ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

"Бищун лъикIав рахьдал мацIалъул мугIалим- 2021" къецалъул хIасилал гьаруна МахIачхъалаялда

10-12 февралалда Мах1ачхъалаялъул 11 гимназиялда т1обит1ана “Бищун лъик1ав рахьдал мац1алъул муг1алим- 2021” къецалъул муниципалияб этап. Къецалда г1ахьаллъи гьабуна шагьаралъул бат1и-бат1иял школаздаса 15 муг1алимас. Т1оцебесеб к1иго къоялъ  гьез бицана жидерго педагогикияб нухалъул ва кьуна дарсал. Гьелъул х1асилалда, финалалде ворч1ана 5 муг1алим. Финалалда гьез кьуна классалъул саг1ат ва ц1унана проектияб х1алт1и. Муг1алимзабаз бихьизабуна рахьдал мац1алъул дарсал рачине, гьелде лъималазул рокьиги гъираги бижизабизе жидерго бугеб пагьму ва гьунар. Къецалъул г1ахьалчаг1азе къимат кьезе г1уц1ун бук1ана кьварарал ва г1адилал диванчаг1азул къокъа. Гьезда гьоркьор рук1ана ДГПУ, ДГУ, ДНИИП ва цогидал идарабаздаса г1алимзаби ва муг1алимзаби. Гьезул х1укмуялда рекъон, т1оцебесеб бак1 ккуна 35 гимназиялъул лъараг1 мац1алъул муг1алим Наида Асадовалъ, к1иабилеб- 59 школалъул авар мац1алъул муг1алим Булачова Мариятица ва лъабабилеб бак1алъе мустах1икълъана 11 гимназиялъул авар мац1алъул муг1алим Майндурова Шамсигат. 1 бак1 ккурай муг1алималъ г1ахьаллъи гьабизе бугор республикаялъулаб этапалдаги. Г1ахьаллъи гьабурал ва бак1ал ккурал муг1алимзабазе кьуна шапакъатал ва сайигъатал.

Киналго муг1алимзабазе гьарула хадурккунги ч1ах1и-ч1ах1иял бергьенлъаби, къуват, сабру ва щулияб сахлъи!

 

Мух1амад Манапов, ДГПУялъул ФДФалъул 3 курсалъул студент.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби