ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Дир рак1 Г1андих1орихъ хут1ана...Г. Ибрагьимова Хьаргаби №1школалъул авар мац1алъул муг1алим.

                                           Дир рак1 Г1андих1орихъ хут1ана

14-15июлалда Болъихъ районалда т1обит1ана Авар Ассоциациялъул иргадулаб руц1ц1ен, амма дир рак1ги  рек1ел пикрабиги жакъаги дораго руго. Дун х1айран гьаюна гьениб бихьараб г1ажаибго берцинаб т1абиг1аталъги, т1абиг1атго г1адал  г1амал берцинал маг1арулазги, муг1алимзабазул пагьму-гьунаралъги. Гьеб тадбиралъ бихьизабуна цолъи кинаб къуват бугебали. Миллатги мац1ги ц1унизе х1адурал, гьелъие г1оло къеркьолел г1адамал дагьал гьеч1олъи. Гьеб гуребги руц1ц1еналъ кумек гьабуна  Дагъистаналъулго маг1арул мац1алъул муг1алимзабазе цоцазулгун лъай-хъвай гьабизе, гьудуллъи-вацлъи щула гьабизе. К1иго къоялъ гьениб т1обит1ана унго-унгояб байрам. Щибаб районалъул командабаз къецазулъ  рихьизаруна жидерго гьунарал, кеч1-бакъаналъулъги, умумузул кванилъги щивасул бук1ана жидерго хаслъи.

   Азарабго баркала буго гьеб тадбир г1уц1иялъе квербакъарай ассоциациялъул бет1ер Баху Шамиловналъе, киналниги гьалбал къабул гьариялъе, гьезие шарт1ал ч1езарурал, гьеб берцинго г1уц1арал Балъхъадерил ва Г1андадерил жамаг1атазе ва муг1алимзабазе. Гьединго баркала дун къабул гьаюраб Г1униб районалъул командаялъе. Ч1ахъаги маг1арул миллат, сахлъи кьеги киназего.

   Хьул буго хадусеб соналъги нилъ киналго иргадулаб руц1ц1еналда данделъилин вак миллаталъул байрахъ борхатго кквелин.

                                               Г. Ибрагьимова Хьаргаби №1гьоркьохъеб г1аммаб лъайкьеялъул                                                                   школалъул авар мац1алъул муг1алим.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби