ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

“Бищун лъикIав рахьдал мацIалъул мугIалим-2020” Гъизилюрт шагьаралда

“Бищун лъик1ав рахьдал мац1алъул муг1алим-2020” Гъизилюрт шагьаралда.

Дир умумуз бицараб,

Улбуцаги бицунеб,

Урхъула духъ, авар мац1,

Малъе, эбел, рахьдал мац1!

                         (Мух1амад Г1умаров).

 

17-б ва 19-б февралалда , Гъизилюрт шагьаралъул 7-б школалда т1обит1ана “Бищун лъик1ав рахьдал мац1алъул муг1алим-2020” къецазул муниципалияб этап. Къецазда г1ахьаллъи гьабуна шагьаралъул бат1и-бат1иял школаздаса рахьдал мац1алъул муг1алимзабаз.

Радалго, киналго г1ахьалчаг1азе, гьалбадерие кутакалда берцинаб дандч1вай гьабуна хъах1ал гормендаби ч1варал ц1алдохъаби-мусудузги, хъибихъун бухари т1аргъал лъурал муг1рул ц1умал г1адал васазги. Гьел ц1алдохъабазухъ балагьараб мехалъ, квачараб хасалил къо бук1аниги, щивасул рек1елъе их рещт1унеб бук1ана. Кутакалда лъик1аб, унго-унгоял маг1арулазул бук1ине кколеб г1адаб гьоболлъи гьабуна 7-школалъул муг1алимзабазулгун ц1алдохъабазул коллективалъ гьеб к1иябго къоялъ гьалбадерие.

Гьалбадерие дандч1вайги гьабун, байбихьана къецал рагьиялъул х1урматалда гьабулеб сух1маталде. Гьел къецал рагьиялъул х1урматалда гьабулеб тадбир х1адур гьабун бук1ана ва т1адег1анаб даражаялда нухда бачана гьеб школалъул авар мац1алъул муг1алим, Дагъистан Республикаялъул мустах1икъай муг1алим Сарат Мух1умаевалъ. Сарат Мух1амадовнаялъул нухмалъиялда гъоркь ц1акъ берцинаб церерахъин бихьизабуна гьеб школалъул ц1алдохъабаз ва муг1алимзабаз. Гьез, рек1елъе рортиледухъ рик1к1ана ва ах1ана авар мац1алъул муг1алимзабазде Сарат Мух1умаевалъ хъварал берци-берцинал куч1дул, муг1алимзабаз бихьизабуна жакъасеб къоялда рахьдал мац1алъул му1галимзабазда дандч1валел зах1малъаби, пачалихъалъул ва лъай кьеялъул идарабазул гьездехун бугеб лъик1аб гьеч1еб берабалагьи бихьизабун лъураб сценка. Гьел гьит1инал ц1алдохъабаз рахьдал мац1алда ах1улел ва рик1к1унел куч1дул гьац1ул г1ораллъун чвахулел рук1ана хал гьабуразул рек1елъе. Къокъго абуни, къецал рагьиялъул х1урматалда гьабураб тадбиралъ кутакалда лъик1аб асар гьабуна балагьаразе, хасго къецазул г1ахьалчаг1и-муг1алимзабазе.

 Гьурмада гьимигун, аваданал рак1алгун байбихьана къецазде. К1иябго къоялъ муг1алимзабаз ,  7-б школалъул ц1алдохъабазе кьуна авар мац1алъул ва адабияталъул дарсал. Киназго гьел дарсал кьуна ц1акъ т1адег1анаб даражаялда. Цоги абич1ого г1олареб жо буго, гьеб школалъул лъимал рук1ана ц1акъ лъик1 х1адурун ва лъик1 авар мац1 лъалел. Гьелъухъ к1удияб баркала 7-б школалъул авар мац1алъул муг1алимзабазе. Гьелдасан бич1ч1ула, гьеб школалда рахьдал мац1алъул дарсал кьеялде к1удияб к1вар кьолеб бугилан.  К1иго къоялъ хадур рахъарал къецазул х1асилалда, т1оцебесеб бак1 ккуна 3-б школалъул авар мац1алъул муг1алим Ах1мадова Загьрат Мух1амадовнаялъ. Гьелъ г1ахьаллъи гьабизе буго гьел къецазул республикаялъул этапалдаги. Гьединго Ц1адаса Х1амзатил “Г1умрудул дарсал” абураб темаялдасан ц1акъ лъик1аб дарс кьуна 7-б школалъул авар мац1алъул муг1алим Забитова Сапият Баймирзаевнаялъги.

К1иго къоялъ халат рахъарал къецазе ахир лъуна, Гъизилюрт шагьаралъул киналго школаз, ясли-ахазул гьит1ичаз ва гьезул тарбиячаг1аз г1ахьаллъи гьабун, рахьдал мац1алъул къоялда хурхун т1обит1араб фестивалалъ. Гьебги ана ц1акъ т1адег1анаб даражаялда.

Киналго гьалбаз, муг1алимзабаз к1удяиб баркала кьуна 7-б школалъул муг1алимзабазе ва ц1алдохъабазе, хасго гьеб кинабго берцинго нухда бачарай Сарат Мух1умаевалъе гьединаб т1адег1анаб даражаялда гьел къецал ва тадбирал т1орит1аралъухъ.

Хьул буго, гьединал тадбираз, ц1алдохъабазулги, гьезул улбузулги ва цойгидазулги рахьдал мац1алде рокьи бижизабилин ва гьеб лъазе ккеялде гьез к1удияб к1вар кьелин.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби