ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Баркалаялъул кагътал, хъах1ал маккаллъун, нижер разилъигун роржа кирего!!!

 


Ассаламу г1алайкум г1амал-хасиятги г1адаталги – 

кинабго берцинал, дир маг1арулал!

 

   Гьанже рек1елъ бугеб асар, я раг1абаздалъун бицун, я коч1одалъул ах1ун, я рик1к1ун х1алк1олеб жо гуро. Балъхъадерги, хас гьабун г1андадерилги г1аданлъиялъулги, гьоболлъиялъулги, берцинлъиги, камиллъиги нилъеда бихьана. Гьез гьеб умумузул г1амалги г1адатги кибего билизе мукъсанлъизе теч1ого ц1унун бугеб куцги нилъеда бихьана. Машаллагь. Баракат лъеги гьездаги, гьезул лъимал-хъизаналдаги, маг1ишаталдаги. Т1аде г1емерлъун гурого, т1аса унгеги нужер боц1и-рикъзиги. Иншааллагь, гьедин бук1инеги бук1ина нужее Аллагьасул рахъалдасан гьеб. Гьаб къокъабго хит1абалъулъ киналго рехсон х1алк1оларо, иншааллагь коч1ол мухъаздалъун рехсела, амма цо чанго ц1ар гьабсаг1ат рехсонилан г1айиб гьабуге.

Киналго бахиллъун ратилин ккола Болъихъ мухъалъул лъайкьеялъул идараялъул нухмалъулев Х1ажиг1иса Мух1амадовичасул хьвада-ч1вадиялда ва  г1амал хасияталда. Гьес гьаб к1удияб тадбир т1аде боси гуребги, берцинаб каламалдалъун жиндирго муг1алимзабазул гьабулеб бихьараб адабалдалъунги, горбода галстукги бухьун х1акимчи х1ач1ого, г1адатияб рет1елги рет1ун, маг1арулазда рекъараб къаг1идаялда г1адатго хьвадиялдалъунги, нилъер рак1азулъ жиндехунго к1удияб адаб бижизабуна. Рохана рак1ал, х1акимзабаздаги, хасго лъайкьеялъул идараялда ругел нухмалъулездаги гьоркьов цоги лъик1ав унго-унгояв маг1арул БИХЬИНЧИ ватиялдаса. Гьесул хьолбохъ ч1арал директорзабиги гьединалго ратиялда божула, щайгурелъул г1акълу бугев бет1ерас г1акъилал рак1арулелъул жиндаго сверунги.
Гьединго, г1емер живго нижеда вихьич1ониги, къимат т1адег1анаб кьуна Г1анди бегавул Алхасиеги, гьес гьабураб квербакъиялъухъ ва гьединго гьезул росдал т1олабго жамаг1аталъеги, гьезул цояб школалъул директорасеги. Киназулго г1аданлъи лъик1льи Аллагьас к1одо гьабеги.
Хасаб баркала буго гьададиг1ан берцин гьадаб тадбир бачарай дирго ракьцояй х1еренай берцинай Болъихъ х1алт1улей йигей муг1алим Умаеги, гьелда цадахъ гьеб тадбир бачарай цояй муг1алималъеги. Г1айиб гьабуге ц1арал лъаларо киназулго. Умал пасих1аб х1еренаб каламалъ асир гьаруна. Кьохъа Гьадигатги йик1ун йиго анкьгьунар. Машааллагь.
Г1андал жиндаса ч1ух1изе бегьулей Минайица нижер гьабураб х1урматалъул, т1алабалъул, адабалъул, къимат кьун бажарулеб жо гуро. Машааллагь.
Рахат1аса Пат1имат, г1аданлъи бугей г1амал берцинай маг1арулай. Машааллагь.
Сваканги ратила, г1арацги хун батила, татуги хун батила, гьаб бергьенлъиго щай нижее бук1арабилангицин ккун батизе бегьула свакарал нужеда, амма нужеда лъайха, нужеца гьабунщиналъе нижеца т1адег1анаб къимат кьей гуребги, нужее лъуг1и гьеч1еб нижер дуг1а бугеблъи.
Киг1ан пасих1аб к1ал мац1 бугесдаги нужеца гьабунщиналда рекъараб, гьелъие мустах1икъаб, рецц-бакъ загьир гьабун бажаруларо.
Аллагьас азариде бахинабеги я Аллагь.
Бихьараб г1акъубаги кирилъун хъваги.
Диде г1айиб гьабуге рехсеч1ого хут1араз.

Гьабулеб щиналда нур бугел, бакъанги, кьурдиги, г1амалги, г1адатги, рет1а-къайги берцинал ансадериеги гьанжего кьун толеб буго баркала. Кидаго берцинаб бат1ияб нур бук1уна гьез гьабулелда. Исана Унсоколоре иналдацин рак1ч1ей бук1ана. Машааллагь гьезул берцинлъи. Умумузул рет1а-къайги хаслъиги ц1унарал Шамил районалъул къокъаялъги гьабуна к1очонареб асар. Машааллагь. Хасго дирго рахъалдасан к1удияб баркала дие гьабураб асаралъухъ Кусум Ах1мадовнаялъе, к1алалъ бачараб зурмил бакъан ц1акъго ц1акъ бокьана. Вай х1алч1ахъад!

Хунзахъе, дирго Ват1аналде т1адеялъул лъабабилеб руц1ц1еналде ккезе рук1иналдасаги йохич1ого йик1инищха, ц1акъ йохана. Дирго ракьцоял рецци рекъон бук1инарилан толеб буго, ц1акъ ч1ух1арай йиго. Машааллагь.

Кидаго гвангъарал туноялъулал муг1алимзаби, берцинай Нуцалалъул тарбиялла гъоркь кинабго мух1кан гьабулел. Машааллагь.
Лъарат1аса, Бежт1аса, Ц1умадаса, Ц1унт1аса рач1аразе хасаб баркала. Машааллагь.

Гъизилюрт районалъул гьайбатал муг1алимзабазе баркала.
Г1олохъанав коч1охъан Х1осен Г1амирхановасе ва гьесул муг1алим Каримулае баркала хасабго хасаб. Машааллагь.
Гъунисезул къокъаялъе, Гульнарае, Рамазание, Аксиратие, Лат1ипатие, Г1унайзатие - киназего баркала кидаго г1адинаб къадруяб церерахъиналъухъ. Гьезда цадахъ вук1арав К1уядаса К1урамух1амадие баркала. Машааллагь.
Гъизляр районалъул Мухтар, Тахмина, цогидал… Машааллагь.
Мах1ачхъалаялъул маккал меседил гарал.

Ц1ваби. Машааллагь.
Нилъерго Райх1анатилги, Шамеседолги, Х1амзатилги Ват1ан, Бакълъулазул къокъа!
Джамилял Салатавиялъулал!
Хасавюрт мухъалъул къокъа!
Киналго меседал!
Х1алч1ахъадал!
Ц1ваби!
Маг1арулазул ч1ух1и!
Машааллагь
Машааллагь
Машааллагь
Машааллагь
Сахлъи кьеги!
Г1умру кьеги!
Рохел т1аса унгеги нилъеда киназдасаго. Гьаб кинабго нилъее Бахул баракаталь щвараб бук1ин лъалелъул, гьелъие буго нилъер хасаб баркалаги дуг1аги.
Аллагьас рек1ел мурадал т1ураги, сахлъи кьеги, рохалилаб гурого къо бач1унгеги гьелъул къавуде. Амин!

                                                                                                           Сарат Мух1умаева

 

 

Дир хириял маг1арулал!


Дие бокьун буго нижерго Мах1ачхъалаялъул маг1арул мац1алъул муг1алимзабазул рахъалдасан, рак1- рак1алъулаб баркала кьезе г1андадерил жамаг1аталъе, гьезул берцинаб дандч1ваялъухъ, т1аг1амаб кванихъ, гьуинаб каламалъухъ.
Цойги бокьун буго баркала кьезе, ниж киналго данде гьарурай, маг1арул муг1алимзабазул Ассоциациялъул председатель Баху Мух1идиновалъе.

Гьаб к1иябго соналъ гьарурал данделъабаз рек1ее к1удияб асар гьабуна. Муг1алимзаби цоцазда лъана, цоцалъ гьуинлъана ва цоцаде жеги рокьи ц1ик1к1ана. Соналдаса соналде жеги рохалида инеб нилъер данделъи, рак1а-рахари. Баркала буго нижер рек1ее чучи гьабурал, киналниги муг1рузул районалдаса г1ахьалчаг1азе, ах1арал куч1дузухъги, гьарурал кьурдабазухъги, х1арал ролазухъги.
Казбек районалъул Джамилаеги к1удияб баркала рахъарал суратазухъги, видиобазухъги, гьоркьов чи теч1ого, Аллагь разилъаги гьелдаса.
Ч1ахъаги нуж маг1арулал!
Гьоркьоса чи камич1ого данделъизе хъван батаги нилъ санайил!

Цойги нижее ц1акъ бокьун буго Хунзахъ мухъалъул Харахьиса Эльмирал бет1ергьанчи Х1амзатие к1удияб баркала кьезе. К1иябго соналъ нижер хьолбохъ эхетана, сахлъи кьеги Аллагьас гьесие, гьабулеб данде билълъаги!
Гьединго к1удияб баркала нижер машинаялъул шофер Т1елекьа Увайсие . Берцинаб къаг1идаялъ таризе риччач1ого, махсаро -хоч1алда нижги нижер къайиги маг1ардеги рокъореги щвезаруралъухъ.
Ч1ахъаги нуж, дир хириял маг1арулал!
Сахлъи киналго г1ахьалчаг1азе!
Т1адеялъулги гьоркьоса чи камич1ого Хунзахъ, нилъерго Бахул Ват1аналда, данделъизе тавпикъ кьеги нилъее! Киназулго рек1ел мурадалги т1ураги, харжги ц1ик1к1аги, хъулухъалги к1одолъаги!
Амин!

Г1андадерил ясал сахлъи нужее,
Сахабго х1адурлъи нижей гьабурал.
Г1андадерил васал къуват нужее,
Къвак1ун аск1орги ч1ун хъулухъ гьабурал.

Маг1арул мац1алде бугеб рокьиялъ,
Ц1ана ниж х1икматаб х1орил раг1алде.
Миллат - мац1 хириял муг1алимзаби,
Г1анди мег1ералда т1авап гьабизе.

Т1огьода росарал гьезул байдабахъ,
Гьаваялде арал нак1к1игъут1бузукь,
Гъваридаб, хъах1илаб х1орил раг1алда,
Г1одоре рещт1ана хъах1ал дир маккал.

Макказул ц1ар кьурал кьерилал ясаз,
Кьуркьурун гарбида гормендабигун,
Данде рак1арарал аваразулгун,
Адаб рехич1ого дандч1вай гьабуна.

Баху Шамиловна - маг1арул г1адан,
Маг1арул лебалал муг1алималгун,
Муг1рузул т1огьие т1аде яхарай,
Халатаб талих1аб кьеги дуй г1умру.

Мах1ачхъалаялъул макказул рахъалъ,
Гьарула, Баху, дуй халатаб г1умру,
Кирего роржине х1адурал х1анч1аз,
Х1улидул кваркьиялъ каранде къала.

Хунзахъа умумул, г1андадерил нус,
Г1андалал ч1ух1арай ч1урканай Ума,
Дур гьуинаб калам, камилаб раг1и,
Кидаго хут1ила нижер рак1азулъ.

Дие бокьун буго дирго макказе,
Зам-замг1ан бац1ц1адаб г1умру гьаризе,
Гьалбалги хириял дир мусудузе,
Зобгун бакъ рекъарал къоял гьаризе.

Пирбудагъова Г1абидат

Мах1ачхъала шагьаралъул авар мац1алъул муг1алим

 

 

 

 

 

Х1урматиял маг1арулал, нилъеца кинацаго рак1-рак1алъул баркала загьир гьабизе ккола Бахуе, гьединаб берцинаб, маг1наяб, гьудуллъи шулалъулеб, маг1арул миллат к1одо гьабулеб тадбир т1обит1аралъухъ. Нилъеда гьеб кинабго бихьана, амма гьеб жиндаго т1аде карав чиясда г1адин киназдаго гуро бич1ч1улеб, кинаб зах1мат, макьу гьеч1ел сардал нахъа таралали. Гьеб буго к1удияб х1алт1и. Нилъеда бихьанаха гьениб бук1араб ах1вал-х1ал, кинан гъункун рук1арал, цо хъизмалъул лъимал г1адин, кинаб берцинлъиялда араб нилъер къасисеб тадбир. Рогьинег1ан кьижич1ониги свакарав чи вук1инч1о нилъер. Бицине г1емер буго, дица ахиралдаги абила рак1-рак1алъул баркала Бахуе, нилъ кьабул гьарурал Болъих районалъул нухмалъулазе, г1андадерил жамаг1аталъе. Кидаго роххун, гъункун, цолъун таги маг1арул миллат!


Гьидалъа Ибрагьим

 

ГIандадерил ралъад, асирлъана дуе магIарул мацI цIунулезул, гьеб гьуин гьабулезул ракIал!
ГIанди росу - ралъадгIан гьарзаяб гьоболлъи, жидерго мугIрулгIан тIадегIанаб гIаданлъи, бихьинаб гIамал! Дагъистаналъул районазул, шагьаразул вакилзабазул щивас цадахъ босана гьеб жидерго гъасде!
ГIакъилав, къапIарав Патхулаев МухIамад, Болъихъ районалъул бетIер, дуца бетIерлъи гьабуна, араб соналъ гIадатиял мугIалимзабаз Гъуниб магIарда босараб бергьенлъи жеги къиматаб борхалъуде бахинабиялъе! Дур тавакаллъиялул магIна бичIчIила гIакълу бугесда, гьелдаса мисал босила инсул ракь бокьулез!
Балъхъадерил жамагIат, тIокIаб берцинлъиялъул тIабигIаталда нужеца гьабураб гIаданлъиялъ жеги беричго тIегьазабуна мугIалимзабазулъ рахьдал мацIалде, магIаруллъиялде рокьи!
Щварал бакIазул, росарал бергьенлъабазул кIварго лъугIана, алжанул гIаркьел гIадаб гIатIилъухъ тIибитIараб магIарулазул гIемеркьеразулаб байрамалда. Гьеб гIуцIаразул аслияб мурадги магIарулал цолъи ва гъунки букIана!
Нижеца, (къецазул хIасилазда II- бакI бихьизабураб) Шамил мухъалъул мугIалимзабазул "ЦОЛЪИ» къокъаялъ къадруялда бетIер къулула нилъер улбузул мацI, умумузул рухIияб ирс бокьиялъ цолъаралщинал магIарулазе, гьел цолъиялде ахIарай Баху МухIидиновалъе, гьелъие квербакъанщиназе.
Кидаго къунгеги нилъелълъ бергьенлъиялде шавкъ, къиматабщинаб цIунизе гьеб тIибитIизабизе бугеб хIаракат. Рохелалъ данде гьареги магIарулал.

МагIарулазулъ чаран къвакIарабгIан къолден щулалъила Дагъистаналъул!!!

 

Шамил мухъалъул «Цолъи» газеталъул бет1ерай редактор Пат1имат Гьит1инова



Бакъ баккигун ракьалда, чирахъалъул нур ссуна,
Бакълъун гвангъана миллат цолъиялъул къуваталъ.

Баркула, х1урматиял, нужеда киназдаго нилъер гъунки ва цолъи.

Х1урматияб Болъихъ мухъалъул жамаг1ат, нужер х1акимзаби, бут1рул, муг1алимзаби, нужее кумекалъе рахъарал г1олохъаби ва ракъцоял!

Бицен буго, бет1ерлъуда г1акъил кканани г1аламго цебет1олин. Ах1макъ х1акимлъун ккани - к1алагъоркье буссунин. Нужеда сверухъ бугеб иманалъги, адабалъги, г1аданлъиялъги, ях1алъги, гьобол-гьудул вокьиялъги, аск1оре рач1араздехун бугеб бербалагьиялъги, гьел к1одо гьариялъги рек1ее г1ажаибаб асар гьабуна. Нужехъ чилъи буго. Баркала нужее. Аллагьас к1одо гьареги нуж.

                                                                                                         Зухра Шамсулвараева





Маг1арул мац1 ц1унун къват1ир рахъарал,

Васазе ясазе урхъараб салам!

Бодул церехъаби , бицен бук1ана,

Бихьинал рук1унин, лебаллъи т1ок1ал.

Бахуца гьеб бицен нахъе рехунин,

Нуж барщун рук1унге, лебалал васал.

Чанги бицен бугеб Г1андимаг1арда

Нужеца лъалк1 тана маг1арулазе.

Рахьдал мац1 ц1унизе таваккал г1урал,

Нужеда х1алхъублъун дун унтун вуго.

Каримулла Мух1амадов

 

Шамил районалъул рахъалдасанги
Бит1ула нужеде урхъараб салам,
Сахлъигун рохелалъ къалъаги гьурмал,
Гьуинаб каламалъ росаги кверде.


"ЦОЛЪИ" - ян ц1ар лъураб нижер къокъаялъ, 

Рак1-рак1алъул салам бит1улеб буго,
Бахул бет1ерлъуда данде гьарурал, 

Дунялго къалъарал гьал мусудузде.


Нижер гьит1инабго къокъаялъул рахъалдасан киназдего салам!
Сахлъиги рохелги т1аса унгеги, т1адеялъулги данделъизе хъван батаги, гьоркьоса чи камич1ого.
Дирго рахъалдасан дицаги кьола баркала нижер къокъаялда рук1аразе. Рехун рукъалъул х1алт1иги тун, хъизан лъималги тун рач1аралъухъ. Баркала Кусумие киналго паналъуледухъ ах1арал куч1дузухъ, Умагьание к1алзул пасих1лъиялъухъ, Г1арипиеги Къасумиеги аргъан-къали рекъезабуралъухъ, Мух1амадрасулие инсулаб бербалагьиялъухъ, Рамазановалъе ва Дубух1иловалъе кванил ниг1матазухъ, Маккаеги Пат1иматиеги кинабго гьабулебщиналъулъ лебалго ва тириго г1ахьаллъиялъухь. Т1идиса Асиятиеги к1удияб баркала дида хьолбохъ яхъун ч1аралъухь. Хасаб баркала буго нижер гьокочи Дибирие нижеда цадахъ х1ал рекъезабун к1иго къоялъ ях1 бахъаралъухъ.
Нужер ч1аголъияль ва лебаллъиялъ кинабго нухда берцинго ана.
К1иабилеб бак1алъе мустах1икъаб къокъа лъугьана к1иго къоялъ гурони данделъич1ел нилъер. Нилъар къуват батана ЦОЛЪИЯЛЪУЛЪ.
Абич1ого г1оларо нижер конкурс т1обит1улелъул, нижеда цадахъ, х1алкьун х1алае ятарай Гьит1инова Пат1иматил х1акъалъулъги, гьединго ниж рач1индал, нижеда дандч1вай гьабурав Генчуев Ибрагьимилги. Аллагь разилъаги нужедаса. Нужедалъун бач1ана нижелъеги жанги къуватги. Хасаб баркала буго г1андадерил гьоболасе ниж х1орил берцинльи бихьизе х1орда т1ад сверизаруралъухъ.
<!--[if !supportLineBreakNewLine]-->

                                                                                                              Алиева Пат1ина
                                                                                Шамил мухъалъул авар мац1алъул муг1алим



Дицаги рик1к1уна ц1акъ к1вар бугеблъун гьединал тадбирал т1орит1и. Киг1ан к1ваниги ц1ик1ун х1ажат руго нилъее авар мац1алда хурхарал тадбирал. Хасго г1ун бач1унеб г1ел къвариг1ун буго гьениб г1ахьал гьабизе. Маг1арул каламалъул берцинлъиги, маг1арул халкъалъул умумузул бук1араб рук1а-рахъинги, гьезул квен-т1ехалъул т1аг1амги гьезда бихьизе ва бич1изе.
Узухъда, к1удияб баркала абизе ккола Баху Мухидиновалъе, гьелъул к1вах1 гьеч1еб х1аракаталъул, г1агараб миллатги мац1ги рух1г1ан бокьиялъул х1асилал нилъеда рихьана гъоркьисала Гъуниб маг1ардаги исана Г1андих1орихъги.
К1удияб гъирагун ралагьун рук1инарищха т1адеялде, Аллагьас хъван батани, Хунзахъе рилълъине маг1арулазул гъунки-цолъи, рак1азул г1ат1илъи, аваданлъи бихьизе.


Маг1арулал - дир ч1ух1и!

Бог1ол ч1аг1а гьабила,
Гьан белъун хинк1ал къала,
Къиматал гьудулзаби,
Рач1а дихъе гьоболлъухъ.


Гьаб г1умру унеб буго
Биччан тараб чу г1адин,
Чангит базе к1олареб
Лебалаб барти г1адин.


Г1едег1е, гьудулзаби,
Талих1аллъун рук1ине,
Рук1араблъи лъаледухъ
Лъалк1ал берцинал тезе.


Таваккалго раккизин
Рач1унел гьал къоязде,
Къуркьич1ого къулч1изин
Заманалъул зах1малъи.


Мадугьалихъ недегьлъун
Гьалбазе х1урмат ц1ик1ун,
Ц1ар арал умумузул,
Адаб ц1унун хьвадизин.


Ккаралъуб щарги ч1валел,
Щваралъуб чанги ч1валел,
Щибго нахъе къай гьеч1ел
Маг1арулал гурищ нилъ?


                                                                                                     Т1агьират Жаватханова



                                                          Аза-азар баркала…

 

Гьале жакъа лъабабилеб къо буго Г1андих1орихъ т1обит1араб авар мац1алъул муг1алимзабазул санайилаб эркенаб руц1ц1еналдаса руссаралдаса. Амма 3 сон аниги рак1алдаса инаро Г1андих1орил г1ажаиблъиги, г1андадерил гьалбадеридехун бугеб рокьиги, адаб-х1урматги. Т1абиг1аталъул берцинлъиялъги бац1ц1адаб нак1к1ирохьалъул гьаваялъги мехтизарураб х1исаб бук1ана гьенире рак1араралщиназул.

 Расул Х1амзатовасул гьал раг1аби рак1алде щвана г1андадерил гьоболлъи бихьараб мехалъ:

Сапаралъ унелъул кидаго чияс

Цадахъ чед босула, чагъир босула,-

Нухда гьалмагъ ккани, гьелгун гьекъезе,

Ракъул чапар щвани, нахъе хъамизе.

Муг1рузде вач1унев, хирияв гьобол,

Гьел т1аг1амал дуца цадахъ росуге,- 

Чед бежун кьела дуй муг1рул ч1ужуялъ,

Ч1аг1дал хъуби ц1ела дуй маг1арулаз. 

  • Ч1аг1дал х1алт1и дида лъаларо, амма корохъ бежараб чедалъги, кьарияб гьаналъги, маг1арулазе бищун бокьулеб могьол хьагазги, шашлик1азул мах1алъги ниж асир гьаруна. Т1ок1абги бугодай дунялалда гьадинаб берцинаб бак1ги гьадинал адаб бугел маг1арулалгиян кколеб х1ал бук1ана. Гьеле нилъер къуват, гьеле нилъер щулалъи, къвак1и, берцинаб г1амал- хасият. Гьеб ц1унизе г1оло рух1 кьун х1алт1изе ккола. Цо бат1ияб, гьанжелъаг1ан бук1инч1еб ч1ух1иялъ куркьбал гъуна нижеда. Гьеб тадбиралъ бихьизабуна авар миллаталъул берцинлъиги, къуватги, щулалъиги, къадруги,  муг1алимзабазда гьоркьоб бугеб гьудуллъиги, вацлъиги.

Жакъа мацI кIочон тани,
Метер цIар кIочон толин,
ЦIуне, цIуне наслаби,
ЦIар берцинаб авар мацI!

   Аза-азар баркала загьир гьабизе бокьун буго гьеб тадбир г1уц1ц1аразе, гьелъие квер бакъаразе, кинаб бугониги цо гьит1инаб г1ахьаллъи гьабуразе, балъхъадерил г1андадерил васазе, ясазе.

                         Гъизилюрт шагьаралъул авар мац1алъул муг1алим

             Шамеседо Нурмух1амадова

 

 

 

Рак1-рак1алъ баркала загьир гьабизе бокьун буго Хасавюрт шагьаралъул ясазул рахъалдасан хасго Рахат1аса Пат1иматие, хадуб Г1алахъа Мух1амадие ва Муниса Мадинае нижее гьабураб хъулухъалъухъги гьединго адаб-х1урматалъухъги. Кьеги сахлъи, лъималаздаса рохаги, нижг1ан Аллагьги разилъаги гьездаса!

                                                                                                  Курмагъиз Г1умаханова

 

Баркала буго Болъихъ районалъе Гумбеталъул рахъалдасан гьададинаб берцинлъи г1уц1арал, Аллагь разилъаги нужедаса. Гьединго Минайие щивасде аск1ое щун х1ал ц1ехарай, кьахъадерил ясазе, ц1акъ разиго т1адруссана киналго гьениса. Ин ша Аллагь т1адеялъул Хунзахъ дандч1вала лъик1аб х1адурлъигун.

Ч1иркъат1аса Хадижат

Минай, баркала загьир гьабизе раг1абиго г1еларо. Лъик1аб х1адурлъи, гьалбазе хъулухъ, вакъун-къечон чи теч1о, нух малъана, къварилъиялда, квачан-виччун чи теч1о. Аллагьас к1одо гьареги нуж, ниж гьарурал г1адин. Баркала, сахлъиялда таги киналго.

                                                                                                 Джамиля Г1абдулах1итова

 

Х1урматиял балъхъал ва г1андал, нужее азарабго баркала ниж гьадин къабул гьаруралъухъ, Аллагь разилъаги нужедаса, сахлъи кьеги нужее, кинабго лъик1 бук1ана, бихьич1ого г1олареб бак1 бук1ун буго Г1андих1орги. Аллагьас кинабго гьабулеб данде билълъаги нужеда, сахлъи, рохел, аваданлъи нужее.

                                                                                                 К1к1уядаса Г1ульнара

 

Рак1-рак1алъул баркала гьаб берцинаб гьайбатаб тадбир г1уц1арал Баху Шамиловнаялъе, элъие кумекалъе аск1ор эхетарал ясал-васазе, Болъихъ районалъул муниципалияб администрациялъул бет1ерасе, т1олабго г1андисезул жамаг1аталъе, гьабураб гьоболлъиялъухъ. Гьениб бергьана гьудуллъиги вацлъиги. Минай, дуе дунялалда ругелщинал киналго т1угьдул!

                                                                                                                 Латипат Гуниб 

 

 

 


 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби