ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

23 мар 21:23Блогал

Бищун лъик1ав рахьдал мац1алъул муг1алим. Мухӏидинова Баху

Бищун лъик1ав рахьдал мац1алъул муг1алим!

Гьеб ц1аралда гъоркь санайил т1обит1ула нилъер республикаялда рахьдал мац1азул муг1алимзабазул къецал. Гьениб бергьенлъи щварав Россиялъулго къецазулъги г1ахьаллъула.

Щивха гьев бищун лъик1ав рахьдал мац1алъул муг1алим?

Бищун лъик1ав рахьдал мац1алъул муг1алим вуго ц1алдохъабазул мац1алде рокьиги гьеб лъазабизе гъираги бижизабун бажарулев муг1алим. Гьеб мац1алдеги, миллаталдеги, адабияталдеги, маданияталдеги, тарихалдеги рокьиги гъираги бижизабиялъе бищунго цебе муг1алимасе къвариг1уна жиндица гьабулеб бугеб х1алт1уде ва цере ц1алулел ругел лъималазде г1орхъолъа араб жиндирго рокьи ва иш лъай.

Конкурсалъул дарсал кьезе муг1алимзабазе бигьаяб жо гуро. Гьез дарсал кьезе ккола жеги жидеда рихьич1ел, мац1алъул даража кинаб бугебали жидеда лъаларел лъималазе. Гьел лъималазул дарсиде гъира базабизе к1вей, гьел гъираялда дарсида х1алт1изаризе к1вей буго гьезда цебе ч1араб аслияб масъала. Жюриялъ х1исабалде росула дарсил г1емерал рахъал ва ц1адирабазда лъола г1емерал суалал.

Нижер, жюриялъул членазул х1исабалда, гьеб масъала бищунго лъик1 т1убазабуна  Гъуниб районалъул Ругъжаб росдал гьоркьохъеб школалъул авар мац1алъул муг1алим Мух1амадова Сапият Давудовналъ. Гьей г1олохъанай муг1алималъ зах1матаб грамматикаялъул темаялдасан дарсги кьун, дарс байбихьудаса лъуг1изег1ан лъимал гъираялда х1алт1изаруна ва араб лъач1аго дарсил заманаги ана. Гьеб заманалда жаниб дарсил рук1ине кколел щинал рукналги т1урана, х1асилги гьабуна, рокъобе х1алт1иги кьуна. Сапиятил дарсидаса хадуб нижер цонигиязул т1оцебесеб бак1 лъие кьелебилан абураб суалги хут1ич1о.

Дарсил анализ гьабизе г1одор ч1ейгун нижеца Сапиятида гьикъана, кисан дуда гьедин берцинго бицине бац1ц1адаб литературияб мац1 лъарабилан. Ругъеждерил мац1 нилъеда лъалелъулха. Гьелъ абуна жиндица школа шагьаралда лъуг1анила, авар мац1алде рокьи эбел-инсуцаги, авар мац1алъул муг1алимасги бижизабунила, ц1акъ бокьулаанила школалда рахьдал мац1азул конкурсазда г1ахьаллъизе, фестивалазда цее яхъине, маг1арул мац1алда т1ахьал ц1ализе.

Кин дуда к1вараб гьадал лъималазул гьададиг1ан бокьилареб г1адаб темаялде гъира базабизе ва гьел х1алт1изаризейилан гьикъидалги Сапиятица абуна, жиндие бищун бокьулеб г1елму бугила психология. Гьениб батанила жинда г1емерал гьединал суалазе жавабал, гьеб г1елмуялъул к1удияб кумекги бугила жиндие х1алт1улъ.

Россиялъулго рахьдал мац1азул муг1алимазабазул къецаздаса Сапият юссингун, нилъеца гьелъулгун к1удияб гара-ч1вари гьабила.

Цойги гьаниб абизе бокьараб жо, жюриялда бихьулеб буго, сонидаса сониде муг1алимзабазул махщелги камиллъулеб бук1ин, рахьдал мац1алъул дарсазул даражаги борхулеб бук1ин. Гьеб бит1унги буго. Цебет1ей бук1ине ккеларищха гьабулеб х1алт1ул.    

Конкурсалда, кутакаб махщалида, рук1унел ва рук1ине бегьулелщинал ц1иял технологиялги х1алт1изарун г1ажаибго лъималазул гъира баледухъ дарс кьуна Ленинкенталда бугеб Мах1ачхъалаялъул 2 гьоркьхъеб школалъул муг1алим Мух1амадова Пат1имат Мух1амадовналъ. Кинабниги техникаялдеги гаджетаздеги ругьунал ц1алдохъаби рук1ана киналго дарсал гьадинал щайдай рук1унарелилан кодор пульталги ккун муг1алималъул суалазе жавабал кьолел. 

Г1ажаибго рек1ее асар гьабулеб, мац1алдеги, миллаталдеги, росу-ракьалдеги, Ват1аналдеги бугеб рокьиялъ бадиб маг1у ххулизабулеб дарс кьуна Хунзахъ районалъул Бакьайч1и гьоркьохъеб школалъул муг1алим Шаг1банова Фирюза Мух1амадовналъ. Х1ажи Гъазимирзаевасул нек1ого халкъияллъун лъугьарал куч1дуз х1айран гьаруна гьелъ киналниги классалда рук1анщинал.

Болъихъ районалъул Кьохъ росдал гьоркьохъеб школалъул муг1алим Х1асанова Гьадигат Мух1амадовналъе  ва Шамил районалъул Микьигьуриб гьоркьохъеб школалъул муг1алим Х1адисова Умагьани Зубаировналъе бат1аго к1удияб баркала кьезе бокьун буго, цересел саназ къецазул кьог1лъаби рихьун рук1аниги, дагьабги лъик1 х1адуризеги х1адурун, кинабго рахъалъ щвалде щварал, кутакалда лъик1ал дарсал кьезе цере рахъаралъухъ.   

Гъизилюрт шагьаралъул 3 школалъул авар мац1алъул муг1алим Ах1мадова Загьрат Мусайхановналъ ц1алдохъабазул «ц1одорал» ва «г1едерал» к1иго къокъаги г1уц1ц1ун, цоцалъ къацандун х1алт1изаруна лъимал дарс лъуг1изег1ан. Ц1акъго лъик1 х1алт1арал г1ададаги толел рук1инч1о – меседил гъурщал рикьулел рук1ана.  

Казбек районалъул Дилим росдал гимназиялъул авар мац1алъул муг1алим Батиева Динара Кехурзаевна нилъеда лъала х1албихьи бугей, цогидал муг1алимзабазе кумекалъе ятулей, кутакалда махщел т1ок1ай муг1алимлъун. Гьелъул дарсида лъималаз басриябги такрар гьабуна, ц1иябги лъана, ц1оросаролъги ч1уч1ана, квасги ч1вана, кинабго х1алт1иги гьабуна, варххиялда маг1арул мац1ги бицана.

Буйнахъск районалъул Ч1ик1аб росдал лъайкьеялъул централъул авар мац1алъул муг1алим Х1ажиева Барият Зубаировналъги бихьизабуна ц1иял технологиялги х1алт1изарун лъимазда мац1 малъизе жиндир бугеб махщел.

Ц1иял технологиял, сахлъи ц1униялъул тадбирал, театралиял сценкаби, кеч1-бакъан, кьурди-хъат, бикьулеб гьуинаб-ц1ек1аб, зодоре риччалел ц1ваби, партабазда т1угьдул… Муг1алимзабазе къец бук1ун батаниги, ц1алдохъабазеги жюриялъеги гьеб бук1ана унго-унгояб байрам.  

Дарсги лъуг1ун къват1ире унаго лъималазул рагъа-рачариялъухъва кенч1олел беразухъ балагьун бихьулеб бук1ана нижеда щибаб дарсил даража. Ц1алдохъабазул авар мац1алде гъира базе, гьел кидадай хадусеб дарс бук1инебилан ралагьун ч1еледухъ кьолел рук1ана муг1алимзабаз дарсалги. Дун гьит1инаб мехалъ гьадинал дарсал рук1аралани, киг1андай дие гьел рокьилел рук1аралилан гьанжесел ц1алдохъабазда бахиллъун дунги йик1ана.

Щибаб дарсил анализги, т1адеялъул конкурсалде рач1ине рак1алда бугел муг1алимзабаз сунде квар кьелебалиги хадусел номеразда нижеца хъвала. Жакъа рак1-рак1алъ баркизе бокьун буго киналниги маг1арулазда, Дагъистаналъул киналго миллатазул рахьдал мац1азул муг1алимзабазда гьоркьой авар мац1алъул муг1алим Мух1амадова Сапиятица конкурсалда т1оцебесеб бак1 кквей. Гьанже нилъер Сапият х1адуризе ккола Россиялъулго «Бищун лъик1ай рахьдал мац1алъул муг1алим» конкурсалда т1оцебесеб бак1 кквезе. Нилъеца дуг1а гьабилаха.

Баху Мух1идинова

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби