ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Ассалам г1алайкум, дир маг1арулал, муг1рул т1огьиб бугеб Г1андих1орихъан!

Ассалам г1алайкум, дир маг1арулал, муг1рул т1огьиб бугеб Г1андих1орихъан!

Ассаламу г1алайкум, аваразул миллат-мац1,

Адаб кьоч1ое лъураб, ахир рокьуе гьеч1еб.

Р.Х1амзатов

Исанаги т1обит1ана Авар мац1алъул муг1алимзабазул цолъиялъ жидерго руц1ц1ен. К1иабилеб руц1ц1ен. Щвана доб лъаг1елалъ нилъ ралагьун ч1ун рук1араб рохалилаб къо т1аде.

Болъихъ мухъалъул г1андадерил ракьалда бугеб Г1андих1орихъе вак1арана азаргог1ан чи.  Х1орихъ бак1 радалго гьалдолеб хьаг г1адин бук1ана. Рач1ине байбихьана муг1алимзабазул къокъаби. Къасиго щваралги рук1ана. Цо-цо ккун т1аде щвана х1акимзаби, г1алимзаби, депутатал, жамг1иял х1аракатчаг1и, шаг1ирзаби, хъвадарухъаби, журналистал ва гьел гурел цойгидал маг1арул мац1, маданият, адабият, тарих ва кинабго нилъер миллат миллатлъун гьабулебщинаб жо бокьулелщинал. Муг1алимзабазул къокъабаз жидеего палаткаби рекъезаруна, ц1аял ракана, кваназе бак1ал къач1ана.

Т1аде щвана тадбир байбихьулеб заман.

Г1анди-х1орил раг1алда, рохьил ракьанлъиялда ц1акъ берцинго, нек1сиял нилъер умумузул т1анса-салмагаз ва т1аг1алабаз к1ач1ан бук1ана сцена. Мокърукьа г1одоре дализарун рук1ана мохмохил рач1ал. Гъут1бузда ч1ван рук1ана нилъер ц1ар раг1арал хъвадарухъабазул ва шаг1ирзабазул суратал. Болъихъ мухъалъул муг1алимзабаз х1адурун бук1ана байрам рагьиялъул программа. Ц1акъ берцинго бачана гьез гьеб. Лъималазул ц1акъ берцинал кьурдаби рук1ана, кеч1-бакъан рекъезабуна, гьоркьо-гьоркьоб жидерго нухмалъулезе ва гьалбадерие к1алъазе раг1и кьуна.

К1алъаял

Болъихъ районалъул бетер Мух1амад Патхулаевас авар мац1алъул муг1алимзабазул санайилаб руц1ц1ен жидер районалда унеб бук1иналдаса разилъи загьир гьабуна. Лъайкьеялъул идараялъул нухмалъулев Х1ажиг1иса Измаиловас жидее гьалбал ц1акъ рокьулила, нуж разилъи бугин жидер мурадилан абуна. ДИРОялъул ректор Х1амзат Жамалудиновас лъайкьеялъул министр Умапазилил салам бицана ва рахьдал мац1ал ц1униялъе жидеца гьабулеб бугеб квербакъиялъул бицана. Гьеб заманалде т1аде щварай Татьяна Гамалейица хъах1ал гормендабазул руц1ц1еналде жиндирго гормендоги ч1ван яч1ине бокьиялъ, сон Москваялда йик1аниги, жакъа Г1андих1орихъе щвезе х1аракат бахъиялъул ва т1адеялъул 2019 сон ООНалъ дунялалъулго рахьдал мац1азул сонлъун лъазабулеб бук1иналъул бицана. Нилъер руц1ц1еналда г1ахьаллъи гьабизе яч1арай тумай Миясатица, х1алч1ахъадал ругила нуж, нужедаса цойгидазги мисал босилилан хьул бугилан абуна. Жамг1ияб палатаялъул вакил Г1алиасх1аб Хархачаевасул беразги г1емераб жо бицунеб бук1ана, гьев нилъер миллаталдаса ч1ух1ун вук1ин бихьулеб бук1ана. Камалов Г1алицаги бицана рахьдал мац1алъул к1варалъулги, гьеб ц1унизе гьаризе кколел тадбиразулги. Г1емерал рук1ана к1алъалел чаг1и- киназулго бицинаро.

Нилъер миллиял бах1арзал, рахьдал мац1 ц1унун гьадаб рокьукъаб законалде данде раг1и абизе к1варав лъабавго депутатаздасан цояв, Гъолоев Ризванидаса йохиялъги ч1ух1иялъги гьесие раг1и кьезе рек1едацин ятич1о дун. Раг1и абизе кколаро Ризваница, раг1и абич1ого, ишалдалъун гьабулеб буго гьес рахьдал мац1 ц1униялъе к1удияб х1алт1и. Кьуру г1адин гьев аск1ов эхетарав г1ола нилъее.

Гъолоев Ризван, Г1умаханов Якъуб ва К1удиямух1амадов Мух1амад г1адал халкъалъул унтаби рич1ч1улел депутаталги, Х1ажиг1иса Мух1амадович г1адал ях1 бугел лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулелги, Канзулав Нух1бегович г1адал рахьдал мац1ал лъималазда лъазелъун къеркьолел директорзабиги г1емерал ругони, нилъер иш квеш бук1инаро. Аллагьас к1одо гьареги гьел.

Къокъабазул церерахъин

Цебеккунго нилъер авар мац1алъул муг1алимзабазул руц1ц1еналда г1ахьаллъи гьабизе г1арзал хъварал къокъабазул къадар 24ялде бахун бук1аниги, ч1алде щвана 15 муг1алимзабазул къокъа. Цо-цоял бат1и-бат1иял г1иллабазда ран гьенире щвеч1о, цо-цоял, т1оцебесеб къоялъ рук1арал тадбиразулъги г1ахьаллъун, т1адруссине ккана. Х1асил- калам, 15 муг1алимзабазул къокъаялъ гьениб раг1а-ракьанде щун бихьизабуна жидерго маг1арул мац1алде бугеб рокьиги, гьеб жидеца ц1унун бугеб куцги. Къецазда бихьизабизе кколеб бук1ана кеч1 ах1изе, рик1к1ине, кьурдизе бугеб махщел, маг1арул умумузул бук1араб кванил ниг1матал, щибаб мухъалъул миллияб рет1ел-т1ех, г1адат-г1амал. Гьеб гьез киназго т1адег1анаб даражаялда бихьизеги гьабуна. Г1анди мег1ералъул т1огьийги яхун гьезухъ ялагьун йик1аго:

Щай дие гьал мугIрул, гIурул рагIалда

ГIагараб магIарул кечI рагIичIони?

Камилаб гьаракьалъ нилъер кьерилаз

Кьурул рагIалда чIун, гьеб ахIулеб куц! –илан Расулил раг1аби рук1ана рек1елъ рагъулел.

Бицинч1ого г1оларо, т1оцебесеб къоялъги рук1ун, нухлул рик1к1алъиялъги цойгидал г1иллабазги ине ккарал ц1унт1адерил ва бежт1адерил къокъабазул. Гьез бихьизабуна жидерго мухъалъул фольклорияб церерахъин. Цебераг1и болмац1алда бук1аниги, жидерго г1адат-г1амал ва кеч1-бакъан бук1ана гьезул жидерго рахьдал мац1алда. Гьелъги бихьизабуна нилъер кьер-кьераб миллаталъул берцинлъи ва бечелъи. Ц1унизе ккола щибаб мухъалъул, щибаб росдал мац1. Амма нилъее киназего г1аммаб, нилъер г1аммаб тарихги, адабиятги, маданиятги хъвараб, миллаталъул кьуч1лъун бугеб маг1арул болмац1 лъач1ого рук1инеги бегьуларо.

Гьанже, нухалги тун, рукъоре щвейгун,

Щиб, цоги мацIалъищ нилъ гаргадилел?

Дун магIарулазе, гьедин батани,

Бищун ахирияв поэтищ кколев? – илан рак1 унтарал Расулил суалазе жаваб бук1ине ккела нилъер ч1ван-къот1араб, щивасул рокъосан байбихьулеб. Кьеги нилъее тавпикъ маг1арул мац1 наслабазухъе кьезе.

Гьенибго Пат1имат Гьит1иновалъ Авар миллиябгун маданияб автономиялъул, Авар мац1алда рахъулел басмабазул цолъиялъул ва «Миллат» газеталъул рахъалдасан «х1урматиял шапакъатал» кьуна Мух1умаева Саратие ва Ах1маднабиев Сайгидах1мадие, «Миллат» газеталъе хъвалел маг1на гъваридал, к1вар ц1ик1к1арал макъалабазухъ .

Кумекалъул квер

Бищунго аслияб гьеб тадбиралъул х1асил – авар мац1алъул муг1алимзабазда бич1ч1ана ва бихьана нилъер «Авар мац1алъул муг1алимзабазул цолъи» цо хъизан бук1ин, гьал зах1малъабиги т1аде регун нилъ нилъго цох1о гьеч1еллъи, нилъер рахъ кколел, кумекалъе х1адурал г1емерал гьудул-гьалмагъзаби нилъер рук1ин.

Цойги дун йохараб ва цойгидазеги асар гьабураб жо – кинаб къокъа цебе бахъунеб бук1аниги, цойгидаз гьезие гьабулеб бук1араб кумек. Рекерун къвариг1араб босун рач1ун, г1олареб бак1алда ч1ун раг1аби абун, кеч1 ах1изе цадахъ рахъун, пандур, жергъен, аргъан хъвазе рач1ун, кьурдул сверуде к1анц1ун. Цо-цо мехалъ нилъерго миллаталъул берцинлъиялдаса, гъункиялдаса, цоцазде бугеб рокьиялдаса ч1ух1ун рохалил маг1уцин хулулеб бук1ана бадиб.

Баркала

Муг1рул т1огьиб, Г1анди-х1орил раг1алда, гьаб к1вар к1удияб тадбир т1адег1анаб даражаялда иналъе квербакъарал Болъихъ районалъул нухмалъулезе, хасго Мух1амад Малачевич Патхулаевасе, лъайкьеялъул идараялъул нухмалъулев Измаилов Х1ажиг1иса Мух1амадовичасе ва гьесул х1алт1ухъабазе, Болъихъ районалъул школазул директорзабазе бокьун буго к1удияб  баркала кьезе. Киданиги к1оченаро нужер сахаватлъи. Хасго к1удияб баркала кьезе бокьун буго Г1анди росдал бегавул Шамхалов Алхас Пазулаевичасе ва т1олабго г1андадерил жамаг1аталъе, тадбиралде вач1анщинав чи кваназавун, къвариг1араб ч1езабун, гьабураб т1алаб-агъазалъухъ. Нужеца гьабунщинаб садакъа къабулаблъун батаги, азариде бахинабеги Аллагьас.

Киналго муг1алимзабазул рахъалдасан к1удияб баркала кьезе бокьун буго Болъихъ районалъул авар мац1алъул муг1алимзабазул къокъаялъе. Бихьанщинаб г1акъубаги киридахъ хъван батаги, кинабго лъик1абщинабги нужее щваги. Хасго к1удияб баркала буго Г1анди росдал муг1алим Минай Г1умахановалъе, кверзукь бокьараб иш басандулей, жигарай, бахъараб хвалчен г1адай г1андадерил ясалъе. Сахлъи кьеги, лъималаздаса йохун таги!

Ц1ар-ц1ар ккун рехсеч1ониги, кинавго гьеб тадбир нухда бачине квербакъанщиназе к1удияб баркала. Нужее гьабизе к1олеб жо гьеч1они, к1очонг1аги теларо. Гьеб нилъер тадбир унеб бук1араб «Алхар» турбазаялъул нухмалъулев Турулаев Митариеги баркала, к1иябго къоялъ цо лах1зат гьоркьоб биччач1ого нилъел руц1ц1ен бахъарав «Болъихъ ТВ» - ялъул операторасеги баркала, гьесдаса йич1ич1ого, кинабго бахъизе кколелъул т1алабалда йик1арай РГВК «Дагъистан» - алъул х1алт1ухъан Хатимат Мух1амадовалъеги баркала.

Киналго гьенир рук1арал къокъабазулги, гьезул церерахъиназулги бицине дун лъугьани, цоги к1игоги газетаги г1еларо. Гьединлъидал дица х1асила рицун тела. Бицаралдаса бихьараб лъик1аб бук1унилан рук1унаан нилъер умумул, гьединлъидал, августалъул байбихьуда РГВК «Дагъистан» каналалда телевизоралдасан ралагье гьениб щиб бук1арабали бихьизе бокьарал. Заман хадубккун лъазабила. 

Бак1ал

Авар мац1алъул муг1алимзабазул к1иабилеб руц1ц1еналда 3 бак1 ккуна: Мах1ачхъалаялъул, ТУОялъул (хъутабазда ругел школазул г1уц1и) ва Лъарат1а мухъалъул муг1алимзабазул къокъабаз. 2 бак1 ккуна Шамил мухъалъул ва Унсоколо мухъалъул къокъабаз. 1 бак1 ккуна Хунзахъ мухъалъул къокъаялъ.

Хунзахъ, Унсоколо ва Шамил мухъалъул къокъабазул церерахъиналъул цоги к1игоги раг1иялъ хъван бахъунеб жо гуро. Гьезие бат1аго макъала хъвазе ккола. Т1убараб т1ехь хъваниги, мустах1икъал руго. Х1ач1ахъадал!

Баркула киназдаго. Рохелги бергьенлъабиги т1аса унгеги!

Бичас биччани, т1адеялъул дандч1вала авар мац1алъул муг1алимзабазул 3 руц1ц1еналда, Дагъистаналъул рак1, рагъухъабазулги шаг1ирзабазулги Ват1ан- Хунзахъ т1алъиялда!

Маг1арул гъасда ц1а свине биччаге,

Маг1арул рек1елъ ях1 къине биччаге,

Маг1арул рокъоб мац1 к1очене тоге,

Гьебмехалъ рук1ина нилъ маг1арулал!

Баху Мух1идинова

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби