ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

20 мар 23:27Лъазабиял

Баркула магIарулазда бергьенлъи!

Гьал къояз Мах1ачхъалаялда унеб бук1ана "Бищунго лъик1ав рахьдал мац1алъул муг1алим-2020" конкурс. Жакъа конкурсалъул х1асилалги гьарун, жюриялъ т1оцебесеб бак1алъе мустах1икъайлъун йихьизаюна Ах1мадова Загьрат Мусайхановна-Гъизилюрт шагьаралъул 3 школалъул авар мац1алъул муг1алим. Гьелъ кьуна "Рик1к1ен" абураб темаялда т1асан дарс.  К1иабилеб бак1алъе мустах1икълъана Уздалросулъа авар мац1алъул муг1алим Х1усенова Саида Давудмух1амадовна. Гьелъ бихьизабуна Хизгил Авшалумовасул "Дир мадугьал- дир тушман" абураб темаялдасан х1адурараб дарс.  Лъабабилеб бак1алъе рач1ана Нурх1ажиева Лайла Мух1амаднуцаловна-Мах1ачхъалаялъул кадетазул корпусалъул муг1алим. Лайлаца кьуна "Рик1к1ен" абураб темаялда т1асан дарс, ва Хайрулаева Мадина Дадаевна, Ц1ияб Ч1ик1аб росдал т1оцебесеб школалъул авар мац1алъул муг1алим. Гьелъул дарс бук1ана Г1абдулмажид Хачаловасул "Лъукъараб кеч1" абураб асаралда т1асан. Нахъеги баркула ясазда бергьенлъаби!

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби