесев командир.

—Йохъ, тохтур.

Киназго квер бачана ХӀамзатил.

ХӀамзат тӀоцеве, кӀалъазе кӀал къотӀун, виххун ккун вукӀана: гьумер, бетӀер, рукь-бох бухьарал уитаразул цӀун букӀана кӀудияб рукъ. Ругоан бохдузда бакӀал жал дализаруралги, кӀалъазего кӀоларелги, зигардулелги...

Эбел иргадал кӀиго-лъабгоясда аскӀое щвезегӀанги, ХӀамзат хаган хутӀун вукӀана, цинги ана эбелалда аскӀове.

Дида бакьги бухьун вукӀинчӀого, азбаралде а тира-сверизе, —ян абуна эбелалъ ХӀамзатида.

ХӀамзатие унтаразухъ валагьизе бокьана.

Щай мун...

Эбелалъул калам гьоркьоб къотӀизабуна гӀодоб речӀчӀараб жоялъул сасалъ. Гьенивехун вуссарав ХӀамзатида чӀарбида бихьана тутиядул кружкаги гьелда жаниса гӀодобе тӀураб лъимги. Вортун ун, кодобе босана кружка. Цин гьелъухъ, цинги гьелъул бетӀергьанасухъ валагьун хутӀана ХӀамзат.

 Гьесда цеве вукӀана кьуризе кӀоларев рагъухъан. Гьесул рагӀалаздаса дагьал кӀичӀарал чӀегӀерал тӀеренал кьунсрузукь гъоркьа тӀаде ралагьарал берал ХӀамзатида ццидал цӀун ругин ккана. Амма, данде къарал ракъварал кӀутӀби дагь-дагь ккун ричӀун рачӀингун, ва гьезде гьимиялъул асар рехигун, гьесда ХӀамзатил ракӀ гурхӀана.

Лъим бокьун буго гьесие,— ян абуна гьесул мадугьалихъ вегун вугев михъилас.

«Кибдай буго лъим, лъарахъедай ине ккола?» — ян ургъулев вукӀарав ХӀамзатида гьевго михъилас, квегӀаб кверги битӀун, абуна:

Лъим доба бокӀнилъ буго...

ХӀамзатица босун бачӀун, лъадал цӀураб кружка бетӀергьанасухъе бегьана. Гьес гьеб, хӀалица гӀадин, ккуна, амма ракъварал кӀутӀбузухъе босизе кӀвечӀо. ХӀамзатица кумек гьабуна.

- ЗахӀматго вуго... Дур эбелалъ яхӀ бахъун гурони, нолъго добаб дунялалде унаан,— ан абуна, балъго гӀадин, мадугьалас, -

-Дуца...

Лъилали гьаркьал рахъана. ХӀамзат тӀуркӀана ва хӀинкъана.

 

-РечӀчӀе, речӀчӀе хӀамузда!— ян ахӀдана цогияв.

Дов реччалъ вуго,— ян абуна, ХӀамзатие лъугьараб асарги бихьун, гьесда кӀалъалев вукӀарав рагъухъанас.

Гьебмехалде ХӀамзатил эбелги сестраги гьазда аскӀоре щвана.

Гьа, щиб хӀал бугеб, Дзгуев? — ан гьикъана тохтуралъ захӀматго лъукъарасда ва койкаялъул рагӀалда гӀодой чӀана.

Баркала... лъикӀ вуго,— ян ракъварал кӀутӀбуз бигьа гьабун жаваб гьабуна рагъухъанас, берзул тӀелхалги кӀухӀалго эхеде рорхизарун.

Дохтуралъ, рукьги ккун, гьесул бидул кьабиялъул хал гьабуна.

Дур иш квеш бихьуларо, Тарасенко! — ян абуна разиго тох- туралъ, Дзгуевасул мадугьаласдехунги йиссун.

Цо гьаб бох цӀияб лъезе анищ,— ан махсара гьабуна гьес, бащдаб гьечӀеб гьелъухъги валагьун.

Гьесда аскӀоса унаго, тохтур лъалхъана, тӀадги йиссун Дзгуевасде бер щвезабуна.

«ВорчӀизегӀаги ворчӀани...» — ян ракӀалде ккана гьелда. Чанго гали тӀамун хадуса, нахъеги тӀад йиссана ва ХӀамзатида абуна:

ХӀамзат, дуцагӀаги кумек гьабе гьазие къваригӀараб-таралъе, нянкабиги регӀулел гьечӀин... Дзгуевасда аскӀов чӀа.

ХӀамзат Дзгуевасул койкаялда аокӀов лъабокӀонаб лъухъаб бакӀида тӀад гӀодов чӀана. Гьеб минуталда цояс ахӀана:

-Ле, игит!

ХӀамзат тӀаде вахъана.        

— ЦӀулал гӀучӀ балагьизе унарев щай? ГъотӀогӀаркьел бугониги бегьула, килищалъ бицатаб...

Босун бачӀана ХӀамзатица хьоп. Солдатас гьеб къазабуна махӀалда лъураб гипсалъул чакмаялда жанибе ва хъасана махӀу. Валагьун хутӀана ХӀамзат.

— Унти хӀехьезе бигьаяб буго, гьаб букариялдаса, — ян абуна солдатас, яхӀ бахъун гӀучӀги тенкезабулаго.

ХӀамзат нахъеги Дзгуевасда аскӀове вилълъана, добго бакӀида тӀад гӀодов чӀана. РакӀалде щвана гьудулзаби, ва таращ махӀ бачине ругьун гьабизе щибаб къойил данделъизе букӀараб къотӀи. Гьезухъе ине-инеян вукӀана гьев, амма, лъукъаразул хӀажалъаби тӀуразарулаго, къватӀиве вахъине регӀун хутӀичӀо. Ахирги свакана. ГӀодоӀв чӀарав чи кьижун ккана.

Макьилъищ, реччалъищали ахӀдолев унтарасул гьаркьица ворчӀизавуна. БетӀер батана сверулеб, ракӀ букӀана, биунеб гӀадин, тамахлъун. Дарабазулги, ругъназулги ва цогидалъулги рокьукъал махӀалги, уитаразул зигараги, ругьунаб гуреб ахӀвал- хӀалги рекӀана гьесда. Гьесда бугеб хӀал бихьарав Тарасенкоца гьесда къватӀиве, цӀияб гьаваялде аян малъана.

Гьудулзабазухъе инеб хӀал букӀинчӀо. Гьев лъарал рагӀалда, ГъотӀол рагӀдукь, кӀудияб ганчӀида тӀад вегана.

Бакъанида ворчӀана ва, госпиталалдеги инчӀого, рокъове вилълъана.

Къаси эбелалъ абуна:

-Дудаса пайда букӀинин унтаразеян ккола дида.

-Дие бакьинаро, эбел, тӀокӀалъ госпиталалде вилълъине, — ян абуна ХӀамзатица.— Гъоба гӀантаб махӀ букӀунеб буго...

-МахӀ гьечӀого букӀинищха, дир вас...

-Цогидал лъимал хӀухьбахъи гьабулел, къватӀазда...

-БухӀараб бакъукь къватӀал сверун щвезе жо гьечӀо...

-Лъукъарал-къотӀарал рагъухъабазда гьоркьове вачинчӀого, къватӀив тезе рес букӀунарищ гьев?— ан абуна хералъ, васасул хӀалги бичӀчӀун.

-Нилъер рагъухъабийин гъол,— ан квеш букӀун лъугьана эбел.— Нилъеца гьабичӀони, лъица гъозие хъулухъ гьабилеб?

-Дуцагоцин гурищ абураб гьел рихьигун, ракӀ хӀеккунилан? -данде чӀана херайги.

-Щибха гьабилеб, ругьунлъизе ккола,— ян къвакӀун лъазабуна эбелалъ.

-Мун тохтурлъидал, дуе бигьаго буго гьедин абизе. ХӀайваналъулцин би бихьани, бетӀер сверула дирни.

-Щивав рагъухъанасулъ дида дирго росги эменги вихьула,— ян абуна эбелалъ, къокъго ва гьелдалъун хабар лъугӀизе теян абулеб гӀадин.

Къаси макьилъ ХӀамзатида квеша-квешал жал цере тӀамуна. Цин гьев вукӀана рагъда, лъукъаразда гьоркьов, цин, танкалдаги рекӀун, кивали унев.

5

Нахъисеб къоялдаги эбелалъ госпиталалде вачана ХӀамзат, амма, гьей жиндирго ишалде йиссарайго, гьев гьениса хьвана. Вилълъана гьудулзабазухъе.

Сон мун киве ун вукӀарав? — ан гьикъана гьез.

Эбелалъ цадахъ вачунха.

Нижги рачуна эбелалъ цадахъ, амма унаро,— ян абуна, чӀухӀараб къагӀидаялда, Рауфица.

ХӀамзат гӀенеккун чӀана.

Гьеб къоялда гӀемер кеп ккечӀо гьезул расандиялъулги таращ махӀ бачине ругьун гьабиялъулги. РатӀалъана метер радалго росдал рагӀалда данделъизеян.

    Бакъанида къавулъе вачӀингун, гьесухъ ялагьун хутӀана кӀодоэбел. «ЯхӀ, гьав эбелалъ цадахъ вачун гурищ вукӀарав? ГьадигӀан чороклъизеги гьурмал кьер босун лъугьинеги  ккани, гьас гьабулеб жоягӀаги щибдай букӀараб? — ан пикру гьабуна гьелъ, рагъидаса дал-далиялда рокъове унев ясалъул васасда хадуйги ялагьун.— Эмен гьечӀого хутӀаралдаса гӀадада хун инев вуго».

— ХӀамзат, эбел кватӀиладай къаси?— хӀал бихьизе гӀадин, гьикъана гьелъ.

— Лъаларо, — ян, гъира гьечӀого, жаваб кьуна гьес.

Кун лъикӀаб гьечӀоха дур,—ан абуна хералъ.

Къаси эбел госпиталалдаго хутӀизе бегьулин, метер-сезеялде кинабго кӀочон телин пикру букӀана ХӀамзатил, амма гьедин ккечӀо. Эбел ячӀараб мехалда, гьев паракъатго кьижун вукӀаниги, радал гьев ворчӀана эбелалъул кьварараб гьаркьихъе:

Гьа, тӀаде вахъая, хиянатчи!

Зурулаго бералгун ва бачӀинчӀониги гьакӀкӀадилаго, вахъана тӀаде.

Дуда лъалищ рагъдаса лъути щиб жо кколебали?—ян гьикъана эбелалъ кьварун.

ХӀамзат, гӀодовеги къулун, гӀенеккун чӀана.

Гьеб ккола ВатӀаналъе хилинлъи. Гьелдаса кӀудияб такъсир букӀунаро. Дуцаги гьабун буго гьедииаб такъсир. Цоги гьединаб жо гьабуни, дица кколеб бакӀалде лъазабизе буго. Дие гьединав вас хӀажат гьечӀо. Инсухъеги хъвала...

Бищун ХӀамзатие захӀмалъана инсухъе хъвалин аби. Гьев ретӀел ретӀине лъугьана.

Гъираго гьечӀого, щвана госпиталалде.

— ТӀокӀалъ мун вачӀинарев куц вугин рукӀана ниж рахӀат хун, аи абуна палатаялъуре лъугьунаго бищун цеве ватулёв Гри-

цайица.

— ВачӀана гьале,— яи къокъго ва рокьукъго жаваб кьуна ХӀамзатица.

— ХӀамзат!— ан ахӀулеб рагӀаиа.

Гьаниве вачӀая, гьудул, мунги вачӀунарого, яхӀ лъугӀун вукӀанин дуп. Дуца гӀайиб гьабуге,— ян абуна гьанжего гьанже кӀветӀалда михъил хӀур чӀварав гӀадав хъахӀилал беразул гӀолохъанчияс.— Ванка хӀажат буго, гьудул.

ХӀамзатица гьари тӀубазабуна. Солдатасухъа гьеб нахъеги босун, хӀажатханаялъубе тӀезеги ана. Гьев тӀад вуссунаго гьесда хаду-хадув жаниве вачӀана тӀилал гӀунтӀарав солдат.

— Кин ругел нуж, кваназе гурони гьунар гьечӀел рагъухъаби?— ян гыжъана гьес, гьел махсароде ккун.

Дур инӀ квеш би.хьуларо, Васильев,— ан гьесие жаваб гьабуна Грицайица.

Дирищ?— ан абуна, аваданго гьимун, Васильевас,— Дун метер, цӀидасан, тушманасда кьаби щвезабизе унев вуго...

 Гьесие чангояс жаваб кьуна:

Гьанже кутак гьабила дуца.

Лъадул фронталде ина мун гьанже. Кнн бугониги, талихӀав чи вуго мун...

Лъадуца кагъаг бачӀун буго, бохдулги ругсв валагьун вугила жиндица рос, бокьараб рахъалде а, — ян, гьимизеги гьимун, жаваб гьабуна разиго Васильевас.

— Кьаби рагъда вугеб мехалда щвезабизе кколаан, мун гурев, дов ккеледахъ госпиталалде. Дур гуреб, досул тӀеледухъ бох...

Васильев дагьавги жанивегӀан вачӀана. Койкаялъул ахада хьибилги бан чӀана.

— Нужер гьанив рагӀула немцазул лъабго танк бухӀарав ва цоялда тӀад кьурдарав солдат.

— Гьединав гьечӀо. Гитлерил бер бахъарав вуго.

— Дир махоара гуро. Ункъо-щуго къоялъ цеве вачӀун рагӀула... Осетинав...

— Осетинав?.. Дзгуев?— ан гьикъана Дзгуевасда мадугьалихъ вугев Тарасенкона.

— Гьеле, гьев!

— Мансур?—- ан абун, гӀажаиблъун, хьибил тирун гьесдехун вуссана Тарасенко.

— Гьеле, гьев!

Васильев гьесул койкаялда тӀад гӀодов чӀана.

— Гьалмагъ Дзгуев, кин ккараб гьеб? Унго, кьурдаравищ?

— КьурдичӀо дун,— ан, гъираго гьечӀого ва намусаб жоялъул бицунеб гӀадин, жаваб кьуна Дзтуевас ва ракъварал рицатал кӀутӀбузда, кӀвахӀалго тира-сверизабун, мацӀ бахъана.— КӀодо гьабун бицун буго...

— Кинха ккараб?

...Гьеб къоялда радалго гьужум гьабуна тушманас. Цин, тӀела-тӀелал гьарун, рачӀана самолетал. Кьвагьдолел нилъер рагъухъабазул санго гьабичӀого, хьана бомба, битӀахъе ботӀрода тӀад роржинеги роржун. Цинги хандакъахъ рахчарал солдатаз бутӀрул рорхнлалде, рагӀана рачӀунел немцазул танкабазул дунял гьаргьазабулеб хъудиги. ЧӀахӀиял къасдалгун, тӀаделъулел рукӀана гьел. Амма нилъер рагъухъабазул къохӀехьейги бахӀарчилъиги къуркьи гьечӀеб букӀана. Гьеб къоялда тушманасул ункъо танк бухӀана сержант Дзгуев Мансурица. Ункъабилеб гьесие цӀакъ хираго чӀана.

— Диде тӀаде хандакъги ччукӀизабун ана ункъабилеб,— ан къокъго лъугӀизабуна хабар Дзгуевас.

-Танкалда хадув векеранин абулеб жо? — мухӀканлъи цӀехана Васиельвас.

Хадув кин векерулев, рачӀунел-рачӀунел танкал ругеб мехалда? Дунги хӀачӀого индал, ццин бахъарав чи, хандакъалъуса къватӀиве вахъун вукӀана. БухӀулеб «цӀиркъалъухъ», лъимер кинигин, валагьун хутӀана, гуревани лъукъичӀого ворчӀизе вукӀана.

Васильев, Дзгуевасул 'бахӀарчилъиялда рухӀдаллъарав гӀадин, гӀенеккун хутӀана, цинги абуна:

— ТалихӀ бугев чи вихьула мун, Дагуев. Цо къоялда — ункъо танк!

ВахъунчӀадго гӀенеккун вукӀарав ХӀамзатида гурхӀизе бачӀана гьесда. Эмен ракӀалде щвана, чӀалгӀен бачӀараб гӀадин бакӀалда гӀодов чӀана. Нахъе ине бокьун букӀана, амма кӀвечӀо—эбелалъул амру бугелъул лъукъаразе кумек гьабеян.

ЧӀалгӀарилев вугев гьесул бер щвана, палатаялъубеги бачӀун, гьаругьинан куркьбалги хьвагӀезарулаго, карачелабазда лъедолеб кинигин, тӀадагыго боржунеб чӀегӀерал .тӀанкӀалги ругеб тӀогьилаб кӀудияб кӀалкӀучӀалде. Гьеб цин мокърукье бахунеб, цин гӀодобегӀан бачӀунеб букӀана. ХӀамзатида цббесан ана гьанкӀелаго, рукъ бакьулъ бугеб хӀобода сверун сверел бахъана ва гьелда чӀвараб кГудияб магӀида тӀад рещтӀана.

Нахъеги чӀвана дарабазул махӀ. КӀалдиб кьогӀлъун лъугьана. Цересел къояздаго гӀадин, ракӀ тамахлъун лъугьана.

КъватӀиве вилълъана. Къадада цебе скамейкаялъе лъураб хъорщода тӀад гӀодов чӀана. РакӀалде щвана эмен, гьесдехун букӀунеб букӀараб рекӀелгъей.

Вахъана тӀаде. Вилълъана Сахратихъе. Гьевги рокъов ватичӀого, щвана ГӀусманихъе. КӀулал ран ругоан гьезул кавуялда.

ТӀубанго чара къосана ва тату хвана ХӀамзатил. ГӀодизецин бокьун букӀана. ХӀукму гьабуна, кин бугониги, рокъове ине...

Рукъалда аскӀове щолеб мехалда, дандчӀвана классалдаса вас. Къвалакь ккун бегӀерхарил гьитӀинаб гулги бугоан, хаду-хадуб гочунеб бецӀатӀаб кьегӀерги бугоан.

ХӀамзатида бер чӀварабго, лъалхъана Салават ва, лъикӀ валагьунги чӀун, абуна:

— Госпиталалде щиб гьабизе ун вукӀарав?

РакӀел кепги гьечӀев, сваказеги свакарав ХӀамзатица цинтӀаго

жаваб кьечӀо.

— Эбелалъ вачун...— ан абуна ахирги, гъираго гьечӀого, бетӀергьанасул махӀалда бетӀерги цун чӀараб кьагӀрихъги валагьун.

Нилъер солдатал ругелищ дора?

Киналго нилъерал руго...

Киналго? Дица гьикъулеб буго росулъа.

— Дуда кин лъараб дун госпиталалде уневлъи?

Сахратица бицун.

Гьудуласул цӀар бахъигун, чӀаголъун ва вохун лъугьана ХӀамзат.

Гьев кив дуда вихьарав?— ан гьикъана гьес.

— Дова ГӀумарил колохъ кӀоркӀоно бетӀулев тана.

ХӀалакараб ракӀалъ вачун, хехго щвана ГӀумарил колотӀе, амма гьудул гьенив гьечӀоан. Щвана щибаб гъотӀокье, вортанхъана, ахӀдана — гьечӀо. Чара хвана ва танкан гӀурдатӀа гӀодов чӀана.

Госпиталалдаса ин гьеб къоялдаги чӀобого ккечӀо — къаси эбелалъ лъикӀ воркьана гьев. 

6

...— ХӀамзат!     

ХӀамзат кӀалъачӀо.

Эбелалъ барахщадго гьев, цояб гъежги ккун, чехьатӀаде сверизавуна.

ХӀамзат, — ворчӀичӀониги ургъел гьечӀеб кинигин, рагӀугегиян ккараб гӀадин, хӀеренго абуна збелалъ.

ХӀамзат цогияб хьолбоде сверана. Гьес кӀаркьада гъоркь квер лъуна, махӀаби сукӀизаруна.

—Гьасда гьабилеб жо щиб, гъарин, хварав чигӀанги вигьунарев... кватӀулейги йигин,— ан, чара къосун, абуна эбелалъ. — ВорчӀаниги ворчӀичӀеб ххвел гьабунцин гурищ вугев.

—Дуца гьев васасе гӀакъуба кьолеб бугин ккола дида, ГӀумакусум,— ан ахӀана цогияб рокъосан кӀодоца.— Дуе хӀакъ букӀина гьесул...

ГӀумакусумица эбелалъул калам, рагӀизего рагӀичӀебгӀанги, гӀадахъ босичӀо. Гьелъ вас кӀовокӀизавуна.

КватӀулел руго, дир вас, тӀаде вахъа!

Бокьун гьечӀо дие госпиталалде, — ян, макьилъго гӀадин, абуна гьес, довехун вуссун вегизеги вегун.

ХӀамзат, мун гӀадаллъунищ? — ан абуна эбелалъ, ялагьун чӀун васасухъгун. — КватӀулел руго...

— Хадуса, цо дагьалъги кьижун, кваназеги кванан, вачӀине бегьуларищ?— ан абуна ясалда разилъичӀей кӀодоца.

— Бегьуларо, эбел!— ан, кьварун ва чӀванкъотӀун, лъазабуна ГӀумакусумица,— БокьанагӀан кьижизе ккани, цин ВатӀаналдаса тушман вачахъизе ккола...

— Дир кьерилал къватӀазда расандилел...

— Кин дуда кӀолеб гьедин абизе? Дур эмен кив вугевали лъалищ дуда? Ия? Гьа, гӀунун щай чӀолев? — ХӀеренго, гӀодобе биччараб гьаркьидалъун хадубги абуна, хиялал гьарулеб мехалда гӀадии. — Нагагь дур эмен ватани лъилниги цӀобалде ккун, ХӀамзат? Яги кумекги щоларого?..

ХӀамзатил эбелалъул кӀутӀби, жеги цо щиб бугониги абизе бокьарал гӀадин, дагьалго ричӀун хутӀана, берал эхеде рорхана, васасул ботӀрода тӀасан киреяли ралагьана. Гьел я къапулел рукӀничӀо, я рагъарулел рукӀинчӀо — канлъи гьечӀин гьездаян кколеб букӀана.

Дагьалго кӀкӀуял хӀалакъккарал гӀанабаздаса гъоркье, тӀеренаб мухъ гьабун, гирун унел рукӀана кьер гьечӀел, кунчӀарал магӀил гарал.

АскӀое ячӀана кӀодоэбел.

Гьеб щиб, гьеб шиб дур рагъари, ГӀумакусум? ЦохӀо дур ватила рос вагъулев! ЦохӀо дурасул батила кагъат бачӀунарого бугеб... Гъол госпиталалда дур цӀобалде ккун лъукъа-къотӀун ругезул гьечӀелдай лъудби, улбул, яцал, лъимал? Яхъа хехго тӀаде, васги ваче — хазабе!

ГӀумакусум, тӀуркӀун яхъарай гӀадин, лъугьана ва, «уха, уха», —- янги абун, кӀикилщица магӀуги бацӀцӀун, хехто тӀаде яхъана.

РетӀел ретӀине ХӀамзатги лъугьана.

Мун, ХӀамзат, кваназеги кванан вачӀа, хехго вачӀа,—- ян лъазабу.на эбелалъ, хӀалакун унаго.

Кавудул нуцӀаги къан, къотӀнове гьев лъугьиналде данде, гьесухъ хал ккун вукӀарав гӀадин, дандчӀвана Сахрат. Гьес, щибго жоги абичӀого, гьудуласда цебе ккуна берцинал накъищал рахъараб чараб щвантӀих. Гьесул хьул букӀана, живго гӀадин, гьудулги щвантӀихалдаса вохилилан ва бакънал рачине лъугьинин. Амма гьедин ккечӀо. ХӀамзатица Сахратил щвантӀихалде, цебего гьесухъ бихьарабгӀанги, кӀвар кьечӀо, гӀицӀго «ворчӀами», —. янги абун, квер къазабуна гьудуласухъе.

Сахрат, хьулалги къасдалги мекънги ккун, лъикӀаланто ракӀхун лъугьана — гьудуласул квер босана, амма гӀенеккун чӀана.

— Доб къоялда дуда хадув колотӀе вачӀун вукӀана дун — мун ватичӀо,— ян, бадиб чӀвалеб гӀадин, абуна ХӀамзатица.

КъотӀи гьабураб заманалда мун вачӀинчӀо, цинги ниж риххана. Дуца хвезабулеб буго кинабго жо...     

— Дун эбелалъ госпиталалде вачунев вуго,— ян, ургъел дандбалеб гӀадин, абуна ХӀамзатица.

-Диени щиб, Цидук дир гуро, амма дир гьудуласде рекӀкӀав, божизе бегьуларев гьерсихъан вугин абулеб мехалда, дие рекӀее гӀоларо,— ян, ракӀ-ракӀалъ мукӀурлъун, абуна Сахратица. —Гьединин дун гьанже духъе вачӀаравги.

Госпиталалдеги щун вачӀана,— ян абуна ХӀамзатица.

Сахрат гьесул бадиве валагьун чӀана, «жакъаги дуде хьамизе жо телароха»,— ян абулеб гӀадин.

Сонги, мун сабаблъуп, Рауфги дунги рагъизе дагьалъ хутӀана...

— Жакъа?

Жакъа цадахъ рилълъине ккола дозухъе.

-Дун бегьуларо. Хехго вачӀаян лъазабуна эбелалъ...

— Агь!— ан, хӀазего хӀачӀого ХӀамзатил гӀиллагун, квер хьвагӀана Сахратица. Эбелалъ дидатн абула чанги жо гьабеян, амма кӀочон тола...

— Лъукъарал рагъухъабп дихъ ралатьун ратула,— ян абуна ХӀамзатица, госпиталалда жив хӀажалъулев куц гьудуласда бичӀчӀизабизе яхӀ бахъун.

Мун Рауфидаса хӀинкъулевищ?—, ан гьикъана Сахратица гьудуласда.

ХӀамзатица цинтӀаго жаваб кьечӀо. РакӀалде ккана, щайдай гьас гьикъулеб гьединан.

Мун хиянатчиги гьерсихъанги вугин абилила жиндица лъималаздаян абуна дос,— ан бицана гьудулас.

Жавабалъул бакӀалда ХӀамзатица пашманго гьудуласда цебе квер ккуна.

Сахрат квералъухъ валагьана, гӀажаибаб жоялъухъ гӀадин.

— Щиб?—ан гьикъана гьес, чӀваркьун бералгун, гьудуласухъги валагьун,— Унго, иневищ мун?

Цинги квер босана.

Щайдай гьес гьедин гьикъулебан ХӀамзагги гӀажаиблъана.

Дуда лъалищ, Сахрат, дир эменги ватизе бегьула, лъукъизеги лъукъун, госпиталалда...

Вугевани, кагътида хъвалароанищха?— Гьудуласул ургъел бикьулеб гӀадин, абуна Сахратица.

БачӀунеб гьечӀелъулха.

Гьудулзаби дагьалъ гӀенеккун хутӀана.

Цеве кӀалъана Сахрат.

ХӀамзат, дуего кьелищ щвантӀих?— Гьес гьеб гьудуласда цебе ккуна.

ХӀамзат цин щвантӀихалъухъ, цин гьудуласухъ валагьана, ва гьес сайгъаталдаса инкар гьабуна.

Босе!— ян гьесизабуна Сахратица щвантӀих. — Мун ракӀ гъоларого вукӀунев ватилин.

ХӀамзатица босизехъин букӀана гьудуласул сайгъат, цинги: «Гьеб кида пулеб, гьелде регӀун хутӀуларо гурищ», — ан абураб пикруги бачӀун тана.

Баркала...

Гьес кӀиабизеги квер бегьана гьудуласухъе, гьудулас гьеб хехго ва къан бачана.

ЛъикӀ манзилалъ ана гьел жиде-жидер нухалъ. Цинги лъалхъун, нахъги вуссун, ХӀамзатвца ахӀана:

Мун рокъов чӀа, дун сагӀаталдасан вачӀина!

«Бокьа-бокьаралъувеги ун, кьерилалгун васандулев вукӀунев

лъосул талихӀ»,— ан ккана ХӀамзатида.

Пашманал пикрабигун унев вукӀана ХӀамзат госпиталалде.

«Дун инчӀони, гьез дун хӀинкъаравлъун, гьерсихъанлъун ва хиянатчилъун рикӀкӀунев вуго,— ян нахъеги пикраби гьаризе лъугьана гьев. — Рауфица росдалго лъималазда абила гьедин. Госпиталалдеги щун, унтаразе къваригӀараб-тарабги хехго гьабун, ина дун!»

Амма жакъаги ине гьесие щвечӀо, гьересилъана гьудуласе кьураб рагӀиги.

Инелъун мурадалда хехго хӀадурлъи гьабулев гьев вугеб мехалда, рагъухъабазул унтул хъвай-хъвагӀаязул цӀураб папкаги каранде къан, палатаялъуе ячӀана эбел. Киназего рорчӀами кьуна.

Палатаялъуб хабар къотӀана.

Тохтур тӀоцее Дзгуевасухъе ана. Ялагьун чӀана. Соналдаса квешго бугоан гьесул хӀал. Дагьабго хьолбоде бегун бетӀергун, къанщун бералгун вукӀана гьев. Хехго босулеб букӀана хӀухьел, берцинал тӀеренал кӀутӀби рукӀана, макъарги чӀван, кьватӀ-кьватӀун.

Тохтур бакӀида тӀад гӀодой чӀана. Шаршавалда гъоркье кверги биччан, унтарасул хӀатӀикилщал ккуна. Чара къосараб гӀадин, хӀухьел угьана. Бидул кьабиялъул хал гьабизе цебеса рукь ккуна.

Дзгуевас кӀвахӀалго берал рагьана. Жинда цее тохтур йихьигун, пашманго гьимана.

— Дзгуев, унтулеб бакӀ щиб бугеб? — ан гьикъана тохтуралъ.

Гьес дагьабго бетӀер багъаризабуна.

— Къаси реччалъ гаргадилев, немцазде хьанделев, лъади ахӀулев вукӀана,— ян бицана ӀӀетровас.

— Дурго щиб хӀал бугеб, Петров? -- ан гьесдехун йиссана тохтур.

Дир бох къокълъизе бугищ, доктор?— ан гьикъана гьес жавабалъул бакӀалда.

—• Бох къокълъиялъулищ бицунеб, Петров,—ан жаваб гьабуна тохтуралъ, бечӀараб пашманаб гьаракьалъ. — Кванилъ кин вугев мун?

Тохтур щвана цогиясда аскӀое. Щибали балагьулей гӀадин, рахъ-рахъалде йиссана.

ХӀамзатӀ Кив вугев мун!? — ан ахӀана гьелъ. Гьелъул гьаркьилъ кьвари, разилъи гьечӀолъи букӀана.— Киве гьав ине кколев? —ан гьикъана гьелъ лъидехунги йиссинчӀого, жиндаго гӀадин.

ГьабсагӀатги гьанив вукӀана,— ян абуна цояс.

Йилълъа, ахӀизе а! — ян буюрана гьелъ медсестраялъе.

АхӀизе инс ккечӀо. Лъадал цӀун ведрогун вачӀана гьев.

Гьаб щиб, ХӀамзат? — ан кьварун абуна эбелалъ векерун вачӀарав гьесда, тумбочкаялда тӀад бугеб дагьабго карщ жаниб хутӀараб гъадароги бихьизабун.

ХӀамзат, гъадрихъги валагьун, гӀенеккун чӀана, ва гьес гьеб хехго богорокъобе щвезабуна.

Курганов, хӀал лъазе биччалебцин гурищ дуца бугеб? — ан бадибчӀвай гьабуна, самолеталде кьвагьулеб гӀарада гӀадин, борхизабун лъураб махӀалда бакӀаб маххул кесек дализабурав рагъухъанасе.

- Биччан гьечӀо гурищ, доктор— ан жаваб гьабуна рагъухъанас.

— Мегеж кӀкӀван гьечӀо...

Лъида вихьизе, гьалмагъ доктор?

—Керен орденаз цӀурав бахӀарчияв разведчикасухъ гӀенекке. Гьедин хӀал лъазе биччазе бегьиларо, Курганов. Тушманзабаз рукьби гъурараб мехалдаги, тамахаб рагӀи бицинчӀев советияв рагъухъан!..

— Доб иш тушманасулгун букӀана, гьалмагъ доктор...

— Кидаго вукӀине ккола бихьинчи къадруялда.

Гьел рагӀаби абурабго, намуслъарай гӀадин лъугьана тохтур. «Дидасаго кӀудияв бихьинчиясда гьедин кӀалъазе бегьилаандай дун?» — ан бадибчӀвай гьабуна гьелъ жиндиего ва «дидаса кӀудиявго вугевищха гьав?» — ан балъго гьесухъ ялагьана.

Мегеж кӀкӀвачӀого цогиявги ватигуй, тохтуралда ракӀалде ккана рес гьечӀогогӀаги гурищ гьал ругел — кӀкӀвазе чи щоларого, нус гьечӀогоян. Гьеб мухӀкан гьабизеги лъугьинчӀого васасда абуна:

— ХӀамзат, инсул нус босизе ккела гьанибе. Мегеж кӀкӀвазеги ругьунлъани, лъикӀаб букӀинаан.

— Рагъдаса цӀияб хабар щиб бугеб? — ан гьикъана цо херав рагъухъанас, жиндаго аскӀое гьей ячӀунаго.

— Рохизесеб жо гьечӀо, дир хириял,— ан ракӀ-ракӀалъ, жиндирго рекӀел къварилъиги бахчичӀого, жаваб гьабуна гьелъ, пашманго ва къокъго, фронталъул хабар халат гьабизе бокьун гьечӀолъи загьир гьабулеб гӀадин.

Хехго, киналго унтаразда аскӀоеги щун, ана тохтур.

Гьей къватӀиехун щинкӀиялда данде, цояс абуна:

— Нилъер тохтур жакъа тӀубанго хисун йиго...

— Доб ракӀ хӀеккинабулеб къуваталъул бакӀалда гьимиялъулъ бечӀай, чӀалгӀен, мискинлъи бугоан жакъа,— ян абуна Кургановас.

— Беразулъ бутоан сабру хвараб пашманлъи, кьижун ятиларо, - ян абуна Петровас.

— Ургъалица ятила, росасул хабар къотӀун буго долъул...

Къалъудаса хадув Дзгуев тӀаде унтана. ХӀухьел хӀалуцун цӀакъ ва гьава гӀоларого лъугьана.

Хъулухъалъе хӀадурго аскӀов гӀодов чӀун вугев ХӀамзатида гьес абуна жиндир вещмешокалда жаниб бугеб гимнастерка къватӀибе бахъеян. Бахъана.

ТӀибитӀизабе! — ян абуна Дэгуевас.

ХӀамзат рухӀдаллъун валагьун хутӀана гьелда ругел орденал рихьигун. Дзгуевас рухӀ тӀагӀунел квераз хӀалалъ гурдидаса  Бараб Байрахъалъул орден бахъана ва ХӀамзатида цебе ккуна.

ХӀамзат, щибго жо бичӀчӀуларого, чӀваркьун бералгун, валагьун хутӀана.

— Гьеб тӀокӀалъ дие хӀажалъуларо,— ян абуна Дзгуевас, захӀматго цӀалаго хӀухьелгун. БакӀарун хӀухьелгун, хадубги абуна: —Мун... мустахӀикъав вуго гьелъие...

Дзгуев тӀокӀалъ кӀалъачӀо, хӀухьел жеги хехлъана. РачӀана тохтурзаби, амма, пайда ккунгутӀи лъан, щибго кумек гьабизе лъугьинчӀо. Заманаялдасан гьесул зигара къотӀана ва жеги чанго минуталдасан бетӀер хьолбодехун щапун ана.

Чанго минуталъги цеве бахӀарчияв сержант Дзгуев вегун вукӀараб койкаялда тӀад гьумерги бахчун, накабиги гӀодор чӀван, гӀекиялда гӀодана ХӀамзат.

 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби