ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

21 мар 22:50Блогал

"Бищун лъикӏав рахьдал мацӏалъул мугӏалим-2019"

Февраль моц1 авар мац1алъул учительзабазе х1алуцараб моц1 бугин абуни, мекъи ккеларо.
Гьеб моц1алъул 21 къо -Халкъазда гьоркьосеб мац1азул къоялда сверухъ т1орит1ула жиб-жиб мухъалда ва республикалъул даражаялда бат1и-бат1иял тадбирал: авар мац1алъул анкьал, олимпидаби, дандч1ваял, санайилаб Авар мац1алъул фестиваль, "Бищун лъик1ав рахьдал мац1алъул муг1алим" къецал.
 Исанаги гьел къецазде тахшагьаралде рак1ана бат1и-бат1иял миллатазул жиде-жидерго мухъазда ч1елал росарал, бажари, махщел, гьунар бихьизабурал учительзаби. Конкурсалъул т1алабазда рекъон, учительзабаз цин кьезе ккола дарс, дарсил х1асилал гьарун хадур,  2 бут1аялда г1ахьаллъизе рес щвараз бихьизабизе ккола классалъулгун гьабулеб х1алт1и бачине бугеб бажари, гьенибги махщел-гьунар бихьизабизе бажарани, жюриялъ рес кьола кьураб темаялда рекъон, г1уц1араб проектнияб х1алт1ул бицине.
 Исана конкурсалда г1ахьалъарал учительзабазул цоязул цогидаздаса лъик1ал дарсал рук1анин бицана Баху Шамиловналъ. "Киналго ц1акъ лъик1 х1адурун ругоан къецазде. Зах1мат бук1ана бищунго лъик1асда ц1ар ч1вазе".
 Маг1арул миллаталъул 8 вакил вук1ана къецазда г1ахьаллъулев:
1. Х1асанова Гьадигат Мух1амадовна- Болъихъ мухъалъул Кьохъ школа
2. Ах1мадова Загьрат Мусайхановна Гъизилюрт шагьаралъул 3 школа
3. Х1адисова Умагьани Зубаировна-Шамил мухъалъул Микьигьуриб школа
4. Мух1амадова Пат1имат Мух1амадовна- Мах1ачхъала шагьаралъул 2 школа
5. Х1ажиева Барият Зубаировна- Буйнакск мухъалъул Ч1ик1аб лъайкьеялъул центр
6.Мух1амадова Сапият Давудовна Гъуниб мухъалъул Ругъжаб росдал школа
7. Шахбанова Фирюза Мух1амадовна- Хузахъ мухъалъул Бакьагьеч1иб школа
8. Батиева Динара Кехурзаевна- Казбек мухъалъул Дилим росдал гимназия.
Х1алуцарал дарсил къецаздаса   хадур жюриялъ,  киналго разилъун, 1 бак1алъе мустах1икъайлъун йихьизаюна Гъуниб мухъалъул Ругъжаб росдал авар мац1алъул муг1алим Мух1амадова Сапият Давудовна,
2 бак1алде яч1ана Мах1ачхъала шагьаралъул 2 школалъул муг1алим Мух1амадова Пат1имат Мух1амадовна ва 3 бак1 кьуна Хунзахъ мухъалъул Бакьагьеч1иб росдал муг1алим Шахбанова Ферюза Мух1мадовналъе.
 Къецалъул хадусел бут1абазде йорч1арай Сапиятица киналго миллатазда гьоркьоб бергьенлъи босиялъул ва "Бищун лъик1ав рахьдал мац1алъул муг1алим-2019"  нилъер миллаталъул йик1иналъул рохалил ва ч1ух1иялъул асаралъ кверде росана  маг1арулал.
 Рак1 - рак1алъ баркула Сапиятида бергьенлъи!
  Москваялдаги маг1арул мац1алъул ва   миллаталъул къадру ц1унизе  тавпикъги къуватги дуе!!!

Хабар лъик1аб раг1аги.

                                                                                                       Саидова Сиянат

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби